17 ноябралда республикаялде вачӏана РФялъул Цӏех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев Александр Бастрыкин.

СКРялъул Дагъистаналда бугеб управлениялъул хӏалтӏухъаби гӏахьаллъараб данделъи тӏобитӏана гьес Махӏачхъалаялда.

Нижехъе щварал баяназда рекъон, экономикияб рахъалъ хӏинкъи гьечӏолъиялъул суалазда хурхун ва гьединго ахираб заманалда регионалда ккарал такъсиразул хӏакъалъулъ бицана данделъиялда.