Мусаласул Ахӏмад ракӏалде щведал рачӏарал пикраби

«Гӏи баркат бугеб боцӏи буго, дир вас, алжаналъул боцӏийилан абула гьезда. Гьанги гьезул, квасги гьезул, хӏанги гьезул. Гӏи рехун тоге дуца, мун гьелдаса пашманлъиларо». Муса Мухӏамадовасул машгьураб «Къисас» абураб романалда херав вехь Дарбишица Салимиде аманат гьабун абурал рагӏаби гӏемерал ракӏалде щола гӏумрудул нухда.

Вехьасул гӏумру дие кидаго балъголъилъун, гьелдаго цадахъ дун урхъулеб пишалъун букӏана. Ракьалда гӏумру байбихьарав, Адам аварагасул тӏоцересел лъимал, Гьабилица вехьлъиялдаса, Къабилица хурухъанлъиялдаса байбихьана тӏоцебе ракьалда яшав. Гьелдаса нахъе ракьалдаса тӏагӏинчӏо гӏиги, гьезул тӏалаб-агъаз гьабулев вехьги. Ракьалда гӏумру бугебгӏан мехалъ чара гьечӏого хӏажатаб пишалъун букӏана ва буго хур бекьиги тӏощел бакӏариги.

Дирго инсул росулъа гӏадатияв вехьги ракӏалде щун рорчӏарал пикраби руго гьел. Гьал къоязда 15 сон тӏубала гьев хваралдаса. Мусаласул Ахӏмад! Дида гьев кидаго цеве вуго, гӏадатияв, чӏухӏи гьечӏев, гӏумруги магӏишатги берцинав гӏияхъан. Гьесда цадахъ ракӏалде бачӏунеб буго дирго лъимерлъи, гӏагараб росулъ гӏадатияб хасалил къо, маркӏачӏул гӏуж щолеб мехалъ цебе рехъенги къотӏун къавутӏе тӏад вуссун вачӏунев Ахӏмад. Гьесул аваданаб релъи жакъаги бугин ккола рагӏулеб. Ракӏалда буго гьитӏинав чиясе, дие, гьес сайгъат гьабураб беричаб кьегӏер.

Жиндирго гӏумру гьес насиб гьабуна гӏадатияб, амма бищунго къадруял хъулухъазул цоялъе.

Жакъа нилъеда сверухъ бугеб ракӏгъанцӏизабулеб вахӏшилъиги, сунцаниги чурун бахъинарилан кколеб чороклъиги, гьаб ахӏи-хӏурги гьечӏеб замана кьуна гьесие Аллагьас. Нилъецаго ургъараб гӏадаб, щибниги берцинлъиялъул нур гьечӏеб дунялалда гӏумру тӏамизе щвечӏо гьев инсанасе. Гьесул гӏумру жакъа дунги цогидалги бахилаб, баракаталъ къвал бараб букӏана. Гьайбатаб тӏабигӏаталъул берцинлъиялъ сверунги ккун, вехьасул тӏилидеги вегун, рогьалилгун дандчӏвайги гьа- бун, кьиндалил халатал, цӏорорал сардал ворчӏухъанлъиялда рогьун, хасало гьабураб кьегӏер бурти- надукьеги бачун хинлъизабулаго ана гьесул гӏумру. Щибаб къоялъ, жакъа нилъее щолареб, бацӏцӏадаб, гӏансигӏан цӏорораб иццул лъим- ги гьекъезе щун, «химия гъорлъ буцичӏеб», татуяб квенги кваназе щун ана гьесул сонал.

Ахӏмадие кидаго хирияб букӏана Никӏикь нохъо. Гъагъадеридаги гьонодисездаги гьоркьоб гӏорхъода бугеб бакӏ ккола гьеб. Гӏазу-цӏад байдал гӏи жанибе къотӏизе кӏудияб нохъоги, рехъен кваназе гӏураб кӏудияб гӏатӏилъиги цебе бугеб бакӏ ккола гьеб. Гӏемерисел сонал гьенир ана Ахӏмадил. Чанги вохарабги къваридабги къо гьениб тӏамуна вехьас. Гӏиязул гъадиялде ракӏги гъезабун, вехьасул тӏилиде ургъелги чучун. Кин доб кочӏолъ букӏараб: «Гьале мугӏрул, гьале гӏи, Гӏищкъу бугес босе тӏил!» — абун гурищ? Халкъиял кучӏдузулъ чан ругел гьединал вехьасул хӏакъалъулъ мухъал. Гьединго босе Хӏажи Гъазимирзаевасул кечӏ:

Дун магӏарда вуго, гӏияда вуго,

Гӏишкъу ккаралдаса рикӏкӏада вуго.

