Турциялда ругел миллатцоязухъ дагъистанияз бараб гьоболлъиялъул байбихьи, «Ракӏ соролеб асаргун» абураб цӏаралда гъоркь, цебесеб номералда бахъун букӏана.
Анкараялъул паркалда Шамилил бюст лъолеб къоялъ хӏакъикъаталдаги бихьана имамасул къимат гьениб хӏукуматалъул даражаялда гьабулеб букӏин. Жидер улкаялда Шамилил цӏар цӏакъ гӏемер васазе кьолинги абуна гьеб тадбиралда кӏалъалаго Энвер Демирица.
Дагъистаналъулги Турциялъулги гимн кӏодо гьабун эхетаразул мухъилъ халлъана нилъер машгьурав спортсмен Мухӏамадхан Хӏамзатханов (Бацӏхан). Гӏумру гьабун вугеб Тула шагьаралдаса вачӏун вугоан гьев, жиндирго васгун ва лъадигун цадахъ. Дагъистаналъул ва Турциялъул тарихалъулгун маданияталъул симпозиум гӏуцӏараз бицана, гьеб кӏудияб тадбир рагӏалде бахъинабиялъулъ Хӏамзатхановасги кумекалъулаб бутӏа лъунин абун. Дагъистаналъул делегациялда гьоркьорги рукӏана дунялалдаго цӏар рагӏарал спортсменал-чемпионал, исана ДРялъул Халкъияб Собраниялде депутаталлъун рищарал Лъаратӏа районалдаса Султӏан Ибрагьимов ва Гумбет районалдаса Хӏажимурад Мухӏамадов.
Шамил имамасул паркалдаса ниж рачана, Этимесгут районалда бугеб, «Тюрк тарих» абун цӏар кьураб музеялде. 2021 соналъул февралалда рагьараб, аслияб бутӏа — парк хӏисабалда зодикь бугеб, гьеб музеялъги асар гьабичӏого хутӏичӏо. Тюрк мацӏалъул тӏолалго улкабазул тарих жанибе бачун буго гьениб. Батӏи-батӏиял соназ гьел пачалихъазул бетӏерлъуда рукӏаразе, гьанжесезе, гьелго улкабазул рагъул бахӏарзазе ва цоги машгьурал гӏадамазе лъун ругоан рикӏкӏен гӏемерал мармаралъ къачӏарал памятникал. Гьенир гьоркьоса хьвадулаго ракӏалде ккола, цо залимал гӏадамазул, маргьуялъулаб дунялалда ругилан. Музеялъул баяназда рекъон, бищунго къиматаб экспонатлъун гьениб буго, 13 гӏасруялъ цебего тюрк мацӏалъ тӏад хъвай-хъвагӏай гьабураб гамачӏ. Гьебги бачӏун буго Монголиялдаса. Музеялъул минаялда жанибги художниказгун скульптораз чӏаго гьабун буго Турциялъул рагъулаб бахӏарчилъиялъул тарих рагьулел лахӏзатал. (Турциялда исанасеб сонги лъазабун буго тюрк мацӏалъул сонлъун).
Тюрк мацӏалъул кьибил бугелщиназулгун Турциялъул хӏукуматалъ гьабулеб бухьен, гьезул цолъи бихьидал, пикру гьабичӏого хутӏичӏо нилъерго гьаниб, цохӏо миллаталда гьоркьобцин рикьалаби ккезарулел хӏаракатчагӏазул. Гьез жидерго ракьалъул гьабулеб къимат, халкъалъул яшав лъикӏлъизариялъе чӏезарурал шартӏал рихьидал, битӏахъе бахиллъула.
ЭТИМЕСГУТАЛЪУЛ МЭРАСУЛ ХӏУРМАТ
Анкараялде щвараб тӏоцебесеб къо рукӏкӏунаго, ниж рачана дагъистаниязул хӏурматалда шагьаралъул мэриялъ тепси гӏуцӏараб, рестораналде. Гьенив гӏахьаллъана Анкараялъул Этимесгут районалъул мэр Энвер Демир, симпозиум гӏуцӏарал, нижгун дандчӏвазе рачӏарал Турциялда ругел Кавказалъул халкъазул наслабазул вакилзаби.
Гьаниб батӏаго бицине мустахӏикъал руго, Анкараялда нижгун цолъарал, Азербайжаналдаса дагъистаниязул вакилзабазул. Сапаралъул хъвай-хъвагӏаязул хадусел бутӏабазда тӏад юссина гьезде.
Бечедаб тепси гӏуцӏун гуребги, Энвер Демирица кӏудияб хӏурмат гьабуна гьалбадерил. Нижер щивасул цӏар, иш-пишаги бицун жиндаго аскӏоре ахӏун тӏугьдулгун сайгъаталги кьуна гьес. Дунялалда Дагъистаналъул цӏар рагӏизабурал нилъер спортсменазе хасаб баркала загьир гьабуна мэрас. Кибго бицен рагӏараб турказул тепси-сурпаялдаса хадур ниж парахат гьаруна санагӏат рекъараб отелалъур. Нижер кисиниса гъурущ холареб хӏалалъ гӏуцӏун батана Турциялъул рахъалъ тӏолабго сапарги.
СИМПОЗИУМАЛЪУЛ БАЙБИХЬИ
Дагъистаналъул ва Турциялъул тарихалъулгун маданияталъул симпозиумалъул аслияб бутӏа байбихьана хадусеб къоялъ радалго, ай 8 октябралъ. Мухӏканаб тартибалда, сагӏат, минут хӏисабалде босун, гӏуцӏун букӏана гьелъул программа. Къотӏноса жанире лъугьунаго, азбаралда ран ругоан симпозиумалъул игӏланал, жанахӏалъуб Шамил имамасул бюст, Турциялъул, Россиялъул, Дагъистаналъул байрахъал; гьебго къагӏидаялъ къачӏараб данделъабазул залалда Ататюркил ва имам Шамилил чӏахӏиял суратал, звукорежиссерас мех-мехалъ риччалел Дагъистаналъул бахӏарчилъиялъул бицунел кучӏдул. Бокьарас росизе жанахӏалъур ричулел рукӏана (Мухӏамад Хӏамзаевас хъвараб, Асият ва Яшар Озица турк мацӏалде буссинабураб) «Шамил имам» тӏахьалги.
