Мугӏрул чӏужугӏаданалъе лъураб памятниклъун бихьула Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Залму Батировалъул адабияталда ккураб бакӏ. Гьеб памятникалъе сипатлъунги шагӏиралъул гӏумру буго.

Залмулгун щибаб дандчӏвай, рекӏей хӏалхьи кьолеб, гӏакъилаб дарслъун лъугьуна, гьелъ бицунебщинаб, цогидазеги мисаллъун букӏине, къалмиде босизе анищан ккола. Ункъойилъе сонал рахарай гьелъул рекӏехъе кучӏдул цӏализе бугеб пагьмуялдаги бахиллъула.

Иргадулаб нухалъ нижехъе редакциялде щварай Залмулгун букӏараб накъиталъул цо бутӏа цӏалдолезеги рагьизе пикру ккана гьанжесала.

— Залму, дур гьунаралъул нухлул байбихьуда букӏунаанищ чӏахӏиял шагӏирзабаз гӏисиназе гьабулеб критика, малъа-хъвай? Гьеб кин къабул гьабулеб букӏараб?

— Гъоб заманалъ букӏана цӏакъ гъваридаб, лъикӏаб, гӏолохъанав хъвадарухъан кӏудияв гӏезе кумек гьабулеб критика. Дирго бицани, дица критика къабул гьабулаан диего кьолеб дарс хӏисабалда, чӏахӏияз рихьизарурал гӏунгутӏаби ритӏизаризе хӏаракат бахъулаан.

Гьабсагӏатги нахъе цӏунун буго дица Гӏумархӏажи Шахтамановас гьарурал хъвай-хъвагӏаял. Доб заманаялъго хъвараб, «Кигӏан рагъ рикӏкӏада букӏананиги» абураб поэма Гӏумархӏажи Шахтамановасухъе кьун букӏана дица цӏализе. Гьеб поэма цӏалулаго, тохал, лъикӏал бакӏал къалмица жаниреги рачун хъварал гьадинал рагӏаби ругоан: «штамп», «ерунда, убери», «классика», «молодец, вот так продолжай», «повтор». Дун цӏидасан тӏадги хӏалтӏун, лъикӏаб поэма лъугьана гъолъул. Амма, Гӏумархӏажица гъодинан критика гьабун букӏинчӏебани, дир гъоб поэма лъикӏ лъугьине рес букӏинчӏо.

Эбел хвараб кечӏ буго Бесдал эбел цӏехолеб

— Гьанжесел гӏолохъанал шагӏирзабазе дуца малъа-хъвай гьабулищ?

— Жакъасел хъвадарухъабазда «ерунда» абуни, гьез дун тушманлъун кквела. Чӏандайин абизе жоги гӏемераб буго, такрарлъаби руго.

— Жал шагӏирзабиян чӏарал чагӏазул кучӏдузулъ ратулел руго цогидал авторазул творчествоялдаса мухъал. Дур кканищ гьединаб хӏужа?

— Дир кӏиго кечӏ жидерго тӏехьалдацин лъун батана, цо-кӏиго мухъги хисизабун. Цӏалдолезда лъала, цо гӏолохъанай хъвадарухъан ячӏана дихъе жиндиринги абун, дир кучӏдулги росун. Жиндир ботӏролъ рижарал ругин абун тӏирун гьей чӏедал, рихьизаризе кканаха, церего къватӏире риччарал тӏахьалги рагьун.

— Кучӏдул хъвалел гӏадамал руго гьанже, жидецаго хъвараб гурони классиказул, халкъиял шагӏирзабазул асарал цӏалуларел. Гъол эхе-эхеде кӏанцӏезе рахъуна жидее критика гьабуни. Гъол чагӏазул щиб пайда букӏинеб, нилъер адабияталъе?

Гъозул пайда щибха букӏинеб. Гъол жидедаго тӏад хӏалтӏулел, классиказул поэзия цӏалун, гьелъул пикру гьабун гъварилъуде раккулел ругелани, мадарги букӏинаан. Гьел поэзиялда жаниса тӏагӏун унел цӏарал руго. Рифмаялда гӏуцӏанин абун кечӏ лъугьунаро.

