«Гьаб нижеца гьабулеб жоги щибилан ккелаха цо-цо чиясда. Бихьичӏесул хьул лъоларин абухъе буго гьалъул иш. Гӏемераб хайир щолеб жо аб гуро», — илан бицунеб букӏана Мухӏамадрасулица, жиндирго хӏалтӏудеги машгъуллъун. Гӏарцул курхьеналда тӏад гьарурал накъишал маржанул кьералъ релъун рахъинарулев вукӏана гьев.

Гьелго гӏарцул тӏагӏалаби рикӏулелниги, рукӏинесел курхьабазул куцал рахъулелниги ругоан Мухӏамадрасулил вацал — Гьиматги Ахӏмадги.

Гьел лъабалго ккола Репинил цӏаралда бугеб РСФСРалъул Пачалихъияб Премиялъул лауреат, Гьоцӏалъа Гьиматов Базарганил васал.

Базарган гьавуралдаса 95 сон тӏубаялда хурхун октябралъул ахиралда Махӏачхъалаялда тӏобитӏана Мухӏамадрасулил хӏалтӏабазул выставка.

Гьесда гьеб баркун, выставкаялде рачӏун рукӏана ДРялъул Художниказул союзалъул председатель Къурбангӏали Мухӏамадовги, Россиялъул халкъияв художник Хӏамзат Гъазимухӏамадовги, Хунзахъ районалъул нухмалъулев Нурмухӏамад Задиевги, районалъул жамгӏияб палатаялъул нухмалъулей Раисат Гӏусмановаги, цогидалги.

Мухӏамадрасулил хӏалтӏаби киналго узданалги къанагӏатал ругониги, гӏемерисел лъалхъулел рукӏана гьес гьабураб гӏарцул яргъида аскӏор. Гьеб бугоан Хунзахъа Хъайтмаз Аварскиясул заказалда рекъон, устарас гьабураб ярагъ. Чанго гӏасруялъ цере рукӏарал нилъер умумуз гӏадин, тункӏалги, хвалчабиги, лъалиниса рахъидал хучдул лъугьунел гӏунсбиги гьаризе махщел букӏиналдаго цадахъ, бокьарав тарихчиясда кинниги, тӏокӏкӏун лъалеб бугоан Мухӏамадрасулида яргъил тарихги хунжрузулгун хвалчабазул хаслъиги (масала, чол горбода хъваларедухъ чотӏахъанас лъалиниса хвалчен кин бахъизе кколебали). Гьединго бицуна Гъиргъизиялъул президентлъун вукӏарав Аскар Акаевасул лъадуца бан бугин Мухӏамадрасулица гьабураб курхьенилан.

Гьеб выставкаялда хурхун цохӏо Мухӏамадрасулилгун гьабизе ракӏалда букӏараб гьаб гара-чӏвари сверана инсул хӏакъалъулъ васазул ракӏалдещвеязде, искусствоялдехун хӏукуматалъул цо-цо вакилзабазул бугеб бербалагьиялъул бициналде ва гьоцӏдерил накъишазулгун устарзабазул хаслъи рехсеялде.

Гӏолохъанлъуда биологлъун цӏаланиги, инсуца абухъе, ахирги умумузул ишалде тӏад вуссун вуго Гьиматги. Гьоцӏдерил художественнияб комбинаталъул директор ккола гьев.

Ахӏмадилги букӏун буго нусидаса цӏикӏкӏун чи хӏалтӏулеб, живго бетӏергьанаб гӏарцул тӏагӏалаби гьарулеб предприятие. Амма тӏадеялдаса тӏаде налогал цӏикӏкӏинариялъги, хӏаталдаса ун гӏемер документ бакӏаризе кколеб букӏиналъги, цогидалъги къазе ккун буго гьеб.

