Тӏаде щолеб буго дир бабал байрам. Киналго улбузул гьайбатаб байрам. Гьелда цересел лахӏзатаз бокьун буго лъимерлъиялде нахъ юссине, дагьайго гогьдаризе. Эбелалъул хӏакъалъулъ хъвазе. Гьейгун гаргадизе. Лъимерлъиялъул иццухъ кӏалги чӏван, гӏорцӏизегӏан дирго пикраби гьекъезе. Лъимерлъиялъул пикраби. Гьез роцӏинабула чӏунтун ине теларилан дун лъугьун йигеб ракӏги, гьелъул чӏвабзаз рачунел хӏасратал сариназухъ гӏенеккидал, кьурдизегицин гьесарилей йиго. Гьитӏинлъилин цо лахӏзаталъ – бокьун буго лъимерлъиялъул маргьадалъе лъутизе ва дирго гӏелалъул гӏадамаздеги лъималилан ахӏизе. Биччанте гьеб лахӏзаталъ дидаго цадахъ гьитӏинлъизе дир гӏумруги, гӏумруялъул соналги, соназул чӏумазда рарал маржаназул цӏалги… Гьале дун – гьитӏинай Шамай. Дун гаргалей йиго дунго гӏадал лъималазда.
Бабал бакъги дадал цӏаги
Лъимал! Бицинищ нужее дир бабал бакъалъул къиса. Гӏенекке цо лахӏзаталъ.
Унго-унголъунги цо гьелъул берцинлъи. Рогьалилъ дир гордадаги кӏетӏола гьеб, цинги гьуинаб макьида кьижун йигей дида лъурлъудула. Гьеб бачӏуна дихъе, цадахъ бабал убачги бачун. Цинги гьелъ дун еэдун толей куцха! Убачалъе хӏалае заманалдасан бабал хӏеренал квералги рачӏуна. Огьо-гьой! Недегьго гьез дун гогьдаризаюн толей куцха!
Гьале тӏаде щвана бабал гьимиги.
— Дир дару дарман, — иланги абун, гьеб гьимиялъ дун йосун хъахӏил зодихъ дирго цӏваялда аскӏой лъола. Гьенисан дун бабал беразда цадахъ дунялалъухъ гӏащикъго ялагьула. Бабаца, жиндирго балагьиялъул кумекалдалъун, жиндирго квераз дир гӏисинал квералги ккун, жиндирго гьимиялъул сариназул бакъназухъе нухарегӏула дун кӏудияб талихӏалде данде. Гьенибги дие бабал бакъалъ кьола анкькьераб нуралъулаб кунчӏи.
Дир бабал бакъалъул буго лъабго чӏор, цоялдаса цояб гвангъараб ва кунчӏараб.
Тӏоцебесеб чӏоралъ жиндирго къиса сайгъат гьабулеб буго дие, хъизамалда кӏудияй ясалъе. Кӏиабилеб чӏоралъе гьелъ цӏар кьун буго кӏудияв васасул. Лъабабилеб чӏорги – гьитӏинав вац. Бабаеги дадаеги нилъ цохӏо хӏалалда рокьула. Гьезул бакъул чӏоразулги цӏадул мацӏазулги щибалъул буго жиндирго къисаги къисматги. Гьез гӏажаибго гьайбатал расенал угьулел рукӏуна щибаб лахӏзаталъ дадалги бабалги гӏумруялда.
Буго бабал бакъалъе хинлъиги гвангъиги кьолеб цоги чӏорги. Гьеб буго бабал бакъ цӏунизе Тӏадегӏанас гьелъие битӏараб хӏикматаб чӏор. Гьелъие цӏарги кьун буго инсул. Гьев ккола дир дарманав дада. Гьес нижер хъизамалъул гъасда бакун буго даимаб цӏа. Гьев ккола гьеб цӏадул кӏудияб мацӏлъунги. Гьеб цӏадул хӏенхӏаллъун руго нижги, дадал цӏаялъги бабал бакъалъги цӏунарал, гьезул гӏумруялда накъиш угьарал хӏурулгӏинзаби.