Авалалдасаго бихьулеб букӏана, нилъер мугьажирзабазул тарихалда жаниб тӏоцебесеб нухалъ тӏобитӏулеб, гьеб гӏелмиябгун маданияб проект гӏумруялде бахъинабиялъе цӏикӏкӏараб кӏвар кьун букӏин. Турциялъул хӏукуматалъул рахъалдаса изну ва квербакъи гьечӏо гьеб лъугьунгутӏиги якъинаб гьечӏищха.
Кӏалъаял рукӏана турк ва гӏурус мацӏазда, кӏиябго мацӏалъул мухӏканаб таржамаги букӏана.
Санагӏалъи рекъараб данделъабазул залалда симпозиум рагьана Фатин Дагчинарил, Гӏабдуллагь Эренил, Мухӏамадхан Хӏамзатхановасул саламалъулал кӏалъаяздалъун.
Дагъистаналъул гӏелмиял ва тӏадегӏанаб лъай кьеялъул идарабазул камилал махщелчагӏаздаса гӏуцӏараб букӏана нилъер делегациялъул цӏикӏкӏарасеб бутӏа.
РАНалъул ИИАЭялъул ДФИЦалъул идараялдаса (Институт истории, археологии и этнографии Дагестанского федерального исследовательского центра Российской академии наук) анцӏгоялдасаги цӏикӏкӏун гӏалимчи ахӏун вукӏана симпозиумалда гӏахьаллъизе. Гьенире рачӏаразулъ рукӏана, дагьалъ цеве гьеб гӏелмияб идараялъул нухмалъуде тӏамурав тарихиял гӏелмабазул кандидат Рамазан Гӏабдулмажидов, тарихиял гӏелмабазул докторал Мухӏамадхан Мухӏамадханов ва Муртазагӏали Сиражудинов, тарихиял гӏелмабазул кандидатал Шагӏбан Хӏапизов, Хӏамзат Атаев, Майсарат Мусаева, Мухӏамад Шехмухӏамадов, Жамалудин Маламухӏамадов, Шарапудин Магарамов.
Цӏадаса Хӏамзатил цӏаралда бугеб институталдаса (ИЯЛИ ДНЦ РАН) гьенир гӏахьаллъана рехсараб идараялъул нухмалъулев, филологиял гӏелмабазул доктор Абусупян Акамов ва тарихиял гӏелмабазул кандидат Саида Гьарунова.
Дагъистаналъул пачалихъалъулаб университеталдаса рукӏана юридикиял гӏелмабазул кандидат Мажид Магьдилов ва филологиял гӏелмабазул кандидат Рахиля Гӏалиева.
Киназулго кӏалъаязул бицани халалъун ккела, гьел рукӏана Дагъистаналъул хаслъиялъул, тарихалъул, археологиялъул, этнографиялъул, мацӏазул лугъатазул баянал гъваридго рагьулел. Щивасул докладалдасан видео-презентацияги бихьизабулеб букӏана кӏудияб экраналдасан.
Рукӏана кӏалъаял Турциялъул гӏалимзабазулги. Кӏиябго рахъалъул гӏелмиял цӏех-рехазул докладал цӏалиялдалъун лъугӏулеб букӏинчӏо церерахъин. Кӏалъанщинасе кьолел суалал, мухӏканал жавабал — къокъго абуни, лъикӏаб чӏаголъиялда чвахана симпозиумалъул тӏоцебесеб къоялъул хӏалтӏи.
Суалал кьеялъул рахъалъ чӏел босанин абизе бегьула Бацӏханица (Мухӏамадхан Хӏамзатхановас). Гӏезегӏанго тарих бокьулев, тӏахьал цӏаларав чи вугин ккана гьев.
АДАБАЛЪЕ ЦӏАКЪЛЪИ БОСАНА РЕКӏЕЛЪ
Гӏахьалчагӏазе чӏамучӏлъулареб хӏалалъ гӏуцӏун букӏана симпозиумалъул программа. Данделъи нухда бачунес кофе-брейк лъазабурабго, рахъунаан жанахӏалъуре свак чучизе. Чай-кофе гьекъолагоги гьоркьоса къотӏулароан гьарурал кӏалъаязда тӏасан чӏагояб хабар, гьенибго гӏахьалчагӏазе рес кколаан цоцазулгун гӏагардегӏан лъай-хъвай гьабизеги, цадахъ суратал рахъизеги.
Нилъер делегациялда гьоркьор гӏезегӏанго рукӏана турк, гӏараб, ингилис мацӏазда кӏалъан бажарулелги. Дун гӏадал, гӏурусги магӏарулги гурони лъаларез, нилъерабго бицунаан Туркиялъул магӏарулазе, гьелги разиго хутӏулаан. Симпозиумалда гӏахьаллъарал Турциялъул магӏарулазул гӏемерисездаго саламатго лъалеб батана умумузул мацӏ. Бищунго йохана гӏолохъанаб гӏелалда гьоркьорги магӏарул мацӏ бичӏчӏулел ратидал. Улкаялъул батӏи-батӏиял шагьараздаса данделъарал гьел гӏолилаз хӏаракат бахъулеб букӏана гьалбадерие хӏажатабщиналъур аскӏор ратизе. Цӏакъго рекӏелъе бортана чӏахӏиязул гьез гьабулеб адаб.
ГӏАСРАБАЗУЛ ТАРИХ РАГЬУЛЕЛ КӏАЛЪАЯЛ
8 октябрь. Гьеб къоялъул тӏоцебесеб бутӏаялда ункъо доклад букӏана «Ранние этапы истории Дагестана: аналитические материалы» абураб тема кьочӏое босарал. Председатель — Рамазан Гӏабдулмажидов; докладчикал — Хӏамзат Атаев, Муртазагӏали Хӏажиев, Шагӏбан Хӏапизов. Гьел докладаз гӏатӏидго рагьана археологиялъул памятниказул, гьеб культура хӏисабалда, батӏибатӏияб къагӏидаялъ цебетӏеялъул, цересел гӏасрабаз исламалъул центрлъун букӏараб некӏсияб Дербенталъул, Серир пачалихъалъул.
Кӏиабилеб бутӏаялъ рагьана Дагъистаналъул гьоркьохъел гӏасрабазул тарих: Киевалъул Русалъул ва Золотая Ордаялъул заманаялъ Дагъистаналъул гьезулгун рукӏарал дармилал ва экономикиял гьоркьорлъаби; XVI гӏасруялда Дагъистаналъул политикияб карта, магӏарухълъиялда эркенал жамагӏатал гӏуцӏи, гьезул хӏакъалъулъ баянал; Дагъистаналда Надир-шагьасул талихӏкъосин, гьев щущахъ виххизави. Гьеб бутӏаялъе нухмалъи гьабуна профессор Юджел Огурлуца. Гьевги ккола лезгияв, Стамбулалъул халкъазда гьоркьосеб дармил университеталъул ректор.
