Тушманасда дандечӏей гьабизе Ахӏулгохӏги щула гьабулаго, Шамил имамас мажгитги бана гьениб. Гьеб бана ракьалда гъоркь, жанибе кӏиго бакӏалдасан балъгоял нухалги гьарун. Мажгиталде как базе гурелги, хӏинкъи ккарабго, тушман гӏагарлъулаго гуллидаса цӏунун ва гӏазу-цӏад балаго гьелдаса рахчизе ракӏарулаан. Гьеб букӏана гӏезегӏан кӏудияб рукъ.
Амма гьелъул къисмат рагъухъанасулалда релълъараб ккана. Ахӏулгохӏда рагъал халат рахъараб лъабго моцӏгӏан заманалда гьеб релълъун букӏана гьитӏинаб хъалаялда. Как балелги, рагъулелги, ярагъ хӏадур гьабулелги цадахъ рукӏунаан гьенир. Гьеб букӏана рагъул сурсатазул складлъунги, бокӏнилъ чӏарбида букӏана туманкӏул харил кӏудияб гохӏ ва аскӏорго рукӏана пахьги гъалайги жубан риун тӏун гьарурал тункӏил гуллби.
1839 соналъул июналъул анцӏабилеб къоялдаса байбихьун августалъул ахиралде щвезегӏан Ахӏулгохӏалъул мажгит, сордо яги къо батӏалъи гьечӏого, хӏалуцун хӏалтӏулеб букӏана. Гьужумалъ гӏурусал рачӏунеб рахъалда, парсил рагӏалда бугеб гьеб сверана ракьулъ бахчараб ДОТалде. Гьенир чӏарбида, харил гохӏалда аскӏор, цере гуллбузул гӏисинал гохӏалги гьарун, накабазда чӏун вукӏана 30 чи. Гьел рукӏана тункӏал цӏолел чагӏи. Зама-заманалдасан гьениве жаниве как базе вачӏунаан имамги. Унтарал, лъукъарал рукӏунаан къадазул ракьанда регун.
Мажгиталъубе букӏана, тӏадехун абухъе, кӏиго нух. Цояб букӏана аскӏоб бугеб гьитӏинабго гохӏдасан ва гьеб букӏана цӏакъ хӏинкъи бугеб, нахъаса къотӏичӏого гӏарада речӏчӏулеб гохӏ. Цояб букӏана гъоркьехун, танкел ккараб, дагьаб цӏунараб бакӏалда. Кӏиябго бакӏалда, хандакъалда жаниб, цере ракьулги ганчӏазулги щобалги гьарун, гьезда тӏасан тункӏалги раккизарун, тушманасде кьвагьделевги вукӏана 30 мурид. Гьез кьвагьи гьабурабго, туманкӏ кьолаан аскӏов вугесухъе. Гьесги гьебсагӏаталъ гьеб мажгиталда жанибе гьеб цӏолезухъе босун унаан. Гьебги гьениб тун ва цӏураб туманкӏги босун, цо лахӏзаталда тӏад вуссунаан. Гьедин чӏезабун букӏана нахъаса къотӏичӏого гулла балеб ва кьвагьи къотӏулареб низам. Кьвагьдохъаби зама-заманалдасан хисулаан, чӏваразулги лъукъаразулги бакӏалда чӏагоял чӏолаан.
Гӏурусал, муридзабазде дандеккун, чанго нухалъ цӏикӏкӏун рукӏана. Генерал Граббел 10 азарго солдатасда тӏадеги, Ахӏулгохӏ бахъизе рачӏана Таркиялъул Шамхаласул ва Мехтулиялъул Ахӏмадханил 3320 чи, жиде-жидер чукъбиги рачун Дагъистаналъул ханзабазул, бегзабазул ва феодалазул рагъухъаби. Чӏиркъатӏисезулги гӏещдерилги росабиги ракьалги солдатазул ва чуязул цӏун рукӏана. Тӏолалго сверухъ ругел кӏкӏал-мухъазда, кьурабалъ гӏарадаялъулги тункӏилги кьвагьиялъул лъугӏи гьечӏеб дандерижи багъулеб рагӏулаан.
Лъабго моцӏалъул нахъаса къотӏичӏел рагъаздаса хадурб гӏемерав солдатги къурбан гьавун гӏурусазда Ахӏулгохӏ бахъизе кӏвана, гьенир къадаралде щвана 3 азарго муридзабазул цӏикӏкӏарасел. Ахӏулгохӏда шагьидлъана Сурхай, Хириясул Гӏалибег, Гӏаличул Мухӏума гӏадал цӏар арал бахӏарзал. Мажгитги чӏунтана.
