Республикаялъул энергетикаялъулгун ЖКХялъул министрасул ишал тӏуралев Ризван Мурадовас хитӏаб гьабуна АЗСалъул хважаинзабазде, цӏатариялъухъ босулеб багьа хира гьабугейин абун.
— Бензиналъухъ ва газалъухъ босулеб багьаялда бараб буго гӏадамазе хӏажатал цогидал нигӏматазухъ кьолеб багьаги.
Цӏатариялъул багьаялда сверухъ букӏараб хӏалуцараб гӏуж нахъа тана. Гьелъул оптовияб багьаги гӏезегӏан гӏодобе ккана. Гьединлъидал гьанжегӏаги бегьуларищ нилъеца багьа дагьаб рекъараб къагӏидаялде бачӏинабизе, — ян хъвалеб буго гьес жиндирго хитӏабалда.