Пандемия байбихьаралдаса нахъе Дагъистаналда коронавирусалъ унтаразул къадар 55000 чиясдасаги цӏикӏкӏун буго. 26 октябралда республикаялда коронавирусалъ унтун вуго 154 чи, больницаялдаса рокъове виччан вуго 115-яв, больницаялда вегун вуго 1522 чи, хун вуго анлъгояв. Унтаразул къадар цӏикӏкӏунеб букӏин хӏисабалдеги босун, 30 октябралдаса бахъараб анкьабилеб ноябралде щвезегӏан гӏодоркъоялги кьолел руго нилъее. Гьединлъидал лъикӏаб букӏинаан гьел къоял хъизан-лъималазда аскӏоб, рокъоб тӏамуни. Нилъеца цӏодорлъи гьабуни, гъоркьиса букӏараб гӏадаб хӏалги, къойилго рагӏулел рукӏарал пашманал харбалги такрарлъиларин абураб хьулги буго. Коронавирусалъ сахлъи кӏвекӏараз бицуна гьеб унтул вахӏшилъиялъулги гьелдаса цӏуниялъулги къагӏидабазул хӏакъалъулъ. Масала, Унсоколо районалдаса ункъо лъимадул эбел Патӏиматица бицунеб буго коронавирусалдаса кин жий йорчӏараяли ва унтудаса хадуб гӏумруялъул къагӏида хисараб куцалъул хӏакъалъулъ.

Нилъго цӏунарал гӏоларо

— Пандемия багъараралдаса нахъе цӏуна-къай гьабулаан дица, гӏадамал гӏемераб бакӏалдеги унароан. Амма кигӏан цӏакъ цӏунун чӏаниги, унтичӏого хутӏичӏо. Унтаралги холелги гӏемерлъараб май моцӏалъ ккана больницаялде. Дир хӏисабалда, къойил хӏалтӏуде хьвадулев росас бачӏанин ккола вирус рокъобе. Лъабго къоялъ 38 градусалде цӏа-канги бахун йикӏана. Хӏалцен букӏинчӏо, амма щокърониб цо жо къан бугин кколаан. Къулчӏунги унароан, тун къватӏибеги бачӏунароан. Хӏухьел цӏазе захӏмалъана. Лъабго сордо борчӏана хӏухьел цӏазе, кьижизе кӏоларого. Бетӏергьанчияс ячана гьуърузул сурат бахъизе. Росасул гьуърул рацӏцӏадго ратана, дирал жагъаллъун ругин абуна.

Больницаялда егана 12 къоялъ. Гьениб, аппараталъул кумекалдалъун цӏалеб букӏана хӏухьел. Аппараталъ кьолеб бацӏцӏадаб гьаваялдаса хадуб, гӏадатияб гьава цӏазе захӏмалъулебги букӏана. Дица гьелъул хӏакъалъулъ бицен гьабидал, тохтуралъ абуна дурго чорхол хӏал дудаго лъалин, приборалъул бацӏцӏадаб гьаваялдаса хадуб гӏадатияб къагӏидаялда хӏухьел цӏазе захӏмалъулин. Хӏухьел цӏалелъул, хьалбал ва керен рукӏкӏназ бас-басизабулеб бугин кколаан. Сурат бахъарав тохтурасги дир гьуърузул ахадаса бащалъи жагъаллъун бугин абуна.

Дида аскӏор палатаялда ругелги аппараталдалъун хӏухьел цӏазе захӏмалъулеб бугин абун рукӏунаан. 49 сон барай, захӏматго унтарай гӏадан йикӏана аскӏой. Гьелдаса бахъизего бахъулароан ИВЛялъул аппарат.

