Росдал магӏишаталъул исанасеб сон нахъа танин абизе бегьула. Хутӏун буго ахирисел гектараздаса пиринчӏ бакӏарун рагӏалде бахъинабизе. Лъагӏалил хӏасилалги лъикӏал ругин бицана Хасавюрт районалъул росдал магӏишаталъул муниципалияб учреждениялъул директор Идрис Загъаловас.

Кинабнги 142358 гектар ракьул буго районалъул къайимлъиялда. Аслияб масъалаги ккола гьел ракьал пайдаяб куцалда хӏалтӏизари. Гьеб ракьалъул цӏикӏкӏарасеб къадар бекьула. Масала, 17 азаргогӏан гектаралда хьала хаслихъе рекьулел культураби, гьелдаса кӏигогӏан нухалъ, 33135 гектар ккун буго ихдалил рекьулел культурабаз, 255 гектаралдаса санайил бакӏарула гӏодокари, 7500 гектар ккун буго харибакӏаз. Ахираб лъабго-ункъо соналда жаниб хаслихъе могьолал культураби рекьулел ракьал 3000 гектаралъ цӏикӏкӏинарунинги руго. Могьолал культураби гӏезарулезул хӏалтӏул хӏасилал лъикӏал ккана. 16985 гектаралдаса исана бакӏарана, гӏаммаб къагӏидаялъ рикӏкӏун, 61398 тонна хаслихъе бекьараб ролъул. Щибаб гектаралдаса щун буго 25,6 центнер. 2022 соналъул букӏинесеб бачӏиналъеги исана жиндир заманалда ракь бегун, хьон хьан щулияб кьучӏ лъуна районалъул хурухъабаз.

Пиринчӏ

— Санайилго цӏикӏкӏунеб буго хурзабахъа бачӏунеб ва боцӏухъанлъиялъ кьолеб хайир, — ан бицана И. Загъаловас. – Хӏисаб гьабе, 2020 соналъ хурухъанлъиялъ районалъе кьун буго 10 миллиардгун 50 миллион гъурущ, боцӏухъанлъиялъ – 5 миллиардгун 541 миллион гъурущ. Гьединал хӏасилалгун 2020 соналда Хасавюрт район республикаялда цебесеб кьердаги букӏана. Исанасел хӏасилалги гьездасаги лъикӏал рукӏинеги руго. Тӏорщалил бачӏин цӏикӏкӏинабиялъе, боцӏухъанлъиялъ кьолеб продукция гӏемерлъизабиялъе гӏоло хӏалтӏулел руго 142 росдал магӏишаталъул предприятиязул хӏалтӏухъаби. Гьезда гьоркьоре уна 28 — росдал магӏишаталъулгун производственнияб кооператив, 12 — муниципалияб предприятие, 81 — рекьарухъабазулгун фермеразул магӏишат, гӏезегӏан руго жалго жидедаго чӏарал предпринимателазул магӏишаталги. Хасавюрт районалда кидаго кӏвар кьолеб букӏана хурзабахъ ихдалил могьолал культураби рекьиялде. Гьезда гьоркьоб хасаб бакӏ ккола цӏоросаролъалъ, пиринчӏалъ, бакъдебуссалъ, овощаз, бахчабазул культурабаз.

Гьал къоязда тӏадбан унеб буго Аджиевасул, Нуровасул цӏаралда ругел ва «Къуруш» предприятиязда пиринчӏ бакӏариялъул хӏалтӏи. Азаргоялдасаги цӏикӏкӏун гектаралда пиринчӏ гӏезабун буго Казмаул ва Темираул росабазул хурухъабазги.

— 230 гектаралдаса бакӏарана пиринчӏ. Щибаб гектар рикӏкӏун щвана 45-47 центнер. Гьединлъидал гьабураб хӏалтӏи гӏадада ккечӏо, — ян бицана Нуровасул цӏаралда Цӏияб Костек росулъ бугеб росдал магӏишаталъулгун производственнияб кооперативалъул нухмалъулев Рабадан Мамаевас.

