Риччанте нилъер
лъимал рукӏине лебалал,
Биччанте гьез цӏунизе
Дагъистаналъул къадру.
Расул ХӏАМЗАТОВ
«Гьоболас къалеб бакӏ къазе кколаян» абула магӏарулаз. Чӏахӏиязул гӏакълу-малъиялда рекъон, гьоболасул букӏине ккола хӏалимаб, гӏемер кӏалъалареб хьвада-чӏвади. Яхӏ-намус тӏагӏинлъун рикӏкӏунаан чияр ясазухъ балагьицин.
Цебе годекӏабахъ гӏолилазе щолаан яхӏ-намусалъул, захӏмат бокьиялъул, къо хӏехьеялъул дарсал. Гӏумруялъул хӏалбихьи щварал харабаз кьолаан гӏакълу, бицунаан гӏадатазул, бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ.
Мугӏрузул улкаялъул гӏолохъабаз бахӏарчиго цӏунана гӏагараб ватӏан; напсияб мурад цӏехечӏого, гьабула загӏипазе кумек; жидерго гӏумруялъе бугеб хӏинкъиялъухъ балагьичӏого, хӏажаталъуб къурбан гьабула жидерго гӏумру; заман цӏехечӏого рахъуна къваригӏарасе хӏалае.
Дагъистаниял —
гьаб заманалъул бахӏарзал
Нилъ рохизе ккараб хӏужа буго Дагъистан унго-унгоял бахӏарзаздалъун бечедаб букӏин. СМИяздасан гӏемер бицуна, чияр чагӏи хвасар гьарулаго, жидерго гӏумру къурбан гьабурал нилъер ракьцоязул бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ. Масала, 2017 соналъул 29 июлалда Москваялъул Серебряный Бор абулеб пляжалда, Салахӏбеков Рашидица жиндирго гӏумру кьуна лъелъ гъанкъулей йикӏарай яс хвасар гьаюлаго.
2013 соналъул ункъабилеб июналда Москва областалъул Звенигород шагьаралъул Москва-гӏурул рагӏалда хӏухьбахъиялда вукӏарав Махӏачхъалаялдаса 24 сон барав Рахӏметов Маратида рагӏана, кумек гьабеян, лъелъ гъанкъулел ясазул ахӏи балел гьаркьал. Марат векерана гьел хвасар гьаризе. Гьес хвасар гьаюна гъанкъулей йикӏарай Юлия Аникеева ва Репсиме Керогян, амма чорхол тату хун букӏиналъ, жиндаго бажаричӏо лъелъа къватӏиве вахъине.
Гьебго соналъул ноябралда Дагъистаналъул боксалъул команда бачӏана Хабаровскиялде, Россиялъул чемпионаталде. Жидерго гӏумруялъе бугеб хӏинкъиялъухъ балагьичӏого, цӏа рекӏараб трамваялдаса къватӏире рахъана гьез гӏадамал.
2015 соналда Санкт-Петербург шагьаралъул Бергьенлъиялъул Паркалда Буйнакск шагьаралдаса Вагьабов Шамилица хвасар гьаюна 28 сон барай яс Кристина. Хадуб гьелъ жиндирго блогалда хъвала: «Дун гурейги, дир ясги хвасар гьаюна гьес. Шамилица дида бихьизабуна жиндирго лъикӏлъи ва рухӏияб цебетӏей», -ан.
2015 соналъул маялда Курах районалъул рохьихъан Зайнудин Батманов, ракӏалдаго гьечӏого, ккана балагьаб лъугьа-бахъиналъул нугӏлъун. Хъачагъаз гъоркьлъалие росун рукӏана рос-лъадиги лъабго моцӏ бараб лъимерги. Батмановас такъсирчагӏи разилъизаруна, жиндихъ хисун, гъоркьлъалие босараб хъизам эркен гьабизе. Жидее бокьараб гьабичӏин абун, Зайнудин чӏвана хъачагъаз. Гьеб бахӏарчилъиялъе гӏоло мустахӏикълъана Россиялъул Бахӏарчиясул тӏадегӏанаб цӏаралъе.
