Батӏи-батӏиял хъулухъазда хӏалтӏулаго, дун жаниве щвечӏеб къанагӏатабги магӏарул росу хутӏичӏо. Гьел руго цоязда цоял релълъинчӏел, жидерго хаслъи, магӏишат-яшав, къисмат, тарих бугел. Щибаб росдал ракьалда руго тӏабигӏаталъул хӏикматал бокӏнал, тӏабигӏиял ва тарихиял памятникал.

Амма Алмахъ… Лъабго-ункъо соналъ цеве Ленинаулалдаса алмахъав, цевегосев гьудул Гӏалиасхӏаб Гӏумарасхӏабовас ахӏун, гьевгун цадахъ ниж ана Алмахъалде. Лъагӏалил бищун гьайбатаб мех, тӏогьолаб рии, балагьун ракӏ гӏорцӏулареб гӏажаибаб тӏабигӏат, рохьаз бахчараб сверухълъи, рахьхъахӏал лъарал, цӏорорал иццал – дун битӏахъе хӏайран гьавуна Алмахъалъул тӏабигӏаталъ. Гьенир дие «гидаллъун» рукӏана Гӏ. Гӏумарасхӏабов ва дагьав цеве къадаралде щварав мунагьал чураяв Топаев Хӏосен. Гьениса вуссиндал, «Хӏакъикъат» газеталда Алмахъалъул хӏакъалъулъ гьитӏинабго макъалаги хъван букӏана дица.

Исана хаслихъе тарихчи Тимур Айтберовгун, Хӏажимухӏамад Хӏажимухӏамадовасул ва Динуч Динаевасул ахӏи къабул гьабун, сапар гьабуна Алмахъалде. Бакӏ ккун букӏаго абила, цогидаз мисал босизе мустахӏикъаб буго гьев кӏиясулго гӏагараб ракьалде бугеб рокьиги, росдал тарих цӏехезе, гьеб гӏолел наслабазе цӏунизе гьабулеб бугеб хӏаракатчилъиги.

Доб роол гӏужалда гӏурччинаб партал ретӏун букӏараб Алмахъазул тӏабигӏат тӏубанго хисун батана хасалихълъиялъул меседил кьералде.

Динучица ва гьевгун цадахъ нижеда дандчӏвай гьабурал «Нижер рукъ» гӏуцӏиялъул правлениялъул председатель Аюп Нуцалхановас, Алмахъ росдал бетӏер Мухӏидин Салаевас, краевед Мухӏамад Сираждиновас нижеда рихьизаруна тарихиял бакӏал – Кавказалъул рагъда шагьидлъарал гъазизабазул, шайихзабазул, гӏалимзабазул хобал, Шамилил гьобо. Бицана, Ахӏулгохӏдаса Шамил Алмахъалдасан Чачаналъе иналъул, Шамилица рещтӏен гьабураб гьобоялда «Шамилил гьобо» абун цӏар лъеялъул ва цогидалъул хӏакъалъулъ.

Цӏакъго рекӏее асар гьабуна алмахъазул некӏсияб мажгиталъ. Гьелъул къадалъ лъураб ганчӏида бикӏун буго гьижрияб тарихалъул 132 сон, ай гьеб кколеб буго 750-абилеб сон. Хӏисаб гьабураб мехалъ, гьеб мажгит кколеб буго Дагъистаналъул ракьалда рарал тӏоцересезул цояб. Гьеб мажгиталда жаниб 1845 соналъул октябралда Имаматалъул Кӏиабилеб съездалде данделъарал вакилзабаз, Шамил имамас цевехъанлъи гьабун какал рараб бакӏалда къаде какалги ран, Динучица ва культураялъул рукъалъул директор Лейлаца росулъ хӏадурун батараб тепсиялъул тӏагӏамги кванан, ниж тӏадруссана.

Кватӏун букӏаниги, цоги нухалъ баркала кьезе бокьун буго Динучие, Хӏажимухӏамадие, Лейлае ва цогидалги нижгун дандчӏварал алмахъазе – гӏагараб ракьалъул патриотазе.

Тӏоцебесеб сапаралдаса хадуб рекӏее гьабураб асаралъул бицун дица хъван рукӏана цо-цо шигӏриял мухъалги:

Магӏарулъиялъул улка-ракьалда букӏинчӏо дун щвечӏеб росуги бакӏги.

Рекӏелъ букӏаниги, ваккизе щвечӏеб, щаяли букӏана кӏочон тун Алмахъ.

Гьадинаб берцинаб ракь, бицун рагӏараб, гӏедегӏичӏев щай дун гьаниве щвезе:

Гӏурччинаб тӏансалъун Салатавия, сурат жавгьар гӏадаб Алмахъ бихьизе.

Рохьазул гьарзалъи, лъаразул чвахи, чундузул, хӏанчӏазул хӏайранал бакънал:

Хӏикмат гьавичӏого чи кин хутӏилев Тӏадегӏанас кьураб гьаб беричлъиялъ.

Мугӏрул тарихалда цӏар бугеб Алмахъ, арал гӏасрабазда некӏсияб шагьар.

Щобазда, гохӏазда – сверухъ отарал, — абадиял нугӏзал – халатаб тарих.

Гӏелаз гӏелахъе кьун чан къисса бугеб, къокъарал веказул гьаниб цӏунараб.

Биценал гӏемерал араб мехалъул авар тарихалда цӏар бугеб росдал.

Магӏарухъе каву, лъаргӏибе нуцӏа, некӏсияб бодул нух Алмахъалдасан.

Ахӏиял, ругьелал, рагъал, къеркьеял — къисматалъ алмахъал кӏвекӏана гӏемер.

Дун пана гьавураб гьайбатаб бокӏон! Гьоболлъухъе чанги щвела нужехъе.

Нилъер умумуз ас борхатго ккурал, алмахъал, нужее даимаб рохел.

Пайзула Пайзулаев