Базарган

— Гьоцӏдерил устарзабазул цӏар бахъидал, нужер эменги Жамалудинил Мухӏамадги цере чӏола…

Мухӏамадрасул: — Жамалудинил Мухӏамад кколаан нижер инсул учительги гьудулги. Росулъ комбинат рагьараб къоялдаса нахъе цадахъ рукӏана гьел. Мухӏамад — комбинаталъул директорлъун, эмен — бетӏерав инженерлъун.

Гӏарцуда накъишал рахъулеб гӏебу анкьго сон бараб мехалда кодобе босичӏони, унго-унгояв устар вахъунарин абула. Амма инсуца гьеб босана 31 сон бараб мехалда. 1958 соналда комбинат рагьидал, накъишал рикӏизе ругьунлъарав гьев, 1971 соналдаго вахъун вукӏана СССРалъул мустахӏикъав художниклъунги Репинил цӏаралда бугеб Пачалихъияб премиялъул лауреатлъунги.

Комбинаталде вачӏинегӏан эмен Хунзахъ Культураялъул рукъалъе нухмалъи гьабулев вукӏана. Кутакалда махщел букӏана кьурдизеги. 1957 соналда Северияб Кавказалъул даражаялда тӏоритӏулел кьурдул къецазда инсуе тӏоцебесеб бакӏ щун букӏана. Гьениб гьесие сайгъат гьабун букӏана «Свема» абулеб фотоаппаратги. Кьурдул формаги ретӏун, жинцаго жиндирго бахъараб суратги буго гьесул.

Цо заманалда пединституталда художествиябгун графикияб факультет рагьидал, гьениве дарсал кьезе ахӏана эмен. Дахадаевасул къотӏноб рукъги кьуна нижер хъизамалъе. Амма гьоцӏдерил комбинат нахъе кколеб бугин, гьелъие нухмалъи гьабизе эмен цӏидасан росулъего ахӏана районалъул тӏалъиялъ. Гьедин, 1973 соналдаса 1983 соналде щвезегӏан, гьенив директорлъун хӏалтӏана.

Цӏар-рецц къваригӏарав чиги вукӏинчӏо гьев. «Хӏакъикъаталда» хӏалтӏулев вукӏарав Гьиматов Мухӏамадкамилица хъвараб макъалаялда инсуца бицунеб бугоан жиндир гӏумру анила чияца веццун, жинцаго какун.

Амма расги нечечӏого абизе кӏола дида гравировкаялъул рахъалъ инсулъе вахарав устар вукӏинчӏин. Филиграналъе бергьарав Жамалудинил Мухӏамадги вукӏана.

Цӏакъго къиматаб хӏалтӏи буго инсуца гьабураб – «Гьоцӏалъ» абун цӏар тараб гӏарцул хъаба. Цо-цоязда ккезе бегьула дица жиндирго инсул хӏалтӏи беццулеб бугин. Амма нилъер маданияталъе лъураб памятниклъун рикӏкӏине бегьула гьеб. Щайин абуни, гьениб цолъизабун буго гравировкаги филиграньги. Экспертазги кӏудияб къимат кьуна гьелъие. Гьединлъидал нижее бокьун буго гьеб хъаба Дагъистаналдаса къватӏибе биччачӏого, гьанибго хутӏизе. Нижедани кӏолаан гьеб Москваялде, Бакъбаккул рахъалъул искусствоялъул музеялъеги бичизе. Гьеб мурадалда нижеца хитӏаб гьабуна республикаялъул Культураялъул министерствоялде, гьеб бичун босеян. Министралъул заместителас жаваб бачӏунеб буго тарихияб музеялде щайила нужеца гьеб гьадинго кьоларебилан. Хӏакимзабазул рахъалдаса гьединаб бербалагьиги дандчӏвала цо-цо мехалда.

