РФялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул баяназда рекъон, коронавирусалъул инфекциялъ лъимал гьариялъул ригьалда ругел руччабазегун бихьиназул сахлъиялъе зарал гьабулеб буго. Коронавирусалъ унтарал, лъимаде ругел руччабазул сахлъиялъул цӏех-рехалъул хӏасилалда, гьарурал лъималазул 2,3 проценталда эбелалдаса унти ба- хун батана. Коронавирусалъ унтарал улбулин абуни захӏматаб хӏалалда рукӏана. Унтун хадуб захӏмалъаби раккулел руго 35 сонил ригьалдаса арал руччабазул сахлъиялъулъ, гьединазе лъимер щвеялъул рахъалъ захӏмалъаби рукӏине бегьула. Коронавирусалъ унтичӏезда дандеккун, вирус бахаразул лъимал гьариялъул рахъалъ захӏмалъаби раккиялъул хӏинкъи щуго нухалъ цӏикӏкӏараб буго.

Коронавирусалдаса сах гьарулаго унтарасе гьарурал батӏи-батӏиял дарабаздаса хадуб интоксикация кколеб бугин абураб пикруги буго тох- турзабазул.

Къойилго гӏадин рагӏулел руго коронавирусалъ унтаразул ва хвара- зул хӏакъалъулъ. Кин букӏаниги, нилъедаго бухӏи хъвазегӏан гьеб балагьалъул магӏнаги бичӏчӏуларо. Лъимер гьабизе мех щварал руччабазгицин жамгӏиял бакӏазда маскаби ххолел гьечӏо. Тӏоцебесеб иргаялда жинцаго жийго, хадуб гӏагарлъиялъ ва жамагӏаталъ цӏунизе кколарищ йикӏинесей эбел коронавирусалдаса? Лъимаде ругел, загӏипал руччабазул сахлъи гьеб унтуца кӏвекӏулеб куцалъул ва тохлъукьего бачӏараб унтуца гӏажалалде цӏаялъул хӏакъалъулъ унтараз ва гьезул гӏагарлъиялъ бицараб хӏакъикъат рагьулеб буго гьаб макъалаялда.

Квешал харбал вирусаздасаги захӏмалъула

Гьитӏинай яцгун дандчӏвазе кӏудияб гӏищкъугун ругел Аминатил хъизамалда нахъа букӏун буго кӏудияб балагь. Аминатица лъимер гьабизе жеги моцӏ хутӏун букӏана. Сахлъиялъул рахъалъ цо-цо гӏисинал захӏмалъаби сабаблъун гьей больницаялда егизаюн йикӏана. Кколеб даруги гьабун, кватӏичӏого рокъое йиччазеян йикӏарай Аминатил тохлъукьего цӏа-кан бахана. Больницаялда баханин гьелде коронавирусин абулеб буго гӏагарлъиялъ. Коронавирусалдаса сах гьайизеян цогидаб больницаялде ячана. Коронавирусалъ унтун йигин лъаралдаса нахъе Аминатил рекӏелъе хӏинкъи лъугьана. Моцӏалъ цебе коронавирусалъ унтун хварай, гьейгун гӏелбащадай гьалмагъ цее тӏамуна. Гьелдаги Аминат букӏана цӏар. Гьейги лъимер гьабизе мех щун йикӏана. Лъимергӏаги хвасар гьабеян гьарулеб букӏана гьалмагъалъул гӏагарлъиялъ. Амма тохтурзабаз гьеб жавабчилъи тӏаде босичӏо. Чехь ссун лъимер хвасар гьабуниги, операциялъул столалдаго холин нужер ясин тохтурзабаз абурал рагӏабиги рекӏелъ къан, лъимадул гӏумруялъе гӏоло рагӏицин абичӏо Аминатил эбелалъ. Гӏагарлъиялъулги яс сахлъизе бегьулин абураб хьул букӏаралъул. Гьалмагъго гӏадин, жийги хвелин хӏинкъиялъул асаралда гъоркь йикӏарай Аминат, 22 сонил ригьалда йигей ва лъимер гьабизе мех щварай гӏолилайги квешго унтидал, тӏадеги хӏал хисун лъугьана. Палатаялдаса нахъе ячун уней гӏолилай лъавуда йикӏинчӏо. Аминатида гьейги хванин ракӏалде ккана ва тӏокӏалъ гьелъул хӏинкъи гӏодобцинабизе кӏвечӏо. Палатаялъуса ячун арай реанимациялда чанго къоги бан лъавуде ячӏана ва жиндирго лъимадуе гӏумруги кьун абадиялъго къанщана. Аминатин абуни гьеб заманалда реанимациялда йикӏана. Больницаялда къойилго гӏадин хвалил хӏакъалъулъ рагӏулел харбазги гьелъул рекӏее рахӏат течӏо. Гьелъул ракӏ гӏодобе биччазабизе, аскӏое эбелгӏаги йиччалей йикӏарайани, ургъел бигьалъилаан букӏараб. Цо къоялъ эбел аскӏое щвараб мехалдаги гьей гӏезегӏан гӏодое йиччан йикӏана.