Лъабабилеб бутӏаялда кӏвар кьуна мацӏазул цӏех-рехазде: «Исторические связи дагестанских языков и тюркологические исследования». Гьеб темаялдасанги букӏана лъабго гӏалимчиясул доклад — Юджел Огурлу, Рахиля Гӏалиева, Мажид Магьдилов. Председательлъи гьабуна Анкараялъул университеталъул профессор, филологиял гӏелмабазул доктор Уфук Тавкулица.
МАЦӏ КИНАБ БИЦАНИГИ ЩИБ, БИГИ РАКӏГИ МАГӏАРУЛ БУГО
Докладазда гьоркьоб хӏухьбахъиялъул заманаялъ лъай-хъвай ккана Азербайжаналдаса рачӏарал дагъистаниязулгун. Гьезул бищунго цӏикӏкӏарав — Азербайжаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул мухъилъ вугев шагӏир, Къабахчолиса Рамазан Хутраев. Гьес Цӏоралъул лугъаталда хъварал кучӏдул гӏезегӏанго рагӏунги рукӏана цереккунго. Гӏумруялъго хӏисабалъул дарсал школалда кьурав мугӏалим вугониги, Рамазанил щибаб каламалъулъ буго шагӏирлъи, кечӏ цӏалулеб гӏадаб хӏисабалъул бугоан гьесул кӏалъайго. Кутакалда магӏарухълъи, Дагъистан хирияв, магӏарул адабият лъалев чиги вугоан Рамазан. Гьесул кучӏдул ахӏула Цӏоралъул, Дагъистаналдаги машгьурал, кочӏохъабаз Эмилица, Гӏали Халаевас, Шамил Хурмаевас ва цогидаз. Рамазанил кучӏдузул чанго тӏехь бахъун буго азербайжан мацӏалда. Цоги шигӏрабазул тӏехь магӏарул мацӏалда бахъизеги хӏадурулеб бугин бицана гьес. Дагъистаналъул магӏарул интеллигенциялъул вакилзаби Цӏоралде цӏикӏкӏун рачӏине бокьилин абураб жиндир гьари «Хӏакъикъат» газеталдасан загьир гьабеянги абуна Рамазаница.
Цоги магӏарулав, Бакуялда гӏумру гьабун вугев, бизнесмен Исмагӏил Гантаевасул анищ бугоан Цӏоралъул магӏарулал цоцалъ гъункизаризе, гьезул вакилзаби пачалихъалъул хъулухъазда, парламенталда рихьизе. 90-абилел соназ Исмагӏил цӏалун вуго Анкараялъул университеталда, политикиял гӏелмабазул факультеталда. Студентлъун вугеб заманаялъго Яшар Озица ва Фатин Дагчинарица Дагъистаналъул, Кавказалъул студентазе гьабулеб букӏараб кумекалъулги бицана гьес. Гӏумруялъего хӏажатал дарсаллъун хутӏанин бицана гьес, Анкараялда гӏумру гьабун вугев магӏарулав Садредин Озденил малъа-хъваял. Исмагӏил цӏалун лъугӏизегӏан гьесие стипендия кьуна Садрединица. Гьадин ракӏалде щвезаруна Исмагӏилица дол сонал:
— Анкараялда чамалиго ресторан букӏана доб мехалъ Садредин Озденил. Щибаб моцӏрое гьес гӏарац кьолеб букӏиналдаса намуслъунги вукӏунаан дун. Лъабабилеб курсалда цӏалулеб мехалъ дица Садрединида гьарана, гьеб стипендия хӏалаллъизе, цониги рестораналда хӏалтӏун кумек гьабизе бокьун бугилан. Дур хӏалтӏи — лъикӏ цӏали бугин жаваб кьуна гьес. Цӏалуе зарал ккезе теларин абун, дун тӏаса вичӏичӏеб мехалъ Садредин разилъана. Дирги гъира букӏана, цо кинаб бугониги нухмалъулеб хӏалтӏиги кьун, дие хӏалбихьи щвелилан. Пуланаб рестораналде айин, дица мун вачӏунеблъиги бицун бугин абуна гьес. Щвана гьесул бищун лъикӏазул цояб рестораналде — гьениб управ- ляющияс богорокъовеги вачун, картошкаялдаса хъал бахъизе тӏамуна. Рекӏее гӏелищха гӏолохъанчиясе гьеб пиша, дицаго гьарун кьун бугелъул, яхӏалъ хӏалтӏулев вукӏана. «Гьа, щиб кколеб бугеб дур», — анги абун, цо къоялъ вачӏана живго Садредин. Дица лъазе течӏониги, гьесда бичӏчӏиларищха, къандалъаби цӏураб картошка бацӏцӏине дир гъира гьечӏолъи. «Гӏенеккея, Исмагӏил, — анги абун, босун нусгун картошка бацӏцӏине жувана гьев — чанго рестораналъул бетӏергьан. — Лъикӏаб даражаялъул бизнес гӏуцӏиялъе хӏажат буго гьеб иш нилъецаго кьучӏдасанго лъазабизе. Халкъалъе къабулаб тӏагӏамаб кванил ресторан рагьилал де гьадинаб хӏалтӏудаса байбихьизе ккола. Щибаб нигӏматалъул тӏагӏам, гьелъул квен хӏадурулеб къагӏида дудаго бичӏчӏизе ккола». Гьелдаса нахъе батӏи-батӏияб хӏалтӏи малъа- на дида гьес, гӏемераб ишалде тӏаде ккезавуна. Жакъасеб дир магӏишат Садрединил дарсал гӏадахъ росун гӏуцӏараб буго…»
Цӏалун хадув Азербайжаналде тӏад вуссарав Исмагӏилица гьениб рагьун буго турказул кванил ресторан. Гьанже гьеб бизнес гӏатӏилъун бугинги бицана. Гьев эркенго кӏалъалев вуго гӏурус, магӏарул, турк ва азербайжан мацӏазда. Лъикӏаб иманалъул, кумек хӏажаталъуб жин- дир бутӏа лъолев сахаватав чи ву- гин Исмагӏилин абун бицана гьев лъикӏго лъалез.
