Дагьал церегӏан къоязда ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановгун дандчӏвана «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумаханов.

Гьезул хабар ккана магӏарул басмаялда тӏасан – миллияб газеталъ кӏвар кьезе бегьулел суалазда, гьелда церечӏарал масъалабазда, гьединго тӏадеялъул букӏинесеб газеталъул юбилеялда (105 сон) хурхун.

— Дие цӏакъ асар гьабуна гьеб дандчӏваялъ. Жеги тӏубан хӏукуматги гӏуцӏун бахъинчӏеб, ратанщинал масъалабиги тӏуразе кколеб гьаб заманалда хӏукуматалъул председатель Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановас дун къабул гьави ккола миллияб басмаялдехун гьесул бугеб адабги бичӏчӏиги. Гӏицӏго «Хӏакъикъаталъе» гуребги, цогидал басмабазеги баракатаб гӏаламат ккола гьеб. Гьелдалъун республикаялда журналистикаялдехун тӏалъиялъул бербалагьи жеги лъикӏлъилин абураб хьулги бижулеб буго, — ян бицана Гӏ. Гӏумахановас.

Хадубго гьес тӏаде жубана премьер-министр магӏарул росабалъе унелъул, хӏалтӏул сапаразул хӏакъалъулъ репортажал хъвазе цадахъ «Хӏакъикъат» газеталъул информациялъул отделалъул вакилзабиги рачине хӏукму кканин.

Зульфия Хӏажиева