«Яхӏ гьечӏел майнераз исана сон байбихьаралдаса Дагъистаналда бикъун буго токалъул 41 млн. кВт/ч. Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Гъуниб ГЭСалъ хӏадурулеб электроэнергиялда бащадаб къадар ккола гьеб. Гьадингоги больницабаздегун ясли-ахазде, школазде кьезе ток гӏоларого ругеб мехалда, цо хасал чагӏаз жидеего тӏокӏ гьабулеб буго жамагӏаталъул хазиналъун кколел ресурсал». Гьедин лъазабуна ТЭКалъул рахъалъ идарабазда гьоркьоб гӏуцӏараб комиссиялъул данделъиялда.
Магӏишат гьабиялъул цӏияб къагӏида баккун буго Дагъистаналда. Гьелда цӏарги ккола майнинг, ай токги бикъун, криптовалюта (электронияб гӏарац) гьабулеб къагӏида. Гьеб ток бикъизе къайи-къоно лъураб бакӏалдаги майнинг-фермайилан абула.
Гьеб рахъалъ нилъер республика СКФОялда тӏоцебесеб бакӏалде бачӏун буго. Щайгурелъул исана араб анцӏго моцӏида жаниб тӏатинабун буго Махӏачхъалаялда, Сулейман-Стӏал, Гъарабудагъкент, Мухӏарамкент, Буйнакск, Лаваша ва цогидал районазда лъураб 19 майнинг-ферма. Гьез бикъун буго 98 млн гъурщиде ток.
Гьалщинал ГЭСал ругеб республикаялда зама-заманалдасан росабалъги шагьараздаги ток ссунеб къагӏида бичӏчӏуларого рукӏуна гӏадамал. Майнинг-цӏогьаз ток бикъулеб букӏиналъул хӏасил букӏинеги рес буго гьеб.
Цӏогь гьабиялъул цӏияб къагӏида бугелъул, Россиялда жеги рагӏа-ракьанде щун ургъун гьечӏо майнинг-чагӏазе гьабулеб тамихӏ. Амма гьеб гьабизе бегьула ток бикъарал чагӏазда тӏад лъолеб гӏакӏа хӏисабалда яги кӏиго соналъ туснахъалда тӏами гӏадин.
Чанго къоялъ цебе Шамилхъалаялда батана рехун тараб бакӏалда жаниб лъураб токалъул къайи. Унсоколо райадминистрациялдаса щварал баяназда рекъон, гьеб бакӏ ккола майнинг-ферма. Къотӏун руго гьенире рачун рукӏарал токалъул кваралги, гьединго гьелъул бетӏергьан щивали лъазабизе гьабулеб буго цӏех-рехги.
Гьединаб лъабго ферма Болъихъ росдал рагӏалдаги батана. Гьеб районалъул администрациялдаса щварал баяназда рекъон, гьелъул бетӏергьан Дахадаев районалдаса чи вукӏиналда щаклъи ккун буго цӏех-рехчагӏазул. Амма Болъихъаго чиясул кумек гьечӏого, чияр районалдеги вачӏун, жинцаго гьединаб цӏогь гьабизе лъугьинароанин гьев абураб пикруги буго администрациялъул хӏалтӏухъабазул.
«Энергосбыталъул» Болъихъ районалда бугеб отделалъул начальник Тулпар Рамазановас бицана Дахадаев районалдаса чияс Болъихъ ижараялъе ракьги босун, цебе шлакоблокал гьарулел рукӏараб цехалда жанир лъун ратанила майнингал. Амма гьеб бакӏалъул хважаинас абулеб бугила жинда гьеб лъалароанин абун. Гьениб бухӏараб токалъухъ гӏарацги босулеб букӏун буго шлакоблокал режулеб мехалдаго гьениб лъураб счетчикалда рекъон.
«Цо ферма хӏалтӏун буго анкьалъ. Гьениб бухӏун батана 140 азарго гъурщиде ток. Лъабго къоялъ гурони хӏалтӏичӏеб цогидаб фермаялда бухӏун буго 36 азарго гъурщиде ток. Битӏун бицани, бухӏараб токалъухъ гӏарац кьолеб бугони, гьеб цӏогьлъун рикӏкӏине бегьуларо. Нижее гӏезегӏан хайир щолев клиент ккола гьев. Амма ток бикъулеб бугони, гьеб батӏияб жо буго. Бикъун батаниги, счетчикалъухъги хал гьабун, гьеб бецӏизеги тӏамулелъул гьел.
Гьединго нижеда дандги бан лъолел ругони майнинг-фермаби, гӏадамаз гӏумру гьабулел бакӏаздаса рикӏкӏад лъеян абилаан. Гурони, гьез токалъул кваразде хӏалккезабизе бегьула. Жидерго фидерги трансформаторги лъуни, гьез хӏалтӏизабизе бегьула жидеего къваригӏарабгӏан электроэнергия. Гьелъухъ энергетиказе лъикӏаб гӏарацги щола», -ян бицана Т. Рамазановас.
«Россетазул» хӏалтӏухъабазги бицана майнинг-фермаби рагьулел чагӏаз, пачалихъалъе букӏине кколеб магъалоги кьун, гьеб хӏалтӏи тӏатун гьабулебани, бюджеталъе гӏезегӏан хайир ккелаанин абун.