Цӏияб, хӏал лъалареб унти букӏиналъги батила доб заманалда цо чӏараб къагӏидаялъул дару гьабулаан унтаразе. Тохтурзабаз ва медицинаялъул цогидал хӏалтӏухъабаз цӏакъ тӏадчӏей гьабулаан щивав унтарасда. Кин букӏаниги, больницаялда гьабулеб дару дие данде ккечӏо. Антибиотикал гьарулелъул дица гьезда абулаан дир аллергия бугин, хӏалбихьи лъечӏого, воре, нужеца дие дару гьабугеян. Гьезги абулаан гьал дараби киназего дандекколел ругин. Цо къоялъ радал капельница лъедал аллергия бана. Къаркъала битӏахъе бухӏулеб букӏана. Холей йигин дунин абун, дунялалдасаго хьул къотӏун букӏана. 10 чиясда гьоркьоб гьеб капельница цохӏо дие дандеккун гьечӏо.

Хӏинкъиялъ чӏвала сахлъи

Больницаялда егаралдаса нахъе, гьенир къойилго гӏадин холел рукӏана гӏадамал. Цогидаб палатаялъуса чи хванин рагӏанщинахъе, дирго ункъабго лъимадул сипат бачӏунаан цебе. Вай, дир Аллагь, дир яц гуро, вац гуро, эменги хвана, цохӏо хутӏарай эбелалде рехун хутӏугеги дир лъималин абун зигардулаан дун. Патӏимат, дуца гьедигӏанго ургъел гьабугеян, гӏицӏго дурго сахлъиялъул пикру гьабун йикӏаян абун телефоналдасан кӏалъан рачӏунаан гӏагарлъиги. Кигӏан хӏинкъаниги, Аллагьасда мугъчӏвай гьабун чӏолаан. Кигӏан захӏмат букӏаниги, какги течӏо.

Хӏинкъиялъги цӏакъго багъаризабуна унти. Хӏинкъизе бегьулебго букӏун гьечӏо.

Дида аскӏой йикӏана 64 сон барай гӏадан. Гьей больницаялдаса васас эхееги ячун, КТги гьабун ячӏана. 15-20 процент букӏана гьелъул. Гьей цӏакъ къвакӏарай гӏадан йикӏана ва хехго сахлъизеги сахлъана. Цогидай, ай 49 сон барай йикӏана захӏматго унтун. Жиндирго хроническиял унтаби рукӏана гьелъул. Аппараталдасан хӏухьел цӏалей йикӏунаан гьей. Хӏажатханаялде инецин рухӏги букӏинчӏо. Нижеца ккун ячунаан. Гьелъул букӏана хӏинкъи. Гӏадамалги холел рукӏиндал батилаха, ниж цӏакъ хӏинкъун рукӏана.

Дун больницаялда егун йигебгӏан заманалда 50-ялдаса цӏикӏкӏун сонал рарал чангоял хвана, цо гӏолохъанчиги хвана. 26 сон барав чи вукӏана гьев. Гьесул цӏа-кан гӏодобе ккезабизе кӏолеб букӏинчӏо. Гьуърулги гьорон хванин гьевилан бицана тохтурзабаз.

Байбихьуда цо-цоял божулароан гьеб унтуда. Дун божулаан, цӏуна-къайги гьабулаан. Гӏадамал унтулелги холелги рихьулел ругеб мехалда божичӏого кин йикӏиней? Бетӏергьанчияс дида абулаан гӏадамазда гьоркьое гӏемер къватӏие яхъуней йикӏарайани, мун унтукьаги хӏинкъун йикӏинчӏейани, унтичӏого хутӏизеги бегьулаанин абун.

Рокъой йикӏиналъ иммунитет загӏиплъун букӏун батизеги бегьула. Бетӏергьанчиясдаги букӏаралъул коронавирус, амма гьев унтичӏо. Гӏицӏго кванил тӏагӏам лъалеб букӏинчӏин абула гьес.

Дун больницаялда егидал, дир хъизамалъеги карантин лъун букӏана. Рокъоса къватӏире риччалароан. Талихӏалъ, лъималазде бахинчӏо унти.

Коронавирусалдаса хадуб

Гьале лъагӏелгун бащдалдасаги заман ана гьелдаса нахъе, дир черх жеги лъавуде бачӏинчӏо. Гӏумруялъго бидул тӏадецуй гӏодобе ккараб (90-70 яги 80-60) букӏунаан дир. Коронавирусалъ унтун хадуб гьеб 150-ялде бахине лъугьана, хехго свакала, загӏиплъула. Бидул тӏадецуй 120-ялде баханигицин, бетӏер багъаризабизе бажаруларо.