Цӏоралъул магӏарулазда гьоркьов бищунго гӏолохъанав вукӏана Ша- мил Тӏинаев. Исмагӏилидаго гӏадин, гьесдаги лъалеб бугоан ункъабго мацӏ. Жиндир умумузул ватӏан — Лъаратӏа районалъул Надар росулъе щвезеги ният бугин абуна Шамилица. Махӏачхъалаялде жив гӏемер вачӏунин бицана гьес.
— Дагъистаналда гӏемер гӏагарлъи, гьалмагълъи буго нижер. Гьениб гӏолохъабазул цо хасият бокьуларо дие, гьел лъугьуна Цӏоралъул магӏарулаз цоцалъ азербайжан мацӏ бицунилан бадирчӏваял гьаризе. Рокъобги къватӏибги нужецаго хъурулеб гӏурус мацӏалъул магӏна щибхаян жаваб гьабизе ккола гьезие. Щиб бакӏалда гӏумру гьабун ругониги, гьеб улкаялъул гӏаммаб мацӏалде ругьунлъула чи. Амма нижер рокъоб буго рахьдал мацӏ. Цӏоралъул халкъалъул ракӏги, биги, гӏамалги буго магӏарул.
Азербайжаналда машгьурай журналист, шагӏир, режиссер, «Самур» газеталъул редактор, лезгияй Седагет Керимовалъул «Цӏорораб бакъ» киноялъул бицен рагӏун букӏана цебеккун. Цеего лъалей гӏадан кинигин жуяна гьейги нижер къокъаялъулъ.
РАКӏ ЦӏАЛЕБ БУКӏИНЧӏЕБАНИ, ДАНДЕЛЪИЛАРОАН
Къад къоялъ гӏалимзабаз тарихалъул бицаниги, къасисеб кванида цадахъго культураялъул программаги камизе течӏо. Гьелъие байбихьи лъуна Дагъистаналъул халкъияй артистка Хадижат Жамалудиновалъ. Турциялда ругел миллатцоязе сайгъатлъун Хадижатица хӏадурун батана тӏаса бищараб лъикӏаб репертуар. Магӏарул халкъиял, миллаталъул бахӏарчилъиялда, мацӏалда хурхарал рукӏана гьезул цӏикӏкӏарасел. Данделъарал гӏажаиблъана Хадижатица турк, гӏараб ва азербайжан мацӏаздаги кучӏдул ахӏидал. Гьелда цадахъ тӏадчӏван кечӏ ахӏулел ясал халлъана цо столалда нахъа. Цӏехараб мехалъ гьел ратана Турциялда цӏалулел Гӏиракъалдаса магӏарулал — яцал Рим ва Махӏа. (Гьел ясазул хъизаналъулги хадусеб нухалъ дагьаб гӏатӏидго бицина). Санагӏат рекъараб банкетазул залалъубги камичӏо цӏиял лъай-хъваял, ракӏгъураб хабар. Кечӏ-бакъаналда гьоркьор рукӏана ракӏ-ракӏалъ цоцаздаса разилъи загьир гьабурал кӏалъаял, гьелги рукӏана гӏурус, магӏарул, турк, азербайжан ва гӏараб мацӏазда. Гьеб сордо нухда бачана Асият Тинаевалъ (Оз).
— Захӏматаб заманаялъ Турциялъ къабул гьаруна магӏарулал, Кавказалъул чанго батӏияб миллаталъул мугьажирзаби. Гьезул наслабазул лъикӏаб яшав гьаниб батиялдаса рохарал руго ниж, — ан абуна кӏалъазе цеве ахӏарав Авартеатралъул директор Мухӏамад Бисавгӏалиевас.
— Гӏасраби аниги, нилъ данде гьарулел руго, исламияб дунялалда бищунго машгьурав кавказияв, Шамил имамасул цӏаралъ. Нилъер цоцахъе ракӏ цӏалеб букӏинчӏебани, гьадин данделъилароан. Имамасул цӏаралъ гъункизарулел руго нилъ, щулалъизабулеб буго вацлъиги гьудуллъиги.
Нилъеда цебе бугеб масъалаги ккола Шамилил цӏарги цӏунун, гьесул цӏаралъе мустахӏикъаллъун рукӏине, гӏумруялъулъ гьеб тасдикъ гьабизе, хадусел наслабазухъеги кьезе.
Проект гӏуцӏаразе баркалаги кьун, Дагъистаналъе гьезул ритӏухълъиялъул бицунаго, «Дагъистан» ГТРКялъул нухмалъулей Луиза Гӏалихановалъги тӏадчӏей гьабуна политикияб рахъалдаги:
— Россиялъул ва Турциялъул бутӏруз эркенго цоцахъе хьвадизе изну кьечӏебани, гьадинал дандчӏваял, тадбирал лъугьине рес букӏинароан. Гьеб гьитӏинаб кӏвар гуро кӏиябго улкаялъул бухьен щулалъиялъе. Нилъеда батӏи-батӏиял политикиял хиса-басиял рихьана. Букӏана заман «маххул къадазул» гӏорхъалабаз цоцахъе нух къараб. Турциялда магӏарулал ругин абун рагӏун гурони, гьаниве щварав чи цӏакъго къанагӏат вукӏана. Турциялъул ва Дагъистаналъул магӏарулазул тӏоцересел дандчӏваял рукӏана магӏу щущалел. Жакъа цӏакъго хӏайранлъана, Шигьабудин Озденица чвахун бицунеб магӏарул мацӏалда. Цебеккун гӏемераб биценги рагӏун, гьев вихьизе анищ букӏана дир.
Дир ракӏ рохалил цӏун буго умумузул ватӏаналде бугеб нужер рокьи бихьун, нужеца бицунеб магӏарул мацӏ рагӏун, нилъер миллияб хаслъи цӏунизе бахъулеб хӏаракаталъухъ балагьун.
Турциялъул батӏи-батӏиял шагьаразда ругел дагъистаниязул жамгӏиял гӏуцӏабазул нухмалъулелгун цадахъ гьенивго кӏалъазе вахъана, киназего къиматав, Шигьабудин Озденги. Кӏалъазе вахъарав щивас загьир гьабулеб букӏана рекӏел хинлъи, гьеб данделъиялъул бугеб кӏвар. Цӏиял гӏелазда мисалги бихьизабун, гӏасрабаз цоцаздехун хутӏараб гьудуллъи-вацлъиги адаб-хӏурматги цӏуниялде ахӏулел рукӏана.