Къаси чодрол кӏалтӏа ворчӏухъанги тун,

Цо йокьулелъухъе щвезе къасд буго…

Магӏарул шагӏирзабаз гӏемерал кучӏдул сайгъат гьаруна гьезул бахӏарчияб хъулухъалда ракӏ бахиллъун. Советияб заманалда къадруялда цӏунарал гӏадамал рукӏана гӏухьби. Гьезул хӏаракаталдалъун щолеб гьанги, хӏанги, квасги, хазина букӏаралъул халкъияб магӏишаталъе. Жакъаги буго гьеб бергьун кӏудияб хазина. Хасго Евросоюзалъ гъорлъе рачарал пачалихъаз санкциязул цӏадги базабун, нилъер улкаялъулгун кьал ахӏараб мехалъ, цӏидасан кӏудияб гъираялда бицине байбихьана гӏияхъабазулги хурухъабазулги. Гьезул яшавалъ хьихьизе бугин инсаниятин абураб пикру буго жакъа кинавго чиясулги. Хӏакъикъаталдаги гьедин бугелъул. Гьел гьеб инсаният хьихьун бажарулеб хъулухъалъе кьуна Гьонодаса Мусаласул Ахӏмадица жиндирго гӏумру. «50 соналъ ккунин жиндица вехьасул тӏил кодоб», — илан кӏудияб къадруялда абулаан гьес. Гьеб 50 соналда жаниб чан чияседай щвараб баркат, гьес хьихьун гӏезабураб кьагӏрил?

Гьесул вас, Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев, машгьурав шагӏир Мухӏамад Ахӏмадовасул «Росулъа кагътал» абураб кочӏолъ руго гьадинал рагӏаби:

«Магӏардаса эмен вуссунеб мехалъ

Цадахъ бачӏунаан гьанал къулагӏи.

Къотӏ-къотӏун бикьизе, бикьун къотӏизе

Мадугьалзабазе щвезабулаан», — абун.

Гьединав, ракӏги кверги сахаватав инсан вукӏана Ахӏамад. Жакъа гьединал гӏадамал къанагӏат гурони хутӏун гьечӏо. Чанги лъикӏал, иман бугел чагӏи камуна гьал саназ дир росулъа. Гьез цадахъ босун араб гӏадин гьаб ракьалдаса дагь-дагьккун лъугӏулеб буго берцинлъиги, баракатги, рохелги, адаб-хӏурматги. Кинабго лъикӏабщинаб, иман бугебщинаб мукъсанлъулеб буго берда цебе. Гьебги рекӏее гӏечӏого бицен кканщиналъуб гьелъул бицунел нилъги руго, ракӏалдещвеязул щенон балеб цӏадалъ ракӏал хинлъизарун, ракӏгъей гьабулел хутӏун руго. Амма… Гӏумру чӏун гьечӏо, гьеб цебехун унеб буго. Метерисеб къоялъухъ божигун гьелъ цо кинабалиго хинлъи, рекӏее парахалъи кьелеб гӏадин хьулгун балагьун чӏола нилъ цӏияб къоялъухъ. Амма щолебго гьечӏо гьеб хинлъиги, рещтӏунеб гьечӏо рекӏелъе парахалъиги.

Лъикӏал гӏадамаз, ракьалда тарал гьезул лъикӏал ишаз берцин гьабулеб батила гӏумру. Мусаласул Ахӏмадги гьев гӏадал «батӏияб дунялалдаса» гӏадамалги, иманалда тӏоритӏун ратаги. Нилъее жакъа хутӏун руго гӏицӏго гьезул хӏакъалъулъ ракӏалдещвеял. Гьезда жанибги гӏураб хазина буго, гьел гьечӏеб дунял дагьабниги гӏатӏид гьабизе.

Ашахан ЮСУПОВ