13 ноябралда «Анжи-Аренаялда» тӏобитӏана «Open Dagestan» абураб туризмалъул форум.
Гьелда гӏахьаллъана туроператоралги, гидалги, гостиницабазулгун кафеязул ва туристал раччулеб транспорталъул бетӏергьабиги, эксперталги.
Гьез гьенир тӏоритӏана семинарал, мастер-классал. Бицана туристал сабаблъун Дагъистаналъул гӏисинал росаби цӏунизе бугеб кӏудияб кӏваралъул, гьанжего-гьанже гьалбадерил рукъзал рагьулел гӏадамаз хасго магӏарухъ хӏисабалде щиб босизе кколебали, советияб заманалда туризм цебетӏезабиялъул къагӏидаби кинал рукӏаралали.
Москваялдаса экспертаз гьезда малъана рачӏунел туристазул читӏир тӏубараб лъагӏалица лъугӏичӏого букӏине ккани, хӏалтӏи кин гӏуцӏизе кколебали. Хасго ахираб заманалда машгьурлъулеб буго стоматологиялъул туризм. Дагъистаналда цаби-гӏусал учузгоги лъикӏги къачӏалин ва лъолин абун, нилъер клиникабазде рачӏунел туристал цӏикӏкӏунел руго.
Кибго гӏадатлъун лъугьараб жо ккола туристаз сувенирал цӏехолел рукӏин. Дагъистаналде щведал, туристазе хас гьабун кинал сувенирал ричилел ва кин гьел берцинго къачӏалел абун малъа-хъваялги гьаруна гьелго экспертаз.
«Анжи-Аренаялъул» азбаралда чӏван рукӏана дагъистаниязул миллияб хаслъи бихьизабулел чадиралги. Рокъор-къватӏир умумуз хӏалтӏизарулел рукӏарал тӏагӏалабаздагун партал-куналда цадахъго гьенир рихьизарулел рукӏана цӏурачадал гьаризе, рессаризе, угьаризе, щагӏил тӏагӏалаби гьаризе букӏараб махщелги.
Форумалда гӏахьаллъарал цо-цо чагӏазул пикру цӏехана «Хӏакъикъат» газеталъ.
Яна Мартиросова, гид-экскурсовод, журналист:
— Дие цӏакъ бокьула миллияб хаслъи бихьизабулел чадразда сверухъ букӏунеб багъа-бачари, тӏагӏамаб квен-тӏех, кьурди-кечӏ. Гьеб рахъалъ кутакалда ракӏ гъураб ахӏвал-хӏал букӏана форумалдаги.
Амма туризмалдехун хурхен бугел чагӏи гьенир цохӏо нилъерго республикаялдаса гурони, къватӏиса рачӏарал рукӏинчӏо. Гьединлъидал кинабго нилъецаго нилъеего бицунеб жо гӏадинги ккана. Москваялдаса экспертазул малъа-хъваяз нилъер туроператоразе, гидазе, гостиницабазул, кафеязул бетӏергьабазе малъа-хъваял гьарун, пайда бахун батизеги бегьула. Амма дида рагӏичӏо гьез бицунеб жо, щайгурелъул миллияб хаслъи бихьизабулел чадраздаса гӏебеде тира-сверун хадуй дун ана дидаго тӏадкъараб лекция цӏализе цо хасаб чадиралъуе. Цо рахъалъ босани, къватӏиса туроператоралги цогидалги рачӏинчӏонигицин, нилъерго гьаниса туризмалда гъорлъ ругел гӏадамазе рес щун батила жал цо бакӏалде ракӏариялъ, цоцазулгун лъай-хъвай гьабизе, бухьенал кквезе. Амма хас гьабун диего гьединаб пайда щвечӏин абилаан дица. Масала, гьенир ратичӏо диего къваригӏарал клиентал. Тӏубанго пайда щвечӏиланги абизе бегьиларо. Дие асар гьабуна архитектор Камил Цунтаевас гьабураб лекциялъ. Магӏарухъ бугеб архитектураялъул хӏакъалъулъ бицунаго, гьес мугъчӏвай гьабулеб букӏана Мовчанил тӏехьалдеги. Кигӏан урхъаниги, босизе щолеб гьечӏо гьеб (1940-абилел соназда магӏарухъеги хьвадун, бакӏарараб материалалдаса советияв архитектор Геннадий Мовчаница данде гьабураб «Старый аварский дом» абураб тӏехь-авт.).
Ахираб заманалда туризмалъул ишалда гъорлъе рачӏана тӏубанго цӏиял, гьелъул хӏакъалъулъ абизегӏанасеб лъай гьечӏел чагӏи. Гьединаб форум, дун туристалгун хӏалтӏизе байбихьараб заманалда, гьанжеялдаса анлъго соналъ цебе, тӏобитӏун букӏарабани, лъикӏаб букӏинаан. Доб мехалда диеги дун гӏадиназеги мисал босизе бакӏал дагьал рукӏана, гьединлъидал дозда-гьазда гьикъун, нижеего мадар гьабулаан.
— Форумалда дуца гьабураб доклад сунда хурхараб букӏараб?
