Гьавуралдаса 310 сон аниги, халкъалъул рекӏелъги миллияб гӏелмуялъул тарихалда жанивги абадиялъ хутӏун вуго жиндир заманалъул киналго гӏалимзабаз тӏадегӏанаб къимат кьурав гӏакъил, гӏалимчи, динияв хӏаракатчи, шагӏир, дипломат Гӏаймакиса Абубакар-хӏажияв (1711-1791). Гьев вукӏана XVIII гӏасруялда Дагъистаналъул машгьурал гӏалимзабазул ва шагӏирзабазул цояв, цӏарги динияб хӏаракатги мугӏрузул улкаялдаги сверухъ ругел бусурман ракьаздаги тӏибитӏарав. Жиндир халатаб, бечедаб гӏумру гьес къурбан гьабун букӏана дин, гӏелму ва лъай цӏуниялъе, гьеб халкъалда гьоркьоб тӏибитӏизабиялъе, мадрасаги рагьун, гӏолохъанаб гӏел цӏализабиялъе.

Абубакар-хӏажияв гьавуна Гӏаймаки росулъ. Гьесул вукӏана кӏиго вацги – Гӏабдуллагьги Мухӏамадаминги. Гьезие щун букӏана доб заманалда рекъараб динияб ва дунявияб лъайги. Гӏемераб заманалъ гьел хӏалтӏана мударисаллъун. «Мажмагӏал-авбаш» абураб Абубакархӏажиясул тӏохьода хъван буго: «Абубакар-хӏажиясул кӏудияв вац Гӏабдуллагь вукӏана гӏелмудул ралъдалъе вукъулев, лъаялъул гьунар битӏун бичӏчӏулев ва гӏелмудул пихъ бакӏарулев чи. Гьитӏинав вац Мухӏамадамин – гӏалим, мухӏканал гӏелмаби (математика, механика ва цогидалги) лъалев чи», – йилан.

Абубакар-хӏажиясул умумул ккола Буцӏра росулъа. Гьесул эмен Мугӏавия гочана Буцӏраса Гӏаймакиве. Гьев вукӏун вуго лъикӏаб гӏелму бугев чи ва Гӏаймакиб мадрасаялда гьес малъулаанила гӏараб адабият. Росасе мукӏурай, гьесда хадуй йилълъарай Абубакар-хӏажиясул эбел Саратицаги хӏаракат гьабулеб букӏана жиндир лъималазе исламалъул кьучӏалда тарбия-лъай кьезе.

Гиничукьа Хӏайдарбегил Мансурица хъвавухъе, Абубакархӏажиясул тухумалъ жиндир байбихьи босулеб буго гӏарабазул машгьураб къурайш тухумалдаса, битӏахъего Маккаялдаса, хадур гьесул умумуз гьижра гьабун буго Сириялде, Хӏалабала шагьаралде ва гьелдаса хадуб Дагъистаналде. Дагъистаналда Абубакар-хӏажиясул тухумалъул кӏудияв цин рещтӏун вуго Буцӏра росулъ, хадув – Гӏаймакив. Гъалбацӏил вас, Сулейманил вас, Гӏабдул-дибирил вас, Буцӏраса Мугӏавиял вас Абубакар-хӏажи. Нурмухӏамадил Мухӏамадил баяназда рекъон, гьеб насаб живго Абубакар-хӏажияс кьун буго «Шархӏ Хӏазамийа» абураб тӏохьол мужалаталда.

Гьитӏинго лъай-цӏалиялде гъираги пагьмуги загьирлъарав Абубакархӏажиясе гӏагараб росулъ щвана бусурман лъаялъул тӏоцересел дарсал. Инсул нухмалъиялда гъоркь гьес цӏалана ва рагӏалде бахъинабуна хирияб Къуръан, лъазабуна гӏараб грамматика ва гӏараб гӏелмудул цогидал рахъал.