Сундуего махщел букӏана инсул. Жамалудинил Мухӏамадицаги абулаан хабар бицине, кьурдизе, вагъизе, хвалчад, заруд вахъине кканиги, гьав Базарган цӏакъ ярагьунев чи вугилан. Гьедин гьанжеги абула росулъ Базарганил кьурдийилан, Базарганил рагӏийилан. Буго Базарганил накъишги. Гьес гьеб ургъун буго Гъамсукьа Чаландарил накъишги, кубачиязул, тумазул ва цогидазул накъишалги кьочӏое росун. Гьединго Гьоцӏалъ басриял хабзалалъ заназда рикӏун руго нижер инсул эбелалъул эмен Нургӏалил Гӏалибегица. Гьитӏинаб мехалда эменгун цадахъ гьениреги ун, накъишазул суратал рахъулел рукӏунаан ниж. Гьебги босана инсуца руччабазул курхьабазде ва цогидалде. Москваялда, Бакъбаккул рахъалъул искусствоялъул музеялда буго гьеб хӏалтӏи. Щибаб накъиш буго гьениб гьале жибилан абулеб куцалда мухӏканго бихьулеб.

Инсуца жеги ургъана карудал, цӏолбол хьопалъул, тӏавус-хӏанчӏил рачӏалъул форма бугел накъишал.

Цоги, инсуца ургъана бархаталъул чеканкаги. Тӏад жо кьабураб мехалда жанисан чӏегӏерлъун, алмазал лъураб гӏадин паркъола гьеб. Жибго гӏадатияб чеканкаялъул фон абуни хъахӏаб букӏуна.

Студентлъун вахъараб мехалда дирго цо хӏалтӏиги бихьизабун, инсул пикру цӏехана дица. Я лъикӏин яги квешин абичӏого, гьес жаваб кьуна, валлагь, ругьунлъараб мехалда лъикӏав устар вахъинин дурилан абун. Инсуца дир хӏалтӏи беццана хадуб, 1990-абилел соназул байбихьуда хӏежалде унел чагӏаз бичулеб батараб мельхиоралъул ханжарги биххун, цӏидасан гьелъул копия гьабун хадуб. Гьанже вахъанинха дур устарилан абуна гьес.

Махщалие гӏей букӏунаро. Дида лъала инсул борхалъиялде дун киданиги вахунаревлъиги. Гъоб мехалда гъосие творчествоялъе ресалги рукӏана, эркенлъиги букӏана. Гьединго гьаб хӏалтӏуе шавкъги къваригӏуна. Вакъарав яги сундулниги ургъалилъ къарав устарас бергьун кутакал хӏалтӏаби гьари щакаб жо буго.

Гьимат: — Дун школалда цӏалулеб мехалда инсуца рокъоре рачӏунаан курхьаби гьаризе хӏадурарал гӏарцул къотӏелал. Къалмица эскизги бахъун, гьелда тӏад накъишал рикӏизе байбихьун букӏунаан гьес гьел. Эмен хӏалтӏуде араб мехалда дун лъугьунаан босун гӏебугун викӏаризе. Амма дихъа гьеб добехун-гьанибехун хъущтӏун унаан яги дидаго къалаан. Цинги рокъове вачӏиндал эмен семиладайинги кколаан. Инсуца, бетӏерги кӏибикӏун, дица рахъарал хӏуччалги ритӏизарун, хисизабулаан накъиш. Гьедин лъабгониги соналъ хвезаруна дица гьесул курхьаби. Цониги нухалда гьазда квер хъвагейинги абичӏо. 9 классалда дун вугеб мехалда курхьаби тӏад ххураб болванкаги босун вачӏана гьев, Гьиматила, гьале гьазда бокьараб гьабейила гьанже, дуда гӏебу кодоб кквезе лъан бугила. Мугӏалимлъиялъе цӏаличӏониги, кутакалда лъалаан гьесда тарбия кьезе, лъималазда кӏалъазе.

Байбихьуда хӏалтӏи лъугьунарого Ахӏмад хӏалакунеб мехалда, мун щайила хехдарулев, гьединав чиясул хӏалтӏи лъугьунарилан абулаан гьес.

