Хасавюрт районалъул Аксай росулъ гӏумру гьабулеб буго Дагъистаналда ругел миллатазул вакилзабазул 12000-гӏан чияс. Гьеб буго бечедаб тарихалдалъун ва цӏар рагӏарал гӏадамаздалъун машгьураб росу. Чанго соналъ цебе аксаялъулаз кӏодо гьабуна росдае кьучӏ лъуралдаса 1500 сон тӏубаялъул юбилейги. Гьелъул хӏакъалъулъ бицунаго, мугӏалим, рагъулгун захӏматалъул ветераназул советалъул председатель, краевед Анварпаша Байсунгъуровас гьадин бицана:
— 1722 соналда, Персиялде гьабураб сапаралдаса тӏад вуссун вачӏунев Россиялъул император Петр Тӏоцевесев лъалхъун вуго Каспиялъул рагӏаллъуда, Аграханалъул жаниблъиялда. Гьениб гьесда дандчӏвай гьабун буго Яхсаялъул гиназ Султӏан-Махӏмудица ва сайгъаталъе кьун буго лъабго чу, нусиялда кӏикъоялда анцӏго оц ва лъабкъого гьоко. Россиялъул ханасе кутакалда рекӏее гӏун руго гӏакъилав, цӏодорав ва букӏинеселде лъикӏаб хьулгун валагьулев Яхсаялъул гиназ Султӏан-Махӏмудил сайгъатал. Петр Тӏоцевесес Султӏан-Махӏмудие кьун буго грамота. Гьелда хъванги букӏун буго: «Доналъул ва Терекалъул атаманазда ва хъазахъазда лъазабулеб буго гиназ Султӏан-Махӏмудие ва гьесул доре-гьанире гочунел улусазе кинабгӏаги къварилъи гьабуге», — ян.
— Анварпаша, дуца бицунеб рагӏун букӏана некӏсияб Яхсай росу цогидаб бакӏалда букӏун бугин. Гьелъул хӏакъалъулъги лъазе бокьилаан.
— Жакъасеб Аксай ккола 200-гӏан соналъ цебе бижараб росу. 1825 соналда гочана гьанире нижер умумул. Картаялда цӏияб росу бакканин абун Россиялъул пачаясда лъазабун буго Кавказалда вукӏарав гьесул наместник, генерал Ермоловас. «Ермоловасул хъвай-хъвагӏаял» абураб тӏехьалдаги хъван буго гьадин: «Аксай росу цӏияб бакӏалде, ай Аксай гӏурул рагӏалде анцӏила щуго версталъ «Ташгечуев» щулалъиялде аскӏобегӏан бахъун буго», — ян. Аксай росу цӏияб бакӏалде бахъиялъе гӏиллалъун ккун буго Россиялъул пачаясул гӏадамал инжит гьарулеб политикаялдаса рази гьечӏолъи.
Гьеб росулъа рахъана Россиялъул армиялъул анлъго генерал, къогоялдасаги цӏикӏкӏун полковник ва штабс-капитанасул чинал ругел гӏемерал рагъул офицерзаби. Динияб цебетӏеялъеги тӏоцебесеб гали тӏамуна шайих Гӏали Яхсайлияс. XVII гӏасруялъул ахиралда гьес лъугӏизабун буго «Аль-Азгьар» университет. Теологиялъул гӏелмуялъул рахъалъ гъваридаб лъай букӏиналъ машгьурлъун буго шайих Гӏали Яхсалиясул цӏар, Дагъистаналда гуребги, тӏолабго Северияб Кавказалдаго. Гьединлъидал Аксай росдал гӏалимзабазул советалъул хӏукмуялда рекъон, шайих Гӏали Яхсайли витӏун вуго гьанжего гьанже бусурбанлъизе байбихьарал гъарачаязулгун чергесазул ракьалде.
Гьале «Вестник Карачаево-Черкесии» абураб казият. Гьелъул цо номер сайгъат гьабун буго Гӏали Яхсайлил тухумалъ 300 сон тӏубаялъе. Гьаб казияталъул номер нижехъе босун бачӏана Аксай росдал 1500 сон тӏубаялъул хӏурматалда тӏобитӏараб байрамалде ахӏун вачӏарав гъарачаязулгун чергесазул ракьалда бугеб Гӏали Яхсайлил тухумалъул гӏуцӏиялъул президент Къазим Гӏалиевас.
Тӏоцебе Аксаялда мадраса рагьиялъ ва гьениб мугӏалимлъи гьабиялъ машгьурлъана Гӏабдул-Вагьаб Дидимовасул цӏар. Гьесул мадрасаялда цӏалана машгьурав драматург Гӏалимпаша Салаватов, Дагъистаналъул халкъияв шагӏир, Цӏадаса Хӏамзатил лъикӏав гьудул Гӏабдула Мухӏамадов, гъарачаязулгун чергесазул республикаялъул хӏукуматалъул бетӏерлъун вукӏарав Гӏумар Гӏалиев ва гӏемерал цогидалги.