Гьаниб бицинчӏого хутӏана, симпозиум тӏобитӏулеб кӏалгӏаялъул жанахӏалъуб лъураб Шамил имамасул бюст гьабурав скульптор Нухӏ Ачинил. (Гьеб бюсталъе харжал Сайгидпаша Гӏумахановас гьарунинги бицунеб рагӏана). Скульпторасул хӏалтӏабазул видео-презентацияги бихьизабуна гьеб сордоялъ банкетазул залалда. Нухӏ Ачин вуго Туркиялъул черкесав. Гьесул кӏудияб хӏурмат бугоан дагъистанияздехун. Кавказалъул цересел ва гьанжесел машгьурал гӏадамазул сипаталда жинцаго гьарурал бюстазул музей гӏуцӏун бугин бицана гьес. Нухӏил хӏалтӏабазул мухъилъги цӏар рагӏарал магӏарулал гӏемер ругоан. Гьеб сордоялъул гӏодобчӏеялъе лъугӏел лъуна, къо-лъикӏ гьабулаго Султӏан Ибрагьимовас ахӏарал:
«Къотӏун гьечӏо жегиги
Кьурабалъ дандерижи,
— Кьварарал муридазул
Лаиллагьа илаллагь», — ан абурал кочӏол рагӏабаздалъун.
Дагъистаналъул анцӏгоялдасаги цӏикӏкӏун районалъул вакилзаби рукӏана Турциялде ахӏараб делегациялда гьоркьор. Цебеккун бицухъе, гьезул цӏикӏкӏарасеб къадар магӏарулазул букӏана. Турциялъул ракьалда рещтӏаралдаса нахъе нижеда сверухъ лъугьа-бахъунелъул пикру гьабидал, гьеб тадбир хӏукуматалъул кӏудияб идараялъ гӏуцӏараб гӏадаб хӏисаб букӏана.
Симпозиумалъул хӏалтӏуда гьоркьоб лъазабураб иргадулаб хӏухьбахъиялъул минутаз, Анкараялда бугеб дагъистаниязул жамгӏияб гӏуцӏиялъул президент хӏисабалда, Фатин Дагъчинарие баркала загьир гьабулей йикӏана дун.
—Патӏимат, баркала кьезе ккола Яшарие ва Асиятие. Гӏемераб хӏалтӏи гьабуна гьаз гьаб проект гӏумруялде бахъинабулаго, — ян жаваб гьабуна гьес.
Оз Яшарил ва гьесул лъади Асиятил мурад бугоан Дагъистаналъул тарихгун культура Турци- ялда гӏатӏидго рагӏизаби, кӏиябго рахъалъул бухьен щулалъи. Гьеб гуребги, бихьизабуна Турциялда ругел дагъистаниязул гӏумру-яшав мустахӏикъаб даражаялда букӏин, умумузул ватӏаналде рекӏелъ рокьи цӏунун гуребги, гьеб гӏелмияб, маданияб рахъалъ тӏад хӏалтӏун щула гьабизе гьез бахъулеб хӏаракат.
Нилъер хаслъигун тарих рагьулел кӏалъаял
Анкараялда 9-10 октябралъул къоязги симпозиумалъул хӏалтӏи букӏана сардил хӏухьбахъулел сагӏтаз гурони гьоркьоса къотӏичӏеб. Гьеб тӏолабго программаялда рукӏанщинал гӏелмиял докладазул, кӏалъанщинав чиясул бицани, цӏакъго халалъила, цӏалдолезеги чӏамучӏлъила. Нижеегогицин гӏенеккизе гъира балел баянал рагьулел рукӏана Дагъистаналъул гӏалимзабазул цӏех-рехаз баянал. Умумузул ракьалъул тарих лъазабизе Турциялда гӏолел Кавказалъул халкъазул наслабаз хӏаракат бахъулеб букӏиналдасаги рохана. «Этнография Кавказа и Дагестана в свете глобальных межкультурных взаимодействий» абураб темаялда гӏуцӏараб бутӏаялъе нухмалъи гьабуна Асият Тӏинаевалъ (Оз).
Дагъистаниязул миллияб хаслъи рагьулел гӏелмиял цӏех-рехазул кӏалъаял рукӏана гӏалимзаби Мухӏамадхан Мухӏамадхановасул, Абусупян Акамовасул, Майсарат Мусаевалъул ва Саида Гьаруновалъул. Кӏиабилеб, профессор Мухӏамадхан Мухӏамадхановас нухмалъи гьа- бураб «Историко-культурные связи Дагестана с Турцией» бутӏаялда докладал рукӏана гӏалимзаби Рамазан Гӏабдулмажидовасул, Шарапудин Магарамовасул, Юсуф-Ислам Йылмазил. «Дагестанцы в Османском Государстве, в примерах документов» абураб темаялда букӏана Йылмазил кӏалъай. Гьел баяназул цӏех-рех жеги гьабизе букӏинги бицана Йылмазица, кӏалъаялдаса хадуб суалазе жаваб кьолаго. Мухӏамадхан Мухӏамадхановас тӏадегӏанаб къимат кьуна гӏолохъанав тарихчияс гьабулеб цӏех-рехалъулаб хӏалтӏуе.
Юсуф-Ислам Йылмаз вуго Турциялъул Сивас шагьаралда гӏурав магӏарулазул наслуялъул вас. Жиндир умумул, Махтули Мухӏамадилал цӏунтӏадерил ракьалдаса рукӏанин бицана гьес. Шапих росулъа гӏагарлъиялъулгун бухьенги бугин абуна.
Магӏарул мацӏ гьесда лъалеб гьечӏоан, ниж гьевгун эркен- го кӏалъана гӏурус мацӏалда. Нижее хӏажаталъуб таржамаги гьабулаан Юсуф-Исламица.
Гьес лъазабулеб буго тарихияб гӏелму, цӏалун вуго Саратовалъул ва Сивасалъул университетазда. Чӏужу Дагъистаналдаса ячине бокьун бугинги бицана гьес нижее кофе-брейк лъазабураб хӏухьбахъиялъул заманалда цадахъ чай гьекъолаго.
Къадеквандаса хадур рукӏана Дагъистаналъул гьоркьохъел ва ахирал гӏасрабазул бицунел кӏалъаял. Гьеб заманаялъ Дагъистаналда гӏуцӏарал лъай кьеялъул идарабазул баян кьуна гӏалимчи Жамалудин Маламухӏамадовас, Шамил имамасул кагътазул бицана шагӏир Мухӏамад Хӏамзаевас, Шамил имамамасул заманаялъул низамалъул цӏиял баянал рехсана гӏалимчи Мухӏамад Шехмухӏамадовас.
