Ракь кидаго рикӏкӏуна къиматаб бечелъилъун. Амма, ахираб заманалда, республикаялда гӏемер руго, пайдаялъе хӏалтӏизаризе бегьулел ругониги, рехун тарал ракьал. Гьелдаго цадахъ салул авлахъазде сверулел руго Гъизляралъулгун Нугъай районазул ракьал. Специалистаз абулеб буго, гьеб кколин цебегоялдаса нахъе бичча-бихъан тараб ва, гӏемерал харжалги гьарун, Россиялъул хӏукуматалъ къабул гьабизе кколеб хасаб программаялда гурони тӏубазабун бажарулареб захӏматаб масъалаян абун.
Гьелда тӏасан нижергун букӏараб гара-чӏвариялда Гъизляр районалъул гӏалахазда лъугьун бугеб хӏалуцараб хӏалалъул ва гьеб лъикӏлъизабиялъе тӏоритӏизе кколел тадбиразул хӏакъалъулъ гьадин бицана «Управление Фитомелиорация» абулеб Дагъистаналъул ФГБУялъул филиаллъун бугеб Чӏегӏер ракьалгун Гъизляралъул мучӏдул цӏи гьариялъул управлениялъул директор Мухӏамад Ахъбердиловас:
— Каспиялъул рагӏалда бугеб регионги, мукъсаналго хурдул рижулел гьелъул гӏатӏидал авлахъалазул гӏалахалги ккола, билълъараб гӏадаталда рекъон, умумузул заманалдаса нахъего щвалде щвараб куцалда гӏи-боцӏи гӏезабулеб ва гьеб мурадалда хурдузул сурсатаздаса пайда босулеб зона. Россиялда цого-цо Дагъистан ккола, тӏабигӏиял ресаздаса пайдаги босун, Чӏегӏер ракьазда ва Гъизляралъул мучӏдузда гочинабун гӏи-боцӏи хьихьулеб регион.
Дагъистаналъул магӏишатаз пайда босулеб Чӏегӏер ракьалъул ва Гъизляралъул мучӏдузул гӏаммаб гӏатӏилъи буго цогун бащдаб миллион гектаралдаса цӏикӏкӏараб. Гьелда гьоркьоре уна нилъер магӏишатаз гӏи-боцӏи хьихьулел Калмыкиялъул ва Ставрополь краялъул гӏалахалги. Гьениб гӏи-боцӏи гӏезаби ва гьеб регионалда гӏумру гьабун бугеб халкъалъул сах-саламалъи гӏемерисеб мехалда бараб буго гьел гӏалахазда хурдузул сурсатазул бугеб хӏалалда ва гьелъул пайда-хайир буголъиялда. Гӏалимзабаз ва специалистаз жакъа гьелъие кьолеб буго «квешаб, ай рази гьарулареб» абун къимат.
Дагь-дагьккун къадарлъарал Дагъистаналъул гӏалахазул гӏаммаб гӏатӏилъи 1100 азарго гектаралдасаги цӏикӏкӏунеб буго. Гьелда гьоркьобе уна хьвадулел (рагьарал) салул авлахъазул 70 азарго га ва батӏи-батӏияб къадаралда цӏамхӏалал ракьазул 300 азаргоялдаса цӏикӏкӏун гектар.
Гьединаб захӏматаб хӏал лъугьиналъе бугеб гӏилла ккола, гьава-бакъалъул хъачӏал шартӏал гуребги, гӏалахазда кваназабун, ай хӏебтӏун бажарулареб къадаралъул гӏи-боцӏи гьениб хьихьулеб букӏин. Гӏи-боцӏул къадар цӏакъго цӏикӏкӏун букӏиналъ, биччалеб гьечӏо я ракьалда чӏахӏ бижизе, я харида хьон лъугьине. Гьелъул хӏасилалда гӏалахазда дагь-дагьккун дагьлъулел руго хурдул.