Цӏибил

— Захӏмат бихьичӏого рахӏат бокьарас, бекьичӏого лъилъе нилъ гьечӏого хурилан хъван буго Инхоса Гӏалихӏажияс. Гӏакъубаги къварилъиги бихьичӏого хурги бачӏунаро, нигӏматалги рижуларо. Цӏолбохъанлъи буго бищун захӏматаб иш. Их бачӏаралдаса нахъе хӏалтӏизе ккола цӏолбохъаби, — ян бицана Цӏияб Гъагъалъ бугеб рекьарухъабазулгун фермеразул магӏишаталъул нухмалъулев Ташав-хӏажи Дадаевас. Хасалил цӏороялъукьа цӏунизелъун ракьулъ бахчун букӏараб цӏолбол гъабу къватӏибеги бахъун, гьелъул гӏаркьалаби кӏуризе ккола, хадуб бухьуна кваразда. Цинги хӏутӏ-хъумуралдаса гъабу цӏунизе речӏчӏизабизе ккола дару. Гьединаб хӏалтӏуца кьола ракӏ разиял хӏасилалги. 222 гектаралдаса Ташав-хӏажил нухмалъиялда гъоркь хӏалтӏарал фермераз щибаб гектаралдаса бакӏарана 160 центнер цӏолбол. Гьединабго цӏолбол бачӏин бакӏарана жидерго ахикьа Гъойтемир Гӏалипашаевас, Ислам Хӏажиевас, Шагьрурамазан Асланхановас, Хӏусен Ирасхановас.

Ахихъанлъи

2043,7 гектаралдаса бакӏарараб пихъил къадар бахана 9212 тоннаялде. Санайилго цӏикӏкӏунел руго росабалъ ахалги. Гъоркьиса 170 гектаралдаги чӏана ахал. Исана ихдал гъутӏби чӏун рукӏана 48 гектаралда. Ракӏалда буго жеги 52 гектаралдаги чӏезе.

— Кӏудияб хьул буго 120 гектаралда чӏун рукӏарал гъутӏби тӏадеялъул тӏегьалин абураб. Цудунго барщулеб гӏечул гъутӏбуздаса, ихдал цӏоройги ккун, тӏегь гъенана. Бижичӏо, бакӏаричӏо исана щибго, — ян бицана Сивухъ росулъа рекьарухъабазулгун фермеразул магӏишаталъул хважаин Мариям Гӏалимирзаевалъ.

Техника

Районалда росдал магӏишаталъул батӏи-батӏиял рахъал церетӏезариялъе нухмалъулез хӏаракат бахъулеб буго шартӏал чӏезаризе. Аслияб куцалда пикру буссинабула техника цӏилъизабиялде. Гьал ахирал соназда босун буго анкьго комбайн, микьго трактор ва 50 сельхозмашинаби. Гьабсагӏаталда районалъул магӏишатазда буго 186 трактор, 51 хьон хьалеб сеялка, 68 комбайн, 63 бакӏал хурзал къачӏалел дискал, 59 пуруц, 43 дару речӏчӏизабулел агрегатал. Гьеб гуребги, районалда хурухъабазе, фермеразе кумекалъе гӏуцӏун буго МУП МТС «Хасавюрт- агросевис». Гьеб гӏуцӏиялъе, лизингалъул къагӏидаялда, 68,8 миллион гъурщиде босун буго 3 «Вектор-410» комбайн, 3 МТЗ-82, 2 К-704 трактор.

Лъалъалел ракьазул къадар районалда бахуна 46337 гектаралде. Лъалъадизе лъим чӏезабиялъе магӏишатазда гьоркьосел 887 километр халалъи бугел каналалги руго. Ахирал соназда 520 километралъул халалъиялда каналал рацӏцӏад гьаруна. Мелиорациялъул программа гӏумруялде бахъинабиялъе гӏоло, Садовое росулъ 2 миллионгун 800 азарго гъурщил багьаяб, нусго гектар лъалъазе рес бугеб, машинабазул кумекалдалъун цӏад базабулеб агрегат лъун буго.

Гьарулел хӏалтӏабазда хадуб хал ккола росдал магӏишаталъул управлениялъул хӏалтӏухъабаз. Гьединал халгьабиязул хӏасилалда лъана Хасавюрт районалъул гӏемерисел рекьулел ракьазулъ беэнлъи цо проценталдасаги дагь бугеблъи. Ракь беэн гьабичӏел хурзабахъе гӏураб къагӏидаялда рала магӏданиял удобрениял, рак. Хадубккунги гьеб рахъалъ хӏалтӏул иш лъикӏлъизабиялъе гӏоло ихдал хурзабахъе базе 1000-гӏан тонна удобрениязул хӏадурунги буго.

Гирай ХӏАЙДАРОВ