Республикаялъул магӏарул газеталъул редакторасул заместительлъун хӏалтӏулев вукӏарав журналист ва хъвадарухъан Хунзахъ районалъул Сивухъ росулъа мунагьал чураяв Тӏагьиров Мухӏамадица миллияб тарихалъулги тарихалда лъалкӏ тарал машгьурал магӏарулазулги хӏакъалъулъ гӏезегӏан асарал хъвана. Гьев вукӏана миллатги хирияв, миллатчилъиги рихарав, гӏагараб халкъалъухъги ракьалъухъги рокьи ккарав чи. Гьанжеялдаса 25 соналъ цебе Тӏагьировас къватӏибе биччан букӏана «Нурмухӏамадил Мухӏамадил биценал» абураб рубрикаялда гъоркь, гӏарабист, гӏалимчи Гьаракӏуниса Нурмухӏамадил Мухӏамадица рицарал, нилъер тарихалъул цо-цо тӏанчал регулел хӏужабазул, лъугьабахъиназул хӏакъалъулъ хъвараб асар.
Дол соназда цо-цо макъалаби «Хӏакъикъаталда» рахъунги рукӏана. Тӏехь бахъаралдаса арал соналги хӏисабалде росун, жибго тӏехьги къанагӏатги кодобе щолеб гьечӏолъиялъ, гьанжесеб гӏелалъе рухӏияб тарбия кьеялъе, тарих лъаялъе гьелъул кӏварги букӏун, хӏукму ккана цо-цо биценал газеталда рахъизе.
Пайзула ПАЙЗУЛАЕВ
1994 соналда жив чӏваралдаса 160 сон тӏубарав Дагъистаналъул кӏиабилев имам Хӏамзатбегил хӏакъалъулъ жеги дагьго лъала цӏалдолезда. Гьесул имамлъи кӏигогӏан соналъ гурони халат бахъинчӏо. Жеги дагьго гурони лъаларо гӏахъущдерилги цӏедехӏдерилги къадизабаз гьесдехун гьабулеб букӏараб балагьи. Цо заманалда ракӏалде кколаан Цӏоралде гьабураб чабхъенги битӏун ккечӏого, аманаталъе гӏурусазухъе Тифлисалде кьурав васги хун, Гъазимухӏамад имамги чӏван, ракӏ буссин лъугьарав гьев тӏокӏалъ кинаб бугониги хӏаракатчилъиялде тӏад вуссинарилан. Микьгогӏан моцӏ жанив чӏунцин бана гьес. Амма магӏарулазеги гьезул бутӏрузе – имамзабазеги хасиятал, сундухъго балагьичӏого, бер къапичӏого цере унеб къагӏидаялъги, жалгоги жидерго ракьги цӏунизе бугеб рагӏа-ракьан гьечӏеб шавкъалъги, шаригӏаталъул цӏилъиялъ диналдеги дунялалдеги бижизабураб хӏасраталъги, Хӏамзатбегида кӏвечӏо гьалаглъараб Дагъистаналъул гӏумруялдаса ватӏатӏун чӏезе. Тӏадчӏун гьаридал, гьев разилъана имамлъи гьабизе.
Имамлъи гьабейилан гьесда гьардеялъе гӏилла букӏана доб заманалда, Гъазимухӏамадидаса хадуб, гьесде вахунев пачалихъалъулаб гӏуцӏарухъанлъи лъалев ва рагъул устарлъи кодоб бугев бахӏарчияв чи вукӏинчӏолъи. Шамил жеги гӏолохъанго, ишазде ругьунлъулев вукӏана. Цогидазул жеги гӏураб хӏалбихьи букӏинчӏо. Хӏамзат – бегин абуни вукӏана гӏалимчи-рагъухъан гуревги, гьанже заманалъул рагӏабаздалъун абуни, кутакав гӏуцӏарухъан, администратор. Гьес бачӏинахъего имамат гӏуцӏизеги байбихьана. Гьанжеселги цереселги, нилъергоги чиярги историказ мукӏурлъун бихьизабула пачалихъ гӏуцӏиялъул рахъалъ гьес бихьизабураб бажариялъ кьучӏ лъунин Шамил имамасул пачалихъалъейилан.
Гьелъго батила Дагъистаналъул имамлъун Хӏамзат вищидал, гӏурусазул циндаго рахӏат хварабги. Гьезда бичӏчӏана гӏицӏго Гъазимухӏамад имам хисарав чи гуревги, жеги цӏикӏкӏун кӏудиял ишал гьаризе кӏолев чи вахъун вукӏин. Нахъаса къотӏичӏеб хвалил хӏинкъиялда гъоркь гӏумру гьабун ругьунлъарав Хӏамзат къуркьизавизеги тӏаса бищараб гӏумруялъул нухдаса итизавизеги кӏолеб къуват букӏинчӏо. Гӏурусазул генералазда байбихьудаго бичӏчӏана гьеб.
«Захӏмат буго цебечӏезабизе цӏияв гьереси-аварагас бачӏинахъего росарал бергьенлъабазул кӏодолъи, — ян хъвана гьез жидерго цо кагътида.
