Ахираб заманалда школазда цӏакъ дагьлъизарун руго рахьдал мацӏалъул дарсал. Щай гьедин бугебин гьикъидал, цо-цояз абулеб буго добасан гьединаб амру бачӏанин абун. «Доваги» кинго ватуларо школазе гьединаб амру гьабурав хӏакимчи. Лъида бараб бугеб рахьдал мацӏалде чан сагӏат кьелеб абураб масъала? Гьелъул хӏакъалъулъ бицине бокьун буго гьаб макъалаялда.
Чамалиго сон буго школалда лъай кьеялъул стандартал хисаралдаса нахъе. Гьебги гьабуна улкаялъул, Лъай кьеялъул министерствоялъул хӏукмуялда рекъон. Нилъер улка гӏемермиллатазулаб кколелъул, рес гьечӏо миллиял мацӏазде кӏвар кьунгутӏиялъе. (Дагъистанияз рахьдал мацӏазде мугъ рехулеб бугониги, улкаялъул цогидал миллиял регионазда гьелде кьолеб кӏвар цӏикӏкӏараб буго). Цӏиял ФГОСал хӏадурулаго, Лъай кьеялъул министерствоялъги кьочӏое босула улкаялъул аслияб закон -Конституция.
Конституциялъул №68 статьяялда рекъон, РФялъул тӏолабго ракьалда пачалихъияблъун ккола гӏурус мацӏ. Аслияб законалъул №26 статьяялъул кӏиабилеб бутӏаялда рекъон, щивав гражданинасул ихтияр буго рахьдал мацӏ хӏалтӏизабизе ва гара-чӏвариялъегун тарбия кьеялъе жиндиего бокьараб мацӏ тӏаса бищизе.
Гьелде тӏадеги, лъай кьеялъул идарабазда мацӏал малъиялъул суалал рекъезарула 1991 соналъул 25 октябралда къабул гьабураб «РФялъул халкъазул мацӏазул хӏакъалъулъ» абураб № 1807-1 законалда рекъонги. Гьелда хиса-басиял гьаруна 2018 соналъул лъабабилеб июлалда ва къабул гьабуна № 185 федералияб закон (ФЗ). Мацӏалъул суалазул хӏакъалъулъ бицунеб буго 2012 соналъул 2 декабралда къабул гьабураб «РФялда лъай кьеялъул хӏакъалъулъ» абураб № 273 ФЗялдаги. Гьениб хъван буго, РФялъул республикабазул законодательствоялда рекъон, республикабазул пачалихъиял мацӏал малъизе бегьулила гьезул ракьалда ругел пачалихъиялги муниципалиялги лъай кьеялъул идарабаздаян абун.
РФялъул республикабазул пачалихъиял мацӏал лъай кьеялъул идарабазда малъула, гьезул пачалихъияб аккредитация бугони ва лъай кьеялъул федералиял пачалихъиял стандартаздаги рекъезарун. РФялъул республикабазул пачалихъиял мацӏал малъизе бегьуларо, улкаялъул пачалихъияб мацӏлъун кколеб гӏурус мацӏалъе зарал кколедухъ.
«РФялда лъай кьеялъул хӏакъалъулъ» абураб № 273 ФЗялъул 14-абилеб статьяялъул ункъабилеб бутӏаялда рекъон, РФялъул гражданазул ихтияр буго школалда цебесебги, байбихьулги, аслиябги лъай РФялъул халкъазул мацӏазул цояблъун кколеб мацӏалда босизе ва, лъай кьеялъул идарабазул бугеб ресалъухъ балагьун, лъай кьеялъул суалазул рахъалъ законодательствоялъул нормабаздаги рекъезабун, РФялъул халкъазул мацӏазда гьоркьобе унеб рахьдал мацӏ гьениб лъазабизе.
Рехсараб федералияб законалъул 14-абилеб статьяялъул анлъабилеб бутӏаялда рекъон, лъай кьеялъул идараялда цӏали гӏуцӏиялъул суал тӏубазабула лъай кьеялъул идараялъул локалияб акталдаги, гьелъ гӏумруялде бахъинабулеб лъай кьеялъул программаялдаги ва РФялъул законодательствоялдаги рекъон.
