Дагъистан – 85-абилеб бакӏалда
Гьал къоязда ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас тӏобитӏараб данделъиялда гӏахьаллъана пачалихъиял ва муниципалиял гӏуцӏабазул нухмалъулел. Гьениб бицана регионалъе кӏвар бугел масъалабазул хӏакъалъулъ.
Гьаниб кьолеб буго данделъиялда бицарал масъалабазул хӏакъалъулъ къокъаб баян.
Коронавирусалдаса цӏуни
ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министралъул ишал тӏуралей Татьяна Беляевалъул баяназда рекъон, COVID-19 унтиялдаса цӏуниялъул мурадалда республикаялда хӏадурун буго лъабазаргогӏанасев унтарасе бакӏ. Гьабсагӏаталда гьеб унтуца кӏвекӏулев вуго кӏиазаралда лъабнусгоялдаса цӏикӏкӏун дагъистанияв. Гьезда гьоркьосаги кӏинусгогӏанасев чи вегизавун вуго реанимациялдагун интенсивияб терапиялъул палатаялда.
Вакцина гьабиялъул рахъалъ улкаялъул субъектазда гьоркьоб Дагъистан буго 85-абилеб бакӏалда.
Гӏадлу гьечӏо
13 октябралдаса 21 ноябралде щвезегӏан Регионалъе нухмалъи гьабиялъул централъ (ЦУР) гӏуцӏараб цӏех-рехалда рекъон, республикаялъул нухлул магӏишаталдаги, ралел бакӏазулги, лъим бачиналъулги ва ЖКХ цӏигьабиялъулги рахъазда ругел масъалаби ккола гӏемерал соназ тӏуразаричӏого хутӏарал. Гьединлъидал рес гьечӏо гьел гӏагараб заманалда тӏуразариялъе. Тӏадежоялъе, гьелъие хӏажалъула иш хӏалтӏулъ жавабчилъиги гӏадлу-низамги. Гьелин абуни, кьучӏдасанго хисизаризе кколеб хӏалалда ругин бицана данделъиялда.
Дагъистаналда вугев ЦУРалъул нухмалъулев Мухӏамадсултан Гӏабдуралимовас абуна, араб анкьалда жидехъе хитӏаб гьабунила щуазаралда щунусго дагъистанияс. Гьезул гӏемерисел руго Махӏачхъала, Дербент, Каспийск, Хасавюрт ва Избербаш шагьараздаса. Хитӏабазда гьоркьосаги аслияллъун ккола минаби хинлъизариялъулъ ругел гӏунгутӏабазул хӏакъалъулъ. Масала, ДРялъул Госжилинспекциялъул баяназда рекъон, республикаялда бугеб 50 гӏемертӏалаяб минаялда гьечӏо хинлъи. Минабазухъе щолеб гьечӏо бухӏараб ва цӏорораб лъим, ток, заманалда кьолеб гьечӏо социалияб выплатаялъул гӏарац, гӏолел гьечӏо лъималазул ахал, къачӏазе ккола нухал, цӏикӏкӏинабун буго жамгӏияб транспорталда рекӏаралъухъ босулеб гӏарац.
Цо-цо мисалал
ЦУРалъул нухмалъулес рехсана гьадинаб мисалги. Цо чанго сон унеб буго Бабаюрт росдал №2 школалъе лицензия кьечӏого. Гьединлъидал школалъул ихтияр гӏоларо аттестатал кьезе. Гьелда бан, эбел-инсуца лъимал ритӏула цогидаб школалде. Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министрасул ишал тӏуралев Яхӏя Бучаевас абуна, рехсараб школалъул мина жеги бан бахъинчӏезул сияхӏалда бугилан ва гьеб рекъонкколарила проекталъул документазул тӏалабаздаян абун. 2022 соналъул февралалде гьеб масъала тӏубазабеян тӏадкъана ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановасда.
Каспийскиялда гӏумру гьабулел дагъистанияз ахӏи балеб буго шагьаралъул къватӏазда бетӏергьанчи гьечӏел ццидалал гьаби гӏемерлъиялда бан.
Загородный поселокалда ракьал кьун рукӏана ФСИНалъул хӏалтӏухъабазе. Гьенир рана минаби, школа ва мажгит. Дагьалъ цебе федералияб хъулухъалъ лъазабуна, гьел бакӏал изну гьечӏого рарал кколин ва риххизаризе ругин абун. Гьеб суал тӏубазабеян тӏадкъана вице-премьерасул ишал тӏуралев Рамазан Жапаровасда. Гьесги бицана гье- лъул мурадалда хасаб хӏалтӏул къокъа гӏуцӏун бугин абун.
Данделъиялда бицана Цогояб пачалихъияб сияхӏалда мал- мулкалъул баяназул хъвай-хъвагӏай гьабиялъул хӏакъалъулъги.