Росдал магӏишат ва гьелъул нигӏматал къачӏай республикаялъул экономикаялъул бищунго кӏвар бугеб бутӏа кколеблъи буго щаклъи гьечӏеб хӏужа. Бакӏал раялда ва даран-базаралда гӏемерал гӏадамал хӏалтӏулел ругониги, бюджеталде гьез кьолел налогазул къадарги гӏезегӏан цӏикӏкӏараб бугониги, росдал магӏишаталъул даражаялде гьел рахунаро. Промышленность, хасго бакӏаб, нилъер гьаниб лъалеб хӏалалъул багъа-бачариялда жеги гьечӏо, туризмги гьанжего-гьанже цебетӏолеб буго. Амма жакъа росдал магӏишаталда буго азаргогӏанасеб гӏаммаб магӏишат (СПК, агрофирма, ООО ва цогидабги), 17 азарго фермеразулаб магӏишат (КФХ) ва 485 азарго ЛПХ (жалго жидедаго чӏараб магӏишат). Дагъистаналъул ВРПялда (къватӏибе биччараб тӏолабго продукциялъул ва кинабго бича-хисаралъул гӏаммаб багьа) гьелъ ккола 21 процент. Нилъер гьаниб буго тӏолабго Россиялъул гӏи-цӏцӏаназул 21,3 процент (1 бакӏ), чӏегӏербоцӏул 5,3 процент (3 бакӏ), гӏезабула овощазул 8,6 процент (1 бакӏ)), пихъил 4,4 процент (7 бакӏ), цӏолбол 33-гӏанасеб процент (1 бакӏ), квасул 25,4 процент (1 бакӏ).

Хурухъанлъи

Хурухъанлъи буго росдал магӏишаталъул аслиял бутӏабазул цояб (валовияб продукциялъул 43-гӏанасеб процент). Республикаялда буго 464 азарго гектар рекьулел ракьазул, гьезда гьоркьоса 280 азарго гектар буго лъалъалел ракьазул, 28,9 азарго гектар — ахазул ва 183 азарго гектар — харибакӏазул. Рекьулел ракьазул 42,9 процент ккола могьолал культурабаз, 37,2 — кормаялъе хьалез, 10,8 — овощаз, 5,1 — картошкаялъ, 2,5 — бахчабаз ва 1,5 — нах бахъизе хьараз. Могьолазда гьоркьоб аслияб бакӏ ккола ролъуца, кӏиабилеб бакӏалда буго пурчӏина, лъабабилеб бакӏалда — пиринчӏ. Хаслихъе хьалел могьолал культурабаз исана ккун букӏана 93,9 азарго гектар ва гьениса бакӏарана 213,5 азарго тонна тӏорщалил (цо гектаралдаса 22,7 центнер, гьеб кколаро беццизе гӏураб хӏужа). Росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министерствоялъул баяназда рекъон, тӏоцебесеб октябралде республикаялда бакӏарана овощазул 1033,4 азарго тонна, пихъил — 170,3 азарго тонна, картошкадул — 282,2 азарго тонна. Хӏадурана харил — 1335,5 азарго тонна, сумал — 144,3 азарго тонна, сенажалъул — 17,5 азарго тонна ва силосалъул — 12,4 азарго тонна. Рахь цӏикӏкӏиналъе хасало чӏегӏербоцӏуе кьезе сенажгун силос хӏадурулеб буго мукъсанабго къадаралда. Гьелъие гӏилла — техника гӏоларого букӏин, запчасталгун цӏатари хиралъи ва гӏемераб цогидабги. Амма гьеб киналъулго хӏасилалда гӏемерго гӏодобе кколеб буго бечӏчӏулеб рахьдал къадар.

Пиринчӏ

Гьеб буго хӏакъикъаталдаги нилъер гьаниб цӏилъулеб, цебетӏолеб, лъикӏал хӏасилал рихьизарулеб бутӏа. Ахираб лъабго соналда жаниб гьеб хьалеб ракьалъул гӏатӏилъи цӏикӏкӏана 25 проценталъ, гьениса бакӏарулеб тӏорщел — 37 проценталъ.

