Анлъабилеб декабралда «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялде рачӏун рукӏана республикаялъул почалъул хъулухъалъул нухмалъулев (УФПС) Махӏач Мухӏамадовги гьесул заместитель Ангелина Акбулатоваги.

Миллиял мацӏазда риччалел газетазе гьабулеб подпискаялъул къадар цӏакъго гӏодобе ккун букӏиналда бан, гьелда сверухъ гьабсагӏат бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ бицине рачӏун рукӏана гьел.

Мисалалъе босани, миллионалдасаги цӏикӏкӏун чи вугеб магӏарулазул аслияб басма — «Хӏакъикъат» газеталъе гьабсагӏат гьабураб подписка бахун гьечӏо 1000 экземпляралдецин. Гьеб цӏикӏкӏиналъе щиб гьабизе бегьулеб? Кинал ресал ругел жакъа гьелъие? Гӏага-шагарго гьединаб магӏнаялъул суалал дандрана редакциялда букӏараб данделъиялда.

Гьабсагӏаталда подпискаялда сверухъ лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ бицана бетӏерав редакторасул ишал тӏуралев Зикрула Ильясовас.

Хӏакъикъаталдаги цӏакъ хъарцинаб хӏал рещтӏун бугин жакъа миллиял газетаздеян абуна почалъул нухмалъулесул заместитель Ангелина Акбулатовалъ.

-Гаджетазги социалиял гьиназги махсараде ккун, щибаб секундалда гьениб цӏилъулеб информациялде гӏейги гьабун чӏани, бищунго бергьунин жалин ккун батани жакъа гӏемерисезда, гьел мекъи руго.

Амма дица кигӏан церетӏурал IT-технологиязухъ хисиларо бухӏилаго, хинлъилаго бачӏунеб цӏияб газеталдаса букӏунеб махӏги, гьениб хъвараб—таралъ гьабулеб асарги.

Балъгояб жо гуро, газетазул подписка цӏикӏкӏанагӏан, лъикӏлъула нижер хъулухъалъул материалиябгун техникияб базаги, цӏикӏкӏуна щолеб хайирги, хӏалтӏухъабазул моцӏрол харжалги. Гьединлъидал нилъее кӏиязего гӏахьалаб къварилъи буго жакъа газеталъул подписка нахъеккун букӏин. Гьеб борхизаби буго кӏиязулго гӏаммаб масъала, ай газеталъулги почалъулги хӏалтӏухъабазул.

Гьеб бакӏалда УФПСалъул вакилзабазе суал кьуна газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаевас -цо газеталъе гьабураб подпискаялдаса нужее щолеб хайирги редакциялъе щолелдаса цӏикӏкӏун букӏаго, щайин ресал ратуларел почтальоназе харжал цӏикӏкӏинаризеян.

Газетал жиндир заманалда щай гӏадамазухъе щвезаруларелин гьикъидал, росабалъ ругел почалъул хӏалтӏухъабаз абула 4000 гъурущ моцӏрол харжги букӏаго, щивав чисухъе рокъоре хьвадизе жидерги гъира букӏунарилан.

Гьелъие жаваб кьуна республикаялъул почалъул хъулухъалъул нухмалъулев Махӏач Мухӏамадовас.

-Поч бикьулел чагӏазе харжал цӏикӏкӏинаризе тӏоцебе бокьарав чи вуго дунги. Амма нижер «кверал рухьун ругин» абизе бегьила Дагъистаналъул почалъул хъулухъ РФялъул УФПСалъул филиал букӏиналъ. Москваялъ гьабураб гурони, нижго лъикӏал лъугьун цониги хӏукму къотӏизе ихтиярги нижер гьечӏо.

Битӏараб буго, цӏакъго мукъсанаб гурони щоларо жакъа поч бикьулел чагӏазе моцӏалъе харж. Захӏматал шартӏазда хӏалтӏизе кколел руго гьел, гьелде тӏаде рикӏкӏадал магӏарул росабалъ почалъул минаби руго басралъун, къадал руго загӏиплъун. Гьениб гьечӏо хӏажатаб къайи—цӏа, сурсат ва цогидабги. Гьеб кинабго рукӏалиде бачӏинабизе ккани, миллионалцин гуреб, миллиардал гӏарац хӏажалъула. Кинабго бан хутӏун буго гӏарцул сурсаталда.

