22-26 ноябралда Невинномысскиялъул пачалихъияб гуманитариябгун техникияб институталда тӏобитӏана «Кавказский диалог» абураб ХӀI Халкъазда гьоркьосеб гӏелмиябгун практикияб конференция. Гьелъул «Обрядовые традиции Северо-Кавказских народов: от предков к потомкам» абулеб секциялда манзилалъулаб форматалда гӏахьаллъана Шамил районалъул Цӏияб Гӏурада росдал С. Х. Асиятиловасул цӏаралда бугеб школалъул коллективги. Учительзабазги, цӏалдохъабазги, улбузги конференциялъул гӏахьалчагӏазда бихьизабуна «Кӏач (тӏимугъ) букъи» абулеб магӏарулазул некӏсияб гӏадат.
Магӏаруласул гӏадатияб рокъоре кӏач букъиялъул гваялде ракӏарун ругоан гӏемерал гӏадамал. Гьидерил берцинаб ретӏел ретӏарал бихьиналги руччабиги машгъуллъун руго ругьунаб ишалде: гьез букъулеб буго, хасало квачалдаса цӏуниялъе чара гьечӏого къваригӏунеб тӏимугъ, гьидерил мацӏалда абуни, кӏач. Гьез рихьизарулел руго кӏач букъиялъул киналго бутӏаби: цоял руго тӏахьал рацӏцӏунел, кӏиабилел – тӏехь ххалел, лъабабилел – роцада борцун, тӏехь лъутӏулел, ункъабилел – букъулел, щуабилел – хӏалтӏул даражаялъул хал гьабулел. Ахиралда, цо гӏолиласда тӏадги ретӏун, цӏияб тӏимугъалъе къимат кьолеб буго киназго.
Умумузул гӏадаталда рекъон, гваялда хӏалтӏулел чагӏазул ракӏгъеялъе васазги ясазги, хис-хисун риччалел руго бакънал, рицунел руго кепал лъугьа-бахъинал. Гваялда абулеб-бицунеб кинабго жо буго гьидерил мацӏалда. Гьебго заманалда, гьидерил мацӏ лъаларел чагӏазда бичӏчӏизелъун, экраналдасан гӏурус мацӏалда кьолеб буго кинабго лъугьа-бахъунелъул баян. Гӏадаталда рекъон, гваялъул хӏалтӏи лъугӏун хадуб, гьайгьай, букӏана квана-гьекъейги, ихтилат-кепги. Рукъ бакьулъ, горсвери гьабун, тӏансаялда тӏибитӏараб тепсиялда нахъа ракӏарана хӏалтӏун свакарал чагӏи. Тӏагӏамаб кваница чахьал рохизаридал, гьез рагьана ихтилат-кепалъул къвачӏа: рукӏана берцинал каламалги, кепал харбалги, пасихӏал тосталги, кьурдабигун кечӏ-бакъанги. Гьайгьай, киналго цадахъ рахъун, шавкъалда гьабуна гьидерил каш кьурдиги. Къокъго абуни, Цӏияб Гӏурада росдал школалъул коллективалъухъа бажарана балагьарал хӏайранлъулеб куцалда магӏарул, хасго гьидерил, гӏадаталъул тӏокӏлъиги, магӏаруласул хасияталъул камиллъиги, нилъер миллияб ратӏлил гьайбатлъиги, кьурдабазул ва кечӏ-бакъаналъул берцинлъиги, кванил гьарзалъиги бихьизабун. Регионазул анцӏабго командаялъул церерахъинал лъугӏун хадуб бицана бихьизабураб щибаб миллаталъул халкъиял гӏадатазул хаслъи-тӏокӏлъиялъул хӏакъалъулъ ва къимат кьуна коллективазул церерахъиназе. Данделъи бачуней Елена Сорокиналъ абуна, Дагъистаналъул командаялъ бихьизабураб гӏадаталда релълъараб жо жинда киданиги бихьун букӏинчӏилан. Мацӏ бичӏчӏичӏониги, гьелъул гӏахьалчагӏазул рагъа-рачариялдасан бичӏчӏанила «кӏач букъи» абулеб гӏадаталъул аслияб магӏна. «Нужер маданияталъул хаслъи лъана, гӏадаталъухъ рокьи ккана, квеш ккараб жо буго, нужеца хӏадурараб батӏи-батӏияб кванил хӏалбихьизе рес гьечӏолъи. Баркала киназего», — ян абуна гьелъ.
Жюриялъул членазги лъикӏаб къимат кьуна нилъер командаялъе. Гьезул рукӏана гӏемерал суалалги. Масала, кӏач букъиялъул гваялда цохӏо гӏагарал чагӏийищ гӏахьаллъулел? Гьаниб бихьизабизе «кӏач букъи» абураб гӏадат нужеца тӏаса бищиялъе гӏилла щиб ккараб? Жюриялъул членазе бищунго кеп щвана «Гьидерил каш» кьурдиялъул, гьединлъидал гьеб цӏидасан такрар гьабизеги тӏамуна. Гьезда цӏакъ берцин бихьана руччабазул ратӏлил форма, хасго чаба ва гӏоркь. Гьарана гӏоркь гьабиялъул ва ретӏиналъул хӏакъалъулъ бицеян. Абуна жидер хӏацӏу чвахулеб бугила тепсиялъул бечелъиялъухъ ва гьенир ругел, кирго рихьичӏел гӏадал, батӏи-батӏиял тӏагӏамазухъ балагьун. Цӏоросаролъул хинкӏалги гьезда тӏад лъураб бакьги бихьидал, гьезухъа гьаркьалцин рорчӏана. Мугь (гьи) щиб тӏагӏам кколебали гьезда лъалебго батичӏо, гьединлъидал, телевизоралдаса лъикӏ бихьулеб куцалъ цебегӏанги босун, бицине ккана гьеб тӏагӏам гьабулеб ва кунеб къагӏида. Дагъистаналъул цӏаралдасан Россиялъул халкъалда телевизоралдасан «кӏач букъи» абулеб миллияб гӏадат бихьизабураб Цӏияб Гӏурада росдал школалъул коллективалда «Хӏакъикъаталъул» хӏалтӏухъабазул рахъалдасанги баркула церерахъин.
Нури НУРИЕВ