2017 соналда кӏодо гьабуна магӏарулазул миллияб республикаялъулаб газета къватӏибе биччаралдаса нусго сон тӏубаялъул юбилей. Бачӏунеб соналъул 3 апрелалда 105 сон тӏубала газета бахъизе байбихьаралдаса. Жакъа «Хӏакъикъат» абураб цӏаралда гъоркь магӏарул цӏалдолезухъе щолеб газеталъул тарих байбихьула Махӏач Дахадаевасул лъади Написатица «Заман» газеталъул тӏоцебесеб номер басмаялда бахъараб къоялдаса. Гьей йикӏана Шамил имамасул вас Мухӏамадшапигӏил яс.
Тӏубараб гӏасруялда газеталъ на хъа тараб нухлул хӏакъалъулъ «За маналъул матӏу» абураб анкьнусго гӏезе гӏемер камичӏеб гьумер бугеб кӏудияб тӏехьалъул авторлъун вуго магӏарулазул лъикӏав шагӏир ва журналист, «Хӏакъикъат» газеталъул редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаев.
Гьеб буго магӏарул халкъалъе, хасго нилъер миллияб газета хирияб агь луялъе цӏакъго къиматаб ва гӏемерго пайдаяб, киназго ракӏ-ракӏалъулаб баркала кьезе мустахӏикъаб сайгъат. Бичӏчӏизе ккола гьеб букӏин чанго соналъ тӏадчӏун ва кӏудияб захӏмат баччун гьабураб хӏалтӏи. Гьанибго абизе ккола жинца тӏаде босараб гьеб кӏвар бугеб ва захӏматаб масъала тӏадегӏанаб даражаялда тӏубазабизе бажариги махщелги гӏун бугин авторасул. Гьаб тӏехьалдасан бихьулеб буго нилъер миллияб газеталъ цӏикӏкӏараб бутӏа лъун букӏин, гӏицӏго магӏарулазул гуребги, тӏолабго Дагъистаналъулги жамгӏиял ва политикиял масъалаби тӏуразариялъулъ.
«Газеталъул нух» абураб цеберагӏиялда техьалъул авторас рехсолел руго гьединаб даражаялде миллияб газета бахиналъе квербакъарал хӏаракатчагӏи. Авторас тӏехьалда бихьизабулеб буго магӏарул газеталъул ва журналистикаялъул бечедаб тарих букӏин. Нилъер газета бахъизе байбихьаралдаса гьенир хӏалтӏулел рукӏана машгьурал публицистал, художникал, революционерал, лъай тӏибитӏизабулел чагӏи – Махӏач Дахадаев, Написат Дахадаева, Мухӏамад Мирза Мавраев, Мухӏамад-Мирза Хизроев, Мухӏамад-Къади Дибиров, Гӏабдулатӏип Шамхалов, Халилбег Мусаясул, Асадула Мухӏамаев, Мухӏамад Абакаров, Жалил Жанбулатов, Ражаб Динмухӏамаев ва цогидалги. Гьаб халатаб сияхӏалде росарал цӏакъго машгьуразда гьоркьор ра тулел руго жеги нилъеда лъалел рукӏинчӏел цӏарал. Гьелъги нугӏлъи гьабулеб буго тӏехьалъул автор газеталъул тарихалде гъорлъе гъваридго ваккун вукӏиналъе ва тарихалда лъалкӏ тарал хӏаракатчагӏи ратизе жигар бахъун букӏиналъе.
Гьединал нилъ хӏикмалъизарулел хӏужаби жеги гӏемерал ратизе руго гьаб тӏехь байбихьудаса ахиралде щвезегӏан цӏаларасда. Цӏалдолесе кинабго рагӏа-ракьанде щун бичӏчӏизе бигьалъиялъе тӏехь бикьун буго батӏи-батӏиял бутӏабазде. Тӏоцебесеб бутӏаялда кьун буго 15 редакторасул цӏаразул сияхӏ, гьел кисаялиги бихьизабун. Гьеб сияхӏалдаса хадур гӏемерал сураталгун цадахъ тӏехьалда кьун руго гьел редакторзабазул гӏумруялъулги хӏаракатчилъиялъулги хӏакъалъулъ чӏахӏиял макъалаби. «Магӏарул мацӏалда рахъулел рукӏарал газетал» абураб бутӏаялда батула батӏи-батӏияб заманалда нилъер миллияб магӏарул газе талда лъун букӏараб 12 цӏаралъул баян. Гьениса босун, гьел цӏаразул сияхӏги лъолеб буго гьаб макъала ялда цӏалдолезе баяналъе. «Заман», «Аваристан», «Хӏалтӏулел чагӏи», «Багӏараб байрахъ», «Багӏарал мугӏрул», «Магӏарул мискинзаби», «Магӏарулав», «Социализмалъул байрахъ», «Магӏарул большевик», «Дагъистаналъул прав да», нахъеги « Б а г I а р а б б а й р а х ъ » ва гьанжесеб «Хӏакъикъат».
