Шагӏиралъул кинаб асар босаниги, гьелъ дие кӏудияб асар гьабула. Цин гьейгун елъанхъула дун, цинги гьелъул рекӏелъанго гьулчун бачӏунеб магӏугун цолъула дир магӏуги ва заманалдасан дунялги пикрабиги цӏидасан къалъун рачӏуна. Фазул асаразул героялгун гаргадула, гьезул къис- маталъулъ дирго къисматги балагьулей ятула. Зама-заманалдасан щола дун Фазухъеги, гьелъ- ул цӏар лъураб паркалдеги. Гьале дой — чӏаго йигеб мехалда дида тӏубанго йичӏчӏун яхъинчӏей шагӏир. Гьанже гьелъул шигӏрабазул гъасда къварилъахъдилей йигей. Гьаб макъалаялда бокьун буго цоги нухалда тӏад юссине шагӏиралъул магӏуялъухъе, бигъа- раб гӏомолъун жинцаго рикӏкӏунеб гьелъул къисматалъул хӏокӏазде яхине. Амма шагӏиралъул гӏумру букӏинчӏо бигъараб. Гьеб гвангъухъе буго жакъа. Гӏумруялдаса ватӏалъун хадубги дур хӏакъалъулъ цогидаз бицунеб бугони — гьеле ракьалда тарал лъалкӏазул кунчӏи. Гьеб кунчӏи дида батулеб буго Фазул щибаб асаралъулъ. Иргадулаб нухалдаги гьоболлъи балеб буго шагӏиралъул адабияталъул ахикь. Гьаб нухалдаги дун гьение уней йиго магӏугун цадахъ…
— Аллагьас мугьру чӏван, гьунар кьуразул Гьалагаб букӏуна гӏумрудул къисмат, Къулчӏизе ккола гьез ганчӏил кьураби, Кьурабазда цадахъ зазил хъархъалги. Фазу Гӏалиева — Гӏазулаб декабралда хунздерил тӏалъиялда бижараб хӏикматаб тӏогьое кьуна гьединабго хӏикматаб цӏар — Фазу. Гӏазул хӏулабаз беэдун, гьури-цӏадалъ тӏанхал лъухьун, хасалил халатал сардазул маргьабазухъ гӏенеккун, тӏегьан бачӏараб тӏегьалъ сверухълъиялъе кьезе байбихьана хинлъи. Ва гьеб тӏогьол хинлъи батана даимаб. Гьелъул хӏасратаб кочӏол гьаракь батана хвел гьечӏеблъун. Гьале жакъаги рагӏулеб буго дида гьелъул гьаракь: — Азарго тӏегь буго дир рекӏел ахикь, Аза- азар тӏугьдул букӏдузулъ къараб. Гьезул щибалдаги, шапакъат гӏадин, Щубил гарал руго даим гиргилел. Щубгӏан рацӏцӏадалги роцӏаралги тӏугьдул рижана шагӏиралъул шигӏрабазул ахикь. Цоги нухалда гьезул бакъназухъ гӏенеккизе, дун щвана шагӏиралъул памятникалъухъе. Гьале дой — дун даим жиндир шигӏрабазухъ урхъун йикӏуней тӏадегӏанай, чӏухӏарай мугӏрул чӏужугӏадан.
Салам, хӏурматияй Фазу Гьалеха жакъаги щвана духъе дун, тӏугьдузул квацӏиги босун. Дуде аскӏое щвезегӏан, ургъулей йикӏана, пикрабазе эркенлъиги кьун. Гӏемер жо букӏана дуе бицине. Амма дуда берчӏвайдал, пикрабиги магӏуги жубараб гӏомо гӏунун хутӏана. Цӏидасанги рагӏулеб буго дур гьаракь: — Дица, дунялалъул тӏогьийги яхун, Тӏолго гӏаламалде ахӏулеб буго: Эркенлъи зоб бугин, рекъел бакъ бугин, Рукъ-рукъалъ къадруги къабул гьабеян… Фазу Хӏамзатовна, гьалеха жакъаги дун духъе ячӏана, эбелалъул хъахӏаб шалги чӏван. Дур поэма цӏаларалдаса, дие гьеб цӏакъгоги хиралъана: — Эбелалъул шалалъгӏан, Гӏемер гӏодизайичӏо… Дагъистаналъул ясал, Нужеде дир аманат – Улбуца нахъе тарал Шалазул къимат гьабе… Халатал синсаз магӏуги бацӏцӏунаго, гӏенеккун йиго дун улбузул сариназухъ. Жакъа гьел дуца ахӏулел руго дие: — Даим гьелда букӏуна Эбелалъул хасаб махӏ, Хахараб керемалъул Рахьдадаса гӏадинаб. Щибаб шалалъул жиндирго къисматги жиндирго