Школлъимал рикӏкӏадасан цӏалулеб низам лъазабизе гьечӏин абуна республикаялъул бетӏер Сергей Меликовас. Коронавирусалда сверухъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ бицине, 10 ноябралда ахӏараб Оперативияб штабалъул данделъиялда абуна гьес гьедин. Цӏакъго рес къотӏараб хӏал ккани гурони рокъосанго лъимал цӏалулеб низамалде рачӏине гьечӏо.
Пандемиялда сверухъ ахӏвал-хӏал цӏакъго гӏорхъолъа борчӏараб куцалда гьечӏин бицана С. Меликовас.
-Нилъер республика гьабсагӏат буго ковидалъ унтаразул къадар бищун дагь бугел регионазда гьоркьоб. Гьелъ дагьаб парахалъи рещтӏанин абизе бегьула. Амма нилъ цӏодорго рукӏине ккола. Унтаразул къадар, сахлъун больницаялдаса къватӏире риччараздаса цӏикӏкӏун бугелъул, -ин абуна бетӏерас.
Гьединго ДРялъул бетӏерас данделъиялда абуна QR-кодалъул низам хӏалтӏизаби халат бахъине бугиланги. Гьеб код бихьун гурони, чӏахӏиял дармил рукъзабахъе ва гӏемерал гӏадамал ракӏарарал бакӏазде риччазе гьечӏин лъазабун букӏана октябрь моцӏалъул ахиралдаго. Амма гӏадамал рази гьечӏо гьеб низам хӏалтӏизабулеб къагӏидаялдаса. Данделъабазде ва цогидал бакӏазде код бихьун гурони риччалел гьечӏин, амма, мисалалъе, бугӏун цӏураб маршруткаялда жаниб гьеб низам цӏунулеб бугищ-гьечӏищали хал гьабулев чиго вукӏунарин хъвалеб буго гӏемерисез социалиял гьиназда.