Дагъистаналда ханзабазул заманаялъул бицунеб букӏана, Измиралдаса тарихчи, Мехмет Уярил кӏалъай. Залалда гӏодор чӏараз докладчагӏазе кьолел суалал цо- цо мехалъ бахӏсалдецин сверулел рукӏана. Гьел суалал роцӏинаруна гӏалимзабазул мухӏканал баяназ.
Тириял кьурдабигун къасисеб тепси
Къасиквен букӏана Кавказалъул кьурдабигун. Гьални «Лезгинка» ансамблялда куцарал кьурдухъаби ратилин букӏана пикру. Къад симпозиумалда хӏажатабщиналъе эхетарал волонтерал ругоан къаси, Кавказалъул ратӏлил формагун, тириго свери бахъулел. Гьезулги це- вехъан – Стамбулалда гӏумру гьабун вугев магӏарулав Гекай.
Гьев гӏолохъанчияс гьитӏинаб мехалдаса нахъего тӏадчӏун, профессионалияб даражаялда, лъазарун руго Кавказалъул кьурдул расенал. Фармакологлъунги цӏалун щвараб лъаялда рекъон хӏалтӏулев вугониги, жеги тун гьечӏо «Кавказалъул кьурдаби» ансамблялда гӏахьаллъиги.
Гьединго Гекайица жигараб гӏахьаллъи гьабулеб буго Турциялда ругел дагъистаниязул жамгӏияб хӏалтӏулъ. Гьеб къасисеб тадбиралдаги гӏахьаллъана Турциялъул батӏи- батӏиял шагьаразда ругел дагъистаниязул наслаби, жамгӏиял хӏаракатчагӏи. Рукӏана ракӏразиял кӏалъаял, ракӏалдещвеялъе кьолел сайгъатал
«Имам вихьана макьилъ…»
Хадусеб къоялъ симпозиумалъул программа байбихьана Мухӏамад Хӏамзаевас авар мацӏалда хъвараб, Оз Асиятица ва Яшарица турк мацӏалде буссинабураб, «Имам Шамил» тӏехьалъул презентациялдаса. Гьеб бутӏаялъул жавабиявлъунги вихьизавун вукӏана хъвадарухъан, журналист Мухӏамад Бисавгӏалиев. Цебеккун киданиги бихьун букӏинчӏо гьес тӏахьазул презентациял рачунеб. Амма ругьунабго пиша гӏадин, тӏадегӏанаб даражаялда тӏубазабуна гьеб иш Бисавгӏалиевас.
2009 соналъ къватӏибе бачӏараб «Имам Шамил» тӏехьалъе тӏадегӏанаб къимат Дагъистаналда цебего кьуна, халкъалъ къиматаб сайгъатлъун къабулги гьабуна. Турк мацӏалдеги гьеб бусинабиялъ Турциялда гӏолел дагъистаниязул наслабазе бугеб цӏикӏкӏараб кӏваралда тӏадчӏей гьабуна презентациялда гӏахьаллъарал гӏемерисез. Гьенир кӏалъана профессор Уфук Тавкул, Мухӏамад Хӏамзаев, Мухӏамад Хъарагишиев, Асият Оз, Шагӏбан Хӏапизов, Патӏимат Гьитӏинова. Бахӏсалде сверарал суалалги камичӏо гьенир. Шамилил заманаялъул тарихалъул гъваридаб бичӏчӏи гьечӏолъи бихьулелги рукӏана цо-цо суалал. Цӏакъ рекӏее гӏуна нилъер тарихчагӏаз гьезие кьурал кьучӏал жавабал.
Асият Тӏинаевалъ гӏатӏидго баян кьуна тӏехь турк мацӏалде буссинабулаго гьабураб хӏалтӏул, гьеб ишалъулъ гӏахьаллъаразул, тӏоцебе гьеб цӏалараб мехалъ жиндиего гьа- бураб гъваридаб асаралъул. Турк мацӏалда тӏехь къватӏибе бачӏараб мехалъ, жинда макьилъ Шамил имам цеветӏамунинги бицана гьелъ. Киналго кӏалъаял рукӏана гӏурус ва турк мацӏазда. Гьелъул таржама-ги букӏана гӏенеккаразе санагӏаталда гӏуцӏун. «Хӏакъикъат» газеталъул вакил хӏисабалда, дир къокъабго кӏалъай букӏана магӏарул мацӏалда. Гьелъухъ баркала загьир гьабун рачӏана аскӏоре Турциялъул магӏарулалги. Авар каламалъухъ урхъарал гӏолилал гьезда гьоркьор ратиялдаса дунги йохана.
10 октябрь къоялъул радал Анкараялда рещтӏана Дагъистаналъул халкъияй артистка Зайнаб Махаеваги.
Гӏасругун бащдалдаса цӏикӏкӏун заман къватӏиб барал мугьажирзабазул наслабаз магӏарул мацӏ бицунеб рагӏидал, рекӏее лъикӏаб асар гьабула. Чияр букӏаниги ватӏанлъун лъугьун буго гьезие умумул гочарал улкаби. Кигӏан санагӏатаб яшавалда ругониги, гьезул ракӏазулъ буго умумузул ракьалдехун хинаб асар, бидулъго буго Кавказалде рокьи. Гьеб цӏунизе, хадур гӏолезухъе кьезе квербакъула Анкараялда бугеб Дагъистаналъул тарихалъул ва маданияталъул жамгӏиял гӏуцӏабаз. Дагъистаниял, кавказиял данделъулел гьединал гӏуцӏаби руго Турциялъул гӏезегӏанго шагьаразда. Хӏукуматалъул рахъалдаса гьукъиги гьечӏо гьезул хӏалтӏуе. Гьеб бутӏаялда хӏалбихьи щварал гӏадамалги рукӏана тадбиралде ахӏун.
Симпозиумалъул ахирисеб къоялъги программа букӏана бечедаб. Ватӏанцоязулгун бухьен щулалъиялъе жамгӏиял гӏуцӏабаз гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицана Турциялъул, Дагъистаналъул, Азербайжаналъул ва Гӏиракъалъул дагъистанияз.
Гьебго къоялъул къасисеб тепсиялда нахъа гӏодорчӏаразе рес щвана, нилъер халкъиял артисткаби Хадижат Жамалудиновалъул ва Зайнаб Махаевалъул кучӏдузухъ гӏенеккизеги. Машгьурал кочӏохъабаз цадахъ биччараб бакъанги цӏакъго къабуллъана данделъаразе.