— Гьелда цӏар букӏана «Махачкала: почему бы и нет?» абураб. Махӏачхъала бихьизегӏанги течӏого, туроператораз туристал аэропорталдасанго я Дербенталде, яги магӏарухъе щай рачун унел, цинги гьениса тӏад руссиндалги рачӏинахъего аэропорталде щай гьел щвезарулел абураб магӏна букӏана гьелъул. Чанго сон буго дица туристазе Махӏачхъалаялда жаниб экскурсиял гьарулеб. Гьединлъидал борхана дица гьеб суалги.
— Махӏачхъалаялда туристал тамашалъизарулеб гӏадаб берцинлъи гьечӏолъи батилаха гьелъие гӏилла?
— Нилъеда гьедин ккола, амма гьеб пикру мекъаб буго. Масала, Дербенталъул гӏадаб тарих гьечӏониги, Махӏачхъалаялъулги буго ракӏ тӏаде цӏалеб, цо бицине лъалареб къуват. Дагьал ругониги, церегосел минабиги хутӏун руго жеги. Тӏаде балагьун сурукъабин кканиги, гӏадамал гӏажаиблъизарулеб архитектураги буго.
Аминат Гӏабдурахӏманова, «Птица Феникс» абураб жамгӏияб гӏуцӏиялъул соучредитель:
— Киналъухъго балагьизе рес щвечӏо. Амма асар гьабуна цӏиял маршрутал кинал ругелали лъаялъ, гьединго цогидал регионазда туризм цебетӏолел къагӏидабазул бициналъ. Масала, гостиницабазул бизнесалъул цебетӏей Подмосковьеялъул мисалалда бицунеб рагӏана дида. Нилъер гьаниб гьеб ишалъул гьанжего-гьанже хӏалбихьулеб буго. Гьединго форумалда рихьизаруна умумузул рукӏа-рахъинги махщелалги. Батӏи-батӏиял районаздаса рачӏарал гӏадамаз малъулеб букӏана жалго ругьунаб иш.
Палхӏасил, къватӏиса вачӏарав чиясда Дагъистанги гьелъул гӏадамалги щалали бицунеб ахӏвал-хӏал гӏуцӏун букӏана форумалда. Гьелъухъ дица баркала кьуна предпринимательлъиялъулгун инвестициязул агентствоялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Хӏажимурад Гӏабашиловасе ва абуна гьадигӏан берцинаб Дагъистаналъул гьайбатлъи хӏурудахъ ине бугинха республикаялда рищни-къулалъул суал рукӏалиде ккезабичӏони. Сверухъ бугеб бакӏ бацӏцӏад гьабиялда бан дица ургъараб программа буго «Чистый Дагестан» абун. 29 ноябралда ДГУялда тӏобитӏизесеб данделъиялда гьоркьоб лъезе буго гьеб суал. Рищни бацӏцӏад гьабулеб чан завод республикаялда баниги, щибго хӏасил кколаро жинда-жинда хадуб рищни жинцаго бакӏаризе кколин абун, щивав чиясул пикру хисизабичӏони.
Асият Гӏабдулатӏипова, КЭМЗалъул пресс-секретарь:
— Нижер заводалъе кутакалда пайдаяб форум букӏана гьеб. КЭМЗалъ ДРялъул Туризмалъулгун халкъиял махщелазул министерствоялъулгун къотӏи гьабуна авиатуризм цебетӏезабизе.
КЭМЗалъ байбихьун буго чанго чи рекӏунел самолетал къватӏире риччазеги, заводалда рагьун буго авиакомпанияги. Гьелъ гӏадамал раччизе руго заводалъ Мачӏада росулъ рагьараб хӏухьбахъиялъул базаялде. Самолет рещтӏунеб, гьаваялде бахъунеб хасаб нухги буго гьениб гьабун.
Мухӏамад Дибирмухӏамадов, гид:
— Пандемияги хӏисабалде босун, къватӏиса чагӏи ахӏун гьечӏоан гьенире. Гьединлъидал туризм цебетӏеялъе ругел ресазе гьабулеб рекламаги ккана нилъерго туроператоразеги гостиницабазулгун кафеязул ва цогидалъул бетӏергьабазеги гьабулеблъун. Гьединго нилъер гьанир Туризмалъулги Культураялъулги министерствабаз гьарулел тадбирал рукӏуна цо коцонир чӏваралгӏанги цоцада релълъарал-кинабго сверизабула кьурди-хъаталде, ихтилаталде. Гьедин ккана гьаб нухалдаги.
Дун ун вукӏана цереккун рагӏичӏел жал рагӏилародаян хьулалда, амма цӏияб жо лъачӏо.
Туристал гӏемер щоларел районазул хӏакъалъулъги баян тӏибитӏизабиги букӏана форумалъул мурад. Масала, гьабсагӏаталда дун вуго Гъумеки росулъ, туристалгун цадахъ. Ал анире рачин гурони букӏунаребищ? Рачана. Амма гьечӏо гостиницаби. Цинги кир дица гьел регизарилел? Гьединлъидал районазе реклама гьабилалде ургъизе ккола гьалбал къабул гьаризе ругел ресазда тӏад.
Зульфия Хӏажиева