«Соцветие» абураб цӏаралда гъоркь Гъизилюрталъул №9 школалда тӏобитӏана Дагъистаналъул маданияталъулги мацӏазулги къоялъул хӏурматалда гӏуцӏараб форум. Гьелда гӏахьаллъана Гӏалибег Тахо-Годил цӏаралда бугеб Дагъистаналъул педагогикаялъул гӏелмиял цӏех-рехазул институталъул (ДНИИП) вакилзабиги Гъизилюрт шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул хӏалтӏухъабиги.
Форумалда бицана рахьдал мацӏалги маданиятги цӏуниялъулгун церетӏезариялъул ва гӏолеб гӏелалъе гьезул кьучӏалда мугъчӏвалеб тарбия кьеялъул хӏакъалъулъ. ДНИИПалъул директорасул заместитель Низами Сапаргӏалиевас гьадинаб хитӏаб гьабуна форумалъул гӏахьалчагӏазде: «Мацӏ ккола миллиябгун маданияб рахъ цӏуниялъул аслияб шартӏ. Рачӏа нилъер умумузул гӏадат-гӏамалалъе ритӏухъаллъун рукӏине, рахьдал мацӏги маданиятги цӏунизе, нилъер кьалбаздаса чӏухӏизе кколеблъи лъималазда малъизе, тарихияб бечелъи рукӏинесел наслабазеги щолеллъун гьаризе», — ян.
Цӏалана докладал, бихьизабуна Дагъистаналъул халкъазул мацӏазул квацӏи загьирлъиледухъ гӏуцӏараб концерт ва гьелдаса хадуб тӏобитӏана «Миллияб маданият цӏуниялъулъ рахьдал мацӏалъул кӏвар» абураб тема гьоркьоб лъураб гургинаб стол.