Гьебго № 273 ФЗялъул 44-абилеб статьяялъул лъабабилеб бутӏаялда рекъон, кинаб мацӏалда жиндир лъимералъе лъай кьелебали ва лъай кьеялъул идараялда кинаб мацӏ гьесда малъилебали, гьединго кинал факультативал тӏаса рищилелали хӏукму гьабула гьесул эбел-инсуца яги гьев хьихьулел гӏадамаз. Цӏали гӏуцӏулеб мацӏги школалда малъизесеб мацӏги гьез тӏаса бищула лъай кьеялъул идараялъул программаялда рехсарал дарсазда гьоркьоса.
Щиб абулеб бугеб Дагъистаналъул Конституциялъ?
2003 соналъул 10 июлалда къабул гьабураб ДРялъул Конституциялдаги рехсон руго рахьдал мацӏал лъазариялъул хӏакъалъулъ нормаби. Масала, 11-абилеб статьяялда хъван буго: «Дагъистан Республикаялъул пачалихъиял мацӏаллъун ккола гӏурусги Дагъистаналъул халкъазулги мацӏал.
Дагъистан Республикаялъ ихтияр кьолеб буго гьелъул ракьалда гӏумру гьабулел киналго халкъазул мацӏал цӏуниялъе ва гьел лъазариялъеги церетӏезариялъеги шартӏал гӏуцӏизе».
Статья 30: «Щивасул ихтияр буго рахьдал мацӏ эркенго хӏалтӏизабизе, гара-чӏвариялъеги, лъай щвеялъеги ва творчествоялъеги жиндие рекъон кколеб мацӏ тӏаса бищизе».
Статья 42: «Дагъистан Республикаялъул ихтияр буго пачалихъияб лъай кьеялъул стандарталъул регионалияб (миллиябгун регионалияб) бутӏа чӏезабизе».
Цӏали гӏуцӏиялъул къагӏида
Лъай кьеялъул идараялда цӏализе ругел цӏалдохъабазул эбел-инсуда дандги бан, лъай кьеялъул идараялъ къабул гьабула цӏали гӏуцӏиялъулги, дарс хӏисабалда мацӏ малъиялъулги суалал рехсараб локалияб нормативияб акт (масала, Школалъул устав).
№ 273 ФЗялъул 28-абилеб статьяялда рекъон, лъай кьеялъул идараялъухъе кьун буго, ФГОСаздеги рекъезарун, лъай кьеялъул программаби хӏадуризе ихтияр. Гьезие кьочӏое росизе бегьула лъай кьеялъул аслиял программаби. Улкаялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ тасдикъ гьабуна буго ФГОСазулги цӏалул планалъулги ункъо батӏияб тайпа. Гьедин гьабуна рахьдал мацӏалда лъай щвезеги рахьдал мацӏ школалда лъазабиялъеги Конституциялъ кьолеб ихтияралдаса лъимал махӏрум гьарунгутӏиялъул мурадалда.
Гӏаммаб лъай кьеялъул ФГОСазги байбихьулгун аслияб гӏаммаб лъай кьеялъул программабазги (гьезда гьоркьоре уна мисалиял цӏалул планазул чанго тайпаги) рес кьола РФялъул ва гьелда гъорлъ ругел республикабазул пачалихъиялги РФялъул халкъазул рахьдал мацӏалги школалда малъизеги гьел мацӏазда цӏали гӏуцӏизеги.
Чан сагӏат анкьида жаниб кьелеб рахьдал ва гӏурус мацӏал малъиялъе?
Гьеб суалалъе жаваб кьола 2015 соналъул 31 декабралда РФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ къабул гьарурал №№ 1576, 1577, 1578 буюрухъаз. Гьезда рекъон, федералиял пачалихъиял лъай кьеялъул стандартазда гьаруна гӏурус мацӏгун адабият ва рахьдал мацӏгун адабият школазда малъиялъул рахъалъ хиса-басиял.