къисаги. Гӏумруялъулгун къо-лъикӏ гьабулелъул, дуца Фазу, гӏуж бан тана щибаб харида. Гӏагараб тӏалъиялъул харил щибаб сумалъги ракӏалде щвезарула гьал къояз дур асарал: Огь! Жакъаги нижее къваригӏун бугеб куцха гьеб – Сабру: — Аллагь, дур цӏоб-гурхӏел кӏудияб буго, Кӏудияб сабурлъи лъималахъе кье, Сабру рекӏелъ лъурал мекъи кколаро, Мекъаб нухалъ ине риччаге дуца… Дудаго хӏанчӏолезегицин гьимиялъул къатӏраялъулъ бакӏ батарай, дур гӏумру бигъараб гӏомоялде сверизабизе хӏаракат бахъанщиназда берцинго кӏалъазегицин къуват батарай духъ урхъун унеб буго гӏумру. Гӏолел гьечӏел куцха жакъа дур дарсал. Кинха йохиларей, йохарай шагӏиралъул рекӏел кӏутӏи рагӏидалги: — Унтабаца кӏвекӏарай, Дарабаца къанцӏурай, Къватӏие яхъана дун – Дунялалъул берцинлъи! Буччараб гӏурччинлъиги, Бекӏ рагьулел тӏугьдулги, Гьелгун махсара гьабун, Басандулеб гьуриги…
Хӏурматияй Фазу! Жакъаги тӏабигӏаталъул чӏвабзаз долго саринал рачунел руго. Ялагье гьание – дуего бачӏун бугебщинаб тӏегь бихьизе. Щибаб тӏогьол тӏамачалъги жакъа Фазуйилан щурулеб буго. Гьел кӏалъалел руго дур кӏалдисан: — Аллагь, малъе гӏолезда Гӏадаталги адабги, Умумуз нилъей тарал, Тарихазул назмаби. Херазул адаб кквезе, Адабият цӏунизе, Унтаразда гурхӏизе, Рукъулезухъ гӏодизе… Дуе цӏакъго бокьулаан Дагъистан. Хӏалуцарал соназги, гӏемерисел дагъистаниязул ватӏаналде божилъи хварал лахӏзатаз, мун Дагъистаналде талихӏалъул кучӏдул хъвалей йикӏана. Дуца нижее тана кӏудияб поэзия, гьелдаго цадахъ гӏадамаздеги ватӏаналдеги хӏасратаб рокьиги: — Дуде гъураб ракӏ буго, Дуда чӏвараб мугъ буго, Аллагь, цӏуне Дагъистан, Аллагь, цӏуне Россия… Гьел руго, хӏурматияй Фазу Хӏамзатовна, дурго шигӏрабазул ахикь тӏирщарал, тӏегьарал, гӏурал тӏугьдул. Дур поэзиялъул иццалъ лъалъарал гьез жакъаги ракӏ бохизабулеб буго нижер. Ялагье цо лахӏзаталъги гьал тӏугьдузухъ. Гьезулъ буго дур суратги сипатги, дур гӏамал-хасиятги. Херлъизе рес гьечӏей дир Фазул гьаракь дандерижилъун боржун унеб буго даимлъиялде: — Дун ялагьун йиго херлъарай Фазухъ, Херлъиялъулъ бугеб борхалъиялъухъ, Беразулъ кенчӏолеб рацӏцӏалъиялъухъ, Роцӏен жеги свинчӏеб сабурлъиялъухъ… Цогиги лахӏзаталъ гӏенекке, Фазу. Гьале Мусаги тӏаде щвана, дуда байрам баркизе. Рагӏулищ досул гьаракь: — Жакъа мун гьаюраб къо буго, гьудул… Ва дуцаги цӏидасан жаваб кьолеб буго досие: — Жакъаги мун дие хӏажат вугев куц, Хӏаладаса араб къечдай лъим гӏадин, Мун гьечӏеб дир гӏумру мукъсанаб буго, Къвалакь тӏилалги чӏван, йилълъунеб гӏадаб. Дур хабал рагӏалда гӏодойги йикӏун, Араб гӏумруялъухъ гӏенеккун йиго. Гьелъулъ бугеб бакъан къваридаб буго, Къвал цӏу-цӏун цӏатари рухӏалилъ лъолеб… Эбелалъул хъахӏаб шалалъ магӏуги бацӏцӏунаго, цоги нухалда шагӏиралда аскӏой лъалхъана дун. Нахъеги шагӏир дунгун кӏалъалей йиго: — Эбел гьардолаан, гӏодое йиччан, Гӏадамал гӏадинан кӏалъай Фазуян, Гӏодоб биччай лъачӏеб гьаб гӏумруялда Дир гӏодой йиччаялъ квелъ балеб буго…
Къо-лъикӏ, хӏурматияй шагӏир. Жеги чанго нухалда щвела духъе. Ячӏина чанцӏулго духъе, паркалде…
Шамай ХЪАЗАНБИЕВА