Коронавирусалъул пандемия лъазабуралдаса нахъе унеб буго кӏиго соналдасаги цӏикӏкӏун заман. Гьелъ лъалаго хисизабуна нилъер гӏумру: доре-гьанире ине, сухӏматал гьаризе гьукъана, къана гӏорхъаби. Гьеб киналъго рачана инсанасул ихтиярал мукъсан гьариялде. Экспертазул баяназда рекъон, 2020-2021 соназда бищун гӏемер хӏалтӏизарулеллъун ккана «вакцинация», «самоизоляция», «маска» ва «перчатки» абурал рагӏаби.

Гьеб хӏинкъиялдаса халкъ цӏуниялъул мурадалда Россиялда гӏуцӏана хехал тадбирал. Гьелъие нугӏлъи гьабула дунялалъулго статистикиял баяназги. Хӏукуматалъ гьарулел тадбиразул рахъккуна улкаялъул гӏемерисел гӏадамаз.

Унти тӏадецуялъул хӏасилалда инсанасул сахлъи цӏуниялъулъ ругел ва Россиялъулгун Дагъистаналъул Конституцияз чара гьечӏого тӏуразе кколин абулел ихтиярал пачалихъалъ хъущтӏизаруна хӏалтӏи кьолезулги жалго гражданазулги гъуждузде. Жакъа нилъеда киназдаго бичӏчӏулеб буго, гьединаб хӏинкъи цӏикӏкӏараб унтигун инсаният жеги дандчӏван букӏинчӏеблъи. Лъалароан гьеб инсанасул ихтиярал цӏуниялъул рахъалъ, гӏасрабаз гӏуцӏун лъугьараб, универсалияб къагӏидаялдаги. Россиялъул ракьалда инсанасе гӏумру гьабизе бугеб ихтияралъе хӏинкъи букӏана гӏицӏго рагъул заманалда.

Гьединлъидал коронавирусалъул пандемиялъ щакдаризе тӏамуна улкабазул экономикиялгун политикиял системабазде гуребги, инсанасул аслиял ихтиярал цӏуниялдеги. Инсанасул ихтиярал ккола, 70 сонил болжалалда жаниб инсан вокьиялъул кьучӏалда дунял гӏуцӏизе квербакъараб, кӏудияб жамгӏияб бергьенлъи. Гьел ихтияразул цо пуланаб бутӏа бараб буго нилъеда сверухъ бугеб ахӏвал-хӏалалда -халкъ махӏрумлъизехъин буго гӏумру гьабизе бугеб ихтиярдасагицин.

Пандемиялде данде къеркьеялъул мурадалда тӏолабго Россиялдаго гӏадин Дагъистаналдаги къабул гьарурал нормативиялгун правоялъул документазул хӏисаб гьабидал, бихьулеб буго, инсанасул ихтиярал дагьлъизариялъул рахъалъ нилъер нухмалъиялъ къабул гьарурал хӏукмабазе юридикияб кьучӏ бугеблъи. Гьел федералиял законазда рекъезарун хиса-басиял гьарулел руго нилъер республикаялдаги. Гьединаб заманалда нухмалъулезе щолеб хасаб ихтиярги кьочӏое босун, цо-цо нилъерго ругел ихтияраздаса заманалда махӏрум гьаруна дагъистаниялги. Гьединаб ахӏвал-хӏалалде ккараб мехалда, цӏакъго кӏвар бугеб суаллъун лъугьуна гражданазул ихтиярал ва гӏадамазда тӏадал ишал рекъа-решон данде ккезариялъул масъала. Гьединал шартӏазда нилъедаги, ай гражданазда, битӏун ричӏчӏизе ккола хӏукуматалъ гӏуцӏулел тадбиралги гьезул мурадалги.

Гьединал тадбирал гӏуцӏиялъе правоялъулаб кьучӏлъун буго 1995 соналъул 21 декабралда къабул гьабураб «Тӏабигӏияб ва техногенияб хасияталъул тӏасан борчӏараб хӏал ккараб мехалда халкъги ракьалги цӏуниялъул хӏакъалъулъ» абураб №68 федералияб закон.

Инсанасул ихтияразе батӏи-батӏияб асар гьабуна COVID-19 тӏибитӏунгутӏиялъул мурадалда гьарурал хасал тадбираз. Гьеб асаралъул даража-къадар кинаб букӏарабали чӏезабуна Гражданияб жамгӏият цебетӏезабиялъулги инсанасул ихтиярал цӏуниялъулги рахъалъ Россиялъул президентасда цебе гӏуцӏараб Советалъ (СПЧ). Гьеб хӏалтӏул хӏаракаталъул хӏасил СПЧялъул вакилзабаз цебе лъуна «Инсанасул ихтиярал цӏуниялъул кьучӏалда эпидемиялъул дарсал» абураб доклад гьоркьоб лъураб данделъиялда.

