Дагьал церегӏан къоязда Махӏачхъалаялда бугеб Гӏабдурахӏман Данияловасе лъураб памятникалдаса рортун рачӏун рукӏана къанал. Гьеб ургъунго гьабураб иш батизе бегьулин абураб пикруги загьир гьабун, гьелъул хӏакъалъулъ кӏодо гьабун бицунеб букӏана социалиял гьиназдасан.
Амма хӏакъикъат батана тӏубанго батӏияб. МВДялъ тӏибитӏизабураб лъазабиялда абулеб буго, расандулаго школлъималаз кверал хъван, рортарал къанал ругин гьелилан. Аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев Айтемир Сатираев гьеб баяналдаги тӏад рекъолев гьечӏо.
«Цоцазда щакдарилалде, расги гӏайиб гьечӏел чагӏаздехун рокьукълъи бижизабилалде цебе нилъеца гьабулеб иш цин анкьцӏул борцине ккола. Дун ана гьеб памятникалъухъ балагьизе. Цӏадазги гӏазу-цӏералъги тӏубан жагъаллъун батана гьеб – постаментги бюстги. Киса-кирго кьватӏалабазул цӏунги буго гьеб. Заман баялъ ккараб жагъаллъи гуребги, жибго гьабураб къагӏидаги лъикӏаб гьечӏо гьелъул. Гьенир аскӏор руго гӏезегӏан къадруял идараби — шагьаралъул тӏоцебесеб школаги, УВДги, гӏемер рикӏкӏад гьечӏо Культураялъул министерствоги. Амма памятникалде регӏарав чи гьечӏо. Аллагьас хъван батани, авар автономиялъул нухмалъулев хӏисабалда, дунял хинлъараб мехалда дида ракӏалда буго гьеб памятник къачӏазе», — ян бицана «Хӏакъикъат» газеталъе Айтемир Сатираевас.
З. Хӏажиева