Ахӏвал-хӏал жеги квешлъулеб буго ракъдаллъиялъги: гьелда бараб букӏуна гӏалахазул бутӏабазде кколеб хӏал. Ракь борлъун, лъабкъоабилел соназдаго бахъараб артезианалъул картӏазухъан бачӏунеб лъел нахърател лъугӏана ва гӏи-боцӏухъабазе гьеб лъугьана захӏматаб, ай хӏукуматалъул кумек гьечӏого тӏубазабун бажарулареб масъалалъун. Жакъа гьез гӏи-боцӏуе лъим баччула цистернабаз яги боцӏи гьекъезе бачине ккола щуго-анлъго километралъул манзилалда бугеб иццухъе. Битӏун ва низамалда ракь лъалъаялъе тадбир гӏуцӏун гьечӏолъиялъ артезианазул гъуязда сверун бугеб ракь къадарлъулеб буго. Цӏакъго гӏемерал хӏайванал лъеде ракӏарулел ругелъул, гьел бакӏал сверулел руго чӏорогоял салул авлахъазде. Гьеб киналъулго хӏасилазда щибаб соналъ гӏалахазул нус-нус гектар сверулеб буго салуде ва жакъа сали щун буго Дагъистаналъул гӏатӏиракьазул северияб рахъалъул росабазда, гъутабазда ва фермабазда аскӏобе. Гьелъ гьабулеб буго, экологияб гуребги, социалиябгун экономикиябги зарал: рехсараб регионалъул росу-ракь ккураб халкъ гьениса нахъе гочунеб буго.
Гъизляралъул авлахъазда гӏи-боцӏи гӏезабулезе цӏакъго захӏматаб букӏана 2020 сон. Мисалалъе, Нугъай ва Тарумовка районазул ракьазда лъазабун букӏана гӏорхъолъа борчӏараб ахӏвал-хӏалалъулаб низам (ЧС). Гьеб букӏана, гӏемераб заманалъ цӏадалги рачӏого ва кинабго жо бакъвазабулел гьуралги пун, гӏи-боцӏи кваналел ракьал хвезариялъул хӏасил. Гьелдалъун тӏубанго салулъ къана республикаялъул батӏи-батӏиял районазул 120 росдал магӏишатазул гӏалахазул 200 азарго га; гьезда гьоркьобе уна гӏи-боцӏул фермабиги гӏадамазул минабиги. Гьел гӏалахазда лъугьун бугеб захӏматаб ахӏвал-хӏалги хӏисабалде босун, ракь чӏобоголъиялде данде къеркьей, гьединго чӏобоголъараб ракь цӏи гьаби (рекультивация) ва лъедалъун гьеб хьезаби ккола жакъа Северияб Дагъистан цебетӏезабиялъул мурадалда чара гьечӏого тӏубазе кколеб аслияб агроэкологияб масъала.
Хӏакъикъаталдаги ракьал чӏороголъиялъул масъала аслияблъун лъугьун буго бакътӏерхьулаб Прикаспиялъул кинабго ракьалда. Гьеб балагь хъинтӏун буго цо чанго республикаялъул ва областазул территориязда. Гьеб рахъалъ бищунго захӏматаб хӏал буго Чӏегӏер ракьазда ва Гъизляралъул мучӏдузда. Хӏасил-калам, бакӏалъулаб кӏваралдасаги ун, ракьал къадарлъиялъул масъала цебего лъугьун буго тӏолгороссиялъулаблъун.
Жакъа гӏалахазул ракьал салул авлахъазде свериялда данде гьарулел тадбиралги, гьел рукӏалиде ккезариги, лъедалъун хьезариги регун руго росдал магӏишатазул гъуждузде. Гьебго заманалда, Гъизляралъул мучӏдуздаса пайда босулел магӏишатазул 80 процент ккола хӏукуматалъухъа ижараялъе босараб ракьалда хӏалтӏулел гӏисинал ва мискинал СПКял, КФХял ва ЛПХял. Салуде свериялдаса авлахъал цӏуниялъе гьел магӏишатазул гьечӏо я экономикияб къуват, я технологиял, я кадрабазул рахъалъ ресал. Гьел шартӏазда ругел мискинал СПКязги фермеразги, жидехъго гьечӏеб гӏарцул харжалги гьарун, жидерго гуреб ракь салул авлахъалде свериялдаса хвасар гьабилин кколаро. Гьелде тӏадеги, «Развитие мелиорации земель сельскохозяйственного назначения России на 2014-2020 годы» абураб программаялда ФЦПялъ илагьиялдаса арал гӏалахазул муниципалиял гӏуцӏабазда тӏадаблъун гьабулеб гьечӏо гьеб программаялда рихьизарурал тадбиразулъ чара гьечӏого гӏахьаллъи.
Гъизляралъул гӏалахазда гӏи-боцӏуе хер гӏолеб гьечӏолъиги, салул авлахъазде сверулел ракьазул къадар цӏикӏкӏунеблъиги, гьениб киса-кибго лъел кӏудияб къварилъи букӏинги хӏисабалде босун, чара гьечӏеллъун ккола хадусел тадбирал тӏоритӏи:
Чӏегӏер ракьал ва Гъизляралъул мучӏдул салул авлахъазде сверулел рукӏинги гьел лъедалъун хьезариги рикӏкӏине ккола пачалихъияб масъалалъун.