Анализ гьабун буго щибаб газеталъул, щиб гьениб хъвалеб букӏараб, щиб бахъулеб букӏараб, щив редакторлъун вукӏарав. Гьаб бутӏаялдаги авторас лъун руго гӏемерал суратал. Амма бищунго дун хӏикмалъизавураблъун лъугьана гьеб анцӏила кӏиябго цӏаралда гъоркь магӏарул газета къватӏибе биччалеб букӏараб нусгоялдаса цӏикӏкӏун соналъ гьелъул щибалда рахъарал рикӏкӏун хӏал кӏоларелгӏан гӏемерал гӏисиналги чӏахӏиялги макъалаби ва цо-цо кучӏдулги тӏехьалде росун рукӏиналъ. Гьайгьай, цо рахъалъ босани, гьеб буго дол соназда сунде кӏвар кьолеб букӏарабали гьанжесев цӏалдолесда бихьизабиялъул мурадалда гьабу раб хӏалтӏи. Дида ракӏчӏун абизе кӏола гьаб тӏехь кодобе босараз гьел цӏикӏкӏараб гъираялда цӏалилин. Цоги рахъалъ босани, битӏахъе сагьвиллъизавуна, гьеб захӏмалъи тӏаде босун, Пайзулаев кӏвахӏ гьечӏого хӏалтӏун вукӏиналъ. Кинаб захӏмалъиялиги бицинин гьаниб. Араб гӏасруялъул лъеберабилел соназул ахиралде щвезегӏан гьел газетал рахъулел рукӏана тӏоцебе гӏажам, хадуб латин хъвай-хъвагӏаялда. Гьел газетазда ругел нус-нус макъалабазда гьоркьоса тӏехьалде росизе кинал тӏаса рищилелали кӏвар кьун цӏализе ккей – цо захӏмалъи, гьелдаго цадахъ, кӏиабилеб захӏмалъи – гьел киналго гьанжесеб хъвай-хъвагӏаялде сверизаризе ккей.
Битӏахъе бицани, дида кӏолеб гьечӏо гьединал макъалабазда хьолбохъан ине. Гьаниб мисалалъе босизе бокьун буго «Магӏарул большевик» газеталда бахъун букӏараб «78 сон барав Ахӏмадхан цӏализе лъугьун вуго» абураб макъала. «Гумбет районалъул Сивухъ росулъ вуго Нурмухӏамаев Ахӏмадхан абун цо 78 сон барав херав чи. Ва амма рарал соназде балагьун хер- лъун вукӏаниги, бетӏер ва мегеж, жидерго росда цебе бугеб борхатаб чабхил мегӏер гӏадин, гӏазухъахӏлъун букӏаниги, колхозник Ахӏмадханил тирилъиги рекӏел гъираги гӏоло хъабаздаса нахъе кколаро. Исана чӏахӏиязул цӏалиялда байбихьарабго гьев, алфавит тӏад хъвараб цо кагъ- тил тӏамачги кодоб ккун, школалде хьвадизе лъугьана. Гьесул гъираялде балагьун школалъул советалъ гьесие къваригӏарабщинаб къайи кьуна. Гьанже Ахӏмадханида хъвазе ва цӏализе лъалеб буго».
