Махӏачхъалаялъул каналалъуре рортарал эбелги гьелъул лъабго лъимерги хвасар гьарурал полициялъул хӏалтӏухъаби кӏодо гьаризе руго.

Гьеб иш ккана гьал къоязда. Чӏужугӏаданалъ бачунеб букӏараб машина бортана КОРалъубе. Гьеб бихьарал, нухазда низам цӏунулеб хъулухъалъул хӏалтӏухъаби Гӏабдула Мухӏамадовги Рустам Мухӏамадовги кумекалъе рортана. Гьезго хехаб кумекалъул машинаги ахӏана. Хадур гьел щвана жидецаго хвасар гьаюрай гӏаданалъухъе рокъореги. Гьелъги гьелъул инсуцаги гьара-рахьиги гьабун, разиго къабул гьаруна гӏолохъаби.

Гьединабго бахӏарчияб иш гьабуна нилъер ракьцояз гьал къоязда Калининград областалъул Балтийск шагьаралдаги.

26 октябралда, газги кьвагьун, цӏа ккана гӏемертӏалаяб минаялъуб. Гьебсагӏат балагьаб иш ккараб рокъоре кӏанцӏун, эбелги кӏиго гьитӏинаб лъимерги хвасар гьаризе рортана Пирмухӏамад Хӏусеновги Ражаб Ризвановги. Гьел ккола Балтийск шагьаралда, контракталда рекъон, рагъулаб хъулухъ тӏубалел ругел нилъер ракьцоял.

МЧСалъул хӏалтӏухъаби тӏаде щвезегӏан тӏасияб тӏалаялдаса гӏумру гьабун ругел жеги кӏиго чӏужугӏаданги, лъабго херал чагӏиги хвасар гьаруна гьелго гӏолохъабаз.