28 октябралда тӏобитӏана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул сессия
Сессиялъул байбихьуда Халкъияб Собраниялъул депутатаз хӏукму гьабуна Сулейман Керимовасул мандат Малик Баглиевасе кьезе, хадур цо-цо бакӏазде мировой судияллъун Дагъистаналъул Верховный Судалъ рихьизарурал чагӏи гьенир тасдикъ гьаризе.
Маскаби гьечӏолъиялъул бадибчӏвай
Республикаялъул бетӏер Сергей Меликовас бадирчӏваял гьаруна Халкъияб Собраниялъул нухмалъиялъе гьез маскаби рачӏогойилан. Нуж ругила халкъалъе законал рахъулел чагӏи, гьанже телевидениялдасан гьаб сессия бихьидал, маскабиги рачӏел нужеда гӏадамаз щибин абизе бугеб, жидецаго гьабулареб жидеда гьабизабизе лъугьун ругин абилин.
Гьединлъидал Меликовас лъазабуна жинца Роспотребнадзоралъул ДРялда бугеб управлениялъул нухмалъулев Николай Павловасда тӏадкъазе бугин Халкъияб Собраниялда жаниб пост лъейин абун. Гьелъул хӏасилалда маска хечӏев депутат сессиялде виччазеги гьечӏин. Сергей Меликовас абуна сессия гьаб хабаралдалъун байбихьи мурадги букӏинчӏин. Гьелъие аслияб гӏилла букӏана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул хъулухъалде Гӏабдулпатахӏ Гӏамирханов вихьизави. Амма гьелъул хӏакъалъулъ бициналде Меликовас тӏадчӏей гьабуна чара гьечӏого тӏуразе кколел ракьул суалазда. Гьедин гьев хъулухъалде вачӏун тӏоцересел къояздаго байбихьун букӏана ракьазул инвентаризация гьабизе. Федералияб шагьранух ккун унелъул, цере рехун рихьулин тӏири пайдаги босичӏого, гӏуру къазе тарал яги заз-хъарахъалъ рацарал ракьалин бицана С. Меликовас. Гьединго гьабсагӏаталда хъутабазул ракьаздаги хъвазе гьечӏин абуна гьес, щайин абуни гӏемер чиясда хъатӏулеб суал кколила гьеб. Гьесул пикруялда рекъон, ракьул суалал цойиде ккунгутӏиялъ рачӏунел гьечӏо нилъехъе цо-цо мехалда инвесторалги. Гьелда бан рагӏалде рахъунел гьечӏо инфраструктура гӏуцӏиялъул суалалги. Гьединлъидал киналго рахъалги хӏисабалде росун хӏалтӏизе ругин бицана республикаялъул бетӏерас.
Гӏамирханов сабаблъун
Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановасда гьеб хъулухъ тӏадкъан букӏана лъагӏалица цебе. Меликовасул пикруялда, гӏезегӏан захӏматаб сон букӏана гьеб. Гӏамирхановас хӏаракат бахъана хӏукуматалъул хӏалтӏи мухъде бачине, цӏиял проектазда тӏад ургъизе. Гьес рихьизарурал хӏасилазда рази вугоан Меликов. Амма социалиябгун экономикияб рахъалъ Дагъистан цебетӏеялъулъ абизегӏанасеб туркӏи ккечӏинги тӏаде жубана С. Меликовас. Гьелъие рукӏанила хасал гӏиллабиги. Масала, 2021 соналъе гӏуцӏараб бюджет кколароанила Гӏамирхановас къабул гьабураб. Меликовасул рагӏабазда рекъон, Гӏамирхановги гьесда сверухъ ругел чагӏиги сабаблъун федералияб централъухъа Дагъистаналъе щун буго 10,5 млрд гъурщил къадаралда инфраструктурияб кредит. Гьеб харж гьабизе буго «Чӏикӏаб-МахӏачхъалаКаспийск» абун, Избербашалде щвезегӏангицин лъел рогӏоро бачине. Гьединго Гӏ. Гӏамирхановас нухмалъи гьабураб хӏукуматалъ хӏаракат бахъун буго Махӏачхъалаялдагун Каспийскиялда коллектор базе. Ралъдал рагӏалда ругел шагьараздаса чороклъи ралъдалъе чвахулеб букӏиналда бан ахӏи буго экологазул. Гӏамирхановас нухмалъи гьабураб хӏукуматалъул ишазда хурхун гӏезегӏан мисалал рачана Меликовас: цӏолбохъанлъиялъулгун гьан гӏезабиялъул рахъалъ республика улкаялдаго цебесеб кьерда букӏин; салуде сверулел ругел Нугъай районалъул ракьал сах гьариялде федералияб централъул кӏвар буссинаби; школалгун больницаби раялъул иш цебе бачин; тӏабигӏиял балагьал ккарал бакӏал рукӏалиде рачиналъе квербакъи гьаби. Палхӏасил, Гӏабдулпатахӏ Гӏамирханов ДРялъул хӏукуматалъул председательлъун вищиялъул рахъккуна киналго депутатаз. Гьелъухъ баркалаги кьун, Гӏамирхановас бицана социалиябгун экономикияб рахъалъ церетӏеялъе Дагъистаналъул ругел ресазул. Амма нилъ цогидал регионаздаса гӏемерго нахъе ккун ругин тӏадеги жубана гьес. Гӏ. Гӏамирхановас бичӏчӏизабуна хӏалтӏизе ругин, дагъистаниязул гӏумру кагътида гуребги, хӏакъикъаталдаги лъикӏлъизабиялъе гӏоло.
З. ХӏАЖИЕВА