Унго-унгоги, гьаб ракьалда ругелщинал лъикӏал гӏадамал. Гьединаз гурищ дунялго ккун бугеб. Гьезул лъикӏлъиялъ кӏигъеж гьабун баччун букӏуна гӏумруялъул кинабго захӏмалъи. Гьединал рихьидалги, гьезул- гун лъай-хъвай ккедалги, гьезул бицунеб рагӏидалги, кидаго ракӏалде рачӏуна Ф. М. Достоевскиясул «Берцинлъиялъ хвасар гьабула дунял» абурал рагӏаби. Щиб лъалеб, гьесги бицунеб букӏун батила рухӏияб бер- цинлъиялъул хӏакъалъулъ. Нилъер щивасул къисматалдаги нур базабун букӏуна гьединал гӏадамаз. Гӏажаибаб парахалъи лъугьуна, гьел нилъер гӏумруялъулъе рачӏиндалги. Гьеле гьединазул цояйлъун ккола Индира Хӏажароваги. Индира хӏалтӏулей йиго Махӏачхъалаялъул № 11 гимназиялда инфор- матикаялъул учительлъун. Гьединго гьей ккола Махӏачхъалаялда бу- геб рикӏкӏадасан сакъатал лъимал цӏализариялъул республикаялъулаб централъул учительги. Дунги Индира Мухӏамадовнаги цадахъго гӏадин рачӏана гьеб школал- де хӏалтӏизе. Бачӏинахъего дир рекӏелъ йосана гьей. Бокьана лъай-хъвай гьабизеги. Лъай-хъвай щула гьабизе, гьоболлъухъги ахӏана гьелъ дун. Дида гьей лъала лъикӏай магӏарулай хӏисабалда — магӏарул гӏумруялъеги, тарбиялъеги, гӏадатал-гӏамалазеги мукӏурай чӏужугӏадан. Гьелъулъ гурищ бачун бугеб магӏарул чӏужугӏаданалъул берцинлъиги. Амма дида лъалейго йикӏун гьечӏо гьей, учитель хӏисабалда.

Гьаб гурищ учителасул талихӏ

Дагьал церегӏан къояз социалиял гьиназдасан лъана Индира Мухӏамадовнаялъ Майкопалда босараб бергьенлъиялъул хӏакъалъулъ. Гьей гӏахьаллъун йиго Россиялъул югалъул математикаялъул учительзабазда гьоркьоб тӏобитӏараб ункъабилеб творческияб конкурсалда ва ккун буго тӏоцебесеб бакӏ. Индирада бергьенлъи баркизе щвана гьелъухъе. 1983 соналда Хьаргаби районалъул Гӏаймаки росдал школаги лъугӏизабун, Индира цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялде Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб институталъ- ул физикаялъулгун математикаялъул факультеталде. Гьений цӏалулагоги, гӏолилалъ бихьизабуна жиндирго пагьму-гьунар – гӏахьаллъулаан институталда тӏоритӏулел гӏелмиял конференциязда, цее яхъунаан докладалгун, жиндирго цӏирагьиялгун. Чанго нухалда гӏахьаллъана цогидал регионазда тӏоритӏулел студентазул данде- руссиназдаги.