Эбелалъ гӏемер гьарана Аминатие ракӏ батулеб рагӏи абизегӏаги, гьелъул квералда квер бахъизегӏаги гьелда аскӏое йиччаян абун. Тохтурзабаз изну кьечӏо. Лъимадуе бегьунгутӏиялъухъ балагьичӏого, Аминат коронавирусалдаса хвасар гьайиялъе, кколеб къагӏидаялда киналниги дараби гьарулел рукӏана. Лъабго къоги реанимациялда бан, ургьиб лъимергун рухӏ босана Аминатил. Рокъоб хутӏараб кӏиябго лъимерги махӏрумлъана эбелалъул хинлъиялдаса. Лъимаде йигеб мехалда би жеги цӏикӏкӏун бакъвалъулин абула. Коронавирусалъин абуни гьеб жеги бакъвазабулеб буго. Тромб тӏун бугин гьелъулин абуна тохтурзабаз. Реанимациялда егизаюн йикӏинчӏейани гьей чӏаго хутӏизеги бегьулаанин ракӏунтун бицунеб букӏана Аминатил гӏагарлъиялъ. Кислородалъул маска ххун хадуб гьелъул къуват хӏехьезе кӏвечӏого хванин ясин рикӏкӏунеб буго гьез. Аппараталъ кьолеб бацӏцӏадаб гьава цӏазе гьуърузул хӏал гӏун батиларин абурал пикрабиги рукӏана гьезул. Аминат хун хадуб, гьелъул эбелги унтана коронавирусалъ. Больницаялде ккечӏеб хӏалалъ захӏматгоги йикӏинчӏо. Рокъобго гьабуна дару. Тесталдалъун унти бугищали хал гьабидал, гьебги батичӏо. Гӏемерисел унтаразул тестаздалъун гьарурал анализазда рекъон, коронавирус гьечӏин абуниги, гьелъул гӏаламатал ратулел руго.

Божилъиялъеги заман къваригӏуна Лъимер ургьиб бугезеги вакцина гьабизе кколин абула. Вакцина гьабун букӏарабани, Аминат ва гьейго гӏадал лъимаде ругел руччаби хвалдаса ва унтудаса цӏунизе рес букӏанадай абураб пикру бачӏуна ботӏролъе. Аминатил гӏагарай гӏадан Сагӏидатица бицана гьелъул жидецаги пикру гьабулаанин.