Симпозиумалъул аслияб хӏалтӏи лъугӏун хадусел къояз, гьеб проект гӏуцӏараз, гьалбал рачана Турциялъул бищунго машгьурал тарихиял бакӏазде, пачалихъияб кӏваралъул музеязде.
Бурсаялъул аваралгун
13 октябралда нижер автобусалъ нух босана Анкараялдаса ункънусгогӏан километралъ рикӏкӏад бугеб Бурсаялде. Гьенире гӏагарлъарабгӏан ракӏалде ккола магӏарухълъиялде щолел ругин.
Къадекванил тепсиги гӏуцӏун, данде рахъун ратана Бурсаялъул дагъистаниял. Лъикӏаб лъай-махщел щварал, берцинаб яшав гӏуцӏарал гӏадамал рукӏин бихьулеб букӏана гьел. Данделъараз, жидерго цӏаралги рехсон, бицунеб букӏана щиб росулъа умумул рукӏаралали. (Гьеб рахъалъ баяналги ракӏарун гӏемераб хӏалтӏи гьабулеб буго «Гъуниб» газеталъул редактор Мухӏамад Къебедовас). Цо-цоязда умумузул росу лъалебги гьечӏоан. Хӏисаб гьабидал, Турциялде гочарал магӏарулазул гӏемерисеб къадар Гумбет районалдаса бугин тана. Гьезул гӏемерисел ругоан Ортотепе, Киреч росабалъ. Нижгун сапаралъ вукӏарав Гумбет районалъул администрациялъул бетӏерасул заместитель Мухӏамад Хъарагишиевас бицана, гьел росабалъ жидер кьолбол гӏемерал гӏадамал ругин. Мухӏамадица чанго соналъ тӏадчӏун балагьулеб бугоан гьениб гӏагарлъи. Гьезул цояв вугоан Яшар Озги.
Щаялиго бадиб магӏу ххулулеб, хинаб лъалкӏ рекӏелъ хутӏулеб букӏана Бурсаялъул магӏарулазулгун дандчӏвай.
Хадубккунисеб нижер сапар букӏана, Бурсаялдаса лъабнусгогӏан километралъ рикӏкӏаде, Дарданелл проливалъул рагӏалда бугеб, Чанаккале провинциялде. (Гьанибго ракӏалде щвезабила, дагьал цере соназги гьеб провинциялъул губернаторлъун вукӏана магӏарулав, Турциялда машгьурав политик, хъвадарухъан Ахӏмад Чинар.)
Некӏсияб Троя ва тарихияб Дарданелл
Тӏоцебесеб къоялъ ниж гьоболлъухъ ахӏана, улкаялдаго бищун лъикӏал идарабазул цояб, Чанаккале шагьаралъул университеталде. Бихьизабуна гьенибго бугеб, Чанаккале провинциялъул тӏабигӏиял, магӏданиял ва ралъдал бечелъабазул музейги.
Гьеб, кӏикъоазарго студент жаниве вачунеб университеталда цӏалулел ратана Дагъистаналдаса, Крымалдаса гӏолилалги. Гьезулги цояв, Нугъай районалдаса Эмир Хасаевас гъираялда бицана лъай кьеялъул ва гӏумру гьабиялъул рахъалъ университеталда бугеб хӏалалъул хӏакъалъулъ.
Турциялъул ракьалъул рагӏал- лъаби чурула ункъо батӏияб ралъдаца — Чӏегӏер ралъад буго Шималияб рахъалда, Средиземное — югалъулаб рахъалда, Эгейское — Турциялдаги Грециялдаги гьоркьоб; Мармаралъулин абуни ккола — улкаялда жанисеб ралъад, ункъабго ралъадалъул бухьен буго Босфор ва Дарданелл проливаздасан. Цересел гӏасрабазго гӏадин, гьанжеги гьел проливаз дунялалъулго геополитикаялда ккола цӏикӏкӏараб кӏваралъул бакӏ. Чанаккалле шагьаралда гӏагарлъухъго буго некӏсияб, маргьадулъ гӏадаб биценалъул, Троя шагьаралъул хутӏел. Нилъеда гьеб лъала цересел греказул шагӏир Гомерил «Иллиада» асаралдаса ва гьелда рекъон рахъарал кинофильмаздаса. Троя шагьаралъул чӏваднал рухъулаго, археологазда батанщинаб данде гьабун гӏуцӏараб тарихияб музейги буго гьениб.
Россиялъе Сталинград гӏадаб, Дагъистаналъе Ахӏулгохӏ гӏадин къиматаб, бахӏарчияб тарих буго Дарданелл проливалъул рагӏаллъуда бугеб Галлиполи бащдаб чӏинкӏиллъиялъул. Тӏоцебесеб дунялалъул рагъулъ турказ жидерго ватӏан тушбабаздаса цӏунун, бергьенлъи босараб гьеб борхалъуда, кутакалда асар гьабулеб къагӏидаялъ гӏуцӏун буго бечедаб музей, гьениб чӏаго гьабун буго дол рагъазул тарих. Гьеб цӏунизе гӏемерал харжалги гьарун, балагьаразул ракӏазе цӏакъго асар гьабуледухъ, жидер миллаталде хӏурмат цӏикӏкӏунедухъ бихьизабулебги буго турказ.
Грециялда дандбитӏун, Дарданелл проливалъул рагӏалда бараб кӏиго сордо-къоги букӏана даималъго рекӏелъ хутӏулеблъун. Шагьаралъул нухмалъулел, университеталъул ректор, Крымалдаса татаразул церехъаби гӏахьаллъараб букӏана, къасисеб кванил тепсиялда нахъа гӏуцӏараб хӏурматияб дандчӏвай.
Гьаб ракьалъул кьучӏав хважаин вуго
Автобусалда рекӏун Чанаккаллеялдаса Стамбулалде унаго нахъа тана ичӏго сагӏаталъул нух.
Кире руссаниги, бижулеб букӏана цого пикру — жидерго ватӏаналъул, ракьалъул тӏалаб, къимат гьабулеб буго турказ.
Чанго азарго километр нухлул нахъа толаго киса-кибего гӏурччинлъи, хъулухъ гьабурал гъутӏби, щибаб гъотӏол, хъархъил кьолболъе лъим тӏинкӏизабун лъалъалеб къагӏида, хасалихъе бачӏинги бакӏарун мухӏканго регарал хурзал, ахал… Гьединал бакӏазда ракӏалде щвечӏого хутӏуларо рехун тарал нилъерго мегъал, рекьуларел авлахъал, хъублъиялъ цӏурал рохьал, гьединалго гӏурул рагӏаллъаби.
