Кечӏ дихъе бачӏана эмен къанщидал,
Къвал цӏун ургъелазул гьиралги раччун.
Дида аскӏоб чӏана, эбел холелъул,
Чвахун унеб магӏил гӏор тӏобитӏизе.
Кечӏ дихъе бачӏана кинида лъураб
Лъимералде тӏаде къулараб мехалъ.
Къваридал, пашманал, гӏумру бигъарал,
Гӏадамаца асар гьабураб мехалъ.
Залму Батирова. Магӏарул шагӏир. Гьелъул сариназул тӏамуралъ бачунеб бакъан щивасул рекӏелъе бортула. Бокьула, кинабгоги кӏочон тун, гьелъул чвахиялъухъ гӏенеккизе. Гьенисан рагӏула Махӏмудил хӏасратал, пашманал кочӏол бакънал, цее тӏамула гӏашикъго гьел бакъназухъ гӏенеккарай Муи, бихьула Хӏажимурадил бахӏарчияб тӏабигӏатги. Залмуца жиндирго асаразулъ цӏалдолезе рагьула унго-унгояй магӏарулалъул жанисеб дунялалъул цо-цо балъголъаби. Шагӏиралъул ракӏ унтун буго Дагъистаналъул къисматалда ва жакъасеб къоялъ дандчӏвалел ругел гӏузрабаздаги гӏунгутӏабаздаги.
Залму Батировалъул асараз жакъа кьерхараб дунялалда халкъалъе кьола гвангъиги кунчӏиги. Гьелъул сариназул чвахело чвахулеб буго магӏарул халкъалъухъе ва гьезиеги гьеб буго гьекъон къеч хьвалареб лъимлъун.
Лъабабилеб декабралда Залмуца жиндирго творчество бокьулел нахъеги данде гьаруна нилъер миллияб гъасда -Авар театралда.
Тадбир рагьана Авар театралъул артистаз. Гьез цӏалана Залму Батировалде гьарурал кучӏдул.
Цинги цее ячӏана Залму. Жиндир кочӏол гъасде гьоболлъухъ рачӏаразе саламги кьун, гьелъ гьабуна гьадинаб калам:
-Хириял магӏарулал! Нужехъе ячӏунаго, дица нахъа тана халатаб гӏумрудул нух. Дун йиго рагъул соназул лъимер. Дир букӏана пашманаб ва захӏматаб лъимерлъи. Росулъ магӏирукъ гурого, бертин букӏинчӏо, къватӏал цӏун рукӏана чӏегӏер барал улбузги лъудбузги ва бесдалго хутӏарал лъималаз. Хадуб —бица белъараб, магӏица чурараб бергьенлъи. Бергьенлъи щвараб къоялъги гӏодулел гӏемер рукӏана рохулездаса. Хадуб школа, институт, школалда хӏалтӏи. Школалда ана дир бищунго талихӏал сонал. Ватӏан букӏана тӏегьан. Амма, 90—абилел соназ, гьеб кинабго щущазабуна. Гьеб букӏана дир гӏумруялъе бищун кӏудияб захӏмалъи. Амма, кидаго цого хӏал букӏунаро, дагь—дагьккун улкаялъ бетӏер эхеде борхизе байбихьана. Арал соназ тана нилъее кӏиго жо: лъикӏлъиги квешлъиги. Гьеб кӏиялъулго бергьенлъи бараб буго нилъедаго. Нилъеда тӏадаб буго нилъерго гъасда цӏаги, миллиял мацӏалги, лъикӏал гӏадаталги, гӏамал—хасиятги, тарихги цӏунизе.
Мун, хъущтӏун аниги, гӏодоб ккун гьечӏо,
Гӏедегӏе, Дагъистан, тӏаде борхизе.
Дагьаб тараниги, тӏагъур бортичӏо,
Чӏухӏун балагье мун дуниялалъухъ.
Залму Батировалда байрам баркун кӏалъана ДРялъул культураялъул министрасул заместитель Мурад Хӏажиев, Пачалихъияб Думаялъул депутат Сайгидпаша Гӏумахановасул заместитель Шамхалдибир Гӏисаев, профессор, Хъвадарухъабазул союзалъул авар секциялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадов, «Гьудуллъи» журналалъул редактор Мурад Ахӏмадов, Авар театралъул нухмалъулев Мухӏамад Бисавгӏалиев, таржамачи Ибрагьим Стамбульский, Хунзахъ районалъул нухмалъулесул заместитель Асадгӏали Гӏабдуразакъов ва цогидалги.
С. Гӏумахановасул рахъалдасан Ш. Гӏисаевас Дагъистаналъул халкъалъе гьабураб хасаб хъулухъалъухъ З. Батировалъе кьуна Шамил имамасул цӏаралда бугеб орден.
Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул хӏукмуялда рекъон, Залму Батировалъе, улкаялъул адабият цебетӏезабиялъе гьабураб хӏалтӏухъ Бунинил цӏаралда бугеб медаль кьуна Мурад Ахӏмадовас.