Байбихьул ва аслияб лъай кьеялъул ФГОСазда рекъон, школалда чара гьечӏого малъизе кколел дарсазда гьоркьор рехсон руго «Рахьдал мацӏ ва рахьдал мацӏалда литературияб цӏали» ва «Рахьдал мацӏ ва рахьдал адабият» абурал дарсал. ФГОСалъул 18.3.1 пункталда рекъон, рехсарал дарсал чара гьечӏого рукӏине ккола лъай кьеялъул идараялъул цӏалул планалда – щибаб классалда кьезе ругел сагӏтазул къадарги чӏезабун. Цӏалул планги ккола лъай кьеялъул программаялъул аслияб бутӏалъун. Цӏалул планалъул чарагьечӏеб бутӏаялда гьоркьобе уна «Рахьдал мацӏ ва рахьдал мацӏалда литературияб цӏали» (байбихьул школалда) ва «Рахьдал мацӏ ва рахьдал адабият» (аслияб гӏаммаб лъай кьеялъул идараялда) абурал дарсал.
Лъай кьеялъул идараялъул ихтияр буго, цӏалдохъабазулги гьезул эбел-инсулги мурадги хӏисабалде босун, пуланал дарсазде кьолеб сагӏтазул къадар цӏикӏкӏинабизеги цӏиял дарсал малъизеги.
Тӏадехун рехсарал дарсазе хӏалтӏул программа хӏадурула ФГОСазда рекъон ва тасдикъ гьабула лъай кьеялъул идараялъ, ай школалъ. Гьеб гьабулеб къагӏида рехсон буго 2014 соналъул 28 маялда РФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ къабул гьабураб № 594 буюрухъалда рекъон. Цӏалул программаби хӏадуризе ва гьезие къимат кьезе (масала, регионалиябгун миллияб ва миллиябгун маданияб хаслъи хӏисабалде босун бугищали хал гьабизе) ихтияр буго цӏалулгун методикияб цолъиялъул (УМО).
Рахьдал мацӏалъул мисалиял цӏалул программаби хӏадурула РФялъул субъектазда ва, субъекталъул лъай кьеялъул рахъалъ жавабияб пачалихъияб идараялъул хӏаракаталдалъун. Гьезул экспертиза тӏобитӏула федералияб УМОялъ — лъай кьеялъул мисалиял программабазул сияхӏалде росиялъул мурадалда.
Гьаб макъалаялда рехсарал баяналги хъван, 2017 соналъул ичӏабилеб октябралда РФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ регионалиял министерствабазухъе битӏун букӏана «Рахьдал мацӏалда лъай щвезе бугеб гражданазул ихтияр цӏуниялъул хӏакъалъулъ» абураб № ТС-945/08 кагъат. Гьеб кагътида бицунеб буго, кинал классазда ва кинаб къадаралда, цӏиял ФГОСаздеги рекъезарун, кьезе кколел рахьдал мацӏалъул дарсал. Масала, 2020/2021 цӏалул соналда 10 классалда цӏиял ФГОСал хӏалтӏизе ругеблъиги хӏисабалде босун, гьениб абулеб буго 2004 соналъул лъай кьеялъул стандарт (ГОС) кьочӏое босулеб бугин абун. ГОС-2004 гӏуцӏун буго лъабго бутӏаялдаса: федералияб – чӏезабула РФялъ), регионалияб (миллиябгун регионалияб) – чӏезабула РФялъул субъекталъ ва лъай кьеялъул идараялъулаб – чӏезабула щибаб школалъ яги лъималазул ахалъ.
Гьелдаса бичӏчӏулеб буго: школалда рахьдал, ай Россиялъул халкъазул мацӏ малъизе рес буго, федералияб базовияб планги регионалиябгун школалъулаб компоненталги кьочӏое росун.
Сунцаха квалквал гьабулеб бугеб рахьдал мацӏал школалда малъиялъе? Пачалихъалъ гьелъие кьураб ихтияралдаса пайда босуларел нилъецаго.
Кавсарат Сулейманова