Коронавирусалъ унтун хадуб бищунго захӏматаб жолъун батана рихха-хочиялъулаб хӏинкъи (паническая атака).

Цогӏаги бакӏ унтани яги коронавирусалъ унтун чи хванин рагӏани, рекӏелъе хӏинкъи бачӏуна. Чанго моцӏалъ загӏипго букӏана къаркъала. Гьелдаса хадубги бидул тӏадецуялъ рахӏат течӏого чанго нухалда больницаялда егизаюна. Анкьида жаниб лъабцӏулгӏаги хехаб кумек ахӏизе ккараб заманги букӏана. Нечон холей йикӏунаан дун гьезул хӏалтӏухъабакьа. Гьале жакъа къоялда жанибгицин давлениялъул, рекӏел дараби гьекъолей йиго.

Тохтурзабаз абула цебе нилъер букӏараб гьитӏинабниги гӏузру къватӏибе кьолин коронавирусалъ унтун хадуб. Университеталда цӏалулеб мехалда квач хъван, дир гьуърузул бронхит лъугьун букӏана. Гьелдаса нахъе гьуърул унтунги рукӏинчӏо. Цо нухалда бетӏергьанчигун цадахъ авариялде ккун бетӏерги букӏана кьабун. Лъагӏалида жаниб цо-цо нухалда дару гьабулаан бетӏер унтидалги. Тӏокӏаб дир унтараб бакӏги букӏинчӏо. Гьанжейин абуни, ботӏрол унтиги къотӏуларо, киданиги унтунго букӏинчӏеб щитовидкаялъул унтиги загьирлъана. Гьелъие операция гьабизеги хӏинкъана.

64 сон барай дир эбелалъ риидал коронавирусалде данде вакцина гьабуна. Гьейги гъоркьиса коронавирусалъ унтун йикӏана. Гьаюралдаса нахъего цояб ургьисала гьечӏо гьелъул. Цӏидасан коронавирусалъ унтани, гьеб хӏехьезего кӏвеларин хӏинкъи букӏана гьелъул. Прививкаялъул тӏоцебесеб компонент гьабулелъул дагьабго захӏмалъараб гӏадин йикӏана гьей. Кӏиабилеб нухалда бигьаго ана. Гьанже лъикӏ йиго эбел.

Дуцаги прививка щай гьабуларебин абун йикӏана эбел. Цоги нухалъ коронавирусалъ унтилин хӏинкъунги йиго дун. Вакцинациялъ гьеб унтудаса цӏунулел ратани, гьабунго лъикӏин абун ракӏалде ккола. Цогидаб рахъалъ абуни, гьеб гьабун хадуб цо-цоязда хӏехьезеги кӏвечӏого холел ругин абун харбалги рагӏун, хӏинкъунги чӏола.

Дица абилаан, унтун хадуб, хӏинкъи рекӏелъе биччагеян. Унти бахинаредухъги гӏемерал гӏадамал ракӏарараб бакӏалде инчӏого чӏун лъикӏ. Дица лъимал ругьун гьарун руго къватӏисан рачӏунаго ва кире щваниги кверал чуризе, школалдаги рацӏцӏалъи цӏунизе.

Жакъаги коронавирусалда божуларелги чанги гӏадамал руго. Мадугьалихъ ругезгицин абула политика бугин гьеб, унтуда божугеян. Къойилго щвечӏониги, анкьида жаний цо-цо нухалдагӏаги щай мун мадугьалзабазухъе ячӏунарейин бадибчӏвайги гьабула гьез. Нуж унтудаса цӏуниялъе, нужецаги цӏодорлъи гьабиялъе гӏоло йикӏунин абула дица гьезда. Щивасда дандчӏвачӏого гьеб унтул кутак бичӏчӏуларо. Дидаго бихьараб бугелъул, лъималги дунгоги цӏунун, гӏемерал гӏадамал ругеб бакӏалде яхъунаро.

Киназего сахлъи кьеги, гьаб унти Бетӏергьанас рикӏкӏад гьабеги.

Патӏимат Султӏанмухӏамадова