Лъимал! Лъала – нужер щивасулги буго бабал бакъги дадал цӏаги. Цӏуне гьел. Гьел ругебгӏан мехалъ, талихӏ нилъеда аскӏоса кибениги кьуруларо. Гьел бакъул чӏораз нилъеда аскӏоса хъамула чӏегӏерал накӏкӏалги, сурукъал ишалги, квешал гӏадамалги. Бабал бакъалда гъорлъ буго нилъер щивасул гӏумруялъул чӏор. Гьелъул хинлъиги, гвангъиги, роцӏенги – гьеле бабал бакъалъулги дадал цӏаялъулги аслияб. Щибаб бакъалъулги щибаб цӏаялъулги буго жиндирго къиса. Дир бабада цӏар буго Хӏалимат. Берцинаб цӏар гьечӏищха, лъимал? Дадада цӏарги Расул буго.
Бабал бакъги дадал цӏаги!
Гьез нухарегӏизе йиго дун цогидаб, батӏияб дунялалде. Гьел даим дунгун рукӏине руго, дир гӏумруялъул нухалги къалъизарулаго, дир къисматалъе хинлъиги кьолаго… Лъан букӏаха, лъимал, гьезул кунчӏи бараб буго нилъеда. Нилъецалъидал гьезие тӏад буссинабизе кколеб берцинаб кьералъулги гьуинаб махӏалъулги талихӏ…
Эбелалъул кечӏ
Лъимал! Лъалищ нужеда дунялалдаго бищунго берцинаб кечӏ кинабали? Нужеда киназдагоги лъала гьеб. Гьеб буго эбелалъул кечӏ. Тӏоцебе гьеб нилъеда рагӏула кинидахъ. Гьеб кочӏохъ гӏенеккараб лъимада кӏочон тола жиндирго «къварилъаби». Гӏодиги тола гьелъ, кинабго бичӏчӏулеб бугеб гӏадин, сихӏкъотӏунги чӏола. Гьеб кечӏ ккола нилъер гӏумруялъул аслу. Дахӏабабаца гӏемер бицуна бахьикъосарав вас лъугьани яги малъараб гьабуларей яс лъугьани, абулила эбелалъул кинидахъ кечӏ рагӏун батуларин гьездайилан.
Цинги цӏидасанги боржуна бабал кечӏ нилъехъе. Гьелъ гьеб ахӏула, нилъер гьурмада гьими бихьидал. Бабал кечӏ бохула, нилъер релъи рагӏун. Гьеб белъула, нилъер, лъималазул, талихӏалда къвалги бан. Гьеб гӏодула, нилъер магӏуялда убачалги гьарулаго.
Лъимал! Щибха нилъеца гьабизе кколеб, бабал кечӏ кидаго кьурдулеб букӏине ккани?
Тӏоцебесеб иргаялда, гьелъ малъараб гьабизе ккола нилъеца. Гьезул макьил рахӏатги цӏунизе тӏадаб буго нилъеда.
Бабал кечӏалъулги саринал батӏиял рукӏуна, хъизамалъул хӏубилъунги ракӏлъунги кколев дадал кьвариги, къвакӏиги, къамартӏлъиги хьолбохъ ругони.
Рачӏа, лъимал, цӏунизе нилъерго хъизамалъул гъасда бабал бакъги кечӏги, дадал цӏаги, нилъехъ урхъун бугеб талихӏги.
Эбелалъул ццин
Лъимал! Унго-унголъунги, дир бабал букӏунеб берцинаб ццин. Ахӏдолейго ахӏдолей йикӏуна гьей, хӏалицаго ккун релъиги букӏуна. Гьеб лахӏзаталъ бабал ццингицин белъанхъулеб букӏуна. Цо-цо мехалда дида ккола, ццинилан цӏар букӏаниги, гьеб гьезего гьечӏин гьелъулилан. Батанигицин, гьеб буго цӏакъго цӏакъ хӏеренаб.