Гьале гьебго газеталъул 1947 соналъул 10 апрелалда бахъараб А. Мухӏамадовалъул къокъаб «Руччабаз бацӏ чӏвана» абураб макъала: «Цӏумада районалъул Лъондода росдал Орджоникидзел цӏаралда бугеб колхозалъул колхозруччаби Сагӏидова Рахӏматицаги Мухӏа м а д о в а Патӏиматицаги колхозалъул фермаялъул бокьобе кӏанцӏараб бацӏ тӏаде нуцӏаги къан тӏохтӏасан гьеб къватӏибе кӏанцӏулеб бакӏалда хъаравуллъиги гьабун тӏилица бухун хвезабуна». Батӏи-батӏиял соназда хис-хисун батӏи-батӏиял цӏарал лъурал газетазда рахъун рукӏарал гьадинал нус-нус макъалаби гурелги, авторас гьаб тӏехьалда лъун руго кучӏдулги. Гьелъие мисаллъун дица гьанир кьолел руго Хунзахъ районалъул Уздал росулъа рагъда вугев Гӏабдуразакъов Мухӏамадица редакциялде бачӏараб кагътида рукӏарал гьадинал рагӏаби: Дун гӏадинал васал Кьалда ругелъул, Кьижун рокъов чӏезе Дидаги кӏвечӏо. Дица рагӏи кьола, Магӏарул тӏалъи, Магӏарул намусги Яхӏги цӏунизе Гьеб бахъун букӏун буго «Магӏарул большевик» газеталъул 1944 соналъул 12 июлалда къватӏибе бичча раб номералда. Тӏехьалъул 340–378-аб. гьурмазда руго редакциялда хӏалтӏулел рукӏаразул ва газеталде хъвадарулел рукӏаразул 292 чиясул хӏакъалъулъ баянал. Гьелдаса хадуб батула щибаб районалдаса, шагьаралдаса ва хӏатта республика бахун къватӏисаги газеталъул хӏаракатал мухбирзаби рехсараб халатаб сияхӏ. Гьеб буго, щибго гьоркьоб биччачӏого, сундего кӏвар кьун тӏехьалъул авторас гьабураб мухӏканаб ва гъваридаб цӏех-рехалъул хӏасил. Гьелъулъги загьирлъулеб буго гьеб ишалъулъ жиндехунго жавабчилъи П. Пайзулаевасул бугеблъи. Рачӏинин иргадулаб ункъабилеб бутӏаялъул бициналде. Гьелде гьор кьобе унеб буго «Ракӏалдещвеял» абураб тӏел. Сураталгун цадахъ тӏелалде росун руго Ахӏмад Мансуровасул, Асадула Мухӏамаевасул, Мухӏамад Шамхаловасул ва анцӏ-анцӏ цогидалги газеталда хӏалтӏаразул, мухбирзабазул, хи рияб гьоболлъун гьеб лъугьаразул ракӏалдещвеял.
Хадусеб тӏел – кучӏдул. Тӏоцебе лъун буго 1932 соналда хъвараб Цӏадаса Хӏамзатил «Газеталде хитӏаб». Гьелдаса хадубги буго хал къияв шагӏирасул ункъониги кечӏ. Хунзахъа халкъияв шагӏир, гӏемерал соназ нилъер миллияб газеталъул редакторлъун хӏалтӏарав Заид Хӏажиевасул «Гӏагараб газеталде» кочӏолъа дида кутакалда пасихӏаблъун бихьараб байбихьулаб ункъо мухъ лъолеб буго макъалаялда: Къаси рогьиналде кӏудиябги гӏун, Багӏарбакъда цадахъ уна мун бахъун. Щибаб къоялъ цӏиял куркьбалги рижун, Рорхатал мугӏрузде щола мун боржун. Кучӏдузул кӏудияб тӏелалъул тӏарамагъада кьун буго Мухӏамад Гунашевасул «Журналист» абураб кечӏ. Гьеб кочӏол тӏоцебесеб куплет ги кьолеб буго гьаниб: Хӏалтӏулъ бергьаразул хабар бицунев, Хабар дур хӏакъалъулъ къанагӏат буго. Церехъаби реццун калам гьабулев, Каламалда жанив мун дагь вукӏуна. Тӏехьалъул ахиралдехун кьун буго араб гӏасруялъул къоабилел, лъеберабилел соназда цо-цо рагӏаби, идарабазул, географиялъул бакӏазда цӏарал хъвалел рукӏараб къагӏида (гьанжеселде дандеккун). Къокъ го бицани, тӏадехун авторас рехсон бугеб къагӏида баянлъулеб словарь кьун буго ункъо гьумералда. Магӏарул миллияб газеталда хур харабщинаб гьелъул «Заманалъул матӏуялъусан» бихьизабизе авторас хӏаракат бахъун букӏиналъул бицунеб цоги хӏужалъун лъугьун буго кибниги гьечӏеб гӏадинаб гьединаб дандекквеялъулаб словарь гӏуцӏун букӏин. Тӏехьалъул ахиралда 94 гьумералда лъун руго газеталда хӏалтӏарал ва гьанже хӏалтӏулел ругел гӏадамазул суратал. Цоги нухалъ такрар гьабизе бо кьун буго Пайзула Пайзулаевас бахъараб буго цӏакъго къиматаб ва гӏемерго пайдаяб тӏехь. Дицаги ракӏракӏалъ гьарулеб буго хадувккунги гьединал тӏахьал хъвазе гьесие Аллагьас сахлъиги тавпикъги кьегиян.
Мухӏамад МУХӏАМАДОВ, филологиял гӏелмабазул доктор, профессор