17 ноябралда, ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановасул нухмалъиялда гъоркь тӏобитӏана данделъи. Гьениб бицана 2021-2022 соназ хаслихълъиялдегун хасалиде ЖКХялъул объектазул бугеб хӏадурлъиялъул хӏакъалъулъ. Гьеб хӏалтӏи унеб бугеб куцалда хадуб халкквезе ва гьелъул иш рукӏалиде ккезабизе гӏуцӏун буго хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏ. Гӏамирхановасул нухмалъиялда гъоркь оперативияб штабги. Щибаб моцӏалъ штабалъул гӏахьалчагӏаз хал гьабизе руго цере чӏарал масъалабазул.

Данделъиялда кӏалъарав республикаялъул Энергетикаялъул ва ЖКХялъул министрасул ишал тӏуралев Ризван Мурадовас баян кьуна гьеб рахъалъ республикаялда гьабулеб бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ. Гьес бицана, аслияб куцалда, хасалиде гӏураб хӏадурлъи бугин ва абуна газалдалъун хьезаричӏел бакӏазда ругел социалиял объектазда хинлъи чӏезабиялъе 13538 тонна тӏорччол нахърателги гьабун бугин. Палхӏасил, жакъа къоялде ЖКХялъул объектал хасалиде хӏадурго руго 98 проценталъ. Республикаялъул тӏолалго муниципалиял гӏуцӏабазул социалиял объектал хьезарун руго хинлъиялдалъун. Р. Мурадовас бицухъе, цоцо квекӏенал дандчӏвалел руго токалда ва лъеда. Гьединлъидал гьеб рахъалъ гьарулел хӏалтӏабиги хӏукуматалъул хасаб бербалагьиялда гъоркь руго.

Халкъалъе гьабулеб хъулухъалъул даражаялъул хӏакъалъулъ бицун данделъиялда кӏалъана ДРялъул Пачалихъияб жилищнияб инспекциялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Сергей Касьянов, Махӏачхъала шагьаралъул бетӏер Салман Дадаев ва цогидалги.

Коммуналияб магӏишаталъ хасалиде дандчӏвай гьабулеб бугебали цӏех-рех гьабизе ниж щвана Махӏачхъалаялъул ЖКХялъул управлениялъул нухмалъулев Шамил Мухӏамадовасухъе. Гьесул рагӏабазда рекъон, централияб отоплениялъул ва хинабгун цӏорораб лъим кьолел рогӏразул хал-шал гьабун, хисизе кколелъур хисун, къачӏазе кколелъур къачӏан хӏалтӏаби гьарун руго.

— Исана дунял цудунго цӏорозе букӏинги хӏисабалде босун, нижеца хӏалтӏабиги цереккунго гьаризе байбихьана. Отопление, хинабгун цӏорораб лъим кьолел рогӏралго гӏадин, нижеца къачӏана канализация, гӏемертӏалаял минабазул тӏохал, подъездал, ай квер бахъана нижер жавабчилъиялда бугеб шагьаралъул магӏишаталда. Хасалиде хӏадур ругин абурал паспортал кьуна 1772 гӏемертӏалаяб минаялъе.

— Цӏакъго цӏорораб заманалда токалъул мухъазда ялъуни отоплениялъул системаялда авариял ккани, хехаб къагӏидаялда гӏунгутӏаби тӏагӏинарун бажарулищ шагьаралъул ЖКХялъухъа?

— Гьединал лъугьа-бахъинал ругони, бакӏазде ун, гӏунгутӏаби тӏагӏинарулел хасал къокъаби рукӏуна газалъул, токалъул, лъел жаваб кьолел идарабаз чӏезарун. Токалъул бицани, авария ккарал мухъал къачӏалебгӏан мехалъ, гӏадамазе канлъи кьола цогидаб, ай нахъраталилаб мухъалдасан.

— Гьедин батани, щайха тахшагьаралда яги гьелда гъорлъе унел поселоказда токалъул къварилъи ккедал, хехаб къагӏидаялда цогидаздасан биччалареб?

— Биччала. Ахираб заманалда гьединал хӏужабазде цӏикӏкӏун кьолеб буго кӏварги. Мисалалъе, лъел бицани, гӏемерисел гӏемертӏалаял минабазда руго лъим цӏунулел рогӏрал. Авария ккун бугони гьездаса минабазде лъим кьабула кӏиго-лъабго къоялъ. Гьединго токалъулги, ай трансформатор бухӏун бугони, гьеб къачӏазегӏан ток кьола бищунго аскӏобегӏан кколелдаса. Палхӏасил, гӏадамал квачакъго толаро. Амма кидаго гуро нижее бокьухъе кколебги. Рукӏуна цо-цо цӏакъго рес къотӏараб ахӏвал-хӏалги.

— Гӏазу-цӏад бани, цебе гӏадин, гӏалагъважа букӏине бугищ шагьаралъул къватӏазда?

— Цӏорой ккелалде нижеца исана кинабго хӏисабалде босун буго. Тӏоцебесеб иргаялда, къачӏан буго къватӏаздаса гӏазу хъвалеб техника. Гьеб хӏалтӏи тӏубазе буго «Махӏачхъала-1» МБУялъ. Нухаздаса цӏер биинабизелъун хӏадурун буго 800 тонна салул, 40 тонна химиялъул реагентазул ва 70 тонна цӏамул. Гьединго рацӏцӏад гьарун руго канализациялъул рогӏрал, люкал. Гӏемертӏалаял минабазда хадур рухьинарурал хъулухъ гьабулел компаниязги тӏоритӏана хал-шал гьабиялъул тадбирал. Гьез нижехъе кьурал баяназда рекъон, гьабсагӏаталда гӏунгутӏаби ругел бакӏал гьечӏо.

Темирхан Хӏасанов