2020 соналда Дагъистаналда бакӏарана пиринчӏалъул 112 азарго тонна (Краснодар краялда хадуб тӏолабго Россиялда 2 бакӏ), гьединаб къадар жеги киданиги бакӏарун букӏинчӏо нилъер гьаниб. Исана соналъул хӏасил лъала дагьаб нахъа. Дагьабги цӏикӏкӏун гьеб цебетӏеялъе квалквалал гьарулел гӏиллаби ккола хӏажатаб къадаралда лъалъалеб лъеца хьезабун бажарунгутӏи, мелиоративияб система къачӏазе ккараб хӏалалда букӏин ва пиринчӏ бакӏарулел комбайнал гӏураб къадаралда гьечӏолъи. Гьел масъалабиги тӏуран, цоги сурсаталги хӏалтӏизарун хадуб, республикаялъул планалда рекъон, 2024 соналда бакӏаризе ккола пиринчӏалъул 140 азарго тонна ва гьелъул 90 процент къачӏазе ккола республикаялдаго.

Ахихъанлъи

Ахал руго 28,9 азарго гектар гӏатӏилъиялда, гьезда гьоркьоса 21,4 азарго гектар ккола пихъ кьолел ахазул. Ахираб 3 соналда жаниб республикаялда чӏана цӏиял, интенсивияб тайпаялъул ахазул 1,5 азарго гектар. Ахираб заманалда ахихъабаз хасго цӏикӏкӏараб кӏвар кьолеб буго суперинтенсивиял технологияздалъун (цо гектаралда 2500 саженец, пихъ кьезе байбихьула лъабабилеб соналда, гектаралдаса кьола 50 тонна) ва дагь-дагьккун тӏинкӏулеб лъеца лъалъалеб къагӏидаялде. 2024 соналде щвезегӏан, церетӏурал къагӏидабаздалъун цӏиял ахал чӏезе ккола жеги 1,2 азарго гектаралда. Ахихъабазда церечӏарал аслиял масъалабилъун ккола пихъ къачӏай, гьеб цӏуни ва саженцал гӏезарулел питомниказул хӏалтӏи гьаб заманалъул тӏалабазда рекъараб даражаялде бахинаби.

Картошка

Картошка бекьула 20 азаргогӏанасеб гектаралда (аслияб куцалда Лаваша, Гӏахъуща, Буйнакск, Хасавюрт ва Хив районазда) ва гьоркьохъеб хӏисабалда бакӏарула гьелъул 350-400 азарго тонна. Бахчабаз ккола 7 азаргогӏанасеб гектар (аслияб куцалда Гъизляр, Нугъай, Бабаюрт районал) ва бакӏарула гӏага-шагарго 200 азарго тонна.

Цӏолбохъанлъи

Республикаялда цӏибил чӏун буго 26,3 азарго гектаралда, гьезул 21,2 азарго ккола бачӏин кьолеб заманалде щвараб. Гьарурал хӏисабазда рекъон, исана республикаялда бакӏаризе ккола 200 азарго тонна цӏолбол, гьелдаса 150 азарго тонна ине ккола батӏи-батӏияб тайпаялъул гьекъолел лъинал, сокал рахъизе. Ахираб 5 соналда жаниб цӏияб цӏибил чӏана 5856 гектаралда, исанаги чӏезе буго азаргогӏанасеб гектаралда. Цӏолбол алкоголияб продукция гьабизе лицензия республикалда буго 17 предприятиялъул. Гьез къватӏибе биччараб гӏаммаб продукция (коньяк, шампанское, чагъир) исана 9 моцӏида жаниб, араб соналъул гьебго болжалалда данде босун, дагьаб гӏодобе ккана.

Овощал

Овощал гӏезари соналдаса соналде цебетӏолеб буго. Гьел гӏезариялъул рахъалъ (2020 соналда бакӏарана 1332 азарго тонна) Дагъистаналъ Россиялда ккола 1 бакӏ. Овощазда гьоркьоб аслияб бакӏ ккола хъапустӏаналъ, гьелъул 13 азарго гектаралдаса бакӏарула 700 азаргогӏанасеб тонна.

Цӏакъго лъикӏаб хӏалалда цебетӏолеб буго теплицабазул магӏишат. Гьабсагӏаталда республикаялда буго теплицабазул 631 гектар, гьезда гьоркьоса 50 теплица ккола щибалъул гӏатӏилъи цо-цо гектаралдаса тӏаде унеб. Теплицабазда гӏезарулел овощазул къадаралъул рахъалъ республикаялъ тӏолабго Россиялда ккола анкьабилеб бакӏ, СКФОялда — кӏиабилеб бакӏ. 2024 соналда теплицабазул гӏаммаб гӏатӏилъи бахинабизе буго 660 гектаралде. Гьеб бутӏаялда церечӏарал аслиял масъалаби ккола лъалъалеб лъеца ва тӏабигӏияб газалъ хьезариялъулъ ругел захӏмалъаби.