— Нижер яс унтиги хвейги Аллагьасул къадар буго. Вакцинаялдаса хадубги гьеб унти бахинчӏого букӏинин яги вакцинаялъ кинаб хӏасил кьелебалиги лъаларелъул. Вакцинаялъ хадубккунги кинабгӏаги захӏмалъи кьелин хӏинкъулел руго. Ургьиб бугеб лъимадуе зарал ккелинги хӏинкъулел руго. Гьелъул хӏакъалъулъ чӏванкъотӏараб рагӏи абизе кӏоларо. Байбихьуда абулаан вакцина лъимаде ругезе, ракӏ унтаразе ва цогидалги унтаби ругезе бегьуларин. Гьанже гьезиеги бегьулин бицуна. Вакцина гьабизе хӏинкъулел руго цо-цо дарабазде аллергия букӏиналъ. Байбихьуда аллергия бугев чиясеги гьукъун букӏана прививка гьабизе, гьанжейин абуни гьелъулги халцин гьабулеб гьечӏо. Ункъабилеб да- ражаялъул онкология бугев чиясе хутӏизегӏан киназего гьабизе бегьулин прививкаян абулеб буго тохтурзабаз. Прививка гьабизеян араб бакӏалда дица цӏехана пуланал дарабазде ва кванде дир аллергия бугин, нагагь коронавирусалде данде прививка гьабулаго гьелда гъорлъ бугеб щибгӏаги жо данде ккечӏони, щиб гьабилебин абун. Жидеда лъазабун бугин ункъабилеб даражаялъул онкологияб унти бугезе хутӏизегӏан, киназего вакцина гьабеян абун, дур аллергия батаниги жидее батӏалъи гьечӏин абуна прививкаби гьарулеб пункталда. Гьел рагӏабаздаса хадуй дунги кьурун нахъ юссана гьезул кабинеталъуса. Аллергия бугей ункъгӏалалъеги гьабуна вакцина, тӏоцебесеб компоненталдаса хадуб гьелъие квеш лъугьана. Дуе гьеб дандеккечӏин абун кӏиабилеб компонент гьабичӏого тана тохтурзабаз. Хадуб, заманалдасан гьелъ Спутник-лайт вакцина гьабуна. Гьелде данде аллергияги баккичӏо. Аллергия гьелъ дагьго кьолинги абула.

Коронавирус бахинчӏев чи хутӏун ватиларо

Коронавирус тӏибитӏаралдаса нахъе гьеб унти киназдего бахун батила. Дунги коронавирусалъ захӏматго унтана. Больницаялда егун хадуб, кӏиго къоялдасан нижер рокъоселги унтизе лъугьана. Бетӏергьанчиясул дагьабго мехалъ цӏа-кан бахана ва бигьаго сахлъана. Лъималги больницаялда регизе ккечӏого сахлъана. Хӏалтӏуда цоцадаса вирус бахун ниж чангоял унтун рукӏана. Цадахъ хӏалтӏулей коронавирусалъ унтун больницаялде ккана. Анкьидасан дирги цӏа-кан бахун гӏодобе ккезабизе кӏвечӏого больницаялда егизаюна. Хадуб лъабго къоялдасан цогидалги унтана. Больницаялдаса рокъое йиччан хадубги рухӏ бачӏунарого, черх рукӏалиде кколарого гӏемераб заман бана. Больницаялдаса рокъое йиччараб къоялъ, тохтурас рокъоб гьекъезе лъикӏабин абураб даруялда хадуй аптекаялде унаго, бохдул рахъизе кӏоларого йикӏана. Дихъ гӏенеккулелго гьечӏин бохдулин кколаан. Больницаялда ругеб мехалда гьедигӏан захӏматго букӏунароан. Бацӏцӏадаб гьава бугеб бакӏалде щведал, галаби росизецин захӏмалъана. Гьеб унтудаса сахлъун хадубги ракӏалда щибго жо чӏезабизе захӏмалъула. Цӏеда лъураб хьаггицин кӏочон тун батулаан. Байбихьуда хӏалтӏудаги цӏакъ захӏмат букӏунаан. Хехго свакалаан. Цо хӏалтӏуде пикру буссинабун бажарулароан. Гриппалъ унтун хадуб гьединал захӏмалъаби кидагӏаги дандчӏван рукӏинчӏо. Гьале лъагӏел свераниги жеги чорхол хӏал рукӏалиде бачӏун гьечӏо. Рищалаби унтула мех-мехалда. Дир гьадингоги бакъваяб би букӏана. Коронавирусалъин абуни гьеб жеги бакъвалъизе гьабуна. Хӏухьел цӏазе захӏмат букӏана. Нижер хъизамалъулго буго ракӏалъулгун сосудазул унтаби, би бакъвалъи. Мех-мехалдаса кверал ва хӏатӏал цӏулгӏала. Бащдаб лъагӏалицагӏаги рас хӏулулеб чӏечӏо. Коронавирус бахиналде цебеги мех-мехалъ рищалаби унтулаан дир. Больницаялдаса нахъе йиччалелъулги тохтуралъ абун букӏана рищалаби сах гьаризе, лъедезе кколин абун. Гьелдаса хадуб гӏезегӏанго мадарги лъугьана.

П. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА