(Гьаракӏуниса Нурмухӏамадил Мухӏамадил биценал)
Биценалде гьоркьобе араб гьаб лъугьа-бахъиналъе байбихьи лъураб 1843 соналда магӏаруллъиялда рукӏарал пачаясул аскарал жидерго щулияб хъала бугеб Темир-Хан-Шураялде лъутулел рукӏана. Хунзахъ, Цӏатӏанихъ, Гьоцӏалъ, Зирани хъулби рехун тана гьез. Шамил имамас Гъойсубулиялъул рахъалде наиблъун тӏамуна Гьоцӏалъа Худанатил Мухӏамад. Жиндирго тахшагьарлъун тараб Инхо росулъ букӏана гьесул чӏолеб бакӏ, канцелярия, низам цӏунизе ва рагъул ишалъе нухмалъи гьабизе муридзабазул къокъа.
Гьелда гьоркьов вукӏана гӏурус пачаясул аскаралъул рукӏинесел машгьурал рагъул начальникзаби — генерал Макъсудил ва полковник Хъайтмазил эмен Хунзахъа Гӏалихан. Жеги чӏужу-хъизан гьабичӏев Гӏалихан, балагьараб мехалъ, гӏанчӏав, таваккалав, руччаби рокьулев чи вукӏун ватизе ккола. Инхоса ясалъухъ рокьи гьабизе байбихьула гьес. Нилъеда цӏар лъаларей яс ячине, хъизан гӏуцӏизе ракӏалда букӏун батизеги бегьула гьесда, амма гьей чияе абун йикӏун ялъуни къватӏиса чиясе кьезе бокьичӏого, жидер яс Гӏалиханица толей гьечӏилан Шамил имамасде гӏарз бахъула гьелъул эбел-инсуца. Кӏиго-лъабго чӏужу ячине изну кьолев, къороллъуда руччаби толарев имамасе руччабаздехун гьабулеб кинаб бугониги хӏалихьатаб балагьи бокьулароан. Гьес нахътӏамун течӏого гӏарзаялъе хӏукму къотӏула. Ва наиб Худанатил Мухӏамадихъе кагъат хъвала. Инхвадерил жамагӏаталъул ва ясалъул эбел-инсул разилъи гьечӏолъи бихьун цо щибниги жо ккезе бегьулеблъиялда щаклъарав Гӏалихан кисан-щибдай бачӏинаян цӏодорлъи гьабун валагьун чӏун вукӏана. Имамасухъе гӏарз битӏун ун бугиланги махӏчӏван букӏун батизе ккола гьесда.
Ва гьале цо къоялъ, ракӏалдаго гьечӏого, Веденоса Худанатил Мухӏамадихъе кагъат босун вачӏунев имамасул чапар данде ккола гьесда ва сундулго хӏакъикъат лъаларев чапарасда абула кагъат жиндихъе кьуниги бегьулин, жинца кьелин наибасухъе. Икъбал бугев чи вукӏана Гӏалихан. Чапарасги божилъи гьабун кагъат кьола гьесухъе. Гьеб батула жиндихъ гьав валагьун чӏун вукӏараб кагъат. Гӏалиханида дагьа-макъаб гӏараб мацӏ бичӏчӏулаан. Ва гьале гьес чиясда вихьуларедухъ рокъовги вахчун, кагъат битӏизабула. Къокъаб, чанго предложениялдасан данде гьабураб гьелда хъван батула Гӏалиханица чӏвазе гӏураб такъсир гьабун бугилан. Гьесдайин абуни гьеб бичӏчӏула чӏвайин абун хъван бугеблъун. Гьев виххула. Ресги букӏаго чӏвазе чи чӏелищха, циндаго хӏукму гьабула гӏурусазухъе лъутизе ва наибги цогидал гӏадамалги тохлъарабго Хӏаригабурлъухъан Индираялда аскӏоб бугеб гӏурусазул хъалаялде лъутула. Имамасул кагъатин абуни, пропуск гӏадин цадахъ босула, цинги каранда кисинибги лъун гӏумруялъго цӏунула. Гьедин лъутичӏого цоги батӏияб жо гьабизеги бегьилаан Гӏалиханица, амма ханзабазул тахшагьарлъун букӏараб Хунзахъ гьавурав ва гӏурав гьев гӏурусалгун гӏемер дандчӏвалаан. Щиб лъалеб, гьезул мацӏцин лъалеб букӏун батизе бегьула. Ва гьезул гӏамал-хасият, гьез ханзабиги рагӏи билълъунел гӏадамалги жидедего руссинаризе бахъулеб жигар, кьолел сайгъатал ва гьезул кверзул гӏатӏилъи лъалаан гьесда. Гьединго гьесда лъалаан имамасул аскараздаги яги хъулухъалдаса лъутун вачӏарав щивав чи гьез разиго къабул гьавизе вукӏинги. Ва хӏакъикъаталдаги кинабго ккана бищунго гьесие санагӏатаб хӏалалъ. Пачаясул администрациялъ гьев лъикӏ къабул гьавуна, цӏализе витӏана, офицерлъун вахъана. Жиндирго къимат гьабизабизе лъалев ва цӏар бокьулев, цӏодорав ва гьунар бугев гьесги живго киса-кивего бищунго лъикӏаб рахъалъан вихьизавуна, гӏурусазда гъорлъ адаб-хӏурматалда вукӏана. Гьелъие нугӏлъи гьабуларищха гьесулги гьесул лъималазулги тӏолабго гӏумруялъул тарихалъги, гьелдаго цадахъ, балагьараб мехалъ, гьесда живго лъутиги чӏваян бачӏараб каранда чвантиниб лъун нахъе цӏунун бугеб кагъатги, киданиги кӏочон толароан.
Хадуб кинабго гьелъул магӏна бичӏчӏараб мехалъ намусалъ рахӏатги толароан гьесие. Кин гьеб букӏараб батаниги, лъикӏги квешги, тӏаде щвана Шамил имамас гӏурусазде дандечӏей къотӏизабураб 1859 соналъул август. Гьеб заманалде гьев, биценалда рекъон, полковникасул чиналдеги вахун, гӏурус армиялда гъорлъ имамасде данде вагъулев вукӏана. Нахъе хутӏун ругел биценаз бихьизабула Шамил имамасдаги Гӏалиханги гьесул ишалги лъалел рукӏараблъи. Дагьабниги иш бажарулев гӏурусазда гъорлъ вугев магӏаруласда хадуб имамасул рахъалъан хъаравуллъи букӏунаан. Амма гьениб буго цо гьадинаб жо – щаялиго имамасул ццин букӏинчӏо Гӏалиханиде, лъугьарабщиналъул хӏакъикъат лъалеб букӏун буго Шамилида. Гьеб нилъеда бихьула хадусел лъугьа-бахъиназдасан. Гъуниб магӏарда сверун ккун вугев имамасдаса пачаясул аскараз кверде вачӏин тӏалаб гьабулеб букӏана. Зама-заманалдасан хъахӏаб байрахъги борхун, цадахъ гӏурусазул кинав вугониги рагъул начальникгун, кӏиго-лъабго рагӏи билълъарал магӏарулалги рачун, полковник Лазарев вачӏунаан имамасухъе кверде вачӏайилан гьаризе. 14 августалдаго байбихьарал гьел гара-чӏвариял халат рахъана ахирисеб къоялде, ай 25 августалде щвезегӏан. Имам щакдарилев вукӏана. Цӏакъго гьесде гӏагарал муридзабазе хутӏизегӏан халкъалда рагъ чӏалгӏун букӏана — гьитӏинаб жойищха бугеб 30 соналъ рагъана магӏарулал пачаясда данде. Имамасе бокьунги букӏана рагъ къотӏизе тезе ва гьебго заманалда бокьулебги букӏинчӏо. Гьайгьай, гьесие ургъел букӏана кверде ани жиндиргоги хъизамалъулги щибдай ккелаян абун. Гьадинго, рагъги къотӏизе тун, имамги гьесул хъизанги Гӏарабустаналъул рахъалде риччазе гӏурусаз инкар гьабуна. Цо нухалъ кверде вачӏайин, дуе щибниги гьабизе гьечӏин гӏурусазилан абизе гьесухъе, гӏурусазул делегациягун цадахъ, витӏун вачӏана Илисуялъул Даниялбекги. Цӏалдолезда ракӏалде щвезабизин — гьев вукӏана Шамил имамас божилъи гьабулев, амма хадув гӏурусазул рахъалде лъутун арав наиб. Имамасул цересел гӏадамаз гьесухъеги виччачӏого нахъе хъамуна гьев. Гьеб мехалъ ракӏалде щун ватизеги бегьула имамасда Гӏалихан, хадусеб нухалъ гара-чӏвари гьабизе полковник Лазарев вачӏараб мехалъ, гьес гьесда гьарана нужер аскаразда гъорлъ вугев Гӏалихан абурав полковник вихьизе бокьилаанин абун. Лазаревасда магӏарул мацӏ лъалаан. Гьес рагӏи кьола щолеб бакӏалда полковник Гӏалихан ватани имамасухъе вачине.
Ва гьале, хадусеб нухалъ Лазаревас имамасда аскӏове вачун вачӏана полковник Гӏалихан. Хъваш-баш гьабун хадуб, Шамилица Лазаревасда абуна жал кӏалъай гьабизе аскӏор теян. Лазарев нахъе ана. Гьеб мехалъ имамас Гӏалиханида абунила, дун кверде вачӏани щиб гьабизе гӏурусазда ракӏалда бугебали бицейин? Дир тӏокӏав гьеб гьикъизе чиги гьечӏин. Гӏалиханида Барятинскиясул киналго планал лъалаан, гьесда дандбан, бицун букӏун батила имамасул къисмат кинаб букӏине бугебали. Гьединлъидал гьес жиндаго лъалебги, рагӏарабги, гьелъул хӏакъалъулъ жиндирго пикруги бицана имамасда. — Пачаясул амруялдалъун гьезда ракӏалда буго мун асирги гьавун, хӏурматияб къагӏидаялъ, хъизанлъималгун цадахъ гӏурус ракьалде витӏизе ва гьенив парахатго гӏумру гьабизе тезе. Хадуб кколеб жо дида лъаларо, — ян абула гьес. — Гьедин гьабиладайха гьез, — анги гьикъана имамас ракӏчӏеялъе. — Дида гьедун абизе кӏвела, гьедин гьабизе буго, — илан абула Гӏалиханицаги. — Баркала дуе, ине бегьула, — ян абула имамасги. Амма Гӏалихан, каранда чвантиниса кагътил кесек къватӏибе бахъулаго, дагьав лъалхъанила.
Ва гьебги битӏизабун, намуслъунги вахъун, тӏаса лъугьин тӏалаб гьабулеб гӏадин имамасухъе бегьанила. — Гьаб кагъат сабаблъун лъутун вукӏана имам дун гӏурусазухъе, гьале 17 соналъ нахъе цӏунун букӏана. Бихьуларищха къисматалъ дандчӏвазе хъван рукӏун ругеб куц. Имамас кагъат цӏаланила, чӏвазе бегьулеб жо гьабун бугин хъван бугоха гьаниб, чӏваян абун гьечӏоян имамасги абунила. Палхӏасил, къолъикӏги гьабун, гьев Лазаревасда аскӏове анила. Чанго къоялдаса хадуб имамас кверде ине хӏукму гьабуна.
(Тӏадехун бицараб лъугьа-бахъиналъул рехсей гьечӏо я П. Павленкол «Шамил», я М. Ибрагьимовалъул «Имам Шамил» абурал тӏахьазда).