Октябрь моцӏалъул 7-17 къояз Дагъистаналдаса кӏудияб къокъаялъ гьоболлъи бана Турциялда ругел миллатцоязухъ. Анкараялда тӏобитӏулеб, Дагъистаналъул ва Турциялъул тарихалъулгун маданияталъул хӏакъалъулъ бицунеб симпозиумалда гӏахьаллъи гьабизе ахӏун рукӏана Дагъистаналдаса хӏукуматалъул вакилзаби, Халкъияб Собраниялъул депутатал, культураялъул церехъаби, тарихчагӏи, машгьурал спортсменал, журналистал ва жамгӏиял хӏаракатчагӏи.

Сапаралъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго бициналде, байбихьуда баян кьела тадбиралъул ва гьеб гӏуцӏаразул хӏакъалъулъ. Дагъистаниял щола Турциялда ругел миллатцоязухъе, гьарула цадахъал тадбирал. Амма гьадинаб даражаялда тӏобитӏараб тадбир ккана тӏоцебесеб нухалда гьабураблъун. Гьеб симпозиумалъе проект хӏадурана Анкараялда гӏумру гьабун йигей магӏарулай, филологиял гӏелмабазул кандидат Асият Тинаевалъ (Озз). Проект рагӏалде бахъинабиялъе кӏудияб хӏалтӏи гьабуна Турциялъул тахшагьаралда бугеб дагъистаниязул гӏуцӏиялъул нухмалъулел Фатин Дагъчинарица ва Озз Яшарица.

(Фатин ккола Дагъистаналдаса Турциялде гочарал тумазул наслуялъул чи, Яшар — Ингиши ва Гӏанди мухъалъул росабалъа гочарал магӏарулазул наслуялдаса. Асият Тинаева гьаюна ва гӏуна Азербайжаналъул Белокан районалъул Къабахчоли поселокалда гьоркьобе унеб Шарип росулъ. Цӏалана Бакуялъул университеталъул филологияб факультеталда, аспирантураги лъугӏизабун, гьенийго хӏалтӏулейги йикӏана. Гьей ккола Яшарил лъадиги).

Симпозиум тӏобитӏиялъул ишги, гьалбадерие нухлул ва цогидабщиналъул харжалги гьез жидецаго тӏаде росун рукӏана. Нилъер гьаниса гурелги, гьенире ахӏун рукӏана Азербайжаналдаса, Гӏиракъалдаса дагъистаниялги. Программаялъул киналго бутӏабазда гӏахьаллъи гьабуна Турциялъул батӏи-батӏиял шагьаразда ругел Кавказалъул халкъазул наслабаз.

САПАРАЛЪУЛ ТӏОЦЕБЕСЕБ КЪО. СТАМБУЛАЛДА ЦӏИЯБ ЛЪАЙ-ХЪВАЙ

Грозный шагьаралдаса роржун, Стамбулалъул аэропорталда рогьалилъ рещтӏарал нижеда дандчӏвазе вачӏун ватана Яшар Озз. Хӏадурун батана рекӏине санагӏатаб автобус, хӏажаталъе таржамачи. Гӏемер рикӏкӏад гьечӏого, радалго тепси тӏибитӏараб бакӏалде дандчӏвазе рачӏун ратана Стамбулалда гӏумру гьабун ругел дагъистаниязул вакилзаби, нижер къокъаялдаса цевеккун, машинаялда рекӏун Турциялде арав Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Мухӏамад Хӏамзаев ва цогидал.

Бищунго асар гьабуна дандчӏвалезулъ Турциялдаго машгьурав бизнесмен, политик Кемал Текден ватиялъги. Цебеккунго рагӏун букӏана гьес, дунялалдаго машгьураб «Эртугрул» сериалалъе продюсерлъи гьабурав чияс, Шамил имамасул хӏакъалъулъ нусго сериялъул кино бахъизе бугин абураб хабарги.

Дагъистаниязе саламги кьун, кӏалъазе вахъана гьев. Гьесие баркала загьир гьабурав, Шамил имамасул фондалъул нухмалъулев Гӏалиасхӏаб Хархачаевасе Кемал Текденица кьуна Эртугрулил байрахъалъул гӏаламатал угьараб сайгъат. (Шамил имамасул кино бахъиялъе Турциялда бугеб хӏадурлъиялъул темаялде нилъ жеги тӏад руссина).

АНКАРАЯЛДЕ НУХ

Тира-сверизе ва дармилал ишаз гӏемераб халкъ хьвадулеб кӏудияб ва гьайбатаб шагьар буго Стамбул. Кванан рахъиндал, нижеца нух босана гьеб шагьаралдаса 450-гӏанасеб километралъул манзилалъ рикӏкӏад бугеб тахшагьар Анкараялде. Нижер лъабгоял автобусалде рахине течӏо, «дир гьакиде раха нужилан» абулев Яшарил хӏурмат къабул гьабун, гьесул «Мерседесалда» рекӏана.

Нухда унаго бихьулеб букӏараб сверухълъиялъги асир гьарулел рукӏана. «Гъунисезул магӏарде рахунел ругин кколеб буго дидаян» абулеб букӏана «Дагъистан» ГТРК телерадиокомпаниялъул директор Луиза Гӏалихановалъ, сураталги рахъулаго. Халатаб сапар жиндие бокьуларин йикӏарай Дагъистаналъул халкъияй артистка Хадижат Жамалудиновалъулги зигара къотӏизабуна гьеб тӏабигӏаталъ. Накӏкӏил рохьал, нухлул рагӏаллъабазда кирго кидаго гӏурччинал гъутӏбузул батӏи-батӏиял тайпаби — дунялго хӏайранаб Стамбулалдаса улкаялъул тахшагьаралде унел рагӏаллъаби ратилин гьедин берцинго къачӏанин букӏана нижер пикру. Кибго гӏурччинлъи, гъутӏбузулъ руччарал, цокӏалаб къагӏидаялъ рарал, багӏараб шагӏил тӏохазул, кӏиго, лъабго тӏалаял минаби. Нилъер улкаялда бугелда дандекквезе жо гӏемер бугоан.

