Махӏачхъала-Каспийск шагьранухда, Гӏиса (гӏ.с.) аварагасул цӏаралда бугеб рухӏияб центр базе байбихьана 2015 соналда. Жакъа къоялде Дагъистаналъул Динияб идараялъул хӏаракаталдалъун, халкъалъул кумекалдалъун балеб бугеб гьеб бакӏалда гӏемераб хӏалтӏи гьабунги гьабулебги буго. Амма кидаха гьеб бан лъугӏизе кколеб, кинал хӏалтӏаби гьенир гьарун рагӏалде рахъун ругел, гьабсагӏаталда щиб гьабулеб бугеб? Гьел ва цогидал суалазе жавабал кьуна централъе кьучӏ лъуралдаса нахъе гьенир унел хӏалтӏабазе цебехъанлъи гьабулев вугев Султӏан Гӏусмановас.

— Мажгиталда гьабсагӏаталда унел руго сендвич-панелалъ тӏох бациялъул хӏалтӏаби, — ян бицана С. Гӏусмановас. — Гьеб буго цӏоройхинлъи кколеб, бакъудаса, цӏадудаса хӏинкъулареб материал. Какие чурулел бакӏазул къадал сетка кьабун, грунтовка бахун, хӏадур гьарулел руго рохьизе. Гьелдаго цадахъ, ралъдал рагӏалда бан лъугӏулеб буго кӏудияб «ротонда» абулеб гургинаб мина. Гьенибго буго ралъдахъе хӏухьбахъи гьабизе рачӏаразе машинаби лъезе санагӏатал бакӏал, паркалъул чӏабаралда лъун лъугӏулеб буго плитка ва нухал руго къачӏалел. Мажгиталдаса ралъдахъе щвезегӏан, кӏиябго рахъалдасан хъилги тӏун гьабун буго лъикӏаб, гӏатӏидаб шагьранух, тротуар, къаси тира-сверулезе канлъи букӏине лъун руго чӏахӏиял ва берцинал чирахъал.

Гьединго ралъдал рагӏалда балеб буго сахлъи щула гьабиялъул центр, гостиница. Гьезда сверухъ чӏолел руго астмаялъ унтаразе цӏакъго къваригӏунел Крымалъул накӏкӏигъутӏбиги. Рухӏияб централъул паркалда, аллеялда чӏун руго батӏи-батӏиял берци-берцинал гъутӏби. Цо-цоязда ккезе бегьула гъутӏби чӏей щибго захӏматаб иш гурилан. Амма гьаб ккола бищунго захӏматаб ва сурсат къваригӏунеб хӏалтӏи. Гьаниб сверухълъиялда букӏана хьуцӏ. Нилъеда лъалаха хьуцӏилъ гъветӏ рекӏунареблъи. Гьел ракъвачӏого рукӏине ккани, гьабизе ккана гӏемераб хӏалтӏи. Мисалалъе, дренаж гьабун хьуцӏ бакъвазабуна,

гьениб букӏарабги нахъе баччун чӏегӏерракьул цӏезабуна сверухълъи. Гъветӏ бижизе ккани, хӏажалъула лъим, гьебги бачана. Централда руго хасалил квач, гӏазу-цӏер хӏехьоларелги гъутӏби. Гьединал нижеца цӏоролелде сверун хьуриги ккун рацулел руго.

Каспийскиялде унеб шагьранухда бана кьо. Дагьаб цебейин абуни, гьеб кьода гъоркьан гьабураб лъикӏаб нухалъ цоцада бухьинабуна мажгитги ралъдал рагӏалги. Ралъдал рагӏалда рукӏине руго волейбол, баскетбол, футбол хӏалел майданал, тренажеразул бокӏон. Аллеялда велосипед бачунезе гьабулеб буго хасаб нух. Ракӏалда буго гӏолилал спорталде машгъуллъизариялъул мурадгун, цогидалги ишал гьаризе.

— Гьанир рукӏине ругоха гостиницабиги коммерциялъулал объекталги. Гьениса щвараб хайиралда щиб гьабизе бугеб?

