Болъихъ районалъул Рахатӏа бугеб буртабазул фабрикаялъул иш рес къотӏараб хӏалалде кколеб бугин лъазабуна гьелъул нухмалъулев Гӏали Мухӏамадовас.

-Гӏолохъаби гьенире хӏалтӏизе рачӏунел гьечӏо. Цебе лъабнусго чи хӏалтӏулев вукӏараб фабрикаялда жакъа хутӏун вуго къогогӏан чи, гьелги руччаби.

Тӏадежоялъе, фабрикаялъул къайи-цӏа хисичӏогоги бана гӏемераб мех, техника басралъун буго. Гӏолохъабазе бокьулеб гьечӏо гьенир хӏалтӏизе, росу тун шагьаразде гочунел руго, -ян абуна фабрикаялъул нухмалъулес.

Амма гьадин хутӏизе гӏадаб фабрика букӏинчӏоха гьеб. Советияб заманалда, цохӏо нилъерго улка гуребги, къватӏисел пачалихъалги буртабаздалъун хьезарулаан гьелъ. Жакъайин абуни… Буртабаздаса инкар гьабун гӏадатияб, хинаб ретӏелго тӏасабищулеб буго гӏухьбузги.

Болъихъ районалъул Рахатӏа буртаби гьарулеб фабрика рагьана 1926 соналъ. Мугӏрузул Дагъистаналда рикӏкӏунел предприятиязул цояб букӏана гьеб доб мехалда.