Хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановас 100000 гъурущ премия кьуна, искусственнияб интеллекталъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб конкурсалда бергьарав Сагӏид Гӏазизовасе.

AL Journey абураб конкурсалда гӏинкъал гӏадамазе квегӏенлъиялъе гӏололъун ургъараб гьесул проект бергьана, дунялалъул бакӏ-бакӏаздаса ритӏун рачӏарал 2000 хӏалтӏабазда гьоркьоб.