Нужеда кколеб батани, дун радалиса хӏалтӏудеги вилълъун, рихьдае хъулухъги тӏубазабун, гӏарацги босун вугилан, гьечӏо, гьудулзаби. Гӏемераб жавабчилъи буго дида тӏадеги бегун. Щибаб къоялъин абиларо, амма гьоркьоса къотӏичӏого тӏоритӏула данделъаби, бичӏчӏизабула щивасда, подпискаялъул иш роцӏинабизе нилъеца гъеж гуризе кколин, гьеб бугин нилъерги газета гьабулел чагӏазулги гӏаммаб хинкӏ. Кӏвараб яхӏ бахъулеб буго нижецаги, амма гьеб хӏаракаталъул хӏасил цо нилъ рохилеб гӏадаб гьечӏоха. Бичӏчӏизабизе къваригӏун буго гӏадамазда, миллияб газеталъул къадар гӏодобе ккани, гьелъул иш лъугӏулеблъи, букӏинесеб гьелъул гьечӏеблъи. Гьелдаго цадахъ нилъер гӏаммаб маданияталъулги, рахьдал мацӏалъулги, адабияталъулги букӏинесеб ракьулъ тӏупулеблъи.

Миллияб газета кидаго букӏана гӏун бачӏунеб гӏелалъе нилъер эбелаб рахьдал мацӏалъул пасихӏлъиги гъварилъиги тӏокӏкӏун рагьулеб иццлъун. Миллиял мацӏазда рахъулел цогидал басмабазда цадахъ газеталъ кидаго борхана кӏвар бугеб масъала: гӏун бачӏунеб гӏелалъе нилъерго болмацӏ цӏунизе, гьеб бечед гьабизе. Жакъа газета цӏалулев чи щив вукӏуневинги абун, тӏаса—масаго, ургъичӏого гьабураб каламалъ нилъее зарал гьабизе буго. Гьединлъидал кӏвараб яхӏ бахъизе ккола нилъеца, -ян абуна Махӏач Мухӏамадовас.

Гьединаб букӏана итни къоялъ редакциялда тӏобитӏараб данделъи.

Подпискаялъул компания лъугӏула гьаб моцӏрол ахиралда, 28 декабралда. Гьединлъидал редакциялъул хӏалтӏухъабаз ахӏи балеб буго миллатцоязде.

Хъвай нилъерго гӏагараб ва рекӏел гьудуллъун кидаго букӏараб басма «Хӏакъикъат»!

Нусго соналдаса цӏикӏкӏун тарих нахъа тараб газеталдехун гьадинаб агъаз гьечӏеб бербалагьи букӏине бегьиларо. Бащдаб лъагӏалие газета хъваралъухъ унеб анлънусгоялде гӏагарун гъурущ, жакъасеб роценалда рекъон балагьани, кӏудияб жо гуро. Нужго гьеб цӏализе гьедигӏанго кӏвахӏаллъунги чӏухӏунги ратани, хъвалесе сайигъатлъун букӏинегӏаги гьабе подписка. Гьабе нужецаги гьединаб сайигъат.

Цӏакъ къадру бугел умумул рукӏана нилъер. Гьез тӏаса мицӏир камизе течӏого, камил гьабун, нахъе цӏунун щвана нилъехъе рахьдал мацӏ, болмацӏ. Болмацӏалда гьарурал кучӏдул ахӏана некӏо бертабалъги, гьеб мацӏалда гьабураб шигӏру щурулаан инсуца тӏоцеве гьавурав васасде, кинидахъ гьеб мацӏалда ахӏарал кучӏдуз ахх бачана дуеги дур эбел—инсуеги.

Гьеб мацӏ цӏунулеб вакиллъун, божарав гьобол—гьудуллъун букӏана жакъа къоялде щвезегӏанги гьабсагӏат дуца кодоб ккун бугеб магӏарул газета. Гьалдаса хадубги, дуцаги цогидазги гьеб гьединго кодоб кквезе бокьун буго нижее.

Газеталде мугъ рехун нилъ чӏани, миллаталъул аслу билула, лъималазда магӏарул мацӏ тӏубанго кӏочона. Магӏаруллъиялъул махӏги рухӏги хьуцӏилъе тӏагӏун иналда хӏинкъи буго гьеб мехалъ. Гьебищха нилъер киназулго мурад букӏараб!?