Цудунго бихьана Абубакархӏажиясул инсуда жиндир васасул гьунарги лъай босизе бугеб гьесул хӏасратаб гъираги. Гьединлъидал гьес гьев, хадубккун лъай камил гьабизе мурадалда, витӏула Гьаракӏуниве, къади ва машгьурав мударис Кӏаратӏаса Кӏудияв Дибирида цеве цӏализе. Гӏараб гӏелмудул батӏи-батӏиял асарал лъазарун хадуб, Хӏайдарбегил Мансурица хъвавухъе, Абубакар-хӏажияс ячуна Гьаракӏуниса Гьитӏинасул яс Гӏайишат ва тӏад вуссуна жиндирго Гӏаймаки росулъе.

1731 соналда Абубакархӏажиясе гьавула Мухӏамадилан (Гьаракӏуниса Сагӏидил эмен) цӏар лъурав вас. Мухӏамадие тарбияги лъайги кьуна гьесул инсуца. Гьитӏинго бихьизабуна гьес гъираги бажариги гӏараб гӏелму лъазабизе, цӏалун лъугӏизабуна машгьурав гӏалимчи, философ, шагӏир, шайих Гӏабдурахӏман Жамил (1414- 1492) «Жами» абураб тӏехь. Заманалдасан гьев лъугьана лъикӏав гӏалимчилъун. Амма Мухӏамадил гӏумру батана цӏакъ къокъаб, гьев хвана цудунго, 1764 соналда, Сагӏид гьавун цодагьаб мехалдасан. Абубакар-хӏажиясул хутӏула гӏараб гӏелмуялде гъира букӏарав гьитӏинав вас Гӏабдурахӏманги цо пуланав гӏаймакисасе росасе арай яс Аминатги.

XVIII гӏасруялъул бащалъиялде Гӏаймаки росу лъугьун букӏана гьев машгьурав гӏалимчияс гӏумруги гӏелмуги гьабулеб букӏараб, Магӏарухъго машгьаруб бакӏлъун. Абубакар-хӏажиясул заманалъул гӏадамаз гьев рикӏкӏунев вукӏана ракӏ лъикӏав, сабру бугев, мухӏканав ва тӏабигӏат рекъарав чилъун. Гьесулъ букӏун буго вагӏза-насихӏат гьабизе кӏудияб пагьму. Гьедин, цоцо мехалда жиндихъ гӏинтӏамурал чагӏи гӏодизецин гьарулел рукӏун руго гьес. Бицен буго, гьев вукӏанин сундуего кодоб устарлъи бугев чи, хӏатта лъикӏав къадахъанги яргъил устаргицин.

Абубакар-хӏажияс чанго нухалъ сапар бухьун буго Бакъбаккул улкабазде, хӏаж борхиялъул ва лъай камил гьабиялъул мурадалда. Гьел сапаразда вукӏаго, гьев щун вуго доб заманалъ Гӏусманиязул империялъул вилаяталлъун рукӏарал Гӏиракъалдеги, Сириялдеги, цоги батӏи-батӏиял бакӏаздеги. Гьенив гьев дандчӏвала бакӏалъул гӏалимзабигун, лъайхъвай гьабун буго гьел бакӏазул культурагун, гӏелмиял централгун, гьенир рукӏарал библиотекабигун.