— Нилъеца бицанаха цо гъветӏ чӏезе, гӏезабизе, гьелъие хъулухъ гьабизе ккани кигӏан захӏмат-гӏакъуба бихьулебали, сурсат къваригӏунебали. Гъутӏбиго гӏадин, «хьихьизе» ккараб гӏемераб магӏишат буго централъул, щибаб жоялда хадуб букӏине кколелъулха бербалагьиги тӏалабги. Мажгит, нухал, паркал, ротонда, скамейкаби, чирахъал ва цогидабги цӏунизе, бека-биххараб къачӏазе, сверухълъи кьищни-къулалдаса бацӏцӏад гьабизе гӏезегӏан гӏарац къваригӏуна. Гьеб рахъалъ центр жибго жинцаго тӏубан, бетӏербахъи гьабизе бажарулеб хӏалалда бугони, лъикӏаб букӏинаан.

— Ралъдал рагӏалда балеб ротонда буго Дагъистаналъе хасиятаб гуреб архитектурияб къагӏидаялъул объект. Мажгиталъул рахъалдасан балагьидал, стадионалда релълъун бихьулеб гьениб щиб букӏине бугеб?

— Гургинаб ва борхатаб гьеб объекталъ диниябгун рухӏияб централда ккола хасаб бакӏ. Ротонда хӏухьбахъи гьабизе рачӏаразегун туристазе диниябгун рухӏияб централъул бищунго бокьулеб бокӏонлъун лъугьине букӏиналда щаклъи гьечӏо. Гьениб ралъдал рахъалдехун гьумералда эхетулеб буго 35 метр борхалъиялъул, тӏасан балагьидал сверухълъиго бихьулеб си. Ротондаялде тӏаде болъого гӏадин букӏине буго инвалидал, коляскабигун улбул рахине санагӏатаб хасаб нухги. Гьелда гъоркь рукӏине руго, чӏахӏиял

гӏисинал батӏалъи гьечӏого, тӏад рекӏине бегьулел гьулакал, гьенибго бакьулъ бан лъугӏун буго фонтанги. Гьединго ротондаялда цебе гьабулеб буго 150 метралъул халалъиялъул пирс, ай хӏухьбахъулезул рес букӏине буго гьеб манзилалъ ралъдахъе жанирегӏан ине.

— Кьучӏ лъуралдаса нахъе центр балеб буго Динияб идараялъул хӏаракаталдалъун ва халкъалъул кумекалдалъун. Пуланаб хӏалтӏи жидеца тӏаде босун гьабилин аскӏоре рачӏунел чагӏиго кколарищ? Бизнесменалги бечедал гӏадамалги дагьал гьечӏелъул республикаялда.

— Гьединалги камилищха. Мисалалъе, Сулейман Керимовас тӏаде босун буго мажгиталъул къадал мармаргьецӏо ккун берцин гьаризе, гьеб жаниса хинлъизабулеб система лъезе, лъим бачине ва гь. ц. Пачалихъияб Думаялъул депутат Хизри Абакаровасул нухмалъиялда гъоркь рехсарал ва цогидал хӏалтӏаби гьаризе байбихьизе руго мажгиталъул тӏох лъугӏидал. Гьал къоязда рухӏияб централъулги Сулейман Керимовасулги вакилзаби тӏад руссана Мадинаялдаса. Гьел гьенире ун рукӏана Аварагасул (с.гӏ.в) мажгиталъул гордалнуцӏби, тӏох ва цогидабщинаб кин гьабун бугебали балагьизе. Рухӏияб централъул архитектурияб сипат ва дизайн гьелда релълъараб гьабулеб бугелъулха.

Тӏох сендвич-панелалъ бацизе тӏаде босана ДРялъул пачалихъияв секретарь Мухӏамад-Султӏан Мухӏамадовас. Гьезие буго кӏудияб баркалаги. Гьезулго гӏадин бокьарал цогидазулги рес буго центр баялъул хӏалтӏулъ гӏахьаллъи гьабизе. Амма бищунго аслияб кумеклъун ккола ишалъулъ квалквал гьабунгутӏи. Гьединаздаса Аллагьас цӏунаги.

— 2015 соналдаса нахъе централъе кумек гьабичӏеб, гьаниб хӏалтӏичӏеб росу-жамагӏатго хутӏун батиларо. Ахираб заманалда гьеб рахъалъ ахӏвал-хӏал кинаб бугеб?