Тӏолабго дунялалдаго гӏадин, жакъа нилъеда цебеги чӏун буго аслияб мурад – гӏемерисеб халкъалъул сахлъи цӏуни. Гьеб мурад ккола, инсанасул ихтиярал цо къадаралда мукъсанлъизариялъул мурадалда, власталъ цӏиял тадбирал лъазариялъе аслияб гӏиллалъунги. Гьединлъидал абизе бегьула, жакъа нилъеда сверухъ лъугьа-бахъунеб ахӏвал-хӏалалда республикаялъул идарабаз гьарулел тадбирал руго нилъер бищунго къиматаб бечелъилъун кколеб жамгӏияб сахлъиялъе бугеб хӏинкъиялдаса цӏуниялъул мурадалда гьабулеб хӏаракат бугин абун. Гьеб рахъалдасан борцани, битӏараблъун рикӏкӏуна власталъул хӏаракатги. Ругищ гьеб хӏалалда рукӏаго, нилъерго ихтияраздаса нилъ махӏрум гьариялъул хӏужаби? Гьайгьай, руго, амма суал бачӏуна: ихтияралищ, гӏумруйищан абураб.

Гьел тадбиразул кӏвар жеги цӏикӏкӏуна, коронавирусалъул пандемиялъул заманалда хехго унтиялъе рес бугел къапилабазул хӏисаб гьабуни: рокъобе цӏакъго дагьаб гурони харж бачӏунарел хъизамал, сакъатал гӏадамал, янгъизго хутӏарал, ригь арал, ва чидар кумек гьечӏого тӏубаларел гӏадамал. Гьезие къваригӏарабщинаб жо чӏезабиялда цадахъго пикру гьабизе ккола гьезул сахлъиялъе зарал ккунгутӏиялъулги.

Гьелъул мурадалда ва цебеккун рехсараб №68 федералияб законалда рекъон, Дагъистан Республикаялда коронавирусалъул унти тӏибитӏунгутӏизе 2020 соналъул 18 марталда ДРялъул бетӏерас гъулбасана «Тӏадегӏанаб хӏадурлъиялъул режим билълъанхъизабиялъул хӏакъалъулъ» абураб №17 указалда. Амма араб соналъул маялде республикаялда букӏана цӏакъ хӏалуцараб ахӏвал-хӏал. Унти гӏемер тӏибитӏиялъул рахъалъ цере ругел регионазда гьоркьоб щуабилеб бакӏалда букӏана Дагъистанги. Гьелда бан, улкаялъул президентас тӏобитӏана Дагъистаналда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ бицараб хасаб данделъи. В. Путинил тӏадкъаялда рекъон, Россиялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ хӏадурана Дагъистаналда коронавирусалде данде къеркьеялъул хасаб план, ва Оборонаялъул министерствоялъ республикаялда базе байбихьана медицинаялъул центр.

2020 соналъул 23 октябралда бахъана «ДРялда коронавирус тӏибитӏунгутӏиялъул мурадалда тӏадеги тадбирал гӏуцӏиялъул хӏакъалъулъ» абураб ДРялъул бетӏерасул № 96 указ. Гӏуцӏана гьеб рахъалъ хӏалтӏи гьабулеб оперативияб штабги. Гьединаб ахӏвал-хӏал ккеялъул рахъалъ бугеб жавабчилъиги бичӏчӏун, Дагъистаналъул сахлъи цӏуниялъул министрас гьарана жив хъулухъалдаса эркен гьавейилан абун. Дир гӏумруялда тӏоцебесеб нухалда ккана гьединаб бахӏарчияб хӏужа – жиндиего бокьун министрас хъулухъ тей.

Цереккун рехсарал тадбиразул хӏасилалда гӏезегӏанго лъикӏлъана республикаялда букӏараб ахӏвал-хӏал. Амма гьабсагӏаталдаги хӏалуцунеб буго иш. Жакъаги нилъер республика буго гьеб квешаб унти хехго тӏибитӏулел ругел цогидал субъектазда гьоркьоб. Нилъеда бичӏчӏулеб гьечӏо унтиялъул квешлъи, гьелъул хӏиллаялъ нилъее гьабизехъин бугеб заралги ккезехъин ругел камиялги. Гьурмада маска ххоларо, гӏемер чи данделъарал тадбиразулъ гӏахьаллъула, диниял ва рукӏа-рахъиналъул тадбирал тӏоритӏула ва гьелдаго цадахъ унтиги тӏибитӏула. Гӏицӏго гьединал тадбирал дагь гӏуцӏиялъулцин кӏудияб кӏвар буго унтиялдаса хвасарлъиялъе. Жакъа хӏажат буго, киналго цадахъ рахъун, вирусалъулаб бахунеб унтиялдаса цӏунизе хӏаракат гьаби, тохтурзабаз рихьизарулел тӏалабал, вакцина гьабиялде гӏунтӏун, мухӏканго тӏуразари. Киназулго хӏаракатги цолъизабун, данде рахъинчӏони, гьеб тушманалъукьа бергьинехъин гьечӏо нилъ.

З. ИЛЬЯСОВ,

ДРялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб Жамгӏият цебетӏезабиялъул ва инсанасул

ихтиярал цӏуниялъул рахъалъ советалъул председатель