– Гьес, гӏицӏго Гъазимухӏамад имамас гӏадин, лъикӏаб бициналдалъун ва динияб вагӏза-насихӏаталдалъун гуребги гьабулеб буго иш — гьеб киналдего тӏадеги гьес хӏалтӏизабулеб буго дагьабги цӏикӏкӏараб хӏасил кьолеб къуват – ярагъ ва гьесул хӏинкъи гьечӏолъиялъ гьесул рахъ кколел киназулъго бижизабуна гьев къуркьизавизе кӏоларев чи вугин абураб божилъи».
Гъазимухӏамад имам шагьидлъаралдаса ва Дагъистаналда пачаясул аскаразул къуват цӏикӏкӏаралдаса тушманасде дандечӏей гьабизе халкъалъул хӏаракатчилъи гӏодобе буссун букӏаниги, гӏурусазда бихьана Хӏамзатил цӏаралъги гьев имамлъун вищиялъги хӏал-хӏукму хисизабураблъи. Имамлъун гьев вахъиналъухъ балагьун чӏун букӏараб гӏадин, гьесда хадуб ине байбихьа- на халкъалъ. Гӏурусазул биценалда рекъон, гьесие гӏолаан кинаб бугониги росдал яги вилаяталъул ракьалде гӏагарлъизе, гьебсагӏаталъ халкъалъ гьесие мутӏигӏлъиги гьесул рахъ кквейги загьир гьабулаан. Гӏемерисеб гӏолохъанаб гӏел гьесда хадуб унеб букӏана шаригӏаталъулги цевесев имамасулги асаралда гъоркь ва гьесул жиндирго гьунар бихьун. Гьайгьай, камулароан давлаялде хьулгун унелги. Кин гьеб букӏун батаниги, къокъаб заманалда Хӏамзат имамасул цӏаралъги ишазги нахъеги Дагъистан гьалаг гьабуна. Кватӏичӏого цӏияв имамасе мутӏигӏлъана пачаясул аскарал чӏарал ва ханзабазде цӏакъго гӏагарал бакӏал хутӏун Гъойсубулиналъул жамагӏатал, Юждагъалъул тӏолалго халкъазулъги нахъеги бижана эркенлъиялде хьул, киса-ки- бего цӏикӏкӏана багъа-бачари. Пача- ясул аскаразул рагъул начальниказ гӏедегӏун Хӏамзатил биографияги гьесул ишалги лъазаризе байбихьана.
Гьез хӏисабалде росана гӏицӏго Гъазимухӏамадида цадахъ Таргъуялде, Дербенталде, Грозныялде ва Гъизляралде гьес гьарурал сапарал гурелги, имамасул тӏадкъаялда рекъон Цӏоралъулги Белоканалъулги ракьазде жинцаго гьарурал рагъул сапарал, ахир мекъи кканиги, байбихьуда гьенир росарал бергьенлъаби. Гьеб киналдасаго гӏурусаз хӏасил гьабуна имамас Терекалдаса бахъараб Дербенталде, Цӏоралде щвезегӏан жибго жиндаго чӏараб пачалихъ гӏуцӏизе байбихьи гьабизехъин бугилан.
Гьелъие квалквал гьабиялдаги имамасде дандечӏеялдаги тӏад ургъизе лъугьана пачаясул генералзаби. Аслияб къагӏидаялъ гьелъие бакӏалъулал ханзабаздасаги пайда босана. Махщалида хӏалтӏизабуна рикь-рикьизарун ханлъи гьабейин абураб колонизаторазул лозунг. Таргъуялъул шамхал, Мехтулиялъул Ахӏмадхан, аваразул ханзаби, гӏахъущдерилги цӏедехӏдерилги къадизаби Хӏамзатида данде гьусана. Гьесул муридзабазул аскарал, авлахъалде яги рехсарал бакӏазде кӏанцӏани, гьезде дандечӏей гьабизе бакӏалъулал гӏадамаздаса милициялъул къокъаби гӏуцӏана.
Гьел бакӏал цӏидасан муридзабазул кверщаликье ккана. Гьединлъидал гьез тӏаса бищана, халатаб бугониги, бигьаяб ва хӏинкъи гьечӏеб нух — хӏукму гьабуна гӏахъущдерил ва цӏедехӏдерил ракьаздасан Хьаргаби къварилъухъан эхедеги рачӏун, Аваргӏорги бахун, гъоркьа тӏаде Хунзахъе ине. Гьеб къасдгун, тӏубараб бащдаб лъагӏалидасан цӏикӏкӏараб заманаялъ хӏадурлъиги гьабулаго, гьез жидерго аскарал рехана гӏахъущдерилгун цӏедехӏдерил ракьазде.
