Калининаул росулъ Реццалъул аллеялда хӏалтӏулаб борч тӏубалаго хварал МВДялъул хӏалтӏухъабазе «Борч, намус, бахӏарчилъи» абураб ракӏалдещвеялъулаб гӏаламат лъеялъул тадбир тӏобитӏана.

«Жакъа нилъеца ракӏалде щвезарулел руго бахӏарчиго хварал. Нилъер росуцояз, вацаз гьарурал гьунарал бачӏунеб гӏелалъеги мисаллъун рукӏине ккола. Районалъул нухмалъиялъги нужее хӏажатаб кумек гьабизе буго», -ян абуна тадбир рагьулаго районалъул администрациялъул бетӏерасул заметитель Басир Нуцаловас.

Хъулухъалъулаб борч тӏубазабулаго бахӏарчиго хварал МВДялъул хӏалтӏухъабазул хъизамазе гӏарцулаб кумек гьабуна райадминистрациялъ. Калининаул росдал администрациялъул рахъалдаса 16 хъизамалъеги щвана гӏарцулаб кумек.