Дагьал церегӏан къоязда ДРялъул Печаталъулгун информациялъул министерствоялда тӏобитӏана ДРялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб Жамгӏият цебетӏезабиялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул рахъалъ советалъул данделъи. Захӏматалъул ва социалияб цебетӏеялъул министерствоялъул, УФСИНалъул, профсоюзазул, Гъизилюрт шагьаралъул ва районалъул администрациязул хӏалтӏухъаби гӏахьаллъараб гьеб данделъиялда цебе босун букӏана кӏиго суал.

Тӏоцебесеб, жанир тӏамун ругел бакӏаздаса (туснахъ, колония) эркен гьарурал гӏадамазда ракълилаб гӏумруялда бакӏ батизе квербакъи гьабиялъул рахъалъ Гъизилюрт шагьаралда ва районалда гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ. Ва кӏиабилеб, рехсараб совет гӏуцӏаралдаса 20 сон тӏубай кӏодо гьабиялда хурхун гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицин.

Данделъи рагьана Советалъул нухмалъулев Зикрула Ильясовас. Гьес бицана гьанжелъизегӏан Гъизилюрталда букӏанин лъабго гьединаб учреждение-колония: руччабазул, бихьиназул ва санаде рахинчӏел лъималазул колониял. (Гьанже хӏукму гьабун буго санаде рахинчӏезул колония къазе). Гьеб масъалаялъулгун лъай-хъвай гьабурав Советалъул нухмалъулесул заместитель Гӏумар Гӏумаровас баян гьабуна лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал, бицана цӏакъго кӏвар бугеб гьеб ишалъулъ гьабулеб хӏалтӏи букӏине кколеб даражаялде щун гьечӏолъиялъул. Шагьаралъул ва районалъул администрациязул, гӏадамазе хӏалтӏи чӏезабиялъе квербакъулел идарабазул (ЦЗН) хӏалтӏухъабаз бицана дандчӏвалел захӏмалъабазул, туснахъаздаса эркен гьарурал гӏадамазе хӏалтӏизе бакӏал щолел гьечӏолъиялъул ва гьез дагьаб харж бугеб хӏалтӏуде лъугьине инкар гьабулеб букӏиналъул хӏакъалъулъ. Бицана гьеб масъала тӏубазабиялъе гьабулеб бугеб хӏалтӏулги. Кӏиабилеб суалалда хурхун З. Ильясовас Советалъул членал ахӏана юбилеялда бан рукӏине ругел тадбиразулъ, гьелъие материалал хӏадуриялъулъ жигараб гӏахьаллъи гьабизе.

Гӏ. Гӏабашилов