Мухӏамадрасул: — Нижер кӏудияв эменги вукӏана устар. Гьес гьарурал гӏарцул тӏагӏелазухъ къородисезул базаралда картошка-хӏан, нису ва цогидал жалги хисун ячӏунаан нижер кӏодоч-баба. Гьелда хӏал хъублъарав гӏадин лъугьунищали, пуланаб къоялъ кӏудияв инсухъе вачӏун вуго цо чи. Жиндаги малъейин гьеб устарлъи кин гьабулеб жояли абун, ккун кодоб кагъат-къаламгун, цо-цо ккун гьеб хъвазе лъугьун вуго дов. Бицун бугоха кӏудияв инсуцаги. Нахъисеб къоялъ гьесухъе щварал нижеда пикрабалъ ватана гьев. Щибгӏаги дуе ккараб, кӏодоч-дадаян гьикъидал, валлагь, кагътида хъван араб устарлъиялъул щибдай кканаян ургъалилъ вугилан жаваб кьуна гьес велъулаго.

Гьабсагӏаталдаги руго Гьоцӏалъ лъикӏал устарзаби – халкъияв художник Султӏан-Ахӏмад, Муга, Гьиматил Мухӏамад, Мухӏамаднабил Мухӏамад, Гӏабдулхаликъов Гӏабдурахӏман, Геланил Мухӏамад, Хӏажиев Шарапудин, Абакаров Мухӏамадги Лабазанги, цогидалги. Амма гьезул цӏикӏкӏаразул лъималаз босичӏоха гьеб махщел.

Гьоцӏдерил накъиш

— Кубачиязулги нужерги накъишазул батӏалъи щиб?

Мухӏамадрасул: — Гьезул букӏуна гъункараб, гӏисинаб накъиш. Нижераб дагьаб чӏахӏияб буго. Гьез нижераб яги нижеца дозулаб такрар гьабизе лъугьани, дагьабниги бичӏчӏи бугев чиясда гьелъул батӏалъи бихьула. Нижехъа цояс чурпа бухӏун гьечӏилан абидал, гӏолохъабаз гьесул гъадринибе бащдаб стакан цӏураб пучч бан буго. Гьанже бухӏун бугищилан гьикъидал, бухӏунни бугин, амма доб чурпадул бухӏи гуринха абилан жаваб кьун буго гьоцӏалъес. Гьебго жо ккола гьеб накъишалъулги – чияр хӏалтӏи такрар гьабизе лъугьиналъ унго-унгояб асар кьоларо.

1958 соналда Гьоцӏалъ художествияб комбинат рагьидал, гьениве Кубачиялдаса чанго устар витӏун вачӏун вуго гьоцӏал ругьун гьаризе. Нижер эменги ругьун гьавун вуго гьез. Гьес бицунаан нижераз кӏиго анкьицаги бикӏун бахъунареб накъиш дозухъа къасиялдаса радалалде бикӏун лъугӏулаанилан. Квер ругьунлъи ккола гьеб.

Накъишал рукӏине ккола цоялъ цояб нахъе цуларел. Масала, дуда выставкаялда бихьана Хунзахъа Хъайтмаз Аварскиясе дица гьабураб туманкӏ. Гьесул гьари букӏана гьелда тӏад жидер тухумалъул мугьруги, жиндир цӏарги, туманкӏ гьабураб сонги, устар хӏисабалда дирго цӏарги бикӏи. Гьеб киналдаго цадахъ рекъезаруна жалго накъишалги. Амма хонжродаги, руччабаз ралел гӏарцул тӏагӏелаздаги, гулгуналдаги тӏад цого накъишал гьаризе бегьуларо. Элементал цого, гьезул гӏуцӏи абуни — батӏияб. Масала, хӏарпал цого, гьезул лъугьунел рагӏаби батӏиял рукӏунел гӏадинха.