Амма Ахӏулгохӏда букӏана цогиги мажгит. Гьеб бана цӏияб Ахӏулгохӏда, Шамил имамасул бихьизабиялда рекъон, Гӏалиаскар абурав азербайжанас. Гьесул хӏакъалъулъ нахъе хутӏун бугеб хабарги бицине бокьун буго.
Рикӏкӏад букӏаниги, азербайжаназул халкъалъул, хасго диниял гӏадамазул, кутакаб рокьиги рекӏел цӏайиги букӏана гӏурус империягун багъулеб Дагъистаналдехунги Чачаналдехунги. Гӏицӏго ракӏазул цӏайи букӏин гуребги, гьезул гӏемерисез гӏахьаллъиги гьабуна Кавказалъул рагъазулъ. Цӏалдолезда лъала Мухӏамад Ярагъияс хадуб Дагъистаналда тӏибитӏизабураб тӏарикъат босараб бакӏги Азербайжан букӏана. Гьесул асаралда гъоркьго рачӏун рукӏун ратизе бегьула Дагъистаналде Гъазимухӏамад имамасда цадахъ рагъарал азербайжаналги. Имамасда цадахъ ахирисеб рагъда, гьесул колотӏа шагьидлъарал гъазизабазда гьоркьовги кӏиго азербайжанавги вукӏанин абула.
Ва гьале Ахӏулгохӏда Шамил имамасда цадахъги вукӏана, балагьараб мехалъ, Гъазимухӏамадил заманалдаго вачӏун вукӏарав, Куба областалъул Захумгери росулъа, Гӏалиаскар абурав, лъадилъунги нилъерай ячарав, азербайжанав. Гьев вукӏана Накъшубандияб тӏарикъаталъул чи, муршид, динияб цӏали гьабурав гӏалимчи. Цӏаларав чи вукӏиналъищ яги цогидаб гӏиллаялъищали Шамилица Ахӏулгохӏда гьев тӏамун вукӏана чӏварал гӏадамал рукъизе ва лъукъаразе кумек гьабизе.
Ахӏулгохӏ гӏурусаз бахъараб мехалъ, чӏаго хутӏарав гьев, хвалдаса ворчӏарав имамги валагьун, гьесда аскӏове уна. Жиндаго кӏвараб къагӏидаялъ имамас гьев цӏунулевги вукӏун вуго, гьаб нухалъги аскаралде гъорлъеги вачинчӏого. Шамилица гьесда гьарула, додин гӏемерал шагьидлъарал гъазизабазул хобал ругеб Ахӏулгохӏда цӏияб мажгитги хӏалтӏизабун, хабалазул тӏалаб-агъазги гьабун, хваразул рухӏалги цӏехон чӏайилан. Гьевги разилъун вуго. Ва Ахӏулгохӏде тӏадги вуссун гьес малъараб гьабун буго. Къого сон бана гьес Дагъистаналда. Мажгиталдаги цӏар букӏана Гӏалиаскарил мажгит абун. Кавказалъул рагъги лъугӏараб, Шамил имамги Дагъистаналдаса араб мехалъ, ячун лъадигун гьев уна кӏочон течӏеб жиндирго ватӏаналде. Ругел баяназда рекъон, ватӏаналдаги ракӏ сасинчӏого, лъадигун цадахъ гьев уна Маккаялде ва гьенив хун вуго.
Гьединаб буго гӏага-шагарго Ахӏулгохӏда рукӏарал мажгитазул тарих. Ахӏулгохӏалъул бицен ккун бугелъул, гӏемерисел нилъер гӏадамазда лъалареб, XX гӏасруялъул 20-30-абилел соназда ккараб цо баянги рехселин.
Чанги сахав магӏарулас къасд гьабуна Ахӏлгохӏалда рукӏарал минаби цӏи гьаризе, гьенир батӏи-батӏиял хӏалтӏаби гьаризе, амма Совет власталъул соназда гьениб щибго гьабизе гьукъун букӏана. 20-абилел соназул ахиралда жеги гьукъиялъул хабарги букӏинчӏого, Хӏасан абурав пачаясул вукӏарав полковникас – магӏарулас къасд гьабула Ахӏулгохӏда ах гьабизе. Гьес абулаан зияраталъ рачӏарал гӏадамазе квине пихъ букӏине ва жиндиего кириялъе гьабулеб бугилан. Амма гьесда кинго кӏвечӏо Ахӏулгохӏда гъутӏби рекӏинаризе, гьел рижичӏо гьенир. Биги кьалбазде гъоркье тӏун чӏани гъутӏби рекӏунин абураб хабарги рагӏун, Болъихъаги Шурасаги бочкаби цӏураб би бачӏинабун, гьеб тӏунгицин гъутӏби рижичӏо. Палхӏасил, Ахӏулгохӏда цониги гъветӏ гьечӏо.