Кинаб къагӏидаялда тахшагьаралъул коммуналияб магӏишаталъ хасалиде дандчӏвай гьабулеб бугебали цӏех-рех гьабизе ниж щвана Махӏачхъалаялъул ЖКХялъул управлениялъул нухмалъу лев Шамил Мухӏамадовасухъе. Гьесул рагӏабазда рекъон, централияб отоплени ялъул ва хинабгун цӏорораб лъим кьолел рогӏразул хал-шал гьабун, хисизе кко лелъур хисун, къачӏазе кколелъур къачӏан хӏалтӏаби гьарун руго.- Исана дунял цу дунго цӏорозе букӏинги хӏисабалде босун, нижеца хӏалтӏабиги цереккунго гьаризе байбихьана. Отопление, хинабгун цӏорораб лъим кьолел рогӏралго гӏадин, нижеца къачӏана канализация, гӏемертӏалаял минабазул тӏохал, подъездал, ай квер бахъана нижер жавабчилъиялда бугеб шагьаралъул магӏишаталда. Хаса лиде хӏадур ругин абурал паспортал кьуна 1772 гӏемертӏалаяб минаялъе.
— Цӏакъго цӏорораб заманалда токалъул мухъазда ялъуни отопле ниялъул системаялда авариял ккани, хехаб къагӏидаялда гӏунгутӏаби тӏагӏинарун бажарулищ шагьаралъул ЖКХялъухъа?
— Гьединал лъугьа-бахъинал ругони, бакӏазде ун, гӏунгутӏаби тӏа гӏинарулел хасал къокъаби рукӏуна газалъул, токалъул, лъел жаваб кьолел идарабаз чӏезарун. Токалъул бицани, авария ккарал мухъал къачӏалебгӏан мехалъ, гӏадамазе канлъи кьола цогидаб, ай нахъраталилаб мухъалдасан.
— Гьедин батани, щайха тахшагьаралда яги гьелда гъорлъе унел поселоказда токалъул къварилъи ккедал, хехаб къагӏидаялда цогидаздасан биччалареб?
— Биччала. Ахираб заманалда гьединал хӏужабазде цӏикӏкӏун кьолеб буго кӏварги. Мисалалъе, лъел бицани, гӏемерисел гӏемертӏалаял минабазда руго лъим цӏунулел рогӏрал. Авария ккун бугони гьездаса минабазде лъим кьабула кӏиго-лъабго къоялъ. Гьединго токалъулги, ай трансформатор бухӏун бугони, гьеб къачӏазегӏан ток кьола бищунго аскӏобегӏан кколелдаса. Палхӏасил, гӏадамал квачакъго толаро. Амма кидаго гуро нижее бокьухъе кколебги. Рукӏуна цо-цо цӏакъго рес къотӏараб ахӏвал-хӏалги.
— Гӏазу-цӏад бани, цебе гӏадин, гӏалагъважа букӏине бугищ шагьаралъул къватӏазда?
— Цӏорой ккелалде нижеца исана кинабго хӏисабалде босун буго. Тӏоцебесеб иргаялда, къачӏан буго къватӏаздаса гӏазу хъвалеб техника. Гьеб хӏалтӏи тӏубазе буго «Махӏачхъала-1» МБУялъ. Нухаздаса цӏер биинабизелъун хӏадурун буго 800 тонна салул, 40 тонна химиялъул реагентазул ва 70 тонна цӏамул. Гьединго рацӏцӏад гьарун руго канализациялъул рогӏрал, люкал. Гӏемертӏалаял минабазда хадур рухьинарурал хъулухъ гьабулел компаниязги тӏоритӏана хал-шал гьабиялъул тадбирал. Гьез нижехъе кьурал баяназда рекъон, гьабсагӏаталда гӏунгутӏаби ругел бакӏал гьечӏо. Темирхан ХӏАСАНОВ