Кидаго — цебесеб кьерда

Индираца институт лъугӏизабуна багӏараб дипломалда. Гьелда абулеб букӏана гьенийго хӏалтӏизе чӏайилан. Амма чӏужугӏаданалъе кидаго аслияблъун ва тӏоцебесеб бакӏалда букӏана хъизан-рукъ. Росас тӏаса бищана росу. Ва Индира гьесда цадахъ тӏад юссана гӏагараб росулъе. Хӏалтӏана гьений 19 соналъ. Гьелгощинал саназ гьелъ къватӏире риччарал цӏалдохъабаз жакъаги кьола Индирае баркала. Гьелъие нугӏлъи гьабула учителалъухъе рачӏунел рукӏарал цӏалдохъабазул кагътазги, баркиязги, адабалъги. Гьанжеяли кинабго социалиял гьиназдасан букӏунелъул, дие асар гьабуна учителалъухъе рачӏарал церегосел тӏогьиллъарал кагътаз. Гьелъулъ гурищ бугеб учителасул талихӏ — цӏалдохъабаз кьолеб баркалаялъулъ. Къиматаб хазина гӏадин, цӏунун ругоан учителалъ гьел. Гьале открыткабиги… — Зама-заманалдасан, гӏолиллъиялъухъ гьоболлъи базе урхъарал лахӏзатаз, дица цӏидасанги цере рахъула дие хазиналъун лъугьарал дирго цӏалдохъабазул кагътал. Гьездасан бачӏунебщинаб хинлъилъ цӏола ракӏ. Сверухълъиго гвангъизабураб гӏадаб асар гьабула дие. Цӏалула, цӏалула ва цоги нухалдаги цӏалула. Щивав цӏалдохъанасул сипатги бачӏуна цебе. Гьезул жавабалцин ракӏалда руго, — ян абуна Идираца. Рихьана гьелъ цадахъ рахъарал сураталги. Гьезул щивасул къисматалъулги бицана гьелъ дие. Гьединаб буго Индирал учителасулаб талихӏ. Гьеб талихӏалъул гьогьомиялъулъ жакъа къоялъги хӏухьбахъулеб буго учителалъ. Индира Мухӏамадовна санайил гӏахьаллъула шагьаралда тӏоритӏулел математикаялъул учительзабазул творческиял къецазда. Ва кидаго ккола цересел бакӏалги. Гьаб нухалдаги гьедин ккана. Цин — шагьаралда, цинги – республикаялда ва хадубги — Россиялъул югалъул учительзабазда гьоркьобги. Исана гьей гьединго гӏахьаллъана Нижний Новгородалда тӏобитӏараб «Учитель ва гӏелму» абураб учительзабазул форумалда. Гьенир гӏахьаллъун руго Россиялъул 30 регионалдаса учительзаби. Гьеб тадбиралда гӏахьаллъун вуго Россиялъул просвещениялъул министр Сергей Кравцовги, вузазул ректоралги, РАНалъул президент Александр Сергеевги. — Дун цӏакъ йохана гьениб гӏахьаллъи гьабизе щвеялдаса. Лъай-хъвай ккана Россиялъул цогидалги регионаздаса учительзабазулгун, бицана цоцазе жиде-жидер хӏалбихьиязулги. Министрасги кӏудияб кӏвар кьун бицана Россиялъул лъай кьеялъул букӏинеселъул хӏакъалъулъ. Россиялъул президентас бачӏунеб сон лъазабун буго Гӏелмуялъул сонлъун. Гьелъие сайгъат гьабураб букӏана гьеб форумги. Цӏалдохъанги, учительги, гӏелмуги – гьеле форумалъул аслияллъун рукӏарал суалал, — илан бицана Индираца. Индира Мухӏамадовна ккола педагогикиял гӏелмабазул кандидатги, Россиялъул Лъай кьеялъул Хӏурматияй хӏалтӏухъанги, тӏаса бищараб махщалие ритӏухъай учительги. Гьездаго хьолбохъ Индира Хӏажаровалъ лъун буго цӏалдохъабазул жиндехунго бугеб лъугӏелго гьечӏеб рокьиги. Гьабсагӏаталда «Хӏакъикъат» газеталда хӏалтӏулей йиго Индира Хӏажаровалъул йикӏарай цӏалдохъан Патӏимат Мухӏамаева. Гьадин бицана газеталъул жавабияв секретарасул заместителалъ йокьулей учителалъул хӏакъалъулъ: — Хӏажаровазул тухумго буго гӏелмуялде рокьи бугел, гӏадамазулъ рукӏа-рахъине лъалел, гӏадамалги рокьулел, гӏадамазеги рокьулел чагӏи. Индираца дун школалда цӏалулеб заманалда нижее дарсал кьолаан. Берцинго, хӏеренго, щивасде нух батун бицунаан гьелъ дарс. Математикаялде цо кӏудияб рокьиги гъираги букӏунароан дир. Индира Мухӏамадовнаялъул лъикӏлъиялъги гьелде бугеб адабалъги дарсги бокьанин абизе бегьула. Кӏудияб рохел букӏуна нилъер лъале-хъвалев чиясе кинаб батаниги бергьенлъи, шапакъат щванин абидал. Дунги чӏухӏарай йиго дир йикӏарай мадугьалалъ, росуцоялъ, учителалъ бергьенлъи босиялдаса. Хадур гӏемерлъаги бергьенлъабиги, лъикӏал лахӏзаталги, мунго гӏадал учительзабиги. Индира Хӏажаровалъ рикӏкӏадасан (онлайн) дарсал кьола сакъатал лъималазеги. — Гьезие бицине ккола цӏакъго недегьаб, хӏеренаб мацӏ, щивасе батӏибатияб. Гьедин ругьунлъарай дие захӏмалъизехъин букӏана гӏадатияб школалда хӏалтӏизеги. Гьел лъималазеги додинабго мацӏ бицуней ятулей йиго. Дагьабниги кьвари гьечӏого бегьилищха. Гьединлъидал дида ракӏалдеги ккараб гимназиялда дар- сал дагь гьаризе, — янги абуна гьелъ. Бахиллъун йиго Индира Мухӏамадовнаялда, цӏалдохъабазул рокьиялъ куркьбал гъурай, гьел куркьбазул кумекалдалъун учителасул гӏадатияб талихӏалде данде йоржуней йигей учителалда.