Гьелъгицин нилъер гӏумруялда рахъулел хӏикматал накъишал!
Дида лъала киналго улбузул ццин цохӏо кьералъул букӏунеблъи. Гьеб релълъуна цӏадалдаса хадуб зодихъ рещтӏараб нуралда.
Гьаб кинабго данде гьабуни, лъугьуна хъизамалъул квацӏи. Гьеб бечӏазе тезе бегьуларо нилъеца. Рачӏа цадахъ хӏалтӏизе, хӏурматиял лъимал! Даимаб рецц хъизамалъул квацӏиялъе.
Эбелалъул кверал
Лъимал! Чӏвалеб гьечӏищ нужеда эбелалъул кверазул тӏагӏамаб махӏ? Дицайин абуни, дирго квераз гьалъул квералги ккун, свери бахъулеб буго лъимерлъиялъул авлахъалда.
Гьале уней йиго эбелгун цадахъ, хурие, ссандаса бецараб харил магьал цӏезе. Гьалеха дир магьги, дунялалда бищун хӏеренал квераз цӏун кьураб – киса-кибего – дурусаб, узданаб. Квегӏисан, кваранисан раккарал тӏугьдулги. Эбелалъ, дир магь берцинлъизе, магьида гьоркьор лъурал тӏугьдузул квацӏаби. Доб мехалда гьезул берцинлъиялдаса лазат босизе гӏакълу букӏинчӏо. Гьанже гьел тӏугьдузул махӏалъул бухӏиялъ лъалъалел руго лъимерлъиялъул ракӏалдещвеял.
Их магӏаруллъиялъул кавуда кӏутӏидал, «Гӏалагӏарт» майданалде тира-сверизеги рахъунаан ниж. Гьелъулги букӏана цо хасаб магӏна. Гьеб заманалда магӏарухъ жеги гӏазу биун букӏунаро. Гӏазукьан къватӏире раккун рачӏине хӏаракат бахъулел дерец тӏугьдуз берцин гьабун букӏуна майдан. Аби гьечӏищха, тӏоцебе дерец бихьарав гьеб соналда бищун талихӏав вукӏунилан абураб. Амма дида гьеб лъицаниги кибниги абулеб рагӏичӏо тӏокӏалъ. Гьебги букӏун батила цохӏо йигей ясалъе талихӏ балагьулей йигей эбелалъ жинцаго ургъараб жо. Жиндаго бихьараб тӏегьги дида бихьанилан чӏолаан гьей. Гӏазукьа дерец эркен гьабулаго, дир кверал квачалилан хӏинкъун, жиндирго квераз тӏолаан гьелъ дерец, Тӏадегӏанасда дие талихӏги гьарун. Гьел квераз бахъанщинаб хӏаракат, дир гӏумру буцӏцӏине…
Эбелалъул талихӏ. Эбелалъул ракӏ. Эбелалъул гьими. Эбелалъул магӏу…
Кинабго лъималазул кодоб…
Гьалеха цӏидасанги нахъ юссуней йиго лъимерлъиялъул улкаялдаса. Ва цӏидасанги ракӏалде щвана цо гьадинаб лъугьа-бахъинги. Мунагьал чураяв инсул хабаде щвезе рузман къояз дунги унаан эбелалда цадахъ. Цо нухалда хабзалалъ нижеда ятана нижерго гӏагарай, гьабсагӏаталда дир бугеб ригьалъул гӏадан. Некӏого хварай эбелалъул зонода къвалги бан, гӏодулей йигоан гьей. Цинги дица эбелалда абуна гьагъалъегӏаги эбел щайдайилан. Гьеб дуда жеги бичӏчӏуларинги абун, гъолде аскӏоеги ун, гьейги гӏодана. Гьанже бичӏчӏулеб буго дида дой гӏаданалъул магӏил багьа… Улбузухъ тӏолеб бугеб магӏил бакӏлъиги бухӏиги…
Шамай ХЪАЗАНБИЕВА