Намусалъул гьаркьихъ гӏенеккичӏони,

Гӏолохъанлъиги щай, гӏумруги сунде?

— Цо-цо руччабазул гӏищкъул асарал цӏакъго гьалагал, зани бегарал руго гьанже. Гьезде щиб абулеб дуца?

— Поэзия, художникас бахъараб сурат, сценаялда лъураб спектакль — гьеб букӏине ккола чиясе тарбия кьолеб, гьелъ чи куцазе ккола лъикӏаб рахъалдехун вачӏунеб хӏалалъ. Гурони, гьеб искусство, поэзия гуро, лъие гьеб гьединаб хӏажатги бугеб!

«Вокьулаян» хъвазе кколаро рокьул кечӏ хъвалаго, гьеб загьир гьабизе, асар гьабулел, цоги рагӏаби ратула унго-унгоял шагӏирзабазда. Дица цо данделъиялда абунги букӏана магӏарул кечӏалъ тӏаса горде бахъун букӏанин, гьанже тӏажуги бахъун бугин. Гьелъ ракӏ унтизабула.

— Мун гӏадин, кӏудияб хӏасилгун хъвадарулел чагӏазе эркенаб заман гӏезегӏан къваригӏунеб батила. Хъизан-рукъ тӏубан, творчествоялда тӏад хӏалтӏизе заман кин батулеб букӏараб?

— Институталда цӏалулеб мехалъго хъвазе байбихьараб, лъугӏичӏеб чанго поэма ва цоги гӏезегӏанго жо букӏана дир. Дарсал лъугӏарабго кванан, хех гьабун библиотекаялде гӏедегӏулаан дун. Ботӏролъ барщун щвалде щвараб мехалъ гурони кечӏ яги поэма хъвазеян дун гӏодой йикӏинчӏо кидаго. Къад рачӏарал пикраби кӏочон течӏого рукӏине къокъал хъвай-хъвагӏаял гьарулаан, регӏараб мехалъ гӏодое йиччан хъвалаан.

Гӏезегӏан захӏмат букӏунаан творчествоги, хӏукуматалъул хӏалтӏиги, хъизан-рукъги цадахъ бачине. Хъизанги дир кӏудияб букӏана, гъол кваназарун, регизарун хадуб сордо дир букӏинарищха. Ункъабилеб классалдаса нахъе дица лъимал ругьун гьаруна жидерго ретӏел бацӏцӏине, ратӏлида иту чӏвазе. Гьезда гьоркьоб бикьун букӏунаан рукъалъул хӏалтӏи, гурони дир рес букӏинчӏо. Якьад-вакьадги рукӏана, жидеегоги кумек гьабизе кколел, цӏикӏкӏарал чагӏи.

— Рукъалъул хӏалтӏи гӏемер бокьуларелъул васазе, инкар гьабулароанищ гьез?

— Малъараб гьабичӏого цониги лъимер течӏо, кьварараб гӏадлуялъул эбел йикӏана дун гьезие. Инсулгун эбелалъул цокӏалаб тарбия лъикӏаб буго рокъоб. Нижер лъималазда киданиги бихьичӏо росасулги дирги дагӏба-рагӏи. Данделъараб мехалъго Сагӏитилги дирги къотӏи букӏана къацандичӏого чӏезе.

Дур гӏоразул бакънал рагӏичӏелани,

Дилъ гьал кочӏол бакънал рижилароан.

— Пикраби кида ва кир бищунго роцӏарал рачӏунел?