Гӏи-боцӏухъанлъи

Гьеб рахъалъги Россиялъул регионазда гьоркьоб Дагъистан буго цебесеб кьерда. «Дагъстаталъул» баяназда рекъон, Дагъистаналда буго 966,8 азарго бетӏер чӏегӏербоцӏул (араб соналъул гьебго болжалалда букӏаралъул 94,8 процент) ва гьезда гьоркьоб 463 азарго гӏака (95,5 процент). Гӏи-цӏцӏаназул буго 4786,5 азарго бетӏер (96 процент), гьеб ккола тӏолабго Россиялда бугеб къадаралъул 20 процент, ай Дагъистан буго тӏоцебесеб бакӏалда. Гӏанкӏу-хӏелекоялъул буго 4173,9 азарго бетӏер (96,5 процент). Республикаялда исана гӏи-боцӏухъанлъиялъ гӏезабуна: боцӏул ва гӏанкӏудал гьанал — 107,9 азарго тонна (чӏагояб цӏайи), рахьдал — 689,6 азарго тонна, квасул — 14,5 азарго тонна. Санайил гӏезабула 35 азарго тонна гӏиял гьанал, гьелдаса 15 азарго тонна битӏула Россиялъул цогидал регионазде ва бичула къватӏисел пачалихъазе. Гӏанкӏудул гьанал тӏалабал нилъеца 55-56 проценталъ гурони тӏураларо, хутӏараб баччула Ставрополь ва Краснодар краяздаса, Ростов ва Москва областаздаса.

Гӏанкӏудал ханазул тӏалаб тӏубала 30 проценталъ, цогидаб баччула Краснодар ва Ставрополь краяздаса, Свердловск областалдаса ва Чачан республикаялдаса.

2021 соналда авлахъазда хӏалтӏизабизе хӏисабалде босун буго 12,4 азарго тонна минералиял удобрениязул. Санайил авлахъазде (аслияб куцалда овощал ва бахчаби рекьулел ракьазде) бала 1,5 млн. тонна ракул. Жибго гьитӏинаб бугониги, зарал цӏакъго кӏудияб бугелъул, гарцӏазде данде щибаб соналъ 100 азарго гектаралъул гӏатӏилъиялда (Нугъай, Тарумовка, Гъизляр ва Бабаюрт районазда) хӏалтӏизабула батӏи-батӏияб загьру. Ахирал соназда цӏикӏкӏунеб буго магӏишатаз босулеб техникаялъул (тракторал, комбайнал ва гь. ц) къадарги. 2020 соналда босун букӏана 591,4 млн гъурщил багьаялъул гьединаб техникаялъул 402 единица (2019 соналда дандеккун — 153 процент). Исана соналъул 9 моцӏида жаниб босана 246 единица (465,6 млн гъурущ), гьезда гьоркьоб — 64 трактор ва 10 ролъ бакӏарулеб комбайн. Кинабго техникаялъул багьа лъагӏалил ахиралда бахине ккола 500 млн. гъурщиде, гьеб буго гъоркьиса букӏаралде данде 130 процент. Нилъер шартӏазда гьелъул бугеб цӏакъго кӏудияб кӏварги бичӏчӏун, республикаялда гьабулеб буго мелиоративияб хӏалтӏи. 2021 соналда тӏуразе руго гьадинал хӏалтӏаби: цӏидасан хӏалтӏизе биччазе буго 4774 гектар ракьалъул, мелиоративияб ва культуртехникиял хӏалтӏаби гьаризе руго 670 гектаралда, фитомелиоративиял тадбирал тӏоритӏизе руго 4700 гектаралда, лъим щвезабизе буго 2500 гектаралде.

Ругел планазда рекъон, 2021 соналда къватӏисел пачалихъазде нилъеца бичизе ккола (экспорт) 27,3 млн долларалде росдал магӏишаталъул нигӏматал. «Экспорт продукции АПК» абураб регионалияб проекталда рекъон, 2024 соналде гьеб бахине ккола 33 млн. долларалде. Гьебго соналде Дагъистаналда бакӏаризе (гӏезабизе) ккола (ругел планазда рекъон): ролъ — 451 азарго тонна, пиринчӏ — 140 азарго тонна, картошка — 372 азарго тонна, овощал — 1608 азарго тонна, пихъ — 240 азарго тонна, боцӏул ва гӏанкӏудал гьан — 277 азарго тонна, рахь — 938 азарго тонна, квас — 14,5 азарго тонна, хоно — 254 миллион.

Гӏабаш Гӏабашилов