Эклектика

— Некӏсиял устарзабаз гьабураб къайи щай багьаяб букӏунебали бичӏчӏуларин жинда, гьездасаги лъикӏал тӏагӏалаби жакъасел устарзабаз гьарулелги рукӏагоян абула дида лъалев кубачияс. Нужеца кин рикӏкӏунеб?

Гьимат: — Некӏсияб тӏагӏел багьаяб букӏиналъе гӏилла ккола гьеб гьабурав устар гьабсагӏаталда чӏаго гьечӏолъи. Устар цевеса ун хадуб гурони гъолъул къимат лъаларо.

Мухӏамадрасул: — Цоги рахъги буго гьелъул – жакъасев устарас гьабураб хӏалтӏи букӏуна дов цевегосев устарасул хӏалтӏиги кьочӏое босун. Масала, гьалейин жиндир хӏалтӏиян, цояс цо тӏагӏел бихьизабун буго искусствоведасда. Цогидас тӏаде жубан буго жинца бахъараб сураталда рекъон гьабунинха гьес гьебилан. Гьеб мехалда искусствоведас гьикъун буго Расул Хӏамзатовас гьабураб кечӏ Муи Хӏасановалъ ахӏани, гьелъул автор щивин кколев, Муийищ яги Расулищилан. Гьебго жо буго гӏарцул устарлъиялда жанибги.

Гьанжесел устарзабазе кумек буго цӏи-цӏиял технологиязул. Нилъер умумуз абуни квартӏа-гъецӏ къватӏибе бахъулаан бакъ щвараб къоялъ. Кьерханкъоялъ кинаб канлъиха гъозда бихьулеб букӏун батилеб? Нижер кӏудияв инсул букӏана полировка гьабулеб алатилан цо гьадил цӏулал гьабураб жо. Гъолда тӏад лахӏги жужан, кверал сваказегӏан гӏарцул тӏагӏел лъулъалев вукӏунаан гьев. Гьанже ругел алатаз жеги мухӏкангоги уздангоги гьабиларищха гьеб.

Гьимат: — Амма гьанже ругел устарзабазда кӏолароха дол шартӏазда хӏалтӏизе.

Мухӏамадрасул: — Мунагьал чураяв нижер инсуда тӏадкъалаан гӏарцул тӏагӏалабазулъ, масала, партиялдаги пачалихъияб гӏуцӏиялдаги хурхараб тема бихьизабизе – «60 лет Октября», Олимпиада, космос. Гьанже кинабниги цензура гьечӏо. Амма гьеб эркенлъиялъулъ буго цо санагӏалъи гьечӏеб рахъги. Бокьараб гьабизе рес букӏунилан, лъалебги лъаларебги бихьизабун, ахиралда тӏубан цӏекӏлъизабула гьев чияс гьеб хӏалтӏи. Рачлихъ ханжарги барав чухъагун чи велосипед бачунев рекъон вукӏунаро. Гьев рекъола чода. Гьединго чода рекӏунев чиясдаги рекъоларо шортал-майка. Эклектикаян абула гьелда – дандеккунгутӏиялха.

Устарзабазе гӏарац киса?

— Нужеца тӏагӏалаби гьаризе гӏарац (сырьё) киса босулеб? Пачалихъалъул рахъалдаса бербалагьи кинаб бугеб гьеб махщалиде?

Мухӏамадрасул: — Тӏаде балагьун, ракӏалде ккезе бегьула парахат жиндирго мастерскаялда гӏодовги чӏун, гӏарцул тӏагӏалаби гьарулев вукӏин гурони, кинал квекӏеналинха устарасул ратилелилан. Амма ахирал соназда гӏемерлъулел руго гьезие гьарулел гьукъа-къаял. Масала, Росфинмониторингалъул тӏалабалда рекъон, устарасда тӏадаб буго жинца гьабураб тӏагӏалил цӏайиги, кибе, лъие бичарабалиги кагътида бихьизабизе. Гьелъ хӏалтӏудаса ракӏбуссинабулеб буго гӏемерисел устарзабазул. Хӏажатаб кагъат-мачар бакӏаризе таманаб мех унеб буго.