— Гьаб анкьалъ гьаниб хӏалтӏулеб букӏана Хьаргаби районалъул жамагӏат. Бачӏунеб анкьалъ хӏалтӏи гьабизе тӏаде босун буго Унсоколо районалъ. Хасалил хутӏараб кӏиябго моцӏалъ централде хьвадизе руго Махӏачхъалаялдагун гьелда гъорлъе унел поселоказда гӏумру гьабулел гӏадамал. Цӏорорал ва къокъал хасалил къоязда мугӏрузул районаздасаги рикӏкӏад ругел росабалъаги гӏадамал гьанире кинха рачӏинел? Халкъалъ центр баялъулъ руго гӏемерал лъикӏал рахъал. Бищунго аслияблъун ккола щивав чи квалун, бихьун, гьелъухъ рокьи ккей, гьеб лъикӏаб ишалда гӏахьаллъиялъул баракаталдалъун гӏадан битӏараб нухде вачӏин, Аллагьасде гӏагарлъи.

— Централъул гӏатӏилъи кинаб бугеб? Мажгиталда аскӏобги буго чанго мина, гьениб щиб букӏине бугеб?

— Диниябгун рухӏияб центр эхетулеб буго 29 гектаралда. Гьелъул 80 процент ккола паркал, скверал, аллеяби. Мажгит сверун рукӏине руго мадраса, школа, ясли-ах, спортивияб комплекс, «Инсан» фонд, Динияб идара ва цогидал учреждениялгун гӏуцӏаби. Киналго объектал рукӏине руго цояздаса цоял берцинал ва цо архитектураги цӏунун рарал. Мисалалъе, республикаялъул муфтияталъул хӏежалъул отделалъул

букӏине буго Кагӏбаялда релълъун бараб, тӏад чӏегӏераб цӏер ккураб мина. Гьеб бихьидал, гӏадамазул хӏежалде ине гъира ккеларищ, хирияб ракьалде щваразул рекӏелъ хӏузур цӏикӏкӏинарищ?

Палхӏасил, кинабго буго халкъалъе пайда букӏин, Аллагьасде гӏагарлъи, нилъер ракьалда баракат рещтӏин мурадгун гьабулеб. Абичӏого гӏоларо, гьаб ккола гьанжеялдаса чанго соналъ цебе Дагъистаналъул муфти Ахӏмад-афандида гӏумруялде бахъинабизе ракӏалда букӏараб амма ракь гьечӏолъиялъ хутӏун букӏараб анищ.

Султӏан Гӏусмановасулгун гарачӏвари гьабизе рухӏияб централде щварал нижеда, гьенир гвай бан хӏалтӏулел ратана Хьаргаби районалъул Къудукь, Могьохъ ва Чӏалда росабазул жамагӏатал. Чанго къокъаялдеги рикьун, мажгиталда цоял, ралъдал рагӏалда цогидал, аллеялда лъабабилел бихьинал хӏалтӏулебгӏан заманалда, богорокъор гьезие квен-тӏех хӏадурулел ругоан руччаби. Къудукьа Гӏащат Гӏабдулаевнаялъул рагӏабазда рекъон, гьеб кири цӏикӏкӏараб ишалда гӏахьаллъизе щвей ккола гӏадамасул талихӏ буголъи. «Ниж гьанире щведал тӏоцебесеб иргаялда тира-сверана. Гьаб гьадигӏанго гӏатӏидаб, кӏудияб бакӏ батилин ккунго букӏинчӏо. Кутакалда рекӏее гӏуна централда бугеб берцинлъи ва рацӏцӏалъи, гӏадамалги руго ракӏ рагьарал, лъикӏал. Реццги щукруги Аллагьасе халкъалъ цолъун гьабулеб гьаб хӏалтӏулъ гӏахьаллъизе нижееги рес кьуралъухъ. Гӏарцудалъун букӏа, хӏалтӏун букӏа гьаб бакӏалъе дагьабгӏаги кумек гьабунщиназе гьарула сахлъигун рохел, Аллагь разилъаги киназдасаго», — ян тӏадеги жубана Гӏащатица.

Темирхан ХӏАСАНОВ