Тӏобитӏизе ккола ракьазул агроэкологияб цӏех-рех ва тӏадегӏанаб даражаялда кьезе ккола ракьазе къимат ва гьелъул кьучӏалда хӏадуризе ккола ракьулгун агроэкологияб, гьединго чӏорогоял авлахъал лъугьиналъул ва Чӏегӏер ракьазул ва Гъизляралъул мучӏдузул ракьазда гъорлъ бугеб цӏамул даражаялъул дурусал картаби.
Хӏукуматалъул тӏадкъаялдалъун гӏуцӏизе ккола гӏалахал рукӏалиде ккезарулеб цо хасаб ишалъулал предприятиял (ЛМС).
Сали щула гьабиялъе, гӏалахал рукӏалиде ккезариялъе ва щибаб соналъ гьезул 20 азарго га лъедалъун хьезабизелъун чӏезабизе ккола хасаб программа ва гьеб пачалихъалъ гӏарцудалъун хьезабизе ккола.
2002 соналъул кӏиабилеб октябралда РФялъул хӏукуматалъ къабул гьабураб «Хер мукъсанлъарал ракьал цӏи гьариялъул хӏакъалъулъ» №830 постановлениялда рекъон, щуазаргоялдаса цӏикӏкӏун гьединаб ракь кьезе ккола хасал идарабазухъе гьел цӏи гьариялъул ва хадурккун росдал магӏишаталъул предприятияз пайдаялъе хӏалтӏизариялъул мурадалда.
Гӏуцӏизе ккола авлахъалда рижулел хурдузул хьоналги гъутӏбигун хъархъалги гӏезарулел питомникал.
Гъизляралъул мучӏдузда чӏезабизе ккола гӏи-боцӏул кьварараб къадар ва гьелдаса цӏикӏкӏине биччалареб низам. Гьединго инкар гьабизе кӏолареб бюрухъалдалъун гьукъизе ккола ихдалил ва риидалил моцӏазда гӏалахазда гӏи-боцӏи тезе, ай гьел Дагъистаналъул мугӏрузде гочинаризе.
Тӏадехун рехсарал суалал тӏуразарулел ругони, бигьалъила ракьал хъарцинлъиялъул масъала тӏубазе. Ахирал соназда нижеца гӏуцӏун руго гӏалахал рукӏалиде ккезариялъе къваригӏунел тадбиразул проектал. Руго тӏад хӏалтӏарал ва хӏалбихьарал салул гохӏазул киналго бутӏаби щула гьариялъул технологиял, гьединго гьел зонабазул буриял ракьазда житняк, прутняк ва цӏам гъорлъ бугел ракьазда пырей бижизабиялъул хӏасил кьолел технологиял.
Республикаялъул северияб бутӏаялъул ракьал хъарцинлъулел рукӏиналдалъун, хасалил мучӏдузул 200 азарго гектар бахчун буго салуца. Хӏинкъи буго, риидал хурдул дагьлъун, хасало рагӏи-хер гьечӏого, Дагъистаналъул гӏемераб гӏи-боцӏи хутӏиялда.
Гочинабун гӏи-боцӏи гӏезабулел республикаялъул ракьазул гӏаммаб гӏатӏилъи цӏикӏкӏуна цогун бащдаб миллион гектаралдасаги. Гьездаса пайда босула 552 магӏишаталъ ва щибаб соналъ гьел ракьазда хасел тӏамула 2,5 миллион гӏи-цӏцӏаназ, 165 азарго чӏегӏерхӏайваналъ ва 3200 чуялъ.
Ахирал соназда республикаялъул чӏороголъарал мучӏдузул гӏатӏилъи бахун буго гӏага-шагарго миллион гектаралде. Аслияб къагӏидаялда гьеб балагь ккола, гӏи-боцӏи гӏемерлъиялъ, ракьазда хурдул рижизе риччаларого рукӏиналъ ва, мугӏрузде гочинабичӏого, тӏубараб лъагӏелалъ гьел авлахъаздаго гӏи-боцӏи хьихьулеб букӏиналъ. Къокъго абуни, жакъа гьел гӏалахазда лъугьун буго ахӏи базе ккараб хӏал. Гьеб ахӏвал-хӏал лъикӏлъизабиялъе хехал тадбирал гьаричӏони, хӏинкъи буго республикаялъул гӏи-боцӏухъанлъи цӏакъго захӏматаб бакӏалде ккеялда.
Нури Нуриев