Аксаялдаса ккола «Молния-I» спутникалъул генералияв конструктор, нилъер ракьалъулгун спутниказул бухьен чӏезабиялъе хӏалтӏи гьабурав техникиял гӏелмабазул доктор Мурад Капланов. Гьев мустахӏикълъана Захӏматалъул Байрахъалъул кӏиго орденалъе, гьесие кьуна СССРалъул Пачалихъияб премия. Жиндир заманалда Мурадил эмен Рашидханги вукӏана Мугӏрузул хӏукуматалъул бетӏерлъун ва жанисел ишазул министрлъун. Гьеб росулъа рахъана лъабгониги Дагъистаналъул халкъияв шагӏир. Гьелги ккола Гӏабдула Мухӏамадов, Гӏабдулвагьаб Сулейманов ва Мухӏамад Атабаев. Аксаялда гьавуна ва гӏуна Совет Союзалъул Бахӏарчи, Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи Исай Илизаров. Гьаниб тамашалъи гьабизе бакӏги гьечӏо. Жугьутӏазул тӏубараб авал букӏана Аксай росулъ, жакъаги гьелда «Жугьутӏ-аул» абула. Кин жугьутӏал гьанире рачӏаралали лъалев чи гьечӏо. Амма аксаялъулаз жугьутӏал лъикӏ къабул гьаруна. Гьезул цояс жиндир заманалда, ай араб гӏасруялъул 60-абилел соназ «Яхсай вальс» абураб кечӏги хъван букӏана.
Росулъ цо хъизамалъул вакилзабаз гӏадин гӏумру гьабулеб буго батӏи-батӏиял миллатазул гӏадамаз. Масала, Аксай росдал бакътӏерхьулгун северияб рахъалда гӏун рачӏана гӏандадерил ва тӏиндадерил росабалъа гочун рачӏаразул микрорайонал.
Аслияблъун рикӏкӏунеб, ай машгьурав драматург Гӏалимпаша Салаватовасул цӏар лъураб къотӏнор руго росдал администрациялъул, гьоркьохъеб школалъул, почалъул, библиотекаялъул минаби, лъималазул творчествоялъул рукъ, мажгит.
Росулъ буго шайих Баширил цӏар лъураб къватӏ. Югалъулаб рахъалда бугеб росдал рагӏалда руго шайих Башир вукъарал, гьесул зиярат бугел хабалаби.
— Тӏоцебе росулъ школа бана жамагӏаталъул хӏаракаталдалъун, — илан бицана росдал №1 школалъул директор Зугьра Гебековалъ. — Доб мехалда цо мугӏалим вукӏун вуго 35-50 сонил ригьалда ругел гӏадамазда цӏализеги хъвазеги малъулев.
— 1920-абилел соназда рагьана росулъ тохтурасулаб амбулатория, — ян абуна участкаялъулаб больницаялъул бетӏерав тохтур Ахӏмадула Къазиевас. — 1984 соналда бана больницаялъе цӏияб, кӏитӏалаяб мина. Гьанже гьаниб буго 50 чи вегизе бакӏ. Гьанибго амбулатория рагьиялъги рес кьола 120 унтарав къабул гьавизе. Гьеб кинабго хӏалтӏи гьабиялъе росдал больницаялда хӏалтӏулев вуго 11 тохтур, руго анализал гьарулел кабинетал, махщел бугел лаборантал.
Росдал магӏишаталъул экономика цебетӏезабиялъе гьабулеб хӏалтӏиги мухӏканаб буго Аксай росулъ. Гӏемерал тӏорщел гӏезабулел гӏуцӏабазда гьоркьоса нижеца тӏаса бищана росдал магӏишаталъул производственнияб кооператив «Гранит». Лъабазарго гектаралда хьала хасалихъ могьолал культураби ва бакӏарула бечедаб бачӏин. Гьел киналго хурулал хӏалтӏаби гьаризе кооперативалъул буго гӏураб къагӏидаялда техникаги махщел бугел механизаторалги.
Кӏудияб Ватӏанияб рагъул майданалдаги, тылалдаги, захӏматалъул фронталдаги бергьун кӏудияб хӏаракатчилъи бихьизабуна Аксай росдал гӏадамаз. «Ракӏалде щвеялъул тӏехьалда» цӏар хъван буго 1000-ялдасаги цӏикӏкӏун чиясул. Рагъдаса тӏад руссаразул цониги рагъул ветеран жакъа чӏаго гьечӏо.
Гирай Хӏайдаров