Гьал къоязда редакциялде кӏалъан вачӏана Гъуниб районалъул Гьонода росдал бегавул Хӏажиев Мухӏамад. Гьес бицана исана риидал росдал цо авалалда бугеб трансформатор бухӏиялъул хӏакъалъулъ. Гьелъул суал тӏубазе кӏвелародайин анила райцентралде.
— Администрациялда абуна, районалъул токалъул управлениялъул нухмалъулевлъун цӏияв чи тун вугин, гьесде аскӏове айилан. Ана Мухӏамадов Сайпудинихъе. Битӏараб бицани, дирго унти гьесда бицунеб мехалдаги божилъи букӏинчӏо гьес дир мурад тӏубазе батилин абун. Нилъеда бихьулеб бугелъулха, вачӏинахъего дур къваригӏелги тӏубан, мун рази гьавулел хъулухъчагӏи жакъа къанагӏалъун ругеблъи. Цӏияб трансформатор хӏажат бугин абидал, бичӏчӏанин, тӏубалин дур мурадилан рагӏи кьуна Сайпудиница. Нуж бицун божа, нахъисеб къоялъго, бачун цадахъ монтеразул бригадагун вачӏана гьев ва лъуна цӏияб трансформатор. Гьале ункъо сон буго дир бегавуллъун вугелдаса, гьединав инсан вихьунго вукӏинчӏо.
Нижер росдал ва хас гьабун дирго рахъалдасан ракӏ-ракӏалъулаб баркала кьезе бокьун буго гьесие. Росдал гӏумру цебетӏеялъе чара гьечӏого хӏажатал квегӏенлъабазул аслияб лъабго жо босани, токги, лъимги, нухалги ругин абуни, мекъи ккеларо. Токги буго бищун бетӏер унтизабулеб масъала. Битӏахъе гӏиндамес бакъвазабула халкъалъ росулъ ток свани. Гьединлъидал цӏакъ чара гьечӏого хӏажат букӏана трансформатор, — илан бицана М. Хӏажиевас.
Гьесул гьариги тӏубазабун, Сайпудинилгунги бухьен гьабуна нижеца.
— Гӏемераб мех гьечӏо дир гьаб хъулухъалде вачӏаралдаса. Амма гьаниве вачӏараб къоялъго дица диего рагӏи кьуна, метер Аллагьасда цеве щвараб мехалъ, Гьев разилъулеб хӏалалъ гьабизе дидаго тӏадкъараб хӏалтӏи. Бажарулеб бугони духъа Аллагьги, гьес рижарал лъагъзалги рази гьарун, сунца дуе квалквал гьабизе кколеб гьелъие? Гьединлъидал дицаги ракӏбацӏцӏадго тӏубазе хӏаракат бахъулеб буго тӏадкъараб хӏалтӏи. Гьаниве дун вачӏун гӏемераб мех иналде, Гъуниб росулъги букӏана бухӏун трансформатор. Районалъул нухмалъулесул заместитель вукӏана цӏакъ чара бухӏун, гӏагараб заманалда роцӏинабун бажарулареб масъ ала гьеб бугеб гӏадин. Дица гьесда гьикъана кигӏан мехин бугеб дур гьанив хӏалтӏулевилан абун? Микьго сон бугин жаваб кьуна, дир микь го къо бугин абуна дица. Амма метерго гьанибе цӏияб трансформатор бачӏинабулинхаянги бичӏчӏизабуна гьесда. Бачӏинеги гьабуна. Бажаруларин, кӏоларин иш тезе бегьуларо. Гьабизе лъугьани бажарулареб жо букӏунаро. Гӏицӏго рекӏелъ таваккалги, гьабулеб ишалде рокьиги, дагьа-макъаб букӏаниги гъираги букӏине ккола. Гьеб мехалъ кинабго рагӏалде бахъуна, — ян бицана Сайпудиница.
Тӏад квартӏа кӏутӏизе бакӏ гьечӏел рагӏаби гьечӏищха?!
Ашахан ЮСУПОВ