Гьединго эркенго босизе бажарулеб гьечӏо къайи гьабизе гӏарацги. Гьелъие бихьизабураб къагӏида кӏиго-лъабго буго. Масала, гьеб босула къватӏисахун сырьё бачӏунев цо хасав чиясухъа, яги Сбербанкалдаса.

Гьединго тӏагӏалаби гьареян рачӏарал гӏадамазул рокъоб букӏараб гӏарцул цӏарагӏ яги кӏилкӏал-курхьаби риххунги гьарула цӏиял тӏагӏалаби. Гьелъулги щибаб грамм бихьизабизе ккола кагътида, гӏарцул къайиялъул бетӏергьанасулгун къотӏиги гьабун.

Амма гьеб ккола гӏарцул цӏакъго мукъсанаб къадар. Гьединлъидал ювелираз чанцӏулго данделъун, хитӏабал гьарун рукӏана республикаялъул хӏукуматалде нижее киназего санагӏалъи букӏинелъун, Махӏачхъалаялда гӏарац (сырьё) бичулеб тукен/предприятие рагьейилан. Гьелъул хӏасил кколеб гьечӏоха. Цо лъагӏалида жаниб 400-ниги тонна гӏарцул къайиялъул бачӏуна пробаби лъолеб Палатаялде. Гьебщинаб къайи гьабизе гьеб гӏарац нилъерго гьаниса босизе рес чӏезабуни, жибго республикаялъеги щвелароанищ лъикӏаланго хайир? Сбербанкалдаса босейила. Бугеб багьаялда тӏаде жеги анкьгоги-микьгоги проценталги кьун гьениса босичӏого, бачӏинахъего цо ккураб багьаялде гьеб босизе бегьунгутӏи щиб букӏунеб, нагагь гьадаб нижеца тӏалаб гьабулеб бакӏ гьаниб рагьани?

Амма банкалдаги гӏисинал пластинкаби гурони, кӏудияб къадаралда букӏунеб гьечӏо гьеб гӏарац (сырьё). Гьенисан заказ кьун бачӏинабуниги, 10 проценталъ хираго чӏолеб буго гьеб.

Гьимат: — Гьаб нижер махщел гуребги, гьелда релълъараб цогидаб иш босаниги, гьеб цӏунизе пачалихъалъул къасд гьечӏони, ахир-къадги ссун уна, тӏатӏала ккола гьеб. Гьединго дагь-дагьккун лъугӏун, тӏагӏун инехъин буго гӏарац-меседалъул устарлъи. Хадусел наслабазе гьеб цӏунизе кколин бицун, кӏицӏулниги цевевахъана дун ДРялъул хӏукуматалъул данделъабазда. Амма гъурщил кумек щвечӏо гьенисан.

Цебе гӏадин, музеязги росулел гьечӏо лъикӏал устарзабазул хӏалтӏаби. Гӏарац гьечӏилан чӏолел руго.

Мухӏамадрасул:

— Россиялъул Художниказул союзалъул член, Дагъистаналъул мустахӏикъав художник хӏисабалда дица гьарурал хӏалтӏабаздаса кинабгӏаги налог кколарин абураб документ кьун букӏана дие. Амма исана соналъул февралалда гьеб хӏукму хвезабула хӏукуматалъ. Россиялдаса бахъараб нилъехъе щвезегӏанго художествиял комбинаталги къан, умумузул махщелал хвезе теларилан, жиде-жидерго рукъзабахъе руссун, хӏалтӏулел руго устарзаби. Гьединги букӏаго, хӏакимзабазул гьединаб бербалагьи щай букӏине кколебали бичӏчӏуларо.