Берцин бихьана турказул гӏи-боцӏул фермабазда аскӏоб рацӏцӏалъи. Гӏархъазде буссинабураб хер, нилъер гьаниб гӏадин гӏаздакь, цӏадакь толеб гьечӏо, тӏад чӏахӏиял тентал ккун, рахчун руго. Кибго хӏалигъараб гӏурччинлъи бугониги, гӏорал, лъарал, хӏорал халлъичӏо.
Цокӏалаб тайпаялда гӏуцӏарал росабалъ 2-3-4 тӏалаялъул ругоан киналго минаби. Гьезулги тӏохазда щегӏ гурони, маххгун шифералда берчӏвачӏо. Ригьзабазда сверухъ буго къунцӏун, чӏаран къачӏараб, гъветӏ-хъарахъ, халлъичӏо азбар- къоно бахчарал рорхатал къадал, чӏухӏун къачӏарал маххул каваби. Асар гьабичӏого хутӏичӏо шагьаразул ва росабазул щибаб авалалда ругел гӏемерал берцинал мажгитаз, рорхатал михӏмараз.
Хъухъан, бичӏун, къачӏан бичулеб цӏул батула бакӏ-бакӏалда. Цӏа бакун рукъзал хинлъизарулел бакӏал гӏемер рукӏин бихьула, тӏохазда кӏкӏуйдул тӏалаби рукӏиналъ. Лъим, газ, ток гьарзаго гьечӏин ккана, гьорол ток гьабулел станциялги рихьула гӏезегӏанго щобазда.
Кинаб рахъалъ халгьабуниги, тӏолабго улкаялда, цокӏалаб, жидерго буголъи цӏунараб, кьварараб политика букӏин бичӏчӏула.
Сулейманил гьундул ва нух битӏиялъе бахъухъ
Стамбулалде щвараб нахъисеб къоялъ ниж рачана экономикая- лъул, дармил лъай кьолеб, халкъазда гьоркьосеб университеталде. Гьеб университеталъул ректор, Дагъистаналдаса наслуялъул лезгияв, профессор Юджел Огъурлуца лъикӏаб дандчӏвайги хӏадурун батана умумузул ракьалдаса рачӏарал гьалбазе. Стамбулалъул дагъистаниял цолъиялъе Юджелица гӏемераб хӏалтӏи гьабулин бицана симпозиум гӏуцӏараз.
Цояз цогидазухъе ахӏун, ниж лъалхъанщинаб бакӏалда данделъун ратулаан нилъер мугьажирзабазул наслаби. Гьанже Дагъистаналдаса ун Стамбулалда цӏалулел магӏарул васал рачӏана гьенире нижгун дандчӏвазе. Турциялъул ракьалде щвараб щибаб нухалъ цӏикӏкӏун бичӏчӏула гьенир гӏемер магӏарулал, дагъистаниял рукӏин.
Киналго дандчӏваязда рихьанщиназул цӏаралги, киса-щивалиги ракӏалда хутӏичӏо, хъванги хӏалкӏвечӏо.
Симпозиумалъул нухмалъулез ракӏалдещвеялъул сайгъатал рикьулел рукӏана киналго тадбиразул, дандчӏваязул гӏахьалчагӏазе, гьоболлъи-хӏурмат гӏуцӏаразе, хӏалтӏулъ квербакъаразе.
Шамил имамасул фондалъул рахъалдасаги рукӏана Турциялда ругел ракьцоязе, хӏурматиял гӏадамазе кьолел Дагъистаналъул хаслъиялъул сайгъатал.
Дунялалда бицен рагӏараб гьайбатаб Стамбул, некӏсияб тарихалъул музеял, Султӏан Сулейманил гьундул, Турциялъул дагъистаниязулгун къо-лъикӏ гьабулеб гӏодобчӏей — бечедаб букӏана сапаралъул ахирисел къоязул хӏухьбахъиялъулаб программаги. Аэропорталде ниж щолаго автобусалда жаниб бахъана магӏарул бахъухъалъул махӏ. Цебе- ккун дица бицен гьабурав кьурду- хъан Гокайил лъади ячӏун йигоан умумузул къагӏидаялъ бахъухъги гьабун.
— Дагъистаналдаса рачӏарал нижер умумуз щибаб байрамалде гьабулаан бахъухъ, — ан абуна гьес, къо- лъикӏ гьабиялъе гьеб нигӏматги бикьулаго.
— Нижее байрамлъун ккана умумузул ватӏаналдаса рачӏарал нужеда цадахъ рарал къоял.
Турциялъул ракьалда рещтӏаралдаса нахъе нижеда сверухъ лъугьа-бахъунелъул пикру гьабидал, гьеб тадбир хӏукуматалъул кӏудияб идараялъ гӏуцӏараб гӏадаб хӏисаб букӏана. Амма гьеб букӏана Оз Яшарил ва гьесул лъади Асиятил кӏудияб захӏматалъул хӏасил. Гьезул мурадги бугоан Дагъистаналъул тарихгун культура Турциялда гӏатӏидго рагӏизаби, кӏиябго рахъалъул бухьен щула гьаби. Умумузул ватӏаналде гьезул ракӏазулъ цӏунараб рокьул хинлъиялъ, гьез бицунеб магӏарул мацӏалъ цӏакъ гъваридаб асар гьабулеб букӏана щибаб дандчӏваялда. Гьединго, симпозиум гӏуцӏараз гьалбадерида бихьизабуна Турциялда гӏолел дагъистаниязул наслабазул гӏумру- яшав мустахӏикъаб даражаялда букӏин.
Асар гьабуна гьенир гӏемерал гӏолилал-волонтерал гӏахьаллъи- ялъги. Жидерго хӏалтӏи-ишги хъизан-рукъги тун киса-кирего цадахъ рукӏана гьел.
Сапаралъул хъвай-хъвагӏаял газеталда къватӏире кьолаго, нижеца гӏемерисеб нухалда хӏалтӏизаруна гӏолохъанав тарихчи, магӏарулав Юсуф-Ислам Йылмазица рахъарал суратал.
Аэропорталда дандчӏваралдаса нахъе, гьенирего нухарегӏизегӏан цадахъ вукӏана гьев.
Баркала кьезе гӏадамалги бицинчӏебги гӏезегӏанго хутӏана. ИншаАллагь, батила гьеб гӏатӏидго рагьизе цоги батӏияб къагӏида.
Патӏимат ГЬИТӏИНОВА
Патӏимат Гьитӏинова