ДРялъул Динияб идараялда цӏигьабуна рекъелгун маслихӏат гьабиялъул отдел. Гьелъул нухмалъулевлъун тӏамуна Махӏачхъалаялъул аслияб мажгиталъул имамлъун гӏемерал соназ вукӏарав М у х I а м а д р а с у л -х I а ж и Сагӏадуев.

Щибаб къоялъ жидерго къварилъи-гӏатӏилъигун гӏемерав чи вачӏуна Динияб идараялде. Хъизамалда, гӏагарлъиялда гьоркьоб ракӏсукӏи ккарал, гӏарац сабаблъун ракӏбакъвай щварал ва хӏатта чӏвай-хъвеялъул суалазцин вачӏунев чи камуларо гьениве.

Гьенирги гӏемер ратула тӏуразе цӏакъго захӏматалин ккарал суалал. Гьединлъидал цӏакъ хӏажалъи буго жакъа ракълил ва маслихӏаталъул ишазда хурхун хӏалтӏи гьабулеб отделалъул.

Мухӏамадрасул Сагӏадуевги малъун, жеги ункъо чи вуго гьеб отделалда. Кинабго хӏалтӏи цоцазда дандги бан, лъутӏа-къотӏун хӏукму гьабизе буго маслихӏаталъул отделалъ.