Хасалихъе байбихьула хӏисаб гьабизе, рикӏкӏине, нахърателал гьаризе. Гьедин гьабулеб буго исанаги Казбек районалъул хурухъабазгун боцӏухъабаз. Абизегӏан гӏемер гьечӏо гьезул бекьулеб ракь -8500 гектаралдецин бахунаро. Гьелда гьоркьоса 2030 гектаралда рекьун рукӏана хаслихъе хьалел могьолал культураби. Гьелда гьоркьоса 1850 гектаралъул щибалдаса бакӏарана 26,3 центнер ролъул, кӏикъоялда щу-щу центнер бакӏарана 400 гектаралда бекьараб цӏоросаролъул, 327 тонна бакъдебуссалъул, 400 гектаралдаса бакӏарана 6000 тонна картошкадул. Ахихъабаз бакӏарун базаразде бичизе битӏана гӏага-шагарго 1700 тонна гӏечул, генул, кокамалъул ва 800 тонна цӏолбол. Исанасел хӏалтӏул хӏасилазухъ рецц-бакъалъе мустахӏикълъана овощал гӏезарулелги. 220 гектаралдаса гьез бакӏарана 5800 тонна охцеразул, помидоразул, хъапустӏаналъул, ламадуралъул, картошкадул. Бергьенлъиялдалъун рагӏалде бахъулеб буго исанасеб росдал магӏишаталъулаб сон пиринчӏ гӏезабулезги. 510 гектаралдаса 2040 тонна пиринчӏалъул бакӏарана. Лъикӏ хӏалтӏана боцӏухъабиги.

-Росдал магӏишаталъул лъагӏалил хӏасилаздаса разиго руго, -ян бицана Ленинаул росдал «Гьудуллъи» СПКялъул нухмалъулев Изамодин Шамирзаевас. – Бекьулеб 1143 гектар ракьалъул 525 гектаралда хаслихъе рекьарал могьолал культурабазул бакӏарана ва цагърахъе бана 1627 тонна. Араб соналъул хӏасилазде дандеккун гьеб буго 362 тоннаялъ цӏикӏкӏун. Щибаб гектаралдаса щун буго 31 центнер. Лъикӏал хӏасилал рихьизаруна гӏи-боцӏуе хасалие рагӏи-хер хӏадур гьабулезги. Щварал бергьенлъабазда гӏей гьабун чӏезе ракӏалда гьечӏо росдал магӏишаталъулгун производственнияб кооперативалъул хӏалтӏухъабазда. Бачӏунеб соналъги бачӏин бечедаб букӏиналъе гӏоло, хаслихъе хьалел могьолал культураби жиндир заманалда рекьана.

Боцӏухъанлъиялъул бутӏаялда лъикӏал хӏасилалгун хӏалтӏулел руго «Багӏараб Октябрь» кооперативалъул гӏухьбигун дояркаби. Гьезул буго 433 чӏегӏерхӏайван, гьездаго гьоркьоб 183 гӏакаги. Гӏи-цӏцӏаназул къадарин абуни 8000-ялде бахун буго. Исана дояркабаз бечӏчӏун буго 385 тонна рахьдал, гьан бичиялъул рахъалъги багӏараб байрахъулаз мустахӏикъал бергьенлъаби росун руго 248 тонна гьаналги бичун.

Алмахъалдаса Салман Набиевас гӏуцӏараб магӏишаталъулги хӏалтӏухъаби хӏалтӏулел руго лъикӏ. ООО «Алмахъ» гӏуцӏиялъул буго 3700 лемаг, 400 чӏегӏерхӏайван.

Хӏалтӏул лъикӏал хӏасилазе гӏоло районалъул росдал магӏишаталъул церехъабазда гьоркьоб цӏар хъвазе мустахӏикъал руго Керим Гӏалижановасул магӏишаталъул хӏалтӏухъабиги. 2019 соналда гьеб магӏишат ДРялъул Росдал магӏишаталъул министерствоялъ гӏуцӏараб конкурсалдаги бергьун, хасаб гранталъе мустахӏикълъана. К. Гӏалижановас бицана лъикӏал хӏасилазухъ жал мустахӏикълъанин Хӏурматияб грамотаялъегиян.

Гьал къоязда «Гертма» кооперативалда хӏалуцараб хӏал буго. Тӏадбан унеб буго тӏорщел бакӏариялъул хӏалтӏи. Гьеб кооперативалъул нухмалъулев Гӏабдурахӏман Мусаевасас бицухъе, 43 центнер пиринчӏалъул бакӏарулеб буго 310 гектаралъул щибалдаса. Гьеб буго гъоркьиса букӏаралдаса 18 проценталъ цӏикӏкӏун. Бечедаб бачӏин бакӏарана хаслихъе рекьарал могьолал культурабазулги.

Гирай ХӏАЙДАРОВ