13 октябралдса 21 ноябралде щвезегӏан, регионазул нухмалъулеб централде (ЦУР) 5 500 гӏарза бачӏун буго гӏадамазухъан. Аслияб куцалда гьел руго ток, лъим ва нухазул гӏунгутӏиялда хурхарал.

Гӏемерисел гӏарзал рачӏун руго Махӏачхъала, Каспийск ва Дербент шагьаралдаса. Бищун цӏикӏкӏун гӏадамазул гӏарз буго рукъзабахъ хинлъи гьечӏилан. Гьедин республикаялда гьабсагӏаталда жаниб 50-гӏан гӏемертӏалаяб минаялъуб хинлъи гьечӏо.

Мисалалъе, ДагъОгни шагьаралъе щун гьечӏо хасалиде хӏадур букӏин тасдикъ гьабулеб паспорт.

Гьеб гуребги, гӏадамазул гӏарз буго бухӏараб ва цӏорораб лъим гьечӏин, нухал хашго ругин, социалиял квегӏенлъабазе биччалеб гӏарац щолеб гьечӏин ва гьединго ясли-ахазда бакӏ щолеб гьечӏиланги. Гьединго гьел рази гьечӏо рекӏадухъ багьа бахинабиялдасаги.