Советияб заманалдаги букӏана гьеб рахъалъ халкквей. СССРалъул бетӏерлъуде вачӏараб мехалда Андроповасе сайгъат гьабизеян музеялъ бичун босун букӏана нижер инсуца гьабураб цо тӏагӏел. Гьеб заманалда эмен вукӏана Пачалихъияб премиялъул лауреатлъунги вахъарав, машгьурав чи. Гьелъухъгицин балагьичӏого, доб тӏагӏел гьабизе дуе гӏарац (сырьё) кисайилан, тӏубараб сурав босулеб букӏана КГБялъул чагӏаз гьесдаса. Гьеб мехалда инсуца объяснительная хъван букӏана гьеб гьабунин вакьадасул букӏараб кӏинусго сон бараб гулгунги биххунилан.

«Чанахъанасе къимат

чанахъанас кьезе ккола»

— Мухӏамадрасул, выставкаялда лъурал дур хӏалтӏаби рихьидал ккана улкаялъул даражаялъулги цӏаразде щайдай мун вахинчӏеван.

— Дунни гьел цӏаразда хадув лъугьарав чи гуро. Щибаб жоялъул агьлу букӏунелъул, гьединлъидал чанахъанасе къимат чанахъанас, гьабигьанасе къимат гьабигьанас кьезе кколеб гӏадин, ДРялъул художниказул союзалъ хӏукму гьабун букӏана дун Россиялъул мустахӏикъав художниклъун вихьизавизе. 1978 соналдаса нахъе дица квер-рагъари гьабулеб жолъидал гьаб.

Гьедин союзалъ батанщинаб документ-квара битӏун букӏана чанго соналъ цебе республикаялъул тӏалъиялде. Гьелда гъулбасал лъун рукӏана СКФОялда Россиялъул президентасул официалияв вакиллъун вукӏарав Сергей Меликовасги, ДРялъул художниказул союзалъул нухмалъулесги, Махӏачхъалаялъул мэрасги. Амма щаялиго гьел документал нахъ чӏван рачӏана.

— Мун хас гьабун гьеб пишаялъе цӏалун ватила?

— Художествиябгун графикаялъул факультет лъугӏун хадуб, Темиргъоялъул школалда рисование, черчение кьолаан дица. Дагьалъ чӏун гьениса нахъеги ун, тӏубан устарлъиялда тӏад чӏана дун. Художниказул союзалда цебе цӏакъаб цехги букӏана гьелъие данде кколеб. Хадуб гъезабизе кӏоларого гӏарцул къайи букӏунаан. Гьанже гӏадин, гали бахъа-бахъаралъур гьединал жал ричулел тукабиги рукӏинчӏо 1990-абилел соназда Махӏачхъалаялда. Цохӏо «Дагестан» тукен букӏана Ленинил майданалда. Гьанже киналго гӏорцӏана. Додинал заказалги гьечӏо. Музеялда лъураздасаги беричал, чӏурканал тӏагӏалаби тукабазда руго гьанже ричулел.

Амма дица дунго киданиги рикӏкӏунаро цӏакъав устарлъун. Гьоркьохъеб махщалил чиян тола. Дицаго гьабураб тӏагӏалида тӏасан гӏадамазул пикру лъазе, халкъалда гьеб бихьизабизе бокьула дие. Гьединго дидаса гӏезегӏан махщел бугев цогидав чи вукӏуна дова рокъовги чӏун, лъилгунниги щибниги дандги бачӏого, гьабу-гьабураб тӏагӏел бичулев. Гьесдаса хӏукуматалъе тӏири пайда букӏунаро. Амма жиндиргӏан махщел гьечӏев чиясе кьолел ругин цӏаралилан абизеги рес буго гьединав чияс. Живго вихьизе къваригӏун батани, вахъаха гьевги къватӏиве.

Гара-чӏвари гьабуна Зульфия Хӏажиевалъ