1813 соналда, рекъон рукӏине пачаясул аскаразе гьаги бан, гӏахъущдерил ва цӏедехӏдерил эркенал жамагӏатаз къотӏи гьабуна гӏурусазде дандечӏарал ишазде гьоркьоре лъугьунгутӏизе. 1819 соналда гьел тӏубанго Россиялъ- ул къайимлъиялде ана ва гьелъие хъулухъ гьабизе гьа бана. Имамза- базул заманалда гьеб къотӏи хвезабизе хӏинкъарал гьел дагьалги пачаясул хӏукуматалде гӏагарлъана ва цо къадаралъ имамзабазде данде чӏезе ккана. Амма гьез кӏвараб жигар бахъулеб букӏана жидерго эркенлъи цӏунизе. Гьеб мурадалда, гӏурусазулгун къотӏиги хъвалаго, гьез тӏалаб гьабун букӏана пачая- сул аскарал гьел жамагӏатазде тӏаде рачӏунгутӏизе. Ва гӏемерал соназ гьедин цӏунунги хутӏун рукӏана. Гъазимухӏамад имамасул зама- налда гӏахъущдерил Мамедкъади- ца байбихьана имамасде данде чӏараб кутакаб къеркьей гьабизе. Гӏурусазде мугъчӏвайги гьабун, жиндирго чухъбигун цадахъ, гьев киса-кивего лъарагӏазул, гъумекде- рил, даргиязул росабалъ сверулаан имамги гьесул ишалги какулаго. Хӏакъикъаталдаги имамасул би- щунго тушманал гӏадамазул цояв вукӏана гьев. Гъазимухӏамад чӏван хадуб дагьаб мехалъ гӏодове виччан вукӏарав къади Хӏамзат имамлъун вищаравго гьесде данде вахъана. Имамзабазулгун цогояб дин, цого- яб улка ва эркен хутӏиялъ цогоял мурадал, Мамедкъадица жиндаго хадув цӏедехӏдерил Асланкъадиги цӏана. 1834 соналъул байбихьуда Хӏамзатида данде рагъал гьаризе кумек гьабун, гӏурус аскарал жи- дерго жамагӏатазул ракьазде жани- ре риччазе къотӏи гьаби гуребги, гьезда тӏадги рекъон, кколеб багьаялде аскаразул чуязе ва хӏайваназе кӏалцӏи ва рагӏи-хер биччазеги къотӏи гьабуна гьев кӏиявго къадияс. Гьединаб къагӏидаялъ 1834 соналъул риидал рехсарал жамагӏатазул ракьалде ракӏарана кутакалда яргъид гӏуцӏарал ва хӏалбихьи бугел гӏурусазул аскарал. Кватӏичӏого Хӏамзат имамасул аскар щущахъ биххизабизе ва ханзаби цӏунизе къватӏире рахъине кколаан гьел.
Гьелдаги лъугӏичӏо кӏиявго къадиясе щолел рахӏматал. Хӏамзат имамасда дандечӏей гьабуралъухъ, гӏурус пачаясул хасаб бихьизабиялдалъун, Мамедкъадиеги Асланкъадиеги цо-цо цакьабазул цӏаказул хъубчулги нус-нус гъурущ гӏарацги кьуна. Гьединго цӏаказул хъубчулги нус-нус гъурущ хъахӏаб гӏарацги кьуна сверун бугеб ункъо росдал къадизабазе, къо-къо гъурущ гӏарац кьуна жеги 24 чиясе. Гӏахъущдерил халкъалъейин абуни кьуна гӏараб мацӏалдеги буссинабун Реццалъул грамота. Амма Хӏамзатбег вукӏана гӏажаибго рагъул икъбал гьечӏев чи. Жиндирго кӏудияб гьунаралъухъ ва цӏодорлъиялъухъ балагьичӏого, цоцо мехалъ гьесул къасдал гӏаксалда кколаан. Цо кинабалиго ахирисеб гьункьи, кверзул рагъари, гӏакълупикруялъул дандебакӏари гӏолароан гьесие. Цӏоралде чабхъен гьабулаго тушманасда кьабиги щвезабун кинабго жо битӏун кканин, бергьенлъи босанин ккарабго, ракӏалдаго гьечӏого къуна гьев ва асирлъуде ккана.
Гӏахъущдерил ва цӏедехӏдерил къадизабазейин абуни, кидаго икъбал кколаан. Гьанже гурони гьанже, бусурбабазул ишалъе квербакъиги гьабичӏого, гӏурус пачаясе хъулухъ гьабун кумекалъе чӏаралъухъ рецӏел босилин ккараб мехалъ, Гъазимухӏамад имамги чӏван, рохана къадизаби. Ва гьале гьаб нухалъги добго жо такрарлъана. Кинабго битӏун кканин вукӏарав Хӏамзат имамги чӏвана. Гьужумалъ рахъине къадизабазул ракьалда хӏадур гьарулел рукӏарал гӏурус аскаралин абуни, Хӏамзат чӏваялъул хабар лъаниги, нухда ратанщинал росабиги рухӏулаго ва щущахъ риххизарулго, мугӏрузде ралагьун ана. Гьез хасго кӏудиял балагьал гьаруна хьергебдерил ва гьоцӏдерил росабазе.