Чӏегӏераб тӏанкӏ лъурал
Исана 4 октябралда Москваялъул метроялда ахӏи-хӏуралда ругел дагъистаниязе пуланай ясалъ бадибчӏвай гьабидал, гьезул цояс гьелда хъубаб рагӏи абула. Роман Ковалев абулев гӏолохъанчи ясалъе хӏалае вахъуна. Жидее бадибчӏвай гьабунин абун, гӏолохъабаз гьев вухула.
Бицинин гьединал гъалмагъирчагӏазе Чачаналда гьабулеб тамихӏалъул хӏакъалъулъ. Чачан республикаялъул нухмалъиялда лъан, Россиялъул регионалда кинабгӏаги къадараб хьвада-чӏвади гьабуни, гъалмагъирчагӏи чара гьечӏого кьварараб тамихӏалде цӏала. Гьел ахӏула Чачаналде ва, гӏагарал чагӏигун цадахъги рачӏун, гьез гьарула тӏаса лъугьаян. Гьениб гьезда бичӏчӏизабула «гьез жидерго халкъ суризабулеб букӏин» ва чачаназул гӏадатал хвезарулел рукӏин.
Чӏужугӏаданалъул къадру-ас цӏуни Дагъистаналда рикӏкӏуна бихьинчиясда тӏадаб борчлъун. Гьелъухъ шапакъатал рукӏине кколин абунги гьез рикӏкӏунаро. Гӏажаибаб жо, метроялда дой ясалъе хӏалае вахъанин абун, Россиялъул Цӏех-рехалъулаб комитеталъул председатель Александр Бастрыкиница лъазабуна Роман Ковалевасе «Доблесть и отвага» абулеб медаль кьеян.
Воронеж областалъул хӏукуматалъ абуна, губернаторасул цӏаралдасан Ковалевасе шапакъат кьезеги сахгьавиялъе гьесие кумек гьабизеги кколин абун. Москваялъул мэр Собяниница буюрана, Ковалевасе кӏиго миллион гъурущ кьеян. Гьаниб бачӏунеб буго суал: кьвагьараб яги цӏа рекӏараб автобусалдаса гӏадамал хвасар гьарурал чагӏазул бахӏарчилъи Ковалевас гьабуралдаса гьитӏинабищ бугеб?! Гьечӏо, амма Ковалевас гьабураб иш бихьизабуна Россиялъул аслиял телеканалаз ва, гьеб ахӏвал-хӏалалдаса пайдаги босун, хӏакимзабазе бокьана, хӏукуматалъул хӏисабалдасан, жидеего реклама гьабизе.
Гӏолилазде хитӏаб
Россиялъул бокьараб регионалда яги дунялалъул батӏияб улкаялда, ай кир рукӏаниги, батӏалъи гьечӏо, Дагъистаналъул гӏорхъи бахъарабго, нуж ккола Мугӏрузул улкаялъул вакилзаби. Нужер гӏамал-хасияталъухъ, хьвада-чӏвадиялъухъ, лъикӏлъи-квешлъиялъухъ балагьун кьола Дагъистаналъеги дагъистаниязеги къимат. Тӏехӏаб чахъдаца рехъен хвезабулаян абухъего, Москваялъул метроялда рагъарал гӏолилаз чӏегӏераб тӏанкӏ лъуна Дагъистаналъул гьурмада. Гьединал чагӏазул «баракаталдалъун» нилъер гӏолилал цӏализе росулел гьечӏо Россиялъул тахшагьаразул цо-цо вузазде. Гьеб гуребги, нилъехъе рачӏине нигаталда ругел туристалги, инвесторалги, спортсменалги нусго нухалъ ургъиларищ, жидер гӏумруялъе Дагъистаналда хӏинкъи букӏине бегьулин абун.
Цебе рогьолъун рикӏкӏунаан, вагъулаго гӏодов ккарав чиясде квер борхи. Пайда щиб, жакъа нилъер гӏемерисел гӏолилазул яхӏ-намусалда кьаву чӏван буго. Къо-асс бугел, рижи берцинал гӏолохъаби ратизе, къад чирахъ бакун ралагьаниги, захӏмат буго. Тӏоцебесеб иргаялда гьеб ккола эбел-инсул, хадуб школалъул ва жамгӏияталъул гӏайиб.
Рачӏа нилъерго умумузул лъикӏал гӏадаталги цӏунун, гӏолеб гӏелалъе битӏараб тарбия кьей букӏинабизин.
Нури НУРИЕВ