— Дунго цохӏо йигеб сихӏкъотӏи бокьула хъвадаризе. Цо-цо мехалъ рос ватула нахъа эхетун халгьабун. Дица гьесда гьарула тӏаде валагьугеян, дир хӏалтӏи лъугьунарин. Хунзахъ, гӏатӏидаб сверухълъи цебе тӏибитӏараб кьурул рагӏалда рукӏиндал нижер рукъзал, гьениб цӏияб къуватгун чӏаголъула шигӏриял пикраби, гьениса тӏабигӏаталъухъ балагьун рижулаан гӏемерисел кучӏдул. Машгьурав хъвадарухъан Леонид Соболев вачӏун вукӏана нижехъе дир эмен, Югославиялъул Бахӏарчи, Мухӏамад Батировасул хӏакъалъулъ хъвазе. Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев вукӏана гьев доб мехалда. Гьевгун рукӏана Москваялдаса журналистал, Мухӏамад Сулиманов, Гӏумархӏажи Шахтаманов. Дос гьарана жив вегизе гьавугейила къаси, гьанив рагъида гӏодов чӏун тейилан. «Временами, местами я плакал», — ин абуна гьес радал. Гьединаб асар гьабулеб Кьилимегӏер, Гъунимегӏер, Гӏакаромегӏер бихьулеб, Тобтил лъабго чваххи цебелъолеб, поэзиялъе бижарабго гӏадаб, берцинаб бакӏалда руго нижер инсул ригьзал.

— Шагьаралда киб батулеб дуда пикраби цӏилъулеб бакӏ?

— Шагьаралда гьеб балагьизе регӏичӏо, гьелъий заманги букӏинчӏо. Цо-цо ралъдахъе унаан. Гьениб хъвараб буго дие бокьулеб цо кечӏ:

Рилълъа, гьудулзаби, хъахӏил ралъдахъе

Гӏолохъанлъиялъул лъалкӏазда хадур.

Релъиги гӏемераб, гӏодиги хехаб,

Гӏанчӏал арал къоял ракӏалде щвезе.

Нилъ гӏодорги рукӏун, руцӏцӏухӏунги чӏун,

Гӏенеккилин кочӏохъ карачелазул,

Цо-цо, мех-мехалда цоцахъ ралагьун,

Цӏалилин гьурмада рекӏел пикраби.

Доб мехалъ бичӏчӏичӏеб, рагьизе кӏвечӏеб,

Кӏвеладай нилъеда жакъа бичӏчӏизе.

Соназул нур свараб беразул канлъи

Кунчӏиладай гьанже доб мехалъ гӏадин.

Нилъеца бицина хъизан-рукъалъул,

Хъулухъалъулъ ругел гӏунгутӏабазул,

Амма пикрабазул тӏинда хутӏила

Лъиего рагьичӏеб, кибго бицинчӏеб.

Къацанди бокьуларо

Дун дирго ханги йиго, дун дирго лагъги йиго,

Дир рекӏел пачалихъги дидаго кодоб буго

— Мун, ункъо нусалъул якьад кинай йигей гьезие?

— Цо гӏаданалъ, дихъ ракӏ гурхӏараб гӏадин, цӏехана дида: «Вуй пакъир, ясги гьечӏого, нусалгунгӏаги кин йикӏуней мун?» — илан. «Баба, бабаян элги рукӏуна, уяб жойин ккун дунги йикӏуна», — ян дица кьураб жаваб гъой гӏаданалъги тӏибитӏизабун батана.

Нусазул гӏунгутӏи бихьидал, гӏолохъанаб мехалъ дунго кинай йикӏараяли ракӏалде щвезаюла. Гӏумруялъулго къотӏи букӏана диего бокьулареб чияй гьабиларин абун. Дица гъоб цӏунана. Гьеб пикруялде дун ягьизаюна гӏумруялъул хӏалбихьиялъ, гӏолохъанго цадахъ хӏалтӏизе ккарал гӏакъилал гӏадамаз. Бадибчӏван абичӏого, мисалги бачун, кантӏизарула дуца нижин абула нусаз. Дунгоги нус квешай йикӏинчӏо, диеги гьел Аллагьас лъикӏал кьуна.

Патӏимат Гьитӏинова

«Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъ ракӏ-ракӏалъго баркулеб буго Залмуда гьайбатаб юбилей. Гьарула сахлъи ва икъбал.