-Залмул щибаб гали, рагӏи, гьабулеб иш буго гӏакъилаб, цӏодораб, гӏадамазе пайда бугеб. Гьелъул пикруги ургъелги щвечӏеб нилъер миллаталда хурхараб суал цониги гьечӏо. Гьелъул асаразулъ нилъеда ратула бечедаб тарихги, бахӏарчиял умумузул къисматалги, жакъасеб къоялъул хӏакъикъатги. Залму, дуца нахъа тун буго берцинаб, магӏнаяб гӏумру. Мун гӏадан ва шагӏир хӏисабалда кӏудияб борхалъуде яхана. Амма дур бищун лъикӏал асараллъун дица рикӏкӏуна магӏарул намус-яхӏги гӏаданлъиги чорхолъ бессарал дур васал. Дудаса чӏухӏула Хунзахъ районги, магӏаруллъги, Дагъистанги, -ян абуна Хъвадарухъабазул союзалъул цӏаралдасан кӏалъазе вахъарав Ибрагьимил Мухӏамадица.
Залмул творчествоялъе лъикӏаб къимат кьуна М. Бисавгӏалиевасги:
-Хунзахъ районалъ нилъее кьуна гӏемерал камилал рагӏул устарзаби. Нужецаго халгьабе, чанго гӏасрабаз цере ккарал тарихиял лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ хъварал пасихӏал фольклориял асаразухъ, масала, Бахтикаде, Гӏумма-ханасде гьарурал кучӏдул. Хадур Чӏанкӏаги, Хӏамзатги, Расулги, Фазуги, Сулимановги, Гӏабасилавги ва гӏемерал анцӏ-анцӏ лъикӏал шагӏирзабиги хъвадарухъабиги. Гьезул кьеразулъе жиндирго гьаракьгун, пасихӏлъигун, жиндиего хасиятаб хатӏгун ячӏана Залму Батирова.
Бигьаяб жо гуро гъваридал, пасихӏал рагӏул устарзабазул Ватӏаналдасаги ячӏун, шигӏрияб дунялалда хасаб бакӏ кквезе. Амма Залмуца авар адабияталда кколеб бакӏ кӏудияб ва гвангъараб буго.
Советияб заманалда, Расулица абухъе, шагӏирзабазе мухъазухъ мугьал кьолел рукӏарал ратани, Залмул гьаракь аслияб къагӏидаялъ рагӏана гьел тарал, 90-абилел соназда. Батировалъ хъвана гъваридал, пасихӏал, щвалде щварал кучӏдулги, поэмабиги, прозабиги, драмабиги, публицистикиял асаралги.
Таржамачи Ибрагьим Стамбульскияс цӏалана гӏурус мацӏалдаса гӏараб мацӏалде жинцаго буссинабураб Залму Батировалъул кечӏ. Гьес бицана гьеб кечӏ Сириялъул хъвадарухъабазул гӏуцӏиялъ къватӏибе биччалеб “Дунялалъул литература” абураб мажмугӏалда бахъун бугинги.
Авар театралъул артистаз бихьизабуна ДРялъул халкъияй артистка Наира Хӏабибулаевалъ Залмул асараздасан гӏуцӏараб литературиябгун музыкалияб композиция. Балагьаразе цӏакъ асар гьабуна Мухӏамад Дудуевас, Амина Гӏабдулатӏиповалъ, Хӏайбула Хасаевас, Мухӏамад Нухӏовас рекӏелъе рортиледухъ цӏаларал кучӏдуз.
Залмул рагӏабазда кучӏдул ахӏана Дагъистаналъул халкъиял артистал Хадижат Жамалудиновалъ, Гӏабдула Мухӏамадмирзаевас, Патӏимат Хӏажиевалъ, ДРялъул мустахӏикъал артистал Хӏамзалав Хӏамзаловас, Гӏайшат Тажудиновалъ, Шумайсат Гӏабдулаевалъ, гӏолохъанал кочӏохъаби Салим Камиловас ва Рамазан Гӏабдулгъаниевас.
Шагӏиралда юбилей баркизе авар мацӏалъул мугӏалим Патӏимат Хӏайдарбеговалъул нухмалъиялда гъоркь рачӏун рукӏана Махӏачхъалаялъул №35 гимназиялъул цӏалдохъабиги. Кӏарчамал гьез гьуинго цӏалулел шагӏиралъул кучӏдуз асар гьабичӏев чиги залалда хутӏун ватиларо.
Тадбир берцин гьабуна “Кочӏолаб Чӏарада” бихьиназул хоралъул гӏахьалчагӏазул церерахъиналъги “Лезгинка” ансамблялъул студия-школалъул цӏалдохъабазул миллияб кьурдуцаги.
Тадбиралъе ахир лъуна жийго юбиляралъул каламалъ.
З. Батировалъ кӏудияб баркала кьуна, гьаб захӏматаб заманалъухъ балагьичӏого, жийги кӏодо гьаюн гьенире рачӏаралщиназе.
Биччанте магӏарул халкъалъе хирияй шагӏир Залму Батировалъул сариназул чвахело жеги гӏемерал соназ чвахизе.
Мухӏамад МАНАПОВ