Пачалихъалъ бесдалазе рукъзал росизе кьураб гӏарац, гьелги росичӏого, Махӏачхъалаялдаса, Избербашалдаса, Хасавюрталдаса ва Хасавюрт районалдаса нахъбуссун республикаялъул бюджеталдего бачӏине рес буго.

Гьедин бицана гьал къоязда хӏукуматалда тӏобитӏараб данделъиялда ДРялъул лъай кьеялъулгун гӏелмуялъул министрасул ишал тӏуралев Яхӏя Бучаевас.

Гьеб идараялъул сайталда хъвавухъе, республикаялда буго жанир чӏезе рукъ къваригӏараб 3223 бесдал лъимер. Гьезда гьоркьоса 1011 лъимер ккола эбел-инсул цонигиял гьечӏеб. Гьел киназего рукъзал росизе хӏажалъулеб буго щуго миллиардгӏанасеб гъурущ.

Я. Бучаевасул рагӏабазда рекъон, исана гьезие рукъзал росизе республикаялъул бюджеталда бихьизабун букӏана 588 млн гъурущ (гьелда гьоркьоса 138 млн ккола федералияб бюджеталдаса биччараб).

Амма гьабсагӏаталда бесдалазул гӏицӏго 15 проценталъ гурони рукъзал росизе рес гьечӏо, ай гьеб ккола 484 лъимер.

Байбихьуда бицен гьабураб гӏарац бюджеталдего нахъе щай буссинабизе кколебали гьадин бицана жамгӏияй хӏаракатчӏужу, бесдал лъималазе рукъзал росизелъун хӏукуматалъ гӏуцӏараб комиссиялъул вакил Раисат Гӏусмановалъ:

— Сергей Меликов гьанжего-гьанже Дагъистаналде вачӏиндал, дица борхун букӏана гьеб суал. Гьеб мехалда гьес балагьана 630 бесдал лъимералъе рукъ босизе хӏажатаб гӏарац. Амма хадубккун, аукционалги цогидабги лъазабун, гьел рукъзал росиялде иш ккедал, загьирлъана бесдалазе кьолеб гӏарацги гӏемертӏалаял минаби ралез чӏезарурал нормативалги данде кколел гьечӏолъи. Пачалихъалъ бесдалазе рихьизарурал нормативазда рекъон ралел минаби гьечӏо гьанже. Законалъ бихьизабухъе, квадратияб 18 метр ккола гьеб.

Тӏадежоялъе, пандемиялда дандеккун хиралъана сундухъго багьабиги. Масала, бесдалазе пачалихъалъ кьолеб 1 млн 400 азарго гъурщиде босизе бегьулеб букӏараб рукъалъул багьа гьанже 200-300 азарго гъурщица хиралъун буго.

Гьединлъидал гьеб суал бараб буго гӏемертӏалаял минабазул бетӏергьабаздаги. Гъоркьисала, масала, гьединав цо чияс киридахъ тӏадеги квадратураги кьун, ункъо рукъалъул секция щвана бесдалав инвалид вугеб цо хъизамалъе. Жеги рукӏана гьединал мисалал.

Дица добго данделъиялда абун букӏана бесдал лъималазе хӏажатал нормативазда рекъон цохӏо подъездалданиги рукъзал райин абун щай застройщиказда цебе суал лъоларебин абун.

Гьаниб суал бачӏунеб буго хас гьабун бесдал лъималаз гурони жаниб гӏумру гьабулареб мина базе бегьулародай абун. Гьеб мехалда бихьизабизе бегьилаан гьениб жаниб щивасе пачалихъалъ чӏезабураб квадратураги. Амма Раисат Гӏусмановалъ рикӏкӏунеб буго гьединаб жо гьабизе бегьуларин. Щайин абуни, гӏадатиял хъизамаздаса батӏа кӏанцӏун гьел бесдалал чӏезарулеб гӏадаб жо ккезе бугила гьелъул. Гӏадатиял хъизамал мадугьалихъ ругони, бокьараб ишалъулъ гьездаса кумекниги щвезе рес бугила бесдалазе.

З. Хӏажиева