Къадекванил гӏужалъ Анкараялде щварал ниж шагьаралъул мэриялъ хӏадурараб бечедаб тепсиялда нахъа гӏодор чӏезаруна. Дунялалдаго рагӏараб турказул богогьанлъиялъул бицани хабар цоги рахъалде буссина. Кванан рахъиндал лъазабуна Шамил имамасул цӏар лъураб паркалде унел ругин.

Анкараялда программа байбихьулеб букӏана гьеб паркалда Шамил имамасе гьабураб бюст рагьиялдасан.

ШАМИЛИЛ ЦӏАР КЬУРАБ ПАРК ВА ГОРСВЕРУЛЪ ЖАМАЛУДИНОВА

Шамилил цӏар лъураб паркалде лъугьунаго, рикӏкӏадасанго бихьулеб хӏалалда берцинго къачӏан батана къватӏ-къоного. Киса-кирего ран рукӏана Турциялъул, Россиялъул, Дагъистаналъул байрахъал. Сверухълъиялдаго тӏибитӏун букӏана Шамил имамасде гьарурал кучӏдузул гьаракь-бакъан.

Сордоялъ кьижичӏого, свакан нухда ругел ниж рукӏана ретӏелцин хисичӏого. Цо талихӏ — Гӏалиасхӏаб Хархачаевасул бухари кидаго ботӏродаго букӏин. Гьев вукӏана тадбиралда Дагъистаналъул хаслъиялъул гӏаламатлъунги.

Гьаниб гьитӏинабго баянги кьелин Шамилие гьабураб памятникалъул. Гьелъул автор ккола, мунагьал чураяв, Салтӏаса Гӏалихӏажи Сайгидов. Анкараялде бюст щвезабиялъе, гьеб лъеялъе хӏаракатги харжалги гьаруна Халкъияб Собраниялъул депутат, Гъуниб районалъул Кӏуядаса Мухӏамад Кӏудиямухӏамадовас. Гьевги вукӏана нижгун.

Дагъистаналъул делегациялъул гӏахьаллъигун имамасул бюст лъолеб парк бугоан Анкараялъул Этимесгут районалда. Гьебги буго, микьгогӏан миллион чияс гӏумру гьабулеб шагьаралъул, 25 районалъул бищун кӏудиязул цояб.

Россиялдаса, Азербайжаналдаса, Гӏиракъалдаса ва Турциялдаса дагъистаниял данделъараб тадбир рагьана шагьаралъул нухмалъулез:

— Нижер улкаялда цӏакъго машгьураб буго шайих Шамилил цӏар, лъала гьаниб гьесул бахӏарчияб къисматги. Гьединал бахӏарзазул хӏурмат гьабула Турциялъул хӏукуматалъ, — ин абуна, имамасул ватӏаналдаса рачӏаразе саламги кьун, Этимесгуталъул мэр Энвер Демирелица.

— Шайих Шамилиде бугеб нижер рокьиги адабги тасдикъ гьабула нужеда бихьулеб гьаб паркалъе имамасул цӏар кьеялъ, гьанибго гьесул памятник лъеялъ. Гьаб бакӏалдаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏого буго шайих Шамилил цӏар кьураб тӏадегӏанаб лъай кьеялъул идараги.

Россиялъул, Дагъистаналъул рахъалдасан баркала кьун кӏалъазе рахъана Шамил имамасул фондалъул нухмалъулев Гӏалиасхӏаб Хархачаев, Халкъияб Собраниялъул депутат Мухӏамад Кӏудиямухӏамадов, Анкараялда бугеб нилъер улкаялъул консуласул кумекчи.

Шамил имамасул бюст рагьиялъеги нухмалъи гьабуна мэрас. Памятник рагьулеб лахӏзат телефоналде бахъизеян цересел кьеразда эхетарай Хадижат Жамалудинова ахӏана Энвер Демирелица жиндаго цадахъ багӏараб дарайдул чӏоло къотӏизе. «Мун маданияталъул хӏаракатчӏужу гурищ? Аскӏое ячӏа», — йилан гьесул каламалъул таржама гьабулеб букӏана мэрасул кумекчияс. Щибго бичӏчӏуларей Хадижат цее ана. Чӏоло къотӏизе ахӏулей йикӏиналда рекӏеда ятичӏей гьей жеги сурат бахъизе лъугьана. Нилъеразго бичӏчӏизабуна гьелда ахӏвал-хӏал.

Гьелда хурхун рекъечӏеб хабарги чӏамуна нилъераз жамгӏиял гьиназдасан. Кӏаз бачӏогойила, миллияб ретӏел ретӏичӏогойила, гьеб ратӏлилъ тадбиралда нур базабулел бикаби цадахъ рачинчӏогойила. Форма-квара ретӏун цере рахъинаан гьеб хӏадурлъиялъе заманги ресги букӏарабани. Миллияб махӏ бахъинабун бажарулареб къокъаги нижер букӏинчӏелъулха.

Хадуб ккараб газеталъул хадусеб номералда бицина.

Патӏимат ГЬИТӏИНОВА