27 октябралда Сергей Меликовасул нухмалъиялда гъоркь тӏобитӏараб Оперативияб штабалъул данделъиялда бицана хасалиде республика хӏадур букӏиналъул хӏакъалъулъ.

— Киналго рукъазабахъе хинлъи кьунин абураб баян бачӏаниги, гьелда хъвараб къагӏидаялъ батулеб гьечӏо. Чанги бакӏазда гӏунгутӏаби тӏатунел руго, — ян абуна С. Меликовас данделъи рагьулаго.

– Мисалалъе, гъоркьисаго гӏадин исанаги рагӏалде бахъинабун гьечӏо ДагъОгни шагьаралда гьеб рахъалъ гьабулеб хӏалтӏи. Амма шагьаралъул нухмалъулев Жалалудин Гӏалирзаевас

жаваб кьун букӏана шагьар хасалиде хӏадурго бугин.

Гьединго шагьаралде газ бачине кколеб букӏараб идараялъулгун къотӏи-къаял гьаричӏолъиялда бан, гӏалагъважаялда рагӏула иш Избербашалдаги. Гьениб гӏадамаз гӏумру гьабулел рукъзал хутӏун руго хинлъиги бухӏараб лъимги гьечӏого. Гьебго хӏал рагӏула социалиял объектаздаги. Коммуналияб магӏишат хасалиде хӏадур гьабиялъул мурадалда, 141 миллион гъурущ биччан буго республикаялъул бюджеталдасан. С. Меликовас бицаралда рекъон, исана тӏоцебесеб нухалда биччан буго гьебгощинаб гӏарацги. Гьеб гӏарцуде коммуналиял хъулухъал тӏураялъе хӏажатаб 500 техникаги босанин ва гьеб районазда гьоркьоб бикьанин бицана республикаялъул бетӏерас. — ДагъОгни шагьаралда гӏадамазул минабахъе хинлъи къотӏизабиялъе гӏилла ккана бухӏараб лъим кьолел чӏахӏиял къалал басралъун рукӏин, — ан абуна хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановас.

— Церего нахъе яризаризе кколел гьел, жеги хӏалтӏизарулел ратиялъ ккана гьеб кинабго гӏала-гъважа.

Данделъиялда, гьединго, бицана токалъул мухъазул бугеб хӏалалъулги хӏакъалъулъ. «Россети Северный Кавказ» – «Дагэнерго» ПАОялъул цадахъаб программаялда рекъон, токалъул мухъал, подстанциял къачӏазе байбихьун руго. Мисалалъе, Махӏачхъалаялда чанго подстанцияги, цӏикӏкӏараб хӏалуциналъул токалъул кваралги хисун руго. Ноябралъул авалалде киналго хӏалтӏаби лъугӏизаризе ккола. Данделъиялъул хӏасил гьабулаго, Меликовас лъазабуна 7 ноябралдехун киналго минабахъ хинлъи букӏине кколин.