Баянаб буго Абубакар-хӏажиясул гӏумруялдаса цо гьадинаб хӏужа (М.- С. Саидовас бицараб). Цо нухалда иргадулаб хӏежалдаса Гуржистаналъул ракьалдасан ватӏаналде тӏад вуссунев вукӏарав Абубакар-хӏажияв Гьерекӏли-ханас, жиндихъего ахӏун, чанго къоялъ гьесие кӏудияб гьоболлъи гьабун буго. Гьединаб хинаб, хӏурматияб дандчӏваялдаса нечарав ва тамашалъи гьабурав магӏарулас гьикъун буго, гьалъул магӏна щибилан. Гьерекӏли-ханас гьесда абун буго, магӏарулаз Цӏоралде гьарулел чабхъеназул кӏудияб заралги балагьги бугин гуржиязе ва гьикъун буго Абубакар-хӏажиясда, гьесул диналъ къабул гьабуладай гьединаб ишилан. Гьабуларин абун буго гӏалимчияс, гьеб цӏакъ какараб жо бугин ислам диналъ. Гьеб мехалъ Гьерекӏли-ханас гьарун буго Абубакар-хӏажиясда Дагъистаналда, магӏарулазда гьоркьоб вагӏза-насихӏат гьабеян, гьез чабхъенал тезе, гьездаса инкар гьабизе гӏоло. Гуржиязул ханасул гьариги къабул гьабун, рокъове щваравго, Абубакар-хӏажияс хвезегӏан чабхъеназде данде чӏун, гьел какун, гьезул мунагьалъул хӏакъалъулъ бицун, вагӏзаби гьарун, цеве вахъунев вукӏун вуго Магӏарухъ.

1766-1767 соназда Абубакархӏажияв жиндирго Гӏаймаки росулъа гочана мадугьалихъ бугеб Гьаракӏуни росулъе. Гьеб иш ккана гьесул вас, гьунар бугев гӏалимчи, 25 сон барав Мухӏамад хун хадуб гӏемер заманго иналдего. Биценалда рекъон, 1763 соналда Гӏаймакив гьавурав Мухӏамадил вас, вукӏинесев кӏудияв гӏалимчи Сагӏидги каранде къан, ун вуго гьев Гьаракӏуниве. Гӏагараб росуги тун, цогидаб бакӏалде Абубакархӏажияв гочиналъе Нурмухӏамадил Мухӏамадица бачунеб буго гьадинаб гӏилла: «Цо нухалъ росулъ цо пуланаб берталъ Абубакар-хӏажиясул вас Гӏабдурахӏманил кӏалъай ккун буго мехтарал бихьиналгун ва гьеб сверула гъалмагъиралде. Гьаниб абизе ккола, гьел бихьинал рукӏанин Абубакар-хӏажиясул гӏагарал чагӏи. Гьелдаса хадуб гӏагарлъиялъулги гьесул хъизамалъулги гьоркьоблъи хола. Гьеб жеги хӏалуцине бокьичӏого, гьезда гьоркьоб дагӏба ккечӏого букӏине гӏоло, Абубакархӏажияс хӏукму гьабун буго хъизамгун цадахъ гӏагараб росу тезе ва жиндир лъадул Гьаракӏуниве росулъе гочине».

Гьерекӏдерица цӏакъ лъикӏ, ракӏ-ракӏалъ къабул гьавула Абубакархӏажияв, загьир гьабула гьесдехун жидерго хӏурматги квербакъиги. Гьеб заманалда Абубакар-хӏажиясул букӏана 53 сон. Гӏалимчиясе гьеб ккола жеги гӏолохъанлъиялъул гъира-рухӏ тӏаса инчӏеб, завалияб гӏумру. Балагьараб мехалда, чорхолъ витӏарав, рухӏалда бугев чиги вукӏун вуго гьев, гуревани кӏиго росдада гьоркьоб бугеб халатаб нухда кӏудияв васги ваччун инароан. Къадаралде щвезе жеги гьесие букӏана 26 сон, гьединлъидал гьесухъа бажарана цӏидасан жиндиргоги Сагӏидилги гӏумру гӏуцӏизе, рес бугеб магӏишат гьабизе, мадрасаги рагьун, цӏар рагӏараб гӏелмияб марказлъун гьеб лъугьинабизе. Гьесие кумекалъе къо бахъанагӏан гӏун вачӏунев вукӏана хадубккун кӏудияв инсул бакӏ кквезе вугев Сагӏидги.

Гъазигъумекиса Гӏабдурахӏманица жиндирго «Ракӏалдещвеязул тӏехьалда» хъвалеб буго: «Абубакархӏажияв ккола машгьурал дагъистаниял – правоведазул, Дагъистаналда бусурман маданият пропаганда гьабуразул цояв, шагӏир, мадраса гӏуцӏарав ва гьенир грамматикаялъул, хӏадис лъаялъул, пикъгьиялъул дарсал кьолев вукӏарав мударрис», – илан.

Абубакар-хӏажиясул букӏун буго бечедаб, къиматаб библиотека. Гьениб букӏун буго квералъ хъвараб 70 хӏалтӏи, гьезда гьоркьор бусурман правоялъул, гӏараб мацӏалъул грамматикаялъул, иллагьияталъул, мантӏикъалъул ва цогидалги гӏелмабазул асарал. Гьединго гьениб букӏун буго живго Абубакар-хӏажияс цогидал хӏалтӏаздаса хъвараб 18 тӏехьги. Масала, Пахрудин ар-Разил (1150-1210) «Анвар ат-Танзил», Абу Исхӏакъ аш-Ширазил (1003-1083) «Шархӏ ат-Танбихӏ» ва ц.

Гӏараб мацӏалда гьабураб гӏалимчиясул адабияб ирс тематикаялъул рахъалъ буго батӏи-батӏияб. Гьев ккола тарихияб, пикъгьияб, этикиябгун ахлакъияб ва шигӏрияб тематикаялда тӏасан хъварал асаразул авторлъун. Гьезда гьоркьоса, хъвараб заманалъухъ балагьун, бищун некӏсияблъун кколеб буго, 1753 соналда Гӏахъуш росулъ гьес хъвараб «Васаил ал-лабиб гӏала падаил ал-хӏабиб» абураб хӏалтӏи.

Абубакар-хӏажиясул гьунар букӏана гӏараб ва магӏарул мацӏазда шигӏру сокӏкӏине. Гьев ккола нилъер хъвавулаб адабияталъе кьучӏ лъурал авторазул цояв. Гӏажам алипалдаса пайдаги босун, гьес хъвана ва нахъе тана гӏезегӏан насихӏатал асарал. Магӏарул мацӏалда гьес сокӏкӏараб 13 шигӏрияб вагӏза тӏоцебе бахъана 1912 соналда Темир-Хан-Шураб, Мавраевасул басмаханаялда кӏутӏараб «Вагӏзабазул тӏехьалда» (данде гьабурав Чӏохъа Гӏабдула-хӏажияв). Магӏнаялъул рахъалъ гьел ккола исламияб диналъул нух кквезе халкъ ахӏарал асарал. Абубакар-хӏажиясул ахӏи къабул гьабуразда гьоркьор рукӏана, гьесдаса лъабкъоялда анцӏгогӏан соналъ хадуб шаргӏалъул нухдасан ине халкъ ахӏарал ва гьеб нухда цебехъанлъи гьабурал кӏудиял имамзабиги – Гъазимухӏамад, Хӏамзатбег, Шамил.

Абубакар-хӏажиясул васасул вас Гьаракӏуниса Сагӏидица, вагӏзабазда жаниб бицунебщинаб жо Къуръанхӏадисалда данде кколеб букӏинги бихьизабун, кӏудияв инсул вагӏзабазе гӏараб мацӏалда хъван руго гӏатӏидал баянал. Балагьараб мехалда, квералъ хъван, цӏаларал чагӏаз, мутагӏилзабаз тӏиритӏизарулел рукӏун руго гьел магӏарул жамагӏаталда жанир.

Вагӏзабаздаса бихьулеб буго авторас гьел хъвазе байбихьун рукӏин XVIII гӏасруялъул тӏоцебесеб бащалъиялда, ай гьев хӏежалдаса вуссараб, гӏакълу, пикру цӏубараб, дин чӏаго гьабизе ккеялда щаклъи гьечӏого ракӏчӏараб мехалъ. Вагӏзаби цӏалараб мехалда, бичӏчӏулеб буго гьеб заманалда, киналалиго гӏиллабазе гӏоло, магӏарухъ дин, рухӏияб дунял цӏакъго загӏиплъун, чучун букӏараблъи. Бачӏунеб буго суал, щай XVIII гӏасруялда, Дагъистаналъе къватӏисан хӏинкъи, зулмухӏал гьечӏеб заманалда, гьедигӏан цӏакъ гӏамал-хасият, ахлакъияб рахъ хисун букӏараб халкъалъул? Гьелъие гӏиллалъун букӏун батизе ккола магӏарул жамагӏаталъул жанисеб ахӏвал-хӏал. Амма ракӏчӏун абизе кӏола, Абубакархӏажиясул заманалъул гӏалимзабазул рухӏияб ирс лъазабизе рес щварабго, гьезул заманалда квералъ хъварал тӏахьазул тӏанчазул рагӏаллъабазда гьарурал яги жидецаго жалго бетӏергьанлъун тарал хъвай-хъвагӏаял данде ракӏарун, гьезул хӏасил гьабураб мехалда, гьелъие жавабги батизе бегьилин.

Абубакар-хӏажияс тӏоцебесеб вагӏза хъваралдаса нахъе унеб буго гӏезегӏанго сонал. Чанги заман хисана, ана гьелдаса нахъе, батӏиял лъугьана гӏадамалги, амма вагӏзабазда жаниб бицараб жо, гьенир рорхулел ругел суалал хисичӏо, жакъаги кӏвар буго гьезул халкъалъе. Хасго гьаб заманалда, гӏадамасул напс пасалъулеб бугеб куц бихьараб мехалда, цебечӏолеб буго гьанжеги нилъер гӏумруялда жанир дандчӏвалел гӏунгутӏабазул, такъсиразул сурат ва гьелъ намус-яхӏ бугевщинав чи тӏамулев вуго пикру гьабизе, гьелда тӏад ургъизе. Жакъа гьев кӏудияв гӏалимчиясул вагӏзабазде тӏаде къулизе, гьел цӏализе, пикру гьабизе рес щвеялъ, нугӏлъи гьабулеб буго гьесул баракат нилъехъе тӏад буссунеб букӏиналъе.

Дагъистаналъул гӏелмуялъе, адабияталъе Абубакар-хӏажиясул вагӏзабазул кӏвар буго тарихиял документал хӏисабалдаги. Гьел ккола магӏарул хъвайхъвагӏай камиллъиялъул нухде бахараб мехалда хъварал, динияб адабияталъул тӏадегӏанаб даражаялъул асарал. Гьез магӏарулазул рухӏияб дунялалъе, адабияталъе, халкъалъул гӏакълу ва рукӏарахъин цебетӏезабиялъе гьабураб гучаб асар жеги лъазабун гьечӏо гӏелмуялъ, амма гьеб асар букӏана ва гьанжеги буго гӏемерго кӏудияб. Вагӏзаби гурони, тӏокӏаб щибниги батӏияб жо Абубакархӏажияс хъван букӏинчӏебаницин, гьев мустахӏикъав вукӏинаан магӏарул хъвавулаб адабият гӏуцӏиялъулъ гӏахьаллъи гьабурав, гьениб кӏудияб бутӏа лъурав гӏалимчи-хъвадарухъан хӏисабалда абадиялъ гӏагараб халкъалъул тарихалда жанив хутӏизе.

Цӏех-рехаз бихьизабулеб буго, Абубакар-хӏажиясул гӏемерал асарал рукӏин гӏараб ва магӏарул мацӏазда хъварал, жеги гӏалимзабиги адабият бокьулелги жидеде тӏаде ккечӏел. Гьездаго гьоркьоб буго 1757 соналда, Гӏахъуш росдал мажгиталъул имамлъун ва мударислъун вугеб мехалъ гьес хъвараб «Аварагасул тӏадегӏанлъи» абураб тӏехьги. Гьенир руго Египеталъул гӏалимчи ва хъвадарухъан Жамалудин Суютиясул (1445-1505) тӏехьалъе кьурал баянал.

Магӏарул церехъабаз, гӏалимзабаз халкъ диналде, шаргӏалде бачине гьабулеб букӏараб хӏаракатчилъи халат бахъана кӏудиял имамзабазул заманалде, Гъазимухӏамад-имамасул хӏаракатчилъи байбихьараб мехалде щвезегӏан. Гьеб мехалдаги тӏадецуй гьечӏого, бичӏчӏи гӏун, халкъ диналде буссун букӏинчӏо, жамагӏаталда жаниб гӏамал-хасияталъулъ чороклъи, риччарихъантей букӏана. Тӏадехун рехсохъе, годекӏабахъ букӏараб тӏасан рорчӏи, гъалмагъир жеги тӏагӏун букӏинчӏо. Шаргӏги билълъанхъизабун, имамзабазул хӏаракаталъ рес кьуна Дагъистаналъул гӏемерисел бакӏазда бусурман дин хӏалтӏизабизе ва щула гьабизе.

Гьаниб абизе бегьула Абубакархӏажиясги гьесул заманалъул диниял хӏаракатчагӏазги кьучӏ лъунин ХӀX гӏасруялъул тӏоцебесеб бащалъиялда ккарал кӏудиял, лъебергогӏанасеб соналъ халат рахъарал тарихиял лъугьа-бахъиназе. Дин цӏунизе, шаргӏ билълъанхъизабизе ккеялъул хӏакъалъулъ гьезул ахӏи рагӏана гъваридаб динияб лъай щварал, машгьурав гӏалимчиясулги гьесул васасул вас Сагӏидилги мадрасаялда цӏаларал, таваккалал, исламияб дин цӏуни ватӏан цӏуниялда бухьинабизе лъарал ва бажарарал рукӏинесел имамзабаздаги гьезда хадуб билълъараб гучаб гӏолохъанаб гӏелалдаги.

Абубакар-хӏажиясул кӏудияб гьунарлъун рикӏкӏине бегьула, магӏарул мацӏалъул тӏабигӏаталда, гьелъул тӏалабазда рекъон, гьелда жанибе гӏараб гӏелмияб терминология бачин ва гьеб хӏалтӏизаби. Гьелдалъун бечелъана магӏарулазул калам гуребги, миллияб маданиятги, адабиятги, гӏелмиял ва цогидал асарал хъваялъул хӏалбихьиги.

Гӏалимчиясул асаразул квералъ хъваралги цо чанго кагъатги цӏунун руго Тарихалъул, археологиялъул, этнографиялъул институталъул, Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул квералъ хъварал асаразул фондалда, гьединго хасал библиотекабазда. Ахираб заманалда Дагъистаналъул гӏалимзабаз байбихьун буго Абубакар-хӏажиясул бечедаб ирс лъазабизе, гьелъие гӏелмияб къимат кьезе. Хъвалел руго диссертацияби, рахъулел руго тӏахьалги макъалабиги, гьеб ирсалъе сайигъат гьарурал.

Абубакар-хӏажияв хвана 1791 соналда, 80 соналъул ригьалде вахарав чи. Гьев вукъун вуго гьерекӏдерил хабалалъ жиндирго васасул вас Сагӏидида аскӏов. Гьесул зонода хъван буго: «Къурайши насабалъул шайих, гӏарип, Хӏажи Абубакар гьавуна Гӏаймакив, гьижра гьабун, гӏумру гьабулев вукӏана Гьаракӏунив, хвана 1205 с. (1791 с.)», — илан.

